Авторизация

Умумузул бертаби кIоченчIого рукIине

Лъица тIобитIулеб умумузул зурма-къалигун, ихтилат-кепгун унго-унгояб магIарул гIадаталда рекъон бертин? Бечедал столалгун фанераялъул кочIохъабаз цIурал банкетазул залазда гIодорги чIун, нилъеда гIемериселъ кIочонго тун батула цебе кин сухIматал тIоритIулел рукIаралали


Цебесеб цIуниялъул ва рукIинесел гIелазухъе гьеб кьеялъул мурадалда, районалъул культураялъул отделалъ Дагъистаналъул Халкъияв шагIир ГIабасил МахIамадил минаялъуб тIобитIана унго-унгояб умумузул бертадул тадбир. Гьеб документалияб фильмалде буссинабун цIунизелъун ахIун рукIана республикаялдаса съемкабазул бригадаги. ЦIа-рагI, гьелда жаниб умумузул квен-цIа, къайи-къоно, ретIа-къай, анкьидасан хIакъикъаталдаги рахъине ругел жалго бахIарал-кинабго букIана миллияб, нилъерабго! Балагьаразе хасго интерес букIана «бахIарай йищи» умумузул бертадул гIадат бихьизабиялъул. Микьго «бахIаралда» гьоркьой хIакъикъияй ятIаяхъизе лъазе кколеб букIана бахIарасул рахъалда. Гьеб лъазегIан гьезие кьечIеб гIакъуба течIо бахIаралъул чагIазги: я кечI ахIизе тIамун,я цо хIатIида кьурдизе тIамун, я гIарац бахъун.


Нахъисеб къоялъ жидерго цIа-рагIалъулгун тIагIалабазул выставкагун бархъалиселги рачIана ханзабазул тIалъиялде.

Сундухъ букIаниги гьеб бича-хисизе кIудабазул заманалъ серхIазул махщелчагIи хьвадулел рукIараб куцги ракIалде щвезабун, хундерица къокъаб заманалда жаниб гьезул даранги битIизабуна: щагIил дадазда, хъубузда, рагIазда, суркIузда битIахъего абуни, хIур бахъинабуна гьаз. Анкьумумузул батараб гIадат, гIамал-хасият, рукIа-рахъин цIигьабизе нилъер гьаниб гьал къояз бахъараб хIаракат бихьидал, рекIеде цо кIудияб парахалъи рещтIана дирги. Араб лъазеги, умумул рекIелъ цIунизеги тавпикъ кьеги киназего. Амин.


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
МашаАллагь Аллагь разилъаги,гьел хӏаракатчагӏаздаса,ракӏ боххизабуна битӏун бицани,мисалал босизе ккола.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook