Авторизация

Гьоорисезул сиялги, гIадамалги, гIадаталги…



(Сапаралдаса хъвай-хъвагIаял)


Гьал къоязда республикаялда ккарал лъугьа-бахъиназда гъорлъ нужее бицине гIадаб хабар батулеб гьечIо. Гьединлъидал бицинчIого толеб буго. Дица нужее бицина араб шамат къоялъ дунго сапаралъ къватIиве ккеялъул. 

КъватIив улкабазде гуревха, тахшагьар тун къватIиве, тIадмагIарухъе. Цевехун чанго нухалдаго гIадин, гьаб нухалдаги дун магIарухъе сапаралъ цадахъ вачана Гьочоса Давудов МухIамадица. 


Хасало нижер цадахъаб сапар букIана Къарахъе, гьелъул рахъалъ дица бицун букIана нужее казияталдаса. Гьаб нухалда сапар бухьана некIсиял сияздалъун, къадал устарзабаздалъун, тIарикъаталъул шайихзабаздалъун, гIасрабаца гьоркьоб къотIичIого магIаруллъиялъул гIадат-гIамалги, ретIел-хьитги, чухъа-рачелги, ханжар-тIамурги, кинабго нилъ ратIа рахъизе лъалел гIаламатал цIунараб Шамил районалъул, КъахIиб мухъалъул Гьоор росулъе. Гьаб макъала хъвазе дида ракIалда букIинчIо сапаралъ унаго, гьабсагIаталдаги жо ккелин кколаро бихьа-рагIаралъул мухIканго бицун. Амма гIажаибаб, цойги Дагъистаналда гьечIеб гIадаб росу буго Гьоор.


Росу бакьулъ нижеда дандчIвай гьабуна нижер цонигиязда лъаларел чагIаца. Сапаралъ цадахъ йикIарай Хатимат МухIамадовалъ мугIалим Раисат гьикъана, Давудовас росдал бегавул гьикъана, дун вукIана ахIичIеб берталъа лъутарав ГIалихIажи гIадин, щибизе ва лъихъе унев лъачIониги гьезда хаду-хадув вилълъунев. 



Гьеле гьев ахIичIеб берталъа лъутарав ГIалихIажил ва гьев кьурдизе ахIарав ГIабдулжалилил бицина дица нужее цо дагьаб мехалъ гьанир гьоориселгун гьалбалги тун.


-Диплом щолу багIа ди даб къоялъ, – ин байбихьана бицине цо нухалъ жиндирго хIакъалъулъ мунагьал чураяв дир гьудул, Рилъаса ГIабдулжалилица. Хадуб горсвериялда жиндир «багIа» бичIчIуларелги гIолохъаби рихьидал, болмацIалде вачIана.

- Чвантиниб цо капек букIинчIо диплом чуризе. Ругел кепказухъ шишаги, закускаги босун ана ралъдал рагIалде. ГIечIо нижее гьекъараб жо, тIокIаб кепек гIарацги букIинчIо. РачIунел рукIана Авар театралдехун сверун, буго бачунеб зурма-къалиги, кьурдулеб гIаламги, лъилалиго бертин кIиабилеб тIалаялда. 

- Гьале нилъер бакI, – ин абуна дица бертадехун бетIерги хьвагIун. Инеги ун кIалтIа ватарав чиясда гьикъана лъил бертин гьабилан. Щивалиго совминалда хIалтIулев чиновникасул васасул бертинила. ЦIар лъазабуна бахIарасул, вачIун ахIана ракъуца холел студенталги цадахъ, ккуна цо бищунго квен гьарзаяб стол ва гIодор чIана. Цо бокIнилъа сверун къапилагун чIегIераб ишляпагун МухIамад Хачилаев ваккана ва цо чехь бугев чиясда къвалал рана. Цойги рахъалъан Фазу ГIалиева гвангъана, гьелда къочарулел ва гьей къочулел къапилаби рукIана сверухъ. Кванана, гьекъана, цо заманалдасан лъикI цIа-кан бахарав дир хиял лъун букIана цо кьурди гьабизе. Валагьана гьудулзабахъ, щугоясда жанив къватIиве кин лъутилев, гьенив кин чIелев лъаларого битIахъе помидор гIадин багIарлъун вугоан гIаракъи гьекъоларев дир гьудул ГIалихIажи. Ишараби гьарулел рукIана къватIир рахъаян. Гьеле гьеб мехалда бачIана дир гъоркьгоги кьерхараб ботIролъе цо рекIкIаб пикру. ТIадеги вахъун цIан витIун вилълъана тамадаясда аскIове, гьарана микрофон:

 

- Бакъан чIезабе!!! – ян ахIана дица бугеб рухIалъ. Киданиги ракIалдецин ккун букIинчIо гьедин бакъан чIелилан. ЧIана бакъан, азарго чи вугеб бакIалда лъугьана сихIкъотIи, кIиазарго бер букIана дихъ балагьун, дун хIинкъана, дагьавго вигьарав гIадин лъугьана, цо талихI ккана тохлъукьего бачIараб поездалъул маххул гьакибурдузул два-дваргъи баккун. Кин бугониги, хIукму ккана баркизе бахIарасда, цевеги вахъун вугелъул. Лъалелги лъаларелги гIантал щинал жал рицунел рукIана ахIунго ахIун, бахIарав СагIид дир гьудул вугин, тамадаяс диде къулун СултIан бугин цIарин абуна. 

«Султан нормальный пацан» - абун гIорхъолъа ун пасихIаб нотаялда лъугIана дир тост. Дида бичIчIана гьедин цIуяб хIалалъ лъугIизе бегьулареблъи. «А теперь - внимание!!! Объявляется танец Алигаджи Алиева и Фазу Алиевой!!!» - абун ахIана дица бугеб рухIалъ. Данделъиялда хъатчIвай ва гьещтIолел гIадамалгун бакъан баккана. Вихьана гIадамалги мерхьун, лъутун унев ГIалихIажи. ХIукму ккана векерун кквезе ва бакьулъе тункизе Фазуда данде. Фазу цо кьердаса гIаламги бахъинабун ячIуней йикIана. ГIалихIажи ворчIана гIаламги мерхьун къватIиве, гьесда хадув вортулев дица нухда ватарав лъикI мехтарав Руслан ана валагьизавун кьурдизе. Руслан гIинда нахъа цояб зарги ккун, цоябги кверги гIебеде битIун воржине къачIарав гIадин унев вукIана Фазуда тIаде. Цо заманалда хIатIида рукIарал тапочкабиги рахъун, реххун Фазуги тун, битIахъе, хIатал рихьулареб хIалалъ терххезе лъугьана. Фазу махщалида цо свериги бахъун, санагIат гьечIев гьоболасде мугъги реххун жиндир рукIние ана. 

 

-БагIараб кеп берталъ» - ин лъугIизабуна ГIабдужалилица хабар. 

 

Берталъа лъутун арав ГIалихIажил бакIалде дунго ккараб гIадаб асар букIана гьоорисезул къватI чIван унев Давудовасда хадув вачIунаго дир. Циндаго ккана цо гIемер магIарул кочIолъ ахIараб билил рагъиялда жанире. Гьенисаги жаниб цIа бакулеб гъансито, цагъур, къеда некIсиял тIагIелал, гъуд-гIучI, ретIел-партал, чухъа-рачел ва цогидабги арал гIасрабазул гIаламатал ругеб минаялъуре рачана ниж гьоорисез. 



Гьенир мокърукь ругел чIалабаца, бусада бугеб туртица, нус-нус сонаца цIунараб миллияб ретIел ретIарал руччабаца ва бихьиназ цебесеб заманалде, арал гIасрабазде рачараб гIадаб асар лъугьана.


Рукъ букIана къайи-свери ва жаниб бугеб жоялъухъ балагьун доб заманалда ресалда вугев, бечедав чиясул букIараб. Хадур щварал баяназ ва лъай-хъваялъ мухIкан гьабуна жакъасев ирсилавги умумуздаса нахъе ккун гьечIевлъи. Гьев ватана Шамил районалъул финансазул управлениялъул нухмалъулев Муслим, бицунеб ва гьабулелъухъ балагьун магIна бугев, хьвадизе лъалев чи вугоан. Нижеца рукъалъул къайи-цIаялъулгун лъай – хъван гьабун бахъиналде гIедерал магIарул руччабаца рагъида тепсиги тIибитIун, кванде ахIана хехго. 



Дун вукIана хиялалъ, гIемер Гьоорире хьвадулеб гIаламги бихьанин интернеталда хъваралъухъ балагьун, рачIанщиназе гьан белъун, чIагIа тIун бакIлъиларищ азие гьаб хIурматин. Гьаб бакIала гьориселги тун цойги мисал бачина дица нужее.


«ХъахIаб росулъа МахIмудица 100 сон тIубана, 110 тIубана, 120 тIубанаян щибаб гургинаб тарих бачIанщинахъе тIубараб Дагъистаналъул гьекъолдухъаби доре рачIун, колхозалъул куйдул хъвзе ккун, кигIан босаниги гьекъолеб жо гIолареб мехалда, цо ццин бахъарав ХъахIабросдал бегавулас абун бугила: «Я вац, гьав къайибухIад Анасил МахIутI гьанив ХъахIаб росулъ гьавичIого, ИщтIибурив яги ЦIатIанихъ гьавизе рес букIинчIищ?» - илан. 


Гьезухъего ккечIони гьоорисезулгун сиязул къисматги абурал пикрабалъ дун вукIаго, тепсиялде кьолеб жо къотIулеб букIинчIо. ШагIирас абухъе, «бежулел, белъунел махIал рахъана ва нахъа рокъоса шиша бачIана».

Шиша бачIинчIо, гьеб бачIани, гьел гьоорисел рукIунароан, чIорогоги течIо, чIорого таниги рукIунароан гьел гьоорисел. БачIана анкьумумуца гьабулеб букIараб къагIидаян цо багIарккараб кьералъул лъамалъи. «ЧIагIа» бугила гьалда цIар абун тIуна цIорол истакабахъе. Гьеб тIолеб, кьолеб къагIидаги букIана бихьинаца умумуздасаго батараб хIалалъ гьабулеб. ТIолев чияс тIоцебесеб лълъар рагIи абулев чиясухъе бегьарабго, гьес квералда тIад квер лъуна досда данде буссинабун. Дос бетIер хьвагIана ва тIадбуссунги босун жинцаго лълъар борхана. Гьеб рагIула гьекъолеб жоялъулъ хIинкъизе жо гьечIин абураб ишара. Хадуб лълъар гор сверун биччала ва лъарас лъараб бицуна.


НекIсияб минаялъуб гьабураб хIурматалъе къо-лъикIги гьабун, ниж къватIире лъугьаралго, росу бакьулъ бакараб кор, барсулеб чIер, рицунел, рикIкIунел, ахIулел кучIдулгун руччаби, гьарулел гьара-рахьиял, тIаде рачIунел бихьинал, зурмил къва-къвай, къолол сас, хIикматаб асар лъугьана нахъойги сверухълъиялда. 



Цо гьайбатай гIаданалъ аргъан хъван, гъар-гъар базабулеб некIсияб кечI ахIана, битIун кочIолги, кьурдулги кор боркьарабго цо нусилъе гIагарарав херав вачIун гьара-рахьиял гьаруна. Амма гьаниб дида цо жо халлъана, руччабазул ретIа-къай ва гьабулеб «Каш» кьурди гьидерил букIана, гьезул ратIлил формагун кьурди гIаммаб бугебищ гьеб, ялъуни гьеб берцинго букIунин тIаса бищарабищали лъаларо. ЦохIого халкълъидал, батIалъи батиларин тана дицани.


Хадуб бахъана зурмил къва-къвай ва къолол сас, кIудияв ана кьурдизе, руччабазул горалъ сверун ккуна гьев, данделъиялда гIахьаллъанщиназ чIвалеб букIана хъат. Гьеблъиялда чIер барсулелъуб сухIмат-кечIги лъугIизабун руччабиги, магьалги, гIарцул къадирабалъ къерщелаго РГВКялъул журналист Хатима МухIамадоваги ана гьабихъе гIатI ххине. «ГIатI ххине гьабихъе гьанже ал риччай…» ян, Расулил мухъал ясал-мусудузда хадурги реххун, ниж ана Гьоорисезул машгьурал некIсиял сиял, басрияб, чIунтараб росу ва хабалал рихьизе.



Бер биххулеб борхалъиялда эхетун ругоан гьоркьохъел гIасрабазул тIогьиллъарал къадазул сиял, чIунтарал минабазул къадал ва ахада 

хабалазул агьлу. Гьеб сихIкъотIиялда жанир ганчIида гIодол чIчIарабго чанги пикру-хиял сверула гIаданиб, гIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамула. ЧIунтарал минабазул нуцIихъа къватIире араб гIасруялъул гIадмал лъугьун рачIине ругеб гIадаб цо хIинкъи лъалареб, хIикмалъи лъалареб, гIажаибаб асаралъ асир гьарула гьенир. Чан гIакъилаб калам, чан гIужилаб рагIи, чан чанкIкIараб гьими, чан ракI гъанцIизабулеб гIоди, чан батIияб гьумер, сурат, сипат, инсан вихьун ватилев гьал къадазда?

Щаялиго кидаялиго, кибалиго рагIараб цо магIарул росдаде гьабураб кечI ракIалде бачIана:


Гьанир рукIун руго, ракIал гIатIидал

КIалдиб мацI пасихIал, сахал гIадамал.

Гулла алхунарел, хер регьаларел

Хвалчаби халатал, чодул рекIарал…


Гьанирги рукIун ратиларищха гьел, жакъа росдал ахада ругел хабалалъ хурдул хьвагIолел ругониги.

Гьел пикрабазда некIсияб Гьоор росдал къадазе ва ганчIазе къо-лъикIги гьабун ахаде щварав дун: «ПЯТНАДЦАТЬ : ДВЕНАДЦАТЬ» - ин гIурус мацIалда ахIтIолев чиясги, росу бакьулъ торгIо хIалел лъималазги тIад вуссинавуна нилъер заманалде. Давудовасги  росдал бегавуласги дун вачунев вукIана волейбол хIалеб бакIалде. Амма дир пикрабалъ волейбол букIинчIо, гьениб кинаб команда бергьаниги ургъелги букIинчIо, щал бергьаралалиги лъаларо. «Кутакалда лъикI хIана гьадаб чIегIераб гурде ретIарав вас», - ин гьезие рагIи рекъеялъе жоги бицун, ниж машинаялде рахана. Хадув лъугьун гьесул фамилия-цIар бицунев цо чи вукIана, Аллагь ва гьоорисел тIаса лъугьинел ратила, ракIалда чIечIо.


Гендерил къварилъухъ бугеб ашбазалда чай гьекъезе чIаралъур лъабго батIияв чияс гьикъана рачIун гIинде къулун: «Гьадай гIадан телевизоралда йикIуней Хатимат гурищ» - илан. КIигоясда уйин абуна, лъабабилесги тату хвезабурабго «Йигила дуе, гендерил ашбазалда йикIуней гIадан ятила дуе Хатимат», - ин валагьизавуна нахъе. «Уха, дагьалищ рукIинел релълъарал чагIи», - ян гъванщаги хъарсулаго ана генусев. Гьез дун суалал кьун имам ГъазимухIамадидаса ва ГьаракIуниса СагIидидаса «ватIа гьавуна». Суалал кьолел гIадамал гIемерлъун руго гьанже…


Хабар лъикIаб рагIайги.

 


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook