Авторизация

Гъазизабал

ГIенекке, гIадамал, вагIза гьабизе,

Хираб дунял тарал гъазизабазул.


«Бисмиллагьги» гьабун, ярагъ борчарал,
Бечедги рехсуму, сапар бухьарал,
Салаватги битIун, рагъдай лъугьарал,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

ГIищкъуялъул мехтел чорхолъ босарал,
ШаргIалъул нухалда рагъ цIакъ гьабурал,
ХIурулгIинзабиги нужехъ хIасратал,
Гьардарал гуриш, ле, нуж, гъазизабал!

Капурлъи гIемерлъун, беркъайго гурел,
Чорхода ругънал щун, чукалъи  ккарал,
РухIалда цIа лъугьун, рахIмат босарал,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!
 
Жидер жаназалда кверхъвайго гьечIел,
РетIел тIаса бахъун, мусру бай гьечIел,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!
 
РухI бахъулеб мехалъ, хIинкъицин гьечIел,
Хабал къварилъиги бецIлъиги гьечIел,
Мункар–Накирасул кIалгьикъи гьечIел,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

Би чвахидилагун чорхол ругъналгин,
Кугалъул гIадинаб гьуинаб махIгин,
Гъажалда хвалчен лъун – жидер къокъаби,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

Жидер даражаби рикIкIун кIоларел,
КIодолъиялъул таж гIадатIа лъурал,
МуртазагIалигин цадахъ гьарурал,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

Ракьалда жаниса халкъ бахъулелъул,
Халикъасда цере рачараб къоялъ,
КIудаб хIинкъиялъул ургъелго гьечIел,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

ХIисаб–суалалде рачараб къоялъ,
СиратI–Мизаналде тIамулеб кьоялъ,
ГIаршалъул расдахъе рукIунеб къоялъ,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!

Алжаналдалъуму рохел босарал,
ХIурулгIинзабазда кверщел батарал,
Аллагьцин вихьизе даража щварал,
Гьардарал гурищ, ле, нуж, гъазизабал!


БАЯНАЛ

Гъазизабал – гъазизаби (цIор. сверел).

Хъван буго: «Гуришла», -абун (цIор. сверел).

Чукалъи – гьеб батила чукаклъи, ай «каратI, жаниблъи» магIнаялда хъван (цIор. сверел).

Куг – парс мацIалда буго гьуинал махIазул хурдузул тайпаялда абулеб цо гьединаб рагIи.

СиратI – СиратIалъул кьо; Мизан – хасал цIадираби, доб дунялалда щивав чиясул хIакъ ва лъикIал ишал цIалел, гьев алжаналде яги жужахIалде витIизе мурадалда (гIараб.).

Расдахъ – рагIдукь (цIор. сверел).


Автор: ЛъикIазул Малла-ХIасан

Баяналъул кьучI: 1909 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook