Авторизация

Асахъа Къамилухъе щвезегIан…


МагIарулазул жамагIатал. Сапаралдаса хъвай-хъвагIаял


Асахъа Къамилухъе щвезегIан…


ГIорхъоде ккарал магIарулазул гIузраби


Арал анкьазда «Миллат» басмаялъул хIалтIухъабаз сапар бухьана улкаялъул гIорхъоде ккарал магIарулазул районазде – ЦIумаде, ЦIунтIе, БежтIе, ЛъаратIе (Анкьракьалде). ДандчIвана гIадатиял гIадамалгунги хъулухъчагIигунги, гIахьаллъана районазул нухмалъулез ва жамгIиял хIаракатчагIаз тIоритIарал батIи-батIиял тадбиразда. Салам кьуна нилъер кьварарал умумузул хобазе, лъелго харана некIсиял росабазул чIвадназухъе, ралагьана нус-нус сонал рарал кьалул ва цIаял ралел сиязул тункIазе гьарурал картIазухъан, рахана магIарул гIорул чвахиял, риччана цIадакь, цIорона гIаздал гIансазда аскIор, рухIана тIадмагIаруллъиялъул бакъуца, щвана лъеда рарал гьабахъе, рещтIана годекIабахъ, музеязда, корахъ, ккуна масакI ччугIа, бакIарана тарихияб щегI...


Гьаб рузман къоялъ нужеца цIализе бегьула гьеб сапаралдаса хъвараб репортаж.


Лъебел боялъул бергьенлъаби


Цересел номеразда нижеца хъван букIана ЦIумада бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ макъала. Гьединлъидал гьаб иргадулаб сапаралда аслияб кIвар кьуна ЦIунтIа, БежтIа, ЛъаратIа районазул масъалабазда гъорлъе раккиялде. Амма газеталда бахъараб цо макъалаялъ жанире рачунел суалал ва гIузраби гуро гьел ракьазда ругел. Жакъа нижеца дагьабго бакка-бахъи гьабила гьел унтабазде.

Жакъа магIарухъ ругел бищун церечIарал, чара тIагIарал масъалабазул цояб ккола гьениса нилъер миллатцоял гIатIиркьазде гочин, росаби чIороголъулел рукIин, магIарухъ хIалтIулел бакIал гIуцIизе ккей, умумузул букIараб захIматбокьиялъул ва маданияталъул дагьабниги ирс нилъеца кодобе босизе хIажат букIин.


Гьеб рахъалъ мисалияллъун тезе бегьула Анкьракьалъул лъебелазул боялъул росаби: ЦIамилухъ, Росноб, ТIохьотIа, СанигIортIа, ТIалцухъ, Гъараколоб ва гь.ц. Цо бугони, гьел росабалъа гIадамал рахъ-рахъалде лъутулел, гочунел гьечIо. КIиабизе абуни, магIарухъ лъикI хIалтIулел руго (гIицIго тIохьотIисез хьихьун бугоан ункъазарго гIиялъажо). Лъабабизе бицани, гьенир цIиял гIелал цIикIкIунел руго, магIарулазул къадар борхулеб буго. Цо-цо цIех-рехчагIаз абулеб букIана, гьанже Анкьракьалъул демографияги цоги статистикаги лъебел боялъ ккун чIезабун бугилан. ЛъикIал гIадаталги саламатаб тарбияги бугоан гьезул росабалъ. Масала, гъараколосез гьалбадерида рохун бицуна, жидер росулъа цониги чи туснахъалде ккечIилан.


«ГIорхъода аскIосеб низам»


ЦIумада районалъул ТIисси-Ахакь росдаде щвелелде батана гьеб мухъалда бугеб ахирияб пост. 1999 соналъул рагъда чIварав лъабго полициялъуласе бараб памятникалда аскIоб бугоан гьеб хъаравуллъиялъул чIел. Хандакъалги ругоан, ярагъ барал низам цIунулелги ратана гьенир. Хадуб щвана «гIорхъода аскIосеб низамалъул» ракьалде. ГIезегIан кIвекIана гьенир бацIцIадаб гIурус мацI бицунел гIорхъи цIунулез. Паспортазул хал-шалги гьабун, заставаялда вугев офицерасе хIисабги кьун, хIала-малалъ риччана ахир-къадги ЦIунтIа мухъалде цо хIалакъав майорас. Ракьулъ БТРги бахчараб постги бугоан гьениб, хIапун чIолареб гьвел жоги букIана, цIуяб лъаларо, бихьинаб лъаларо.

ЛъикIаланго халатаб читIир лъугьана гьениб машинабазул. ЦIунтIа мухъалъул гIадамаз речI тIолеб, ракIчучиялъе гIарз бахъулеб букIана «Миллаталъул» хIалтIухъабазде – гьал гIорхъи цIунулез рокъоре рачIинего бокьулареб унти ккезабулеб бугила, гIагараб росулъе щвей къватIисеб пачалихъалде иналда бащалъулила. Масала, МахIачхъалаялда хъвай-хъвагIай бугев цIунтIияв инсул росулъе зияраталъ ине ккани, азарго испаравкаги балагьун, хасаб кагъат тIалаб гьабизе тIамулила. Ахираб заманалда дагьал бигьалъабиги гьарун руго гьеб «гIорхъода аскIосел ракьазда». Амма гьениб хъвай-хъвагIай гьечIел чагIазухъ мекъи ралагьулел ругоан гIорхъи цIунулел.

Квеш-лъикI гьал мухъазул автор сордо базе ЦIунтIа мухъалъул тахшагьар Кидерове ворчIана.



МагIарулазул жамагIатал. Миллатцоял


Асахъа Къамилухъе щвезегIан…


( КIиабилеб бутIа)


Гуржиязги гIурусазги бухIараб Асахъ щулалъи


Исанасеб июналъул ахиралда Асахъ тIобитIана 1877 соналъул «Къокъаб шаригIаталъул» заманалда гIурус аскаралъ гьеб росу щущазаби ракIалде щвезабизе гIуцIараб мажлис. Гьеб дандеруссиналда кIалъаял гьаруна МухIаммад Цези абун лъалев жамгIияв хIаракатчияс, МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул ва Дагъистаналъул президентасул информациялъулабгун аналитикияб идараялъул нухмалъулев, тарихчи Маркъо ШагIбановас, ЦIунтIа мухъалъул имам МухIаммад-хIажияс ва цогидазги. Данделъи бачана магIарул болмацIалда.


Хадуб бищунго таваккалаз лъелго сапар бухьана кьурул гIусалда бараб некIсияб Асахъе. Панаяб сипат-сурат бугоан гьениб. Сиял жеги цIунун хутIун руго. Сверун маххул хьуриги чIван, адабалда цIунун ругоан росдал хабзалги. Гьеб росу асахъез таралдаса 136 сон ана. Гьанже гьел гIорул рагIаллъабазда ва гIатIиракьазда яшав гьабун руго.


Гьоркьохъел гIасрабазда мадугьалихъ ругел гуржиязулгун чанги кьалулал тунка-гIасиял ккун руго асахъезул. Амма Россиялъул империялъул рикIкIен гIемераб аскаралъул кумек щвечIого, гьеб бахIарзазул росдаде чабхъен гьабизе кIвечIо гуржиязда. ГIурусалгун цадахъ лъугьун, гьез кIицIуса бухIана Асахъ.


БежтIадерил даруяб лъим ва дагIбадул спортзал


БежтIа участкаялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев вуго цеве вукIарав бетIер Ризван КъурбангIалиевасул гIагарав чи ШагIбан ШагIбанов. Гьесда дагIба балезда гьоркьов вугоан райцентралда бугеб школалъул директор. Гьес абулеб буго, Лъай кьеялъул министерствоялдасан жиндица тIалаб гьабураб спортзалги школалъе бачIого, гьеб гIарац цоги кIудияб спорталъул кIалгIа баялъе харж гьабизе ракIалде бугин ШагIбановасдаян. Школа спортзалалдаса махIрум гьабулеб бугин гьесилан бицана директорас. Иш прокуратураялде ккун буго. Гьелъул хIасил кинаб ккарабали лъазабизе тIаде босулеб буго «Миллаталъ».


БежтIа мухъалда буго даруяб, хинаб лъел ицц. Гьелда аскIоб сахгьариялъул санаторий базе (гIисиназеги чIахIиязеги санагIатаб) бегьилин гIакълу кьолеб бугоан участкаялъул нухмалъулезе экономистаз. Гьелда сверухъ туризмги цебетIезабизе бегьилилан пикру буго цIех-рехчагIазул.


ЦIунтIаго гIадин, БежтIаги къеркьей буго исана микьабилеб сентябралда гьел мухъазул нухмалъуде рачIине бокьарал гIадамазда гьоркьоб.


Анкьракьалъул анкьабго нур


ЛъаратIа районалде ниж щваралго, гьеб муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад ГIалихановасул бетIерлъиялда гъоркь росабазул бегавулзабиги гIахьаллъараб данделъи тIобитIана. ТIоцебе кIалъай гьабурав, ЦIоралда тункараб Къамилухъ росдал бегавул Къурбан Рамазановас рехсана жинда гьаризе кIварал хIалтIаби. Гьесул хIаракаталъе лъикIаб къимат кьолелги ккана дандеруссиналда. «ГIорхъода аскIосеб низамалъ» гIухьбузецин квалквалал гьарулел ругилан абуна Рамазановас, чанцIулго нахъе гъунила гьел мучIдуздаса. Хасго цоги районаздаса рачIарал гIухьби риччалелго гьечIила гьенире. ХарибакIазде рецаризе арал гIадамазецин гIакъуба кьолеб бугила, паспортал рихьейилан.


Хасалиде районалъул ЖКХ хIадурлъи гIей гьечIеблъун рикIкIана сессиялъул гIахьалчагIаз, ва хIукму гьабуна гьелда тIад хIалтIизе. Кьиндаде тIурччи кинаб компаниялъухъа босилебан абураб суалалъги бахIсал рагъазизаруна залалда. Шурагьиб бугеб «Дружба» гIуцIиялъ цоги фирмабазе хIухьел цIазе толеб гьечIилан, гьеб квешаб монополист кколилан гIарзал рагIулел рукIана рахъ-рахъалдасан.


Хадуб чанго къоялъ тирана Анкьракьалъул росабалъ, мугIрузда, рохьазда, тарихиял бакIазда. Маркъо ШагIбановасги «Миллаталъул» бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасги данде гьабулеб буго ЛъаратIа районалъул тарихалъул тIехь. Гьединаб мажмугI басмаялде бахъизе ракIалде ккун буго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда. Анкьракьалъул анцI-анцI росабалъ харабаз ва тарихалъул мугIалимзабаз бицана жидер росабазул араб-таралъул, тухумазул. ШагIбановас гIелмиял цIех-рехал гьаруна хабалалъги, сиязда жанирги, цоги некIсиял бакIаздаги.


МагIарулазда лъикI лъалеб бугоан нилъер халкъалъул эркенаб «Миллат» газета. Гьелъги ракIал рохизаруна нижер. Аллагьас хъван батани, жеги гIемер дандчIвала, нилъер росабазул суалал рорхила, гьел тIураялъе кIвараб квербакъи гьабила, хIакъикъияб ахIвал-хIал бихьизабила. Гьединаб буго журналистазул хIалтIул борч. Улкабазул гIорхъоде ккарал магIарулазул гIузрабазде хасаб кIвар кьола нижеца. Гьединаб редакциялъулаб политикаялда гъорлъе уна ЦIоралъул магIарулазул захIмалъаби загьир гьариги.


2013 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +113
  • Нравится
Оставить комментарий
Хисараб жо бугодай?
eldar suguri,

Мухъазул бутIрул хисана, амма масъалабазе цо кIудияб хиси ккечIо.



  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook