Авторизация

Дуниял цIунулеб рагIи анищ цо…


Дуниял цIунулеб рагIи анищ цо…


2017 соналъул 18 апрелалда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда тIобитIана авар адабияталъул къо. Республикаялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул магIарул секциялъ гIуцIараб гьеб дандеруссиналда шагIирзабаз цIиял асарал цIалана ва рахьдал мацIги  адабиятги церетIезариялъе гьаризе кколел ишал гьоркьор лъуна.


«Дир рекIел дуниял… Дица гьеб кьуна кьурабалъ бижараб магIарул кочIой», - абун хъвана мунагьал чураяв ГIумар-хIажи Шахтамановас. Ахираб анцIго-къого соналда жаниб магIарул литератураялъе ккарал кIудиял камиязул бицун, ахираталде къокъарал чIахIиял хъвадарухъаби ракIалде щвезаруна данделъиялда.


Миллиял секциязул дандеруссинал гьари ва цIиял асарал гьоркьор лъей Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда жеги мунагьал чураяв ХIамзатил Расулицаго билълъинабураб къагIида ккола.


Дагъистан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул иргадулаб данделъи бачана гьеб секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, шагIир, публицист, Дагъистаналъул маданияталъул мустахIикъав хIалтIухъан, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Пачалихъияб премиялъул ва ХъахIабросулъа МахIмудил шапакъаталъул лауреат МухIамад ПатахIовас.


ЦIиял асарал цIалана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, шагIирзаби МухIамад ПатахIовас, МухIамад ХIамзаевас, Наби ГIисаевас, Шамил МухIидиновас, Макъсуд ЗайнулгIабидовас, АсхIабгIали ХIасановас, Къурбан КIулизановас, Залму Батировалъ, ХъистIаман СултIанбеговалъ, Залму МухIамадовалъ, Манарша ГIисаевалъ, Умарагьи СалихIовалъ, Сабигат МухIамадовалъ, ГIайшат Ибрагьимовалъ ва цогидазги.


Гьединго дандеруссиналда кучIдул цIалана гIолохъанал шагIирзаби ПатIимат ГIабдурахIмановалъ, ПатIимат МухIамадовалъ ва НасихIат ГIабдурашидовалъ.


Асаразул гIолел-гIоларел рахъал рихьизаруна «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор ва «Миллат» басмаялъул генералияв директор, литературовед ва публицист МухIамад БисавгIалиевас.


Жакъа рахьдал мацIалъулги магIарул басмабазулги бугеб хIалалъул бицун, гьеб миллияб рухIияб хазина цIуниялъе ва камил гьабиялъе гIумруялде рахъинаризе кколел тадбиразул рехсей гьабуна Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху МухIидиновалъ ва Авар басмабазул цолъиялъул бетIер МухIамадрасул ГIумаровас.


МагIарул мацI цIуниялъул хIалтIи гьабизе хасаб фонд гIуцIиялъул пикру загьир гьабуна МухIамад ХIамзаевас. Умумузул лъикIал гIадатал кIочон тезе бегьуларилан абуна МухIамад АхIмадовас. Гьес лъикIаб къимат кьуна Шамил мухъалъул ХIотода росулъ, мугьги бан, телефоналгун телевизоралги свинарун, бацIцIадаб магIарул мацIалда кIалъан, цоцазулгун накъитал гIуцIун, умумузул гIадат цIигьабиялъе. Цогидазги гьездасан мисал босизе ккелилан абуна АхIмадовас. Гьеб къагIида тIадбуссинабиялъул хIакъалъулъ АхIмадовас цIалун буго «Миллат» басмаялда ПатIимат ГьитIиновалъул макъалаялда.


МагIарул хъвадарухъабазул дандеруссиналда гьединго дандрана рахьдал мацIалда мультфильмал гьариялъул, телевидениялдасан анкьил лъугьа-бахъинал кьеялъул, школазда, пачалихъиял идарабазда ва цоги гIуцIабазда авар мацIалъ кколеб бутIа цIикIкIинабиялъул суалал.

МагIарул мухъазде ва росабалъе гIадамалгун дандчIвазе жеги гIемер сапарал рухьине ккеялъулги, хъвадарухъабазул тIахьал тIиритIизариялъулги, рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул даража борхизабиялъулги, гIагараб мацIалъул дарсал лъималаз лъазариялъе умумузул тIалаб хIажат букIиналъулги, цоги кIвар бугел масъалабиги гьоркьор лъуна секциялъул дандеруссиналда.


ХIамзатил Расулица гьадин хъвана хъвадарухъанасул борчалъулъ хIакъалъулъ:


Дунял гьабилелде, дида рагIана,

РагIи букIанила цебе абулеб:

Я амру лъаларо, я гьа лъаларо,

Я гьари лъаларо, я как лъаларо.


Гьаб ругъназул цIураб, бида бецIцIулеб

Дуниял цIунулеб рагIи анищ цо:

Жибго амру гIадаб, жибго гьа гIадаб,

Жибго гьари гIадаб, жибго как гIадаб.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +96
  • Нравится
Оставить комментарий
Баракатаб тадбир батаги,антология биччаялъул х1алт1и кин унеб бугеб Х1амзат?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook