Авторизация

РецIел кватIиларо

     


 Нижеда институталда малъулаан грек мацIалдаса таржама гьабуни «экология» рагIул магIна бугин «рукъалъул хIакъалъулъ гIелму» ян, цойги малъулаан экологияб къагIида хIалтIизабулареб бакIалда экономикаги цебетIоларин («Что не экологично-то не экономично» - академик Гъ.М.ГIабдурахIмановас ниж, жиндирго студентазулъ куцараб принцип).Гьединлъидал, диплом кодосей эколог хIисабалда, дун кутакалда йохана гьаб сон экологиялъул сонлъун лъазабиялдаса, республикаялда(дагьаб къадаралда букIаниги)лъугьараб рацIцIа-ракъалъиялдаса, сверухълъиялда, хасго машинабаз газал къватIире кьвагьун гьава чорок гьабурал нухлул рагIаллъабазда гъутIби чIун лъугьараб берцинлъиялдаса.

 Цересел соназде данде ккун нилъер гьанир гъутIбузда роржанхъилел гьечIел пакеталги нухазда гьечIеб къишни-къулги республикаялде рачIунелъул бихьидал, сапарцоязул «вахI»алъе дица пахруго жаваб кьола мех-мехалдасан субботникал гьарун бакIарулелъул гьечIин гьеб кинабгоян. Амма гьеб жавабалдасаги дие бокьилаан «Нижеца чорок гьабуларо, гьединлъидал рацIцIалъиги цIунун буго»ян гьалбадерие жаваб кьезе. ЗахIматаб иш гурелъулха щивасе нилъер гIаммаб рукъ-Ракь цIунизе?! Биччанте гьеб букIине гIодобе рехичIого тараб хъалиманалъул рачI, тIабигIаталда хIухьбахъидал нилъедаго хадуб бакIарараб магъакь-кIачIаралъул гохI, чIараб гъветI, бакъвараб гIурдаллъиялда, кигIан гъира букIаниги, хъинтIичIого тараб спичкадул гIучI…

Инсанасул тIабигIаталде бугеб зарал цIикIкIараб бербалагьиялъе мисалаллъун рачина дица гьал хадур рехсолел цо-цо хIужаби:

-ГIадамазул гIайибалдалъун, ахирисеб 200 соналда жаниб бищун дагьалдасан гьаваялде рехун буго 2,I триллион тонна СО2 ялъул (углерод), гьелъул хIасилалда Дунялалъулаб Океаналъул лълъимазул кислотность цIикIкIун буго 30 % (рН дагьлъун буго 0,I)

-ТIадагьаб автомобилалъ лъагIалида жаниб гьаваялде рехулел руго жиндирго цIайиялда бащадал заралиял веществаби.

Балагье, МахIачхъала шагьаралда къад ялъуни бакъанида гIужалъ машинабазул букIунеб хIалкъай, лъелаздаса рекIарал гIемерлъараб гIала-гъважа! МагIарухъцин хутIун гьечIо лъелго хIалтIуде хьвадулеб хъизам. Амма гьелъул гIаксалда,цебетIураб Швейцариялъул (!!!) мугIрузулаб шагьар Церматталда гьукъун буго машинабазул хьвади. ГIицIго! ТIабигIаталъеги нилъерго сахлъиялъеги лъикIаб велосипед-гьеле гьел бечедаб, рахIатаб гIумруялъул гIадамал рекIунеб цого-цо транспорталъул алат!

- Россиялда цIакъ дагьаб къадаралда гурого хIалтIизабулеб гьечIо кIиабилеб нухалда гъарси (сырье). БукIа гьеб кагъат, пластмасса, цIер. Нус-нус соназцин биххичIого букIине гьеб бан тола ракьулъе. Цойги мисал. Бищун машгьураб «Нью-Йорк Таймс» казият цIалулевщинас гьелъул щибаб экземпляр кIиабизеги хIалтIизабизе кьуни цIунизе кIолеб буго 75 азарго (!!!) гъветI. Нилъецайин абуни, къотIун лъугIизарулел руго планетаялъул гьуъруллъун жал рикIкIунел рохьал, цIиял гъутIби чIейги рикIкIунеб буго чIалгIаде нилъго хIалтIизарураб заманчIвайлъун.

- Субботникалде рахъун рацIа-ракъалъи гьабулелъул щибаб кIиабилеб нижеда батулеб «хазина» букIана лъималазул памперс. 250 соналъцин хвезе байбихьичIого жиб букIунеб, ирсилазе толеб бугеб «къиматаб» сайгъат. ЧIахъаги дол, памперсалги жидеда лъачIого, къоялъ лъималазда хадуб памадул ххамил кескал чурулел, гьезда иту бахъулел рукIарал умумул!

Дица тIадехун рехсана инсанияталъул жидеца гIумру гьабун бугеб ракьалъе балагьал мисалазул гIицIго цо-цоял. ЦогIаги гьаб казият цIаларав чияс гьездаса пайда босун, кантIун тIабигIаталъе зарал гьабичIого тезе нияталда. Щуго соналъ тIабигIат цIунизе, гьелдаса гIакълуялда рекъолеб, ай рационалияб къагIидаялъ пайда босизе малъулеб факультеталда цIаларай йикIиналъ, дида гьабсагIат бихьулеб буго гIицIго гIаксаб рахъ-сундего инсанасул агъаз гьечIеб бербалагьи. Амма кIочене бегьуларо тIабигIаталъ кида-къадги жиндие гьабураб зияналдаса рецIел босичIого толареблъи.

БукIине биччанте гьеб нилъеца цIалеб чорокаб гьаваялдалъун, сах гьабун бажарулареб унти ккеялдалъун, гьекъезе загьруяб лъедалъун рецIел. Кинабго буго нилъецаго бекьараб хурул бачIин. Амма инсанасулги тIабигIаталъулги рагъулъ бергьине рес буго гIицIго абадияв дандияв. Нилъер лъугьа-бахъиналда гьеб кколеб буго тIабигIат.

Парангазул хъвадарухъан Антуан Риваролица абухъе:«ТIабигIаталъул руго: ункъго абадияб декорация-лъагIалил заманал,хиси гьечIел актерал - моцIги, бакъги, цIвабиги. Гьел киданиги хисуларо. Амма хисула жиндихъ балагьарал (зрителал), абадияб рокъоре-ракьулъе тIабигIаталъ гьел нухда регIиялдалъун». Гьаб тIабигIияб свериялда нилъ гIицIго заманаялъ балагьизе рачIарал рукIин кIочене бегьуларо лъиданиги.

 ТуркIе, кантIе, динцоял.                   



Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъик1аб Насих1ат буго.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook