Авторизация

Архимедги, Вальтер Скоттги, ГIабасилавги


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Архимедги, Вальтер Скоттги, ГIабасилавги


«…Гьеб заманаялда цIакъго вахIшияб гIадат букIана гIурусазги муридазги хIалтIизабулеб – чIварасул бетIер къотIулеб. БутIрул къотIизеян муридзаби лъугьиндал, биччачIо Ахъбердилас. Гьеб биччачIолъи гIечIелъубе, тIадкъайгун къвакIарал муридзабазул хассаб къукъа битIана гьеб гIагардегIан бугеб хъалаялде, квезеги ккун, балъго кашиш вачун рачIаян. РачIана гьел гьевги вухьун вачун, гьесул кIалдибе, ахIдечIого вукIине, кIудияб квербацIцIги бугIун.


Ахъбердилас гьесда тIасалъугьин гьарана, гьесда бихьизабураб къварилъиялъухъ. Кванагъаназеги гьавун, гьав кашишасда абуна, гIурусазул чIваралщинал, хиристиан диналда данде кколеб куцалъ рукъеян ва кумекги кьуна чамалиго чиясдасан. Гьеб тIубан бахъиндал, къого гъурущ гIарацги хIалтIухъ кьун, долго муридзабиги ритIун, гьев ватарабго бакIалде щвезавуна.


Гьеб иш ккаралдаса гIурус абицерзабазги гьукъана гьеб вахIшияб гIадат гьабизе, гьал муридзабазги тIокIаб гьабичIо. ЧIварал чагIи чIвавухъе рукъулел рукIана. Муридзабаз гьезие хассал хабзалцин чIезарулел рукIана».


Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МахIамадил «Хунзахъа Ахъбердилав» абураб тарихияб къисаялдаса мухъал ккола гьал. ГIабасиласул цIияб тIехь цIалидал, «Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан» абураб цIаралъе гьев мустахIикъав вукIин якъинлъула. «Дагъистаналъул халкъияв драматург» абураб цIар жеги ургъун гьечIо. Гьебги цIакъ рекъелаан ГIабасиласда.


Араб арбагI къоялъ, 2012 соналъул 11 июлалда, Хунзахъ ва ЛъагIилухъ кIодо гьабуна ГIабасил МахIамадица 80 сон тIубай. Гьеб байрам араб куц бицина газет-журналазда, бихьизабила телевидениялъ, къватIибе кьела радиоялъ. Бокьун буго гьаб колонкаялда ГIабасиласул асараз диего гьабураб асаралъул бакка-бахъи гьабизе.


 Пушкинил хIакъалъулъ Твардовскияс абун буго гьев нилъер гIумрудулъе лъимерлъудаго вачIунин ва тIокIалъ гьес нилъ рехун толарилан. Гьадинаб буго кIудиял хъвадарухъабазул къисмат. Миллионал лъимал куцала Пушкинил маргьабаз, гьезул сюжетазда лъурал мультфильмаз. МагIаруласда ГIабасилавги лъимерлъудаго лъала. ГьабсагIатги ракIалда буго «Букваралда» бахъараб бацIил тIанчIил ва бисил тIанчIил бицараб МахIамадил кечI. ГIисинаб гIелалъе хъварал кучIдул, харбилаби гIезегIан руго ГIабасиласул. Гьезда рекъонги лъезе бегьула мультфильмал.


Гьаб колонка хъвалелде хъирщардана анцIилъа арал дирго дневниказул даптаразулъ. ГIабасиласулгун рукIарал дандчIваязул мухIканго хъван буго гьениб. Къого сон барав чи щун вуго дун тIоцеве гьесухъе – 2001 соналъул 13 январалда. Дирго хъвара-тараб жоги гьоркьоб лъуна доб къоялъ. ГIемерал дарсал кьуна ГIабасилас дие. Доб дандчIваялда ГIабасилас дие сайгъат гьабуна жиндирго бищунго машгьураб  тIехь – «Рокьул таватурал».


ХIакъикъаталдаги хIикматал асарал руго гьел. Гьел асарал ккола тарихиялги, психологиялги, рукIа-рахъиналъулги, хъизан-рукъалъулги, рокьулги асарал. Литературоведениялъ цIех-рех гьабурал таманал жанрал жанире рачуна гьел трагедияз. МагIарул мацIги буго гьениб, гьекъон хIалхIолареб мугIрул ицц гIадаб.


Тарихиял романазе кьучI лъурав Вальтер Скоттица асарал хъвалаан англосаксазул некIсияб минаялъур. ГIабасиласдаги даим цадахъ букIана ва буго магIарул рухI, нилъер маданият. ЛъагIилухъ бугеб гьесул музеялде жанире руссун руго гIумруялъ хъвадарухъанас данде гьарурал магIаруллъиялъул нугIзалги, гIаламаталги, хазинабиги.


Жакъа гIемер бицине кколеб буго нилъер халкъ бикь-бикьичIого, цолъун, гъункун, цили-буцур гIадин букIине хIажат бугилан. Гьеб масъала цебе лъей цо-цояз жидеего реклама гьабиялде сверизабулеб буго. Гьел рияъчагIазул пишабаздаса азарцIул цIикIкIун кIварги магIнаги буго ГIабасиласул ва гьесул асаразул нилъер халкъ цолъизабиялъеги. ЦIунтIаги, ЦIумадаги, Болъихъги сонал тIамуна ГIабасилас. Гьел жамагIатазул тарихги жакъасеб къоги буго МахIамадил асаразулъ. Гьел росабазул гIадамазе цIакъго хириявги вуго шагIир.


МагIарухъе щвечIев чи магIарул хъвадарухъан вукIунаро. ГIабасилав вуго нусцIул халкъияв шагIир, халкъалда гъорлъ, магIарулазул батIи-батIиял росабалъ гIумру тIамиялъги гьелъул хIасилалда хъварал машгьурал асарал гьесул рукIиналъги. ШагIир жиндирго росулъе тIадвуссиналъулъги буго цо хIикмалъиги кIодолъиги. ГIабасиласул асаралги гIумруги сонал анагIан цIикIкIун  ричIчIизе руго магIарулазда.

НекIсияб Грециялъул гIалимчи Архимедица абун буго, квер базе бакI (дандечIей бугеб бакI) балагьейин, жиндица дунял тиризабизе бугилан. Архимедица цIехолеб букIараб жоялде магIарулаз абула мугъ чIвалеб кьуруйилан. Гьединаб бакI буго нилъее магIарул росу. Гьединал кьурабилъун руго нилъее ГIабасилавги гьесул асаралги.


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +95
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагьас мунагьал чураги Г1абасиласул,гьунар бугев драматург вук1ана,гьес хъвараб лъабго пьесс хут1ила маг1арулазе абадиялъго! blush 
eldar suguri,

Амин. Драматург гуревги, шагIирги, прозаикги, редакторги кколаан ГIабасил МухIамад. Гьес квер бачIеб рахъги, жанрги, темаги къанагIат руго. ЦIакъ къиматаб адабияталъул ирс нахъе тана гьес.

Hamzatavari,Гьес къач1ач1еб т1ехьги батиларо цониги нилъер маг1арул шаг1ир-хъвадарахъанасул ,70 соназда байбихьун 2000 соназда щвезег1ан!
Щвалде щун магIарул мацIги лъалев, гьалбалги хирияв, къанагIатаб гьунаралъул ва кIудияб даражаялъул хъвадарухъан вукIана мунагьал чурад.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook