Авторизация

Дир хIалакъаб чахъдал бох лъие хIажалъараб? (Фельетоналъул бакIалда)

Цебего лъалаан дида гьал гIадамал жого гьечIого Баку- Москва-Хасавюрт маршрутазда къайиялда хадур хьвадулареблъи. Иргадулаб нухалъ ракIчIана магъакь- кIачаралъул, ай жакъасеб мацIалда абуни, бича-хисиялъул, коммерциялъул тахшагьар Хасавюрталде дунго ккедал. Босараб жоялде Хунзахъ тIаде кьолеб цо багьаялъул роцадул кепкал чвантинир хутIи гурониги, дир сапар сабаблъана МухIамадовазул хасалоде бакъвараб гьанал нахърателалъеги. Кинабго иргадал бицинин.

КватIараб сардил гIуж. Цоялде хIалтIараб заман. Сапаралдасаги йиссун босараб-тараб бихьулей яс, «доба кигIаналъ учуз бугебан?» цIехолдулей гIасиго экономияй эбел. Циндаго къотIинабула канлъи. «ГIай хIалбохадал, исана хасало свинабизе гьечIилан гурищ хетевеялдасан пулеб букIараб» -ян подстанциялъулазде иргадулаб- репликаги рехун«лъикIал-хинал» paгIабаздалъун  токалъулалги ракIалде щвезарун кьижизе къачIадизе лъугьуна руччаби. Сапаралъ хутIарал какал разеян, каки чуризе къватIие уней ясалда роцIараб сардил пардавалда циндаго цебе чIола бихьинчиясул сурат. Сапаралъ свакарай жиндир глюкал ратилин гIинго тIамичIого, чурараб ратIлида нахъа эхетун чIола гьей. ТIуцабго къехъа гъоркьеги къулун цIи бараб счетчикалда квали лъугIизе толаро доб «глюкалъги». «ВахI ле, счетчикал проверять гьарулел подстанциялъул жасусалгIаги ратилин, гIумруялъ жо бикъичIев багIарав партизанасул вас Камилица гьанжеги къадараб иш гьабулеб нужеца тIадги кквеларин» гьимула гIолилай.

-Щиб вац, дуе бокьараб жо?-ян соролеб гьаракьалъ гьелъ гьикъидал, лъималазул хIаялдаса «Морская фигура, замри» гIадин хаган хутIула доб «глюк». Жеги гьаракь борхун суал такрар гьабидал, гьикъул ишара гIадин нахье кIичIула I7 ноябралъул къасисев гьобол. «Жинца счетчикалдасан токги свинабун канлъиги гьечIин, хIулараб жагадул гъветIалъ живги вахчилин» пикрабаздагIаги вукIун ватила гьев «цIодор»... ГIолилалъ жанибе ахIи бан рокъосел ахIидал, «глюк» циндаго чIаголъун бачIуна ва космосалъулаб хехлъиялдалъун ва цидулаб тIвапиялдалъун бекерун уна. ЩвечIо, ле, дуе бучIулъ бакьги гIиял гьанги... Гьанже хочI-хабаралдаса серьезни хабаралде журалин. БачIун буго конкретни предложение доб сордоялъ ахIичIого вачIарав гьоболасе кьезе. ГIиси-бикъинаб гъалмагъиралдалъун промышлять     гьабулев вукIинчIого дуца, ле «бахIарчияв» цIогьор, рагье гьанир цIогьол курсал. Мун божа, Сицилиялъул мафияцин духъе хьвадизе буго, ток къотIинабизеги в одиночку грабеж хIадуризеги ругьун гьаризе. Гьеле дуе цо абсалютно чIобогояб бигьаяб рикъзи щолеб малъа-хъвай.

Подстанциялъги цIогьазе цIакъ лъикIаб сайгъат гьабуна счетчикал къватIирехун лъей, гьереси щай. Гьанже совсемго деловой къотIи-къай гьабизин нилъеца. Давай, мун цо сордоялъ нижехъе гьоболлъухъ вачIине (гьаб нухалда ахIулев вуго, ле!). нилъеца тIамила доб дуе рекIее гIун букIараб бакъвараб гьанги, релъина хинкIалги, борхила цо-цо ц!ураб лълъар дур гIадаллъиялъул рахъалъанги. Бихьула, бихьула дур нич гьечIел беразда жаниб «щай гIадаллъиялъул рахъалъан?»-илан гьикъулеб суал. ГьабсагIат бицина щаяли, гьелъие гIилла чанго буго: «ХIанчIил рухIалда рекъон гурого гьелдаса би тIинкIуларин» бицараб магIарул кициги ракIалде щвечIого, нижер хIалакъабго чахъдал ляжкаялде мун хапей- гьеб цо. Дерхъаб, гьелъул рахъалъан! Законияб къагIидаялъ ярагь рокъоб бугев гIужилав чанахъанасул кавудахъе лъугьине дур бахIарчилъи гIей-гьеб кIиго. Цощина цIамул цIураб жо тамахаб бакIалда щун букIарабани, лъие мун хIажалъизе вукIарав, ле, ахIмакъ?! Дерхъаб, цоги! Дол дур соролел квачIазул отпечаткаби счетчикалда хутIун ратилингIаги хIинкъичIого гьелда мун квалквади-лъабго. ГьанкIараб гьоцIисан бакIал башмакъаца рахъалги рахъулаго мун тIурун ин-ункъго. Туснахъалда букIунеб борохь бараб макаронги, чури гIадаб карщгигIаги цебе чIечIого такъсиралде мун гьеси-щуго. Дур гIадаллъиялъе мисалал дида рогьинегIан рачине кIола, щиб гьабилеб гьел заочно рехсон, багIараз мун с поличным ккведал, «с глазу на глаз» бицинеги хIажалъиларищ щиб букIаниги?!     

Щиб бицаниги, доб сордоялъ рокъове щведал дур рекIел букIараб кIутIи авал чIван paгIулеб букIана дидаги, хIинкъунцин йикIана ракI кьвагьун мун хвелилан, честни слов.

Гьанже   ахирисеб чIобогояб малъа-хъвайги гьабилин дуе, мун вохизе: Нахъосалда «на дело» къватIиве вахъунелъул, воре кIочон тоге памперс хезе, щиб лъалеб, доб сордоялъ дун гIадин загIипай чIужугIадан гурей, кьуру гIадав бихьинчи ккезе бегьулагури дур чорокаб пишаялде тIаде...

Бердабихь(очевидец)КАМИЛИЛ ГьATIИянТ, Хунзахъ.


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook