Авторизация

Горо-цIер бан хадуб…

Дагъистан – «Миллаталъул» бераз


Горо-цIер бан хадуб…


МагIарухъ –  тIабигIияб балагь


Аллагьасул ццин бахъун барабгIаги батугеги


Синоптиказул цереккунисел баяназда рекъон, Россиялъул Югалъе июнь моцI лъазабун букIана гIемер цIадал ралеб ва кьерхараблъун, бакI-бакIазда горо-цIер бан, тIабигIияб гучалъ зарал-зиян гьабизеги бегьулилан бицун букIана гьава-бакъалда хадуб хал кколез рии байбихьараб мехалъго. Метеорологазда божи-божунгутIи щивасул жинди-жиндир иш буго, амма гьал ахирал къоязда, Северияб Кавказалъул республикабаздаса байбихьун, магIарухъ лъугьунел ругел тIабигIиял балагьаз «Аллагьасул гIадамазда ццин бахъунгIаги батугегиян» абизе тIамулел руго…


28 июналда, ракIалдаго гьечIого, Хунзахъ районалда базе лъугьараб гарица, битIахъего абуни, чIабар гьабуна гIадамазул рекьарал гьоцIу-пастIабазулгун хур-хералъул. Жинда гьоркьоб цIикIкIунисел гарал цIулакьоялдаса гIисинал рукIинчIеб «зодил жазаялъ» гъурана пихъил гъутIби, шифер тIад ккурал тIохал, гордабазда лъурал цIурдул, тIе-тIезаруна токалъул, бухьеналъул кварал. Бащдаб сагIаталдасаги цIикIкIун заманалъ бараб гарица чурун, риххизаруна нухал, чухIана къватIир хутIун рукIарал машинаби, ккана хIужаби, цо-цо гIадамазул рокъобе лъим кIанцIун, гIураб зарал гьабуралги. ТIабигIияб балагьалъ районалда ругелщинал росабазда кверщел гьабунилан кканиги, гьелъул цIикIкIунисеб кьаби щвана тIалъиялда ругел росабазде.


ХIалтIулал гIуцIабазул минабазе ва хасал гIадамазул рукъзабазе ккараб зарал бецIулеб буго, гIицIго шифер гъурун ялъуни къадал риххун ругони. Дида лъаларо, щай бекьараб хур-хералъул (хасго гIицIго гьелдасан щолеб хайиралъ хьихьаразе!?) зарал кIвар бугеблъун иш тIадал идарабазда бихьичIебали. Амма гьаб бакIалда ракIалде щвана «Летний день  год кормит», - ан гIурусазул кици. Исанасеб бачIинги хундерица гъираялда кванай щакаб жо… Аллагьас лъикIаб хъван батаги.


Тохлъукьегояб горо-цIералъул балагьалъ гьабураб зарал ва гIадамазе гьелъул компенсациял кьезе районалъул ва Хунзахъ росдал администрациязда гIуцIун руго хасал комиссиял. Ккараб заралалъул бицун, гIарза хъвазе щивав районцояв ине кколев вуго жиде-жидер росдал администрациялде. Нахъе гьединал балагьаздаса цIунун таги ТIадегIанас нилъ киналго. Амин.


Кин лъугьунеб гIажаибаб хIикмат –  горо ?


Байбихьула горо-цIералъ жиндирго сапар 5  километралъ рикIкIад зодоб – гьениб бухIараб риидалцин 15 градусалдаса температура тIаде бахунаро. ЦIадал къатIраби цIорораб гьаваялдасан, цин эхеде ун, хадур гIодоре ун, сверула цIорол гаразде. Цо-цо мехалъ гьел цIакъго гIемер заманалъ хутIула  гьаваялъул цIорорал гъатазда  гъорлъ гъоркье-тIаде хьвадулел, гьеб мехалда, кIодолъула, кьаралъула гарал ва, гьаваялъул чвахиялда данде чIун, гIодоре рортизе  кIолеб къадаралде рахиндал, цIадал бакIалда базе лъугьуна, доб нилъеда 2012 соналъул 6 июлалъ ва гьанже бихьараб гIадаб, хIатта жеги къуватабгицин горо-цIер. Горо гъорлъ бугеб накIкI батIа бахъизе лъала гьелъул чIегIерлъиялдалъун ва кIодолъиялдалъун, бегIерал тIогьалги ругеб кьурул сирталда релълъун букIуна гьеб цIикIкIуниселъ.


 Телескопалдасан ялъуни лъикIал дурнабаздасан ралагьани, бихьула доб дица тIадехун рехсараб гаразул багъа-бачариги. ГIалимзабаз цебегоялдаса нахъе хIаракат бахъулеб буго гарица  рухиялдаса жалго цIунизе: горо щущазабизелъун, жаниб жоги лъун, накIкIулъе ракетаби риччан, самолетаздасан гьелда речIчIун… гьабичIеб щибго течIо инсанас тIабигIияб балагь нахъчIвазе. Амма горо-цIер балеб буго, гьелъ чIабар гьабулеб буго ахазул, хур-хералъул, гIажиз гьарулел ва чIвалел руго хIайваналгун гIадамал…


Аллагьас цIунаги.


Бищунго-бищунго…


1981 соналда Китаялда бараб гарил цо-цоялда бук1ана 7 кг.  Гьеб вахIшияб стихиялъ чIван вуго 5 чи ва щущазабун буго 10 500 мина.

1986 соналъул 14 апрелалда  Бангладешалда бана  щибалда цо-цо килограмм бугеб горо.


СШАялъул Канзас штаталда 1879 соналъул 30 маялда  смерчалдаса хадуб бараб гарил диаметр бук1ун буго 38 см.  Ракьалде гьеб щун  хадуб рахъарал гундбузул гъварилъийин абуни 18-20 сантиметралда бащадаб бук1ун буго.

Цо-цо мехалда гороялда жаниб щиб-щибниги батарал х1ужабиги кколел руго. Гьедин СШАялда 1894 соналда батун буго, жинда жаниб 20 см. халалъи черхалъул  бугеб щурункъверкъ къараб, к1удияб  горо.



Автор: Фатима Мух1амадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook