Авторизация

Кинав бетIер вугони, нужер тIул-ракI разилъулеб?!


Хъулухъалде тIамурав чи нахъего инчIого  седон гъоб тахида вукIине кколин абураб пикру букIуна гIемеразул. 

71 сон тIубазегIан къадруял хъулухъазда, бацIцIадаб гIумруялдаги вукIун хIалхьиялде чан кIудияв хIаким арав?

ХIалхьиялдаги Рамазан ГIабдулатIипов хутIилищ, хIалухъин гIемераб, гIакъиллъиялъулгун лъаялъул чанги хур бекьарав чи вуго, бачIин камунги гьев вукIинаро.

 Цо кверзул килщазде рикIкIизеги ругищ гьединал аксакалал?!

 ХIакимзабиги цIакъ батIи-батIиял рукIуна, анцI-анцI соназ цого бакIалда ругониги пайда гьабуларелги, чIвадарухъабиги, интриганалги, ханлъун жалго рихьулелги, рачIун рахъиналде, тахида гIодор чIезе регIичIого хIалтIулелги.

 Рамазан ГIабдулатIиповас гьабунщинаб цебе бахъизе, биценалъе гIасраби руго цере- ян дица абуни велъулевги чи камиларо. Амма, гьеб заманаялъ бихьизабила, мехалъ борцина.

 Карщица кIал бухIани кIанцIолел, чияр цIаралда нахъа рахчун хъвадарулел «бахIарзазе» ресал гIемераб заман буго гьаб. Мунагьал чураяв Суракъатица абулаан «чакъалалъул руруялъе гъалбацIалъ жаваб кьоларо»-ян, гьедин кIваргьабичIого тола дицани мукъсанаб гIакълуялъул питначагIи.

 ГIабдулатIипов Дагъистаналъул бетIерлъуде жив вачIинегIанги лъилниги рагьтIа тарав, гьардухъ арав яги сундухъниги ракьа цебе рехарав чи вукIинчIо. Гьев вукIана ва вуго, жиндир лъайгун гIакълуялъ борхалъуде вахъаниги, «росдал васлъун» кидаго хутIарав бихьинчи.

Дицаги нужецаги гьев гIакъилав философлъун толаан, буюрухъал кьун гьабулеб гьесул хIалтIиги нилъеда бихьун букIинчIо. Бихьана, рагIана, гIезегIан дандчIвана. ТIехги, лъимги, чакарги тIад лъураб гъадаро цебе бегьидал, жинцаго лълъаранибе тIун рекъезабун гьеб нигIматги гьекъана. ТIоцебе дица гьеб пикру загьир гьабидал киналго данде чIчIана, бегьилишилаха тIуварав президентасе тIехги лъимги кьезе. Бегьулеб букIун буго гури! Щай? Щагурелъул, гъосул жиндирго росдал ицул лълъималдасаги, инсул хуриса гьохъил тIохол тIагIамалдасаги чIалгIен буссунарого букIун. Гьединав чияс Дагъистаналъе лъикIлъи гурони квешлъи гьабулеб букIанин абураб жоялда кидаго божичIо. Ккун гъванщагун къелълъ разе кколезе гIадлу гьабичIогоги гьев тIуван ватиларо, тIубан квешлъиялда хIуч цIцIанги бахъун батиларо.

 ГIурус пачаясул къанунал цIуничIогоги гьев тIувалароан, тIасан борчIун нилъер миллияб чIухIиялда мал базеги гьес течIеблъи бихьана. РухIияб язихълъиялдаса халкъ нахъе цIцIазе чан кIудияб иш гьес гьабураб!

Ле! Йо!, сундаго рекъоларел магIарулал, кинав бетIер вугони нужер тIул-ракI разилъулеб?!     Гьерсил пенсиябаз понцIон, цIцIадал хIамул гIадин кIухIаллъун герегдахъдилел рортула гIунгутIаби цIехезе. Дун гьел гIунгутIабазде регIичIо, рихьичIо хIукуматалъе хIалтIулей йикIун, миллаталъе хIажатаб ккани гьение йортун, мугIрулгун тIабигIат бокьиялъ гьелде йикьун. Амма, дида рагIана ГIабдулатIиповасул ахIи (зун-зунараб зигарди гуроха), Дагъистаналде унго-унгояб рокьигун  гьабулеб аманат. Нужеда рагIичIищ?!

«Ле, магIарулав, дурго инсул кули цIигьабе! Ле, гIолохъаби, ясал нилъер умумузул ретIел музеязда бан течIого ретIе! Ле, районалъул бетIер, дуца рагъда хваразулги, херлъун рокъор ругелги ветераназул адаб цIуне! ГIорал, рохьал, гIалахъал, къватIал рацIцIе, гьаб нилъер ракь буго! Хурзал рекье, гьениса нигIмат баракатаб ва бацIцIадаб буго! Умумуз гьабулеб батараб бацIцIадаб диналъул нухдаса таруге! ГIолохъаби, рохьахъе рахчизе  инчIого нилъерго ракь тIегьазабулеб магIишаталде русса! Дагъистаналъул бечедаб тарих цIуне, росаби чIунтизе тоге, кIвахIги нахъе бачахъун  ахикье, хурире, бахчабахъе рахъа! ГIарцухъ бичун диплом босичIого, мунго цIалун лъай тIалаб гьабе!!...»

 Гьеб ахIиялда цадахъго бокьарав чиясда бичIчIулареб махсароги букIана. Гьелъулъги буго ГIабдулатIиповасул  гIажаибаб хаслъи. Гьев вичIчIичIезда дун гурхIула. Жалгоги, жидер яшавги, росу-ракьги ричIчIуларел чагIи руго гьел.

 Щив ватаниги иман  бижаги, жавгьар гIадаб нилъер мугIрузул улкаяллъул нухмалъуде вачIунев чиясул рекIелъ. ХъантIиги, хиянатги къабулав ватугеги гьев, баракат гьечIел гIадамалги рикIкIадго хутIаги гьесдаса.

 Аллагь гурхIаги нилъеда киназдаго.

Кив вугониги ахIаралъуве вахъине, аралъув ватизе тавпикъ, баракатал сонал кьеги, нилъер мадугьал, Рамазаниеги.


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook