Авторизация

МоцIроде хIапдолел бахIрабахъего…


ХIапдоге, хIапдоге, нуж, къватIул гьаби -  

Сунарин канаб нур нужер хIапдеялъ.

 


КигIан бицаниги, кигIан хъваниги нилъ, магIарулал, цIакъго гъугълъун ругилан ккола дидаго. ЧIечIого авар миллаталъул ургъалида, гьеб макьидаса борчIизабизе къеркьолел БисавгIалиевгун ГIизудинов рукIаго, моцIроде хIапдолел бахIрабахъего нахъасан хъвадарун, гьев какун цогидаб миллаталъул блоггераз ургъарал смс-кагъатал ритIулел руго цо-цо магIарулалги. Гьеле нужее жакъасеб къоялъул ахIвал-хIал. 


Абакар Жамалудиновас хъвавухъе, щиб дуе лъугьараб, дир магIаруллъи? МагIу ххулун бугин дур хиялазда. МагIица гуреб, бидулъ хвалченги ччун, кьурул сиязда бахIарчиял умумуз хъвараб тарихги кIочон, миллат бичаразда хадурги рилълъун, Рамазан къабихI гьавурал рагIаби хъвалел чагIи рихьидал, унго-унголъунги бадиб магIу ххулулеб буго.

Дида ракIалде рачIуна гIурусазул классик Пушкиница хъварал рагIаби: «Дие кутакалда рихараб буго гьаб хIалалда бугеб дирго ватIан, амма дие цIакъ рекIее гIоларо гьеб ватIаналде бугеб рокьукълъи миллатгун ватIан батIияв чияс дунгун гIахьал гьавулеб бугони», - ян.

Нилъеца абуни, гIаксалда, нилъ рихаразул гьабихъе лъимги тIамун, гьел тIад релъизе рес кьолеб буго. Жакъа доба гьанисан рагIулеб чIандаялда нахъги рилълъун гьезда тIад рекъечIого, чияр чуруца мехтарал гьезда рачI къаян абизе къваригIун буго.


РечIчIараб гуллаго гIадин, абураб рагIиги нахъбуссунаро. Цин, щибниги абилалде, ургъе. Абиги бугелъул хочоца лъураб ргъун сахлъулин, рагIуца лъураб ругъун сахлъуларин. КIудияб бахIарчилъи хIажалъуларо социалиял гьиназда чияр цIаралда нахъаги вахчун, чиясде гъегъ базе. Жакъа магIарул годекIабахъецин щун буго Рамазан какиялъул компания. «Щибила гьес гьабураб лъикIаб жо, рохьор цIулги къотIун магIишат гьабулел рукIарал лъебелал кIуди-кIудиял хъулухъазда лъей гурони», - абун. Гьеб жо кIалухъ бахъизе кколеб жойищха бугеб? Гьеб кинабго буго цого чIанда, добго махIбахъараб хабар. Дида цониги батIияб миллаталъул гIадан дандчIвачIо жидерго хIаким какулев, нилъ, магIарулал гурони.


Кир рукIарал гьел блоггералги, смс-чагIиги, цого гIадамаз тIад кьилиги чIван, Дагъистан квегъулеб мехалъ? Зулмуялъе мукIурал, эркенлъи хIехьон бажаруларел чагIийищха рукIарал нилъ, магIарулал? Йохъ, чанги рукIана бадибе рагIи абизе хIинкъуларел чагIи нилъер, амма гIемерисел гьединал чIвана. Жакъа вуго нилъер гьединав бихьинаб гIамалалъул чи Сайгидпаша ГIумаханов. Щибниги хIинкъичIого, Амировасдаги, МухIамадсаламидаги, гьесул инсудаги бадибе рагIи чанги абуна гьес. Рамазан гIадав чи бетIерлъун вачIани, жив гIияде вехьлъунцин инилан абуна гьес яхI бугев инсанас. Жеги-жеги гIемерлъаги гьединал гIадамал нилъер.


Дун кколаро нацист, амма дун вуго националист. Гьединав  чилъун вукIинчIого рес гьечIо жиндирго ургъелги пикруги гьабулев чи. Гьединавлъун вуго жакъа нилъер республикяялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги.

БисавгIалиев, дуе баркала «Миллат» абураб газета гIуцIаралъухъ. Гьеб буго жакъа нилъер рухIияб цебехъанлъун, гьелъул гьаракь рагIулеб буго нижеда, миллаталъул ургъелги бугел, гьелъул пикру гьабулел гIадамазда. Амма пашманлъизе ккараб жо буго гьеб гьаракь рагIизе кколеб бакIалда, цо-цоязда, гьелъул гIаксалда, блоггеразул чIандаги, смс-кагътазулги гьаракь гурони рагIулеб гьечIеб мехалъ.

Дагьабниги миллаталъул ургъел бугев чияс гьеб газета хъвазе ккола. «Миллат» цIаларасул кидаго букIине буго гьел социалиял гьиназда нахъаги рахчун хъвадарулел гIадамазда абизе кIал цIураб рагIи.




Жакъа гьабизе жо тIагIарал цо-цо вахьнабаца гьесде ахIулеб буго «пандуристилан». Жидедаго щибниги кочIолги искусствоялъулги магIна бичIчIуларел чагIаца гьедин абиялда гIайибги гьечIо. Рамазаница пандур хъвалеб букIин ккола гьесул рухIияб борхалъиялъул махщалил нугIлъун. Дида цояс абулеб рагIун букIана «МагIарул чиясул рокъоб букIине рекъараб жо бугин гьоболги, пандурги, хинкIалги, гьанги» ян. Лъил ратаниги, тIехь бакьулъа рагIаби руго.




МахIачхъалаялдаса росулъе нахъвуссунев чи, дун дагьалъ цеве щвана АхIулгохIда бараб мемориалияб комплексалде. Дир ракI чIухIиялъул асаралъ цIуна. ТIокIаб щибниги гьечIониги, гьеб музей баралъухъ кьезе бегьула Рамазание кIудияб баркала. Гьениса гъоркье лъугьунаго, дир рекIелъе рачIана ХIажи Гъазимирзоевас хъварал; «Вилълъа мун ГIашилтIе, щва АхIулгохIде. Щибаб гохIда дуда ватила Шамил. Сордо рогьа дуца гIешдерил росулъ - мун гъазаваталде жанив лъугьина».

Гьеб музей бараб мехалъги къотIичIо Рамазаниде гьабулеб гьужум, гьенир жанир пача Александр I, Барятинскиясул цогидазулги суратал ранилан абун. Гьел нилъер тарихалъул, я маданияталъул ургъел букIун кIалъалел чагIи гуро, киндай Рамазанида унтулеб рагIи абилаян хIапдолел чагIи руго. Гьеб хъалаялдаса гъорлъе лъугьунаго, дир берда цере рукIинчIо я пача Александр I, яги Барятинский. Гьениса балагьараб мехалъ хъатиниб лъураб гIадин бихьулеб букIана, Залму Батировалъ хъвавухъе: «Нилъер умумузул бахIарчилъиялъе бетIерги къулун, Россия гIодараб доб гIешдерил мегъ».



Жиндирго тарихалдеги адабияталдеги бугеб рокьи гьес лъуна, дун студентлъун вугеб мехалъ, нижелъги. Гьес ниж рачунаан обкомалъул хIакимзабигун бахIсазде. «Клуб политического бойца» абураб жо гIуцIун букIана Рамазаница.



ХIамуцагун чуяца гамачIги баччун, цIудул бусен лъураб борхалъиялда, I9 гIасруялда гIолохъабаз бараб Сурхайил сиялъусан бихьулеб, 2I абилеб гIасруялда Рамазан квербакъиялдалъун бараб хъала-музей хутIила наслабазе нахъе.

Кин бугониги рагъал лъугIула. Рагъда солдатаз буюрухъ тIубала, гьел рукIуна жидеца кьураб гьаялда гъоркь. Амма кидаго гуро бергьарасул къуват гIолеб чIухIиялда тIасан галиги бегьун, 25 соналъ жинда данде вагъарав имамасе мустIахикъаб къимат кьезе.

Рамазан гурев батIияв чи нилъер бетIерлъун вукIаравани, гьединаб тарихияб памятник нилъее щвезе букIанищ? Дида ракIчIун абизе кIола букIинчIилан.


Жиндирго тарихалдеги адабияталдеги бугеб рокьи гьес лъуна, дун студентлъун вугеб мехалъ, нижелъги. Гьес ниж рачунаан обкомалъул хIакимзабигун бахIсазде. «Клуб политического бойца» абураб жо гIуцIун букIана Рамазаница.


Жакъа гьабизе жо тIагIарал цо-цо вахьнабаца гьесде ахIулеб буго «пандуристилан». Жидедаго щибниги кочIолги искусствоялъулги магIна бичIчIуларел чагIаца гьедин абиялда гIайибги гьечIо. Рамазаница пандур хъвалеб букIин ккола гьесул рухIияб борхалъиялъул махщалил нугIлъун. Дида цояс абулеб рагIун букIана «МагIарул чиясул рокъоб букIине рекъараб жо бугин гьоболги, пандурги, хинкIалги, гьанги» ян. Лъил ратаниги, тIехь бакьулъа рагIаби руго.


Цо тахбакIида кIиго чи рекъоларилан абун буго. РачIа магIарулал, нилъги, вугесул къиматги гьабун, гьабулелъуб гьесие квербакъи гьабегиян дугIаги гьабун, рукIине. Къуръаналдаги абун бугелъул «ТIад вугев хIакимасе хIабашияв вугониги мукIурлъе», -йилан. Къиямасеб къоялъ гьес гурищ жиндирго рагIияталъул Аллагьасда цебе жаваб кьезе бугеб? Нилъеда рекъарав гурищ Аллагьас нилъее хIаким тIамулев?



Автор: ГIабдулаев ГIумар, ГIахьвахъ район, МестIерухъ росдал школалъул директор

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Рак1 бух1ун,хъвараб макъала бихьула,баркала.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook