Авторизация

Чурун болъон бацIцIунаро


Ролъул хур кванарал ганщал жалго тун…


Чурун болъон бацIцIунаро


Нилъер, чияр чи лъазе…


МагIарул мацI цIунизе ккеялъул бицунел ва нилъер рахьдал мацIалъул рахьалъ гIумруялъ хьихьарал цо-цо хIарамзадаби, чудкалги гIангурбацIалги гIадин, эркенаб «Миллат» басмаялде тIаде гуризе бокьун руго кидаго. Авар мацI, тарих ва адабиятгун маданият церетIеялъе килищалда килищ кIутIарабгIанасеб хIалтIиги гьабичIого, магIарул мацIалда хIалтIулел идараби анцI-анцI соназ чурхъулел ругел цIогьал рукIуна, борхьал кинигин, рукIназухъан хьирхьидулел. Цогидал рортачагIи ва торгIо кколеб къавм цебе гъола гьез, «чорокаб иш» гьабизе, гьурал жанир рахъулел чIорогоял жидер гвангварабазда жаниб цониги пикру загьирлъизе рес гьечIолъиялъ.


Гьел пикруялъул ва хъвадариялъул импотентал, евнухал руго анцI-анцI соназ пачалихъалъул моцIу хахулел. ГъутIбузда чIарал чIегIергъудул гIадин, гIадамазде тIаде гъиз щвалел.


Улкаялда ва Дагъистаналда хиса-басиял ва багъа-бачари байбихьидал, цIерда хIамул гIадин, чIун рукIана гьел лотаби, кьандир рачIчIалги къазарун. Бищун цIикIкIун гьел хIинкъун кIущулдизарулел чагIиги рукIана, авар халкъалъул ургъел гьабун къватIире рахъине хIадурал, миллаталъул тIалаб тIобитIизе таваккал гIурал гIадамал.


Дагъистаналда ругел магIарулазул гурелги, Азербайжаналда, Грузиялда  ругел аваразулги мурадал цIунулаан мунагьал чураяв ХIажи МахIачевас бетIерлъи гьабулеб МагIарул фронталъ. Гьеб идара гIуцIизе ккана, Дагъистаналъул цоги халкъаз магIарул халкъалда данде чабхъенал байбихьиялъ. Гьеб фронталъ чIезаруна аварал рихарал гавурал. Хадубккун МахIачевас кинаб сиясат бачун батаниги, дол соназда гьес гьабураб хIалтIи магIарул миллаталъе хIажатаб букIана.


Жакъа «Миллат» басмаялда данде гаргадулелщинал аваралилан рижарал цо-цо чагIи XX гIасруялъул 90-абилел соназда МагIарул фронталда тIасанги кIалъалаан… жиде-жидер богорукъзабахъ (гьезул жидерго ракIалдещвеялда рекъон).


Салул авлахъалда, нахъияб рахъги гIебеде битIун, бетIерги салулъ къазабун, чIараб страусалъул рагъари буго гьел «бахIарзазул» - жидедаго гьунарги гьечIел, иш гьабулелги рихарал тухьулабазул. Наккдада регарал гьабзазул мисалалда, тIепун чIун руго.


Рохьоб цIа рекIараб мехалда, гъутIбиги къотIун, гьелда дандеги цIадул мухъ гьабула. Къавудаялъ чи унтаравго, гьеб гIузруялъул дагьаб къадар вакцинаялъулъ чорхъолъе биччала. ЛъутI лъутIалъ бахъула. ЦIукIаял гIанкIалги ччугIбиги тIерелел рукIуна, цоги жанавараз жал къулчIизегIан. «ЧIаго рукIагоги – сородун, холелъулги – сородун».


«Нилъер, чияр чи лъазе, чи чIвалареб кьал ккаги», - абун магIарул аби буго. Гьаб ахираб заманалда цIакъго лъикI бичIчIана гьеб кициги гьури бахъарабщинахъе щапдолел цо-цо «аваразул» загIиплъиги.


«Миллат» басмаялда дица рахъарал макъалаби руго магIарул халкъалъул ургъалида, нилъер гIаммал масъалаби рорхун, хъварал мухъал. Къануназда данде кколареб мухъги гьениб гьечIо, къанунги республикаялъул ва пачалихъалъул цолъиги цIунун хъварал гурони. Цо-цо лагъзадерие бокьун букIана рагIаби цIацIазе ва шайтIабазул гьурал рагъаризаризе, «Миллат» газеталде гьужум гьабизе.


Гьеб аварал рихараб къокъаялъе къабулав цониги  сахав магIарулав ватулев гьечIо – Шамил имам какула, ГIабдурахIман Даниялов какула, Расул ХIамзатов какула. Гьединаб руккелалъ дунго какунилан, щибго пашманлъизе бачIунаро. Гьез веццаравани, ракIбакъвазе гIилла букIинаан.


Щай рахьдал мацIалъул цIаралда цIирцIидулел хъамалчагIазда гьадигIан цIакъ, ракI-ракIалъго «Миллат» басма рихараб бугеб? Щайгурелъул, «Миллат» басма букIиналъ, къватIиб чIвазабулеб буго гьел магIарулалъ хъвадарулелилан ругел, пачалихъалъ хьихьарал эливашазул чIобоголъи, пайда гьечIолъи. Адабияталда буго гIадамазе нух бихьизабурав Данкол ракI чIинтIарав хъурумсахъил сипат. Гьединго, агьлу гуреб къавм цо бакIалде ккани, гьез кодобе щвараб жоялда лал тIамула ва иш бажарулезде хIапдола.


Чанго номерги биччан, «Миллат» басма къалин хьул букIана гьел церетелзабазул. Амма гьале анлъго соналъ щибаб анкьалда къватIибе бачIунеб буго «Миллат». Азарабго баркала буго «Миллат» цIалулезе, бокьулезе. Редколлегиялда ва басмаялда бугьтанал лъолел, миллатчилъиялъул ва цоги цIарал «Миллаталда» рекIинаризе хъетIолел цо-цо чакъалалги руго. Гьедин бугониги, магIарулазул пикру, мурад, масъала «Миллат» басмаялъ загьир гьаризе руго, кигIан цIакъ гьел рухIчIаголъаби гIергIеданиги.


Авар халкъги, тарихги, мацIги, маданиятги хириял гIадамазе нилъер мацIалда басмаби цIикIкIинеги бокьула, цIиял газетазе ва журналазе кумек гьабизеги рортула. КIалалъ  «магIарул мацI цIунизе ккола» абунги бачун, нахъияб рахъалъ гьеб мацI хвезабулеб ва мацIалъул цIаралдасан цIогьодулеб тайпа жахIдаялъул цIаялъ бухIулебги букIуна.


XX гIасруялъул 90-абилел соназдаса хадур рахъана «Сабаб», «Имамат» журналал, «МагIарулал», «ЖамагIат», «Заманалда цадахъ», «Аваристан» ва цогидалги казиятал. Гьезги жидерго бакI ккуна нилъер миллияб тарихалда ва печаталда жаниб. Амма цо-цоязе гьеб хIужа бихьизе бокьун гьечIо, хIамузда кIуртул гIадин, жалго жидедаго берцин рихьун, цогидал рихьулареб ххвелал гьарулел руго. Халкъалда кинабго бихьула.


Гьединаб чIамучIаб, чIобогояб, гьодораб, нахъегIанаб къавмалъул хIакъалъулъ гьадинал рагIаби нахъе тана авар адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажияс: «Чурун болъон бацIцIунаро, гохIда гьабун хIор чIоларо, къан хIамил рачIчI букIунаро».


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +88
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьединал "болъоналгун"даг1бадун,гьезие тарбия кьун жо кколаро,Х1амзат,болъон болъонлъун хут1ула кидаго,квер хьваг1ун,жидерабго гьабизе ккола,гьезде к1вар кьеч1ого!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook