Авторизация

СССР-алда гъорлъ ЦIоралъул магIарул республика: тIурачIел анищал

ХIайдар ГIалиевас, тIоцебесеб нухалда Азербайжаналъе нухалъи гьабулел соназдаги (1969-1982), бикъа-хъамиялда (коррупциялда) данде къеркьолев вугилан хIиллаги ургъун, ЦIоралъул магIарулазе репрессиял гьаруна. Билкан ва Закатала мухъазда нухмалъулел хъулухъазда рукIарал аварал туснахъазде рехана, чIвазе къотIаралги ккана.
Туснахъалъур тIамизе ХIайдар ГIалиевас сияхIалде росарал нухмалъулезул цо чангояв гурони хвасарлъичIо. Гьезда гьоркьов вукIана КГБялъул Закаталаялъул отделалъул (гьелъие мутIигIлъулаан лъабго район) начальник  Тажудин Дибиров. Репрессиял байбихьараб соналда Билканалъул горкомалъул нухмалъулевлъун вукIана гьев. Кин бугониги, 1973 соналда ГIалиевасда кIвана Дибировги хъулухъалдаса вахъизе. Амма Дибировасул рахъккуна рагъда гьесулгун гьудуллъи ккарав СССРалъул Компартиялъул ЦКялъул членлъиялде кандидатлъун вукIарав Михаил Георгадзеца.
ЦIоралъул магIарулазе ва гьезул церехъабазе бокьун букIана, аваразул лъабабго районги цолъизабун (Закатала, Билкан, КIахъ), гьениб авар автономия гIуцIизе. Гьеб суал борхулел хIаракатчагIазул бетIер кколаан Тажудин Дибиров. Гьесги цоги магIарул нухмалъулезги СССРалъул Компартиялъул ЦКялде кагътал хъвалел рукIана рехсарал районазул Авар Автономияб Республика (ААР) гьабеян. Гьеб Республикаялъул ихтияралги АзССРалъул Нахичеваналъул Автономияб Республикаялъулазда ращад гьареян. ААРялъул тахшагьарлъун Закатала гьабизе ракIалда букIана. Автономия магIарулаз тIалаб гьаби гIиллалъун ккана 1970-абилел соназда ХIайдар ГIалиевас аваразда данде репрессиял гьариялъе.
Гьелдаса хадуб магIарулаз Москваялдаса тIалаб гьабизе байбихьана, АзССРалда гъорлъ авар автономия гIуцIи гуреб, РСФСРалъул ДагъАССалда гъорлъе ЦIор бачин ялъуни гьениб  хасаб автономияб округ гьаби. 1972-1973 соназда Билкан ва Закатала районаздаса СССРалъул Компартиялъул ЦКялде гьеб пикру загьир гьабурал хитIабалги вакилзабиги щвана. ХIайдар ГIалиевасул зулмуялъе гьединаб жаваб гьабуна ЦIоралъул авараз. Цинги ГIалиевас репрессиял жеги кутаклъизаруна – Закатала, Билкан, КIахъ районазда нухмалъиялъул хъулухъазда къанагIатги магIарулав хутIичIо. СССРалъул Компартиялъул ЦК гьоркьобккун жалго цIунизе кIварав чанго чи гурони хвасарлъичIо. 1970-абилел соназда (аслияб къагIидаялда 1971-1973 с.с.) 170 магIарулав туснахъалъуве рехана. Гьезул 15 чиясе «бищун цIикIкIараб тамихI» гьабуна – чIвазе къотIана ялъуни туснахъалъур хвезаруна.
ХIайдар ГIалиевас жанир тIамуна Билкан районалъул нухмалъулел хъулухъазда рукIарал киналго магIарулал. Билканалъул райкомалъул тIоцевесев секретарь Темраз ГIабдурахIмановасе (гьев кколаан Шеки районалдаса падарав) 15 сон туснахъалъул бихьизабуна. Андрей Карауловасулгун гара-чIвариялда ХI. ГIалиевас гьесул хIакъалъулъ гьадин абуна: «Бикъа-хъамиялъул хIужаби тIатана Белокан районалдаги, партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарьги гьелъулъ гIахьаллъун вукIин чIезабуна», - йилан.
Билкан районалъул рагIи билълъарал магIарулазулин абуни къисмат пашманаб ккана – 26 чи тамихIалде цIана, гьезул кIигояв чIвазе къотIана, хутIаразе кьуна 15 ва жеги цIикIкIун сон туснахъалъул. 15-ялдаса дагьаб сон кьуна гIицIго пихъил консервабазул заводалъул шоферасе, гъалатI ккун восун вуго гьев ГIалиевасда рихарал аваразул церехъабазул сияхIалде, гьесие микьго сон бихьизабуна.
Гьеб делоялъул аслияв гIайибиявлъун лъазавуна Билканалъул пихъил консервабазул заводалъул директор Рамазан КъантIаев. Къабахчоли росулъа кколаан гьев. Цин хъулухъалдаса вахъана, цинги чIвана. Бакуялда биччалеб «МатIу» казияталда (№ 504, «ГIащтIичиясулгун гара-чIвари») бахъун букIана АзССРалъул МВДялъул УА-38/1 УИТУ гIуцIиялъул нухмалъулев Халид Юнусовасулгун накъит, чанго соналъ Азербайжаналда «бищун цIикIкIараб тамихI» («вмн») къотIарал чагIи чIвалев вукIана гьев. «ЧIвазе къотIарал гIадамазда мун гурхIиялъул хIужаби рукIанищ?» - абун мухбирас кьураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабулеб буго Юнусовас: «Белоканалъул сокгун лимонад гьабулеб заводалъул директор вукIана. Гьесул заводалдаса лимонад съездаздацин букIунаан. Амма хадуб цо щибалиго ккана, «бикъа-хъамиялъул» гIайиб гIунтIизабуна гьесде, гIемер заман бана гьес туснахъалъуб, цIакъ дин ккурав ва ритIухъав чи вукIана. Как базе изну кьуна гьесие, гьитIинаб какикьжоги кьуна. Къол щуябго как балаан. Старшинаясда гьес абулаан (гьезул лъикIал гьоркьорлъаби рукIана): «Дида лъала, дун чIвазе вуго», - ян. ЧIвазе вачун унелъул, гьесул кверазда маххцин бан букIинчIо». ГIаммго босани, гьеб гара-чIвариялдасан бихьулеб буго цониги чIвазе къотIарасда гурхIичIев ХIайдар ГIалиевасул гIащтIичи магIарулав КъантIаевасда гурхIи, гьединав лъикIав чиясе гьеб тамихI кин къотIарабилан гIажаиблъулев вуго Юнусов. Щивав чIвазе къотIарасул дело цIалулеб букIун буго Юнусовас, «хадуб яхIалъ гIакъуба кьечIого букIине». Гьебго интервьюялда гьес мухIканго бицунеб буго щивав чIвазе вихьизавурасул такъсиразул хIакъалъулъ. КъантIаевасул къисматалъул рахъалъин абуни: «Амма хадуб цо щибалиго ккана», - ян рехсон толеб буго. Щибха ккараб? 1970-1971 соназда ХIайдар ГIалиевас гIемерал халгьабулел чагIи ритIана КъантIаевасухъе - гьев инжит-хIакъир гьавун, хIинкъаби кьун, кинги данде вазавуна гьел «ревизораз», ва гьелдалъун хадуб судалъул хIукму къвакIизабизе ресги щвана.
КъантIаевасда цадахъ чIвазе къотIана Билканалъул консервабазул заводалъул цехалъул нухмалъулев МухIамад Къараев (Къаразул МухIамад). Росдал магIишаталъул гIелмабазул кандидат ХIамзат Дибиров туснахъалъув хвезавуна. Гьунар бугев гIалимчи ва гIуцIарухъан вукIиналъ, Билкан райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун ккезе рес букIана гьесул. Жанив тIамураб мехалъ Билканалъул танхьил фабрикаялъул нухмалъулевлъун вукIана Дибиров. Гьев кквезе къваригIун анцIидаса цIикIкIун ревизия битIана ХIайдар ГIалиевас фабрикаялде. Ахиркъадги, ургъун бахъараб «гIайибги»  гIунтIизабун, гьересиял «нугIзалги» ралагьун, жанив тIамуна, ревизиялъул халгьабиялъул документалго гьечIого. Цинги Дибиров, дандечIей загьир гьабун, вакъун чIана, 18-абилеб къоялде гьев хванилан хабар бачIана. Гьеб хвелги ХIайдарил гIащтIичагIазул хIалтIи букIиналда щивниги щаклъичIо. ГIицIго 1971 соналда Билкан районалда «тамихIалде цIана» 39 магIарулав, гьезул ункъояв гьебго соналъ туснахъалъув чIвана ялъуни цоги къагIидаялъ хвезавуна.
Гьебго заманалда, Закатала райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав падарав Назим АхIмадов, «мекъаб куцалда хъулухъалдаса пайда босаралъухъ» ХI. ГIалиевас чанцIунго какун вукIаниги, 1973 соналда Апшерон райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун тIамуна. Гьедин, миллаталъухъ балагьун, репрессиял гьаруна ЦIоралда «багIарав» гъизилбаш ХIайдар ГIалиевас. МагIарулал загIиплъизаризе нигатгун билълъанхъизабураб зулму букIана гьеб.
1981-1982 соназда ХI. ГIалиевасул репрессиязда гъоркье ккана Закатала районалъул Тала росу. Хъулухъазда рукIаралщинал ялъуни лъай бугел талаялъулал туснахъ гьаруна. Гьеб росу букIана XIX – XX гIасрабазул гIорхъода Кавказалдаго бищун кIудияб аваразул росу. 1981-1982 соназдайин абуни гьеб росдал колхозалъул 11 бригадир туснахъалде рехана, суд къотIана Сабирал цIар кьураб гьеб гIаммаб магIишаталъул нухмалъулев ГIисаев Ражаб ХIажимурадовичасеги, бетIерав бухгалтерасеги, агрономасеги. Кинавниги къого магIарулав ккун вачун ана. ГIисаев лъагIалидасан туснахъалъув хвана. Гьеб хвелги «балъголъилъун» хутIана. Гьесулго гIадаб къисмат насиблъана Талаялдаса цогидал магIарулазеги. Гьез нухмалъи гьабулел рукIарал бакIазде тIамуна къажарал ва къажарлъарал аварал.
Советиял соназда ХI. ГIалиевасул ахирисев къурбанлъун лъугьарав магIарулав ккола Закатала райисполкомалъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабид Улуханов (ГIолохъаназул ГIабид). 1982 соналда прокурорасул кабинеталъув чIвана гьев.
Цебе Закатала округ букIараб ЦIоралъул магIарулазул ракьалда гуребги, кибго Азербайжаналда хъулухъалда аварав течIо ХI. ГIалиевас. АзССРалъул Компартиялъул ЦКялъул росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев Кейсеровский (Кьенсерухъа) Шамил хIалтIудаса вахъана гьес. АзССРалъул нухмалъулезул анцIил кьерда вукIана Кейсеровский. ГIалиевасда цеве вукIарав бетIер Имам МустIапаевасул заманалда цеветIун вукIана гьев. Кейсеровский Шамилги «мухIканлъичIел ахIвал-хIалазда» 1972 соналда хвана. Азербайжаналда гъорлъ бараб нусго гIечIеб соналда жаниб ХI. ГIалиев бетIерлъуда вугел сонал рукIана магIарулазе бищун захIматаллъун. 1990-абилел соназул байбихьуда прессаялъ хъвалеб букIана «кьолболал закаталаялъулазе ХIайдар ГIалиевас гIакъуба кьолеб бугин ва гьелъул хIасилалда районалда тIад политикиябги экономикиябги кверщел Нахичеваналъул мафиялъ гьабунилан». Гьанже Закаталаялда ва тIолабго ЦIоралда ХIайдар ГIалиевасе памятникал ралел руго ва магIарулал гьезие къулизе тIамулел руго, «Азербайжаналъул инсул» сурат гьечIеб росуги «террористазул рукIунлъун» рикIкIунеб буго.

Автор: ХIетав Дибиразул

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

Баяналъул кьучI: 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1ажаиблъи бугоха,кидаго рук1уна ал коммунистал абулел чаг1и,Сссралда алжан г1адаб г1умру бук1анилан,нилъее керенги бухун бицулел,бук1ун бат1илаха жакъаселда данде ккун,амма гьаб макъала ц1аларав чияс щиб абилеб?Гьеб гьаниб рехсолеб жо кида лъугьун бук1араб бищун ракълилал 60-70 соназда гурищ,т1олабго улка коммунизм г1уц1улеб заманалда? expressionless 

Къокъ абуни жакъа къоялъ,нилъеца доб ссралъул хуралда бекьаралъул бач1ин бак1арулеб буго,жакъаги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook