Авторизация

ТIадмагIарухъан инжитаб «салам»

 


Республикаялда советхIукумат биххун хадуб рарал гидроэлектростанциязул цого-цо бугеб объект ккола ГьоцIалъ ГЭС. Станция балаго гьелдасан магIаруллъиялъего цIикIкIараб пайда-хайир цебе чIолеб букIун батила Авар гIурул мухъ ккун гIумру гьабун ругелщинал районазул гIадамазда. Амма хIакъикъат батIияб ккана.


Гьава-бакъ хиси, ток дагьлъи гуребги, ГЭСалъул сангаралъ рагIаллъабазде, расалъабазде гьулчизабуна «рорхатал мугIрузда ругел гIадамазухъан» гъоркьегIан гIумру гьабун ругезде урхъараб «саламлъун»Авар гIурухъе кьун битIун бачIунеб магъакь-кIачар, кьишни-къул. ТIолалго хунздерил хъулухъчагIазда цадахъго гьеб кинабго бакIариялда гъорлъ гIахьаллъизе ккана 5 апрелалъ дунги. «ГIахьалчIисесул гIала-тайиялде гIунтIунги камураб щибго батиларин дурилан» абула нижер гIадамаз гIала-гъважа гIемерав чиясда. Гьеле гьеб «гIахьалчIисесул гIала-тайи» цIунтIадерил мачу-чарухъалда, хIебдалазул дарабазул кIунабазда, лъебелазул макърашушбузда гьоркьоб батарабаниги, дун расниги хIикмалъилароан гьеб къоялъ(мухIканго лъил-щибали лъалеб хIал доба букIинчIелъул, бетIергьанлъи чIезабиялда дун мекъи кколей ятизеги бегьула, тIаса лъугьа).Районалъул бетIер СагIид Юсуповас мисал бихьизабун, кверазгун кьохорхабаз, гьезулги жо ккечIелъул-трактораз бакIарана 4-5 тонна гIанасебниги магъакь. Гьаниб дица рехсолеб гьечIо тIабигIаталъ жинцаго бокъинабун, туризабун лъугIизабулеб цIул-цIаялъул, рухIчIаголъабазул, кванил нигIматазул. Бицунеб буго, гIицIго 250 соналдасанцин жиб хвезе байбихьулареб макъар-полиэтиленалъул. Шприцазулгун пробиркабазул гIемерлъиялъ бицунеб букIана гьеб «сайгъат» гьоцIдерие кинаб букIаниги сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул рахъалдасан бугилан. Гьа, гьанже нуж гIадатал гIадамазе кинабалиго гигиенаялъулги, рацIцIалъи цIунизе ккеялъулги бицине рахъинецин гурищ, хъахIал халгIатазулал? ГIоралъ босун бачIараб резинаялъул хьитил ризлъиялъ хIинкъизецин бачIана, гьадингоги бечедал гьечIел дир магIарулал хъарцинлъиялдецин ккеладай гьабщинаб «магIишат» ц1ида-цIидасан босизеги ккунилан.

Кутакалда берцинаб, гъветI-хералъ, къадруял мугIруз жаниб бачараб тIабигIат буго гIурул мухъалъул. Суратал рахъизе, хIухьбахъизе гIемерал рещтIунелги ратила гьенир. Амма, сан гьечIого лъелъе балеб мусоралъ, расниги тIадегIан гьаруларо мугIрузул гIадамал. Гьелъул гIаксалда, жидее шартIал чIезареян тIалабал цере лъезе рухIияб ихтиярго гьечIо гьезул, рукIа-рахъиналъул бищун гIадатаблъун кколеб рацIа-ракъалъиялъул шартIниги жидецагоги цIуничIого.


Цойги. ЦIалана дица, гьаб макъалаялда рехсолеб территориялъе экологияб хъаравуллъи чIезабизе кколеб идараялъул хIалтIул хIакъалъулъ положениеги. ХъахIалда лахIчIегIералъ хъван бугоан лъел сурсатал цIунизе ккеялъул (7.1, 7.3 пунктал). Хас гьабун гьезде кIвар буссинабизеян лъазабураб лъагIелалъгIаги бегьилароанищ Гъойсу цIунизе?! Нужерго хIисабкьейги роцIинаан, цо-кIигогIаги рейдги гьабун.

БичIчIи кьеялъул хIалтIуда гIей гьабун чIеялдаса ун буго дагъистаниязул иш. Экологияб рахъалъгиха! ХIажат руго чIванкъотIарал тадбирал-тамихIалде цIай, гIакIаби къотIи, халкъалда суризари. Дагъистаналда Каспиялъул ва лъел сурсатазулаблъун 2017 абилеб сон гьел тIабигIиял хазинаби цIуниялъул мурадалдалъидалха лъазабунги бугеб.


Ф. МухIамадова


Автор: Ф. МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
г1ак1а къот1ун гурони,жо кколаро гьелъул,шагьаралдаги буго киса кибго мусор балеб эз,гьелъие цоги дару гьеч1о.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook