Авторизация

ЦIоралъул магIарулал – нилъер халкъалъул тIей гьечIеб бутIа

Миллатцоял


Дандерижиялъниги кантIизе гьарилародай? 


ГIабдурахIман Данияловас бицунеб буго, рагъул заманалда Багировас жиндаго Дагъистан Азербижаналде гъорлъе бачине разилъеян абураблъиялъул. Данияловас инкар гьабидал, гьев барщун лъугьиналъул…


Багиров вукIана Бериял гьудул, гьесде мугъги чIван, тIекълъаби гьарулев чи. Жидер рукъалъулго гьудул гьес, живгун барщидал, живго жинцаго чIваялде ккезавун вуго. Гьелъие гIиллаги букIун буго, имам Шамилие рецц-бакъ гьабураб тIехьалъухъ щвараб Госпремия гьесухъа нахъе бахъизе бокьи. Гьебни жидерго ишилан телаан, Багировас, Бериял кумекалдалъун, Сталиние гьерсалги рицун, Турциялъ Шамил кIодо гьави – нилъеде рагъ байбихьидал, Дагъистаналъул халкъаз турказул рахъ кквезехъин рагIулин, гьелъие гIоло гьабулеб жоянги абун, Даниялов тIамула Шамилил гIунгутIаби рихьизаризе. Гьелъиеги Данияловас инкар гьабурабани, гьевги чIвазавулаан Багировас, Дагъистанги жиндихъего кьезабулаан гьес. Гьелъул хIакъалъулъ гIемераб бицине жо буго, амма Азербижаналъул кIудиясда ракIалда букIахъин ккечIолъиялъ Дагъистаналъе талихI ккун буго.


ТалихI къарал чагIилъун рихьула дида, Россиялъ губерниязде бикьараб карта бахъулеб мехалъ, авар халкъалдаса ратIаги гьарун, ЧIаралъул магIарулал Азербижаналде кьун рукIин, революциялдаса хадубги гьел гIорхъабазда рекъон карта лъутIун букIин.

Гуребани, жакъаги дагIба-къец къатIизе толарого букIинаанищ?! Революциялъул ихтияр букIинчIищ халкъал цолъизаризе. «Цолъе» - ян ахIаниги, цого пролетариял гурони, цолъизе бокьун букIинчIо лъиениги. БукIарабани, лезгиялги ратIа тIезарилароан хIурияталъ. Гьанжени гьел тIубанго азербижаназде сверун ратила, дир гьудул Арбен Гъардашил кечIги, рицIил гъветIги гIадин, гIодилеб хутIун батила.


Гьел ЦIоралда ругел магIарулазул суал борхун буго магIарул газеталъ ва чанго макъала бахъун бачIун буго, ГIизудинов ХIамзатица хъвараб. Дица къокъго абила, гьадигIан къваридго рихьизе бокьилароан дие нилъерго миллаталъул чагIи. Жакъа гьезие бугеб зулму-хIал сунда релълъунеб бугеб, чанабилеб век кколеб гьаб?


Унго, батуларебищ цо нух, миллатгIаги хисичIого гьел гIадамаллъун толеб.


Щай нилъер Дагъистан Республикаялда бегьулеб азербижаназул тиятирги рагьун букIине, радиоялдасан гьезул мацIалда передачабиги кьезе, гьеб миллаталъул чагIи, кIодо гьарун гурони, нилъераз хIакъир гьаричIогоги тезе?!


Щай магIарулазе цIалиги-хъвайги авар мацIалда малъулеб школал кьезе бегьуларел? Щай тIаде бачIараб миллаталъ гъоркь ратарал гIадамал хIаллица жидер мацI бицине тIамизе кколел? Щай азербижаназул вакил Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде вищизе бегьулев, щай авар халкъалъул вакил кивниги гIахьаллъизе бегьуларев?! ЦIализе росизе бокьаниги, миллат хисейила цин, хъулухъалъ рорхизе кканиги, миллат хисейила цин! Сунда релълъун гьаб жо бихьулеб? Щайял гIемерлъун руго, жавабал дагьлъун руго…


Бицинин цоязул хIакъикъатги. Хунзахъа рахъун эменги васги уна Азербижаналде хIалтIизе. ХIалтIулев живгоги чIун, жидехъего щвараб гIарцухъ цIализе витIула инсуца вас. КечI-бакъан хирияв, рокъосанго босараб магIарул тIамур гIодоб лъунго толарев вас вуссуна, кIудияв композиторлъунги вахъун. Революциялъ гьев ХIажибегов ГIузаир рорхатал хъулухъазде тIамула. Искусствоялъул бетIерлъудецин ккола. гьес хъвараб буго нилъеда бихьараб «Арши-мал-алан» абулеб киноялъул музыкациниги. Хъулухъалъ, нахъ вуссун Хунзахъе инчIого хутIула гьев. Гьесие лъураб памятникалда гъоркь хъван буго: «Великий сын Азербайджанского народа»,- абун. БукIине ккелароанищ: «Аварского народа», - абун. Щай гьаз киналго падарлъизе гьарулел ругел?! Падарал жалго рачIарал ккола. «Азер» абураб рагIулцин «рачIарал» абураб магIна буго. История буго история, «Бергьарав тIад, тIамурав гъоркь» абун буго нилъер кициги. Власть босизе ихтияр батаниги, миллат хисизаби битIараб букIинищ? Падараз бергьенлъи босунилан, магIарулал магIарулаллъун тезе кколарищ?


Жакъасев Азербижаналъул президент Ильхам ГIалиевасда  гьикъизе бокьилаан, Москваялде хIукуматалъул бетIерасул замлъун вачунилан, гьесул инсуца «гIурусав» абун хъвазе ккарабищилан?


РекъечIеб жо – рекъечIеб жолъун хутIула. «Хроническая болезнь» гIадин цебегоялдаса бихьула гьезул гьеб унти. Цо-кIиго чиясулни букIинин цого унти, тIубараб халкъалъулго букIине бегьилищ? БетIералде ккарасгIаги пикру гьабизе ккеларищ киназего гIоло? Заман щун гьечIищ, аваразе «Автономияб край» абун цIар кьунгIаги жидерго халкъ гьеб унтудаса сах гьаризе, гьел падарал кантIизаризе?


Азербижаналъул хIакимлъиялда тIадаб гьечIищ, нилъераз «ассаламу гIалайкум» абидал, «вагIалайкум салам» абизе???

Падарал фашисталги гуро, гитлералги гьезул гьечIо! Гьаб гьитIинаб гIузру, гIемерго тIибитIилалде, тIагIинабизе рекъон бугоан…


2011 сон


Автор: ГIабасил МахIамад

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +122
  • Нравится
Оставить комментарий
eldar suguri,

МагIарулазул  ва  тIолго дагъистаниязул унго-унгояб цолъи букIарабани, гIемер захIмалъилароан  къажаразда гIадамазул мацI бичIчIизабизе.

Hamzatavari,Г1анкъулев чиясул хвасарлъи гьесдаго бараб буго!
Халкъ ккола  чиясул черх гIадаб жо, цо лага унтани, къаркъалаго унтула. Черхалъул щибаб лага сахгьабизе ккола, кIвар кьечIого, рехун тезе бегьуларо.
Т1оцебе бот1родасан байбихьизе ккола,Х1амзат,дур къварилъи ,г1унгут1и дур мадугьалас т1урузаруларо!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook