Авторизация

БогIоца мехтаралищ?

Дун кидаго намуслъун лъугьуна интернеталдасан,халкъазда гьоркьосел халкъияб информациялъул алатаздасан магъакь-кIачаралъул гохIазда гьоркьоб чед ялъуни щиб букIаниги кваназе жо балагьулел ругилан Сириялъул бесдаллъималазул ялъуни Африкаялъул рокьода вакъварав цо васас «Бищунго дунялалада щиб бокьилебан?»гьикъараб суалалъе «гIорцIизегIан кваназе хъахIаб чедилан» жаваб кьолеб рахъарал видеоклипал рихьидал.

Намуслъула, кIиабилеб къоялъ цIияб гьечIилан мадугьалалъул гIакдае дицаго рехулеб квасквас гIадаб чадидаса, Аллагьасда цее намуслъула дирго хIалихьатаб, исрапчилъиялъулаб напсалдаса, нечола «гьадинабгIаги щвагиян анищазда вукIунаанин жив лъимерлъудаян»бицунаго, басрияб гурого чед кваналеб букIинчIев мунагьалчурад инсудаса-рагъул соназул лъимералдаса….Намуслъула ракъуца хвараздаса, намуслъула рагъул гIахьалчагIаздаса, намуслъула, багIарлъула, нахъойги намуслъула. Ва амма загIипав инсанасул гIадат буго, жиндасаго квеш хьвадулесул мисалги цебе рехун, жиндирго ракI гIодобе биччазабулеб. Гьединго ккезехъин буго гьаб нухалда дирги.БитIахъего абуни, черхалда сири бан, ццим бахъун лъугьана дун гьанжегIагар, дунго йижараб росулъ-чилъиялъулги гIаданлъиялъулги цIар араб магIарухъ(?!) мусоралъул къалазда аскIобе бан чед бихьидал. ГIанкIуял-хIелказ хIатIикъе бехъерхъун, болкъотIноб доба-гьаниб тIиритIун ругоан тамахабго чурекалъул хутIелал. Бадиб магIу хулана дир, гьел рищулаго. Ракъи бихьани щибдай гьаз гьабизе бугебан,бокьана мусоралде богIоллъи барал хIалихьатазда цо кьогIаб рагIи абизе, гучаб гьаракьги гьабун Сариралъул тахшагьар тIуркIизабизе. Унго, гьев чиясул тухумалда рагъул соназ вакъарав чигодай вукIинчIев, унго рагъда хадусел соназ гьесул умумул бечедазул хурзабахъа гIазу хъирщун гъоркь хутIараб картошка бищизе, колхозалъул хурзабахъе тIор бакIаризе инедай ккечIел, унго, мадугьаллъиялда боцIи бугев чигодай вукIинчIев, жалго чIухIараб гьеб чед кьезе?

Лъица щиб бицаниги, цуллъун руго цо-цоял. ГIаркъица мехтарав вигьаниги, богIоца мехтарав вигьунарелъул, гьаризе бокьун буго: Аллагьас кьурал нигIматазда щукру гьабулеллъун, ракъи-къеч, рагъул кьогIлъи бихьулареллъуен диргун заманцоял хутIизе.

Нагагьлъун ракъи бихьани, биччанте, БетIергьан, доб мусоралде чед балел, жидецаго гIодобе бараб нигIмат бищизе накалда хъирщадулеллъун ХIалкIолев Дуца гьаризе. Амин.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
Ракъи бач1араб мехалъ гурони,г1адамазда чадил къимат лъаларо. worried 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook