Авторизация

Къарахъе сапар: росаби, гIадамал, кучIдул


Къарахъе сапар: росаби, гIадамал, кучIдул


Сапар ва бахIсал


Араб анкьил ахиралдехун дун сапаралъ магIарухъе ине ккана. Гьочоре щвезе сапар бухьана. 


БачIинахъего абила, дица сапар бухьун букIинчIо хас гьабун гьочосезул рахъалъ макъала хъвазеян. Амма гьаб хъвай-хъвагIай бижана дида сапаралда бихьаралъ ва рагIаралъ. Гьанир нужеда ратизе гьечIо тарихал ва хIужаби, церетIурал дояркабигун гIухьби ва гьочосезул колхозалъ пачалихъалъе кьураб гьанал яги рахьдал къадаралъул хIакъалъулъ хIисабал. Гьеб кинабго хъвазе мустахIикъаб гьечIого гуро, гьелъул гIемер хъвана цогидаца ва жеги хъвазеги буго. Дица гьанир кьолел руго дида сапаралда дандчIварал гIадамал, суратал, тIабигIат, дир рекIее асар гьабураб кучIдул,  бицараб хабар ва лъугьа-бахъиназул. Гьеб годекIаниб нужее рекIелгъей батани, цIализе бегьула гъоркьехун кьураб хъвай-хъвагIай.


"ЛъикIаб заман багIа СССРалъул заман..." 


НекIсияб, кIудияб, гIемер аваразул халкъиял асаралъги, машгьурал шагIирзабацаги кочIолъ ахIараб къаралазул росу буго Гьочоб. Дир сапарцоял нухлулал рукIана Гьочоса Давудов МухIамад, Муртуз МахIама, жалго гьочосеца абухъе (форд МухIамад абула шагьаралда) ва Арсен абун цо гIолохъанчиги вукIана. Сапар букIана сардилъ. Сапаралда нухда дандчIвалел бакIаз гьочосезда совет хIукумат ракIалде щвезабулеб букIана. БукIараб лъикIаб заманила СССРалъул заман абулеб букIана Давудовас сардил бецIлъи хъвалхьун, 400 чол къуват бугеб Япониялъул Джип машинаги хъамулаго. Гьебго пикруялъул рахъ кколеб бугоан американазул хъалияналдаса кIкIуйги реххун, хинаб ва санагIатаб импортный ретIел тIад ретIарал кIиявго гьочосесги.


Гьакидаги рекIун гьокочиясулгун дагIба беццараб букIунарин таманаб заманалъ вуцIцIун чIана дун. Ахирги абуна гьеб СССР чIаго букIарабани, нилъ метер радал, хьагинир хинкIал гIадин, жаниса цIураб ПАЗ автобусалда ращдал рахъун чIун унел рукIинаанин магIарухъе. Нухда жакъа бихьани, ракI хисардизабулеб квен кваназе потребсоюзалъул ашбазалда иргаялда чIезе кколаан чурпаялда хадур. Гьелдасаги квешаб, гьеб ахIвал-хIалалда нилъеда жеги хутIараб дунялги нилъго гIадин ва нилъедасаги квешго бугин бичIчIизабилаан телевизоралдаса. Нуж урхъун ратила нужер гIолохъанлъиялъухъ, амма гьаб жакъасеб гIумруялдаса доб лъикIаб букIанин абураб жоялда тIад рекъезе кIоларин дагIбадана дун гьочоселгун.


ДагIбадулел нижги хадур гьарун Лаваша тукадаса цо щуго ящик цIураб квана-гьекъолеб жо босана Давудовас, дарам гьабулаго СССР кIочана гьесда. Рахъун чIовухъего рухIилаго росарал гьанал гьурщабазда кьабиги лъун, "багIараб лъикIаб заманха даб СССРалъул заман" абулел къаралазухъги гIенеккун, цебехун сапар бухьана.


ХIамзат МахIамаги билизе рес бугеб кечIги


Сардилъ щвана Гьочоре. Ниж рачIиналъухъ, оцги хъун, валагьун чIун ватана Гьочоса ХIамзат МахIама, гьедин абулеб бугоан гьочосез гьесда. МухIамад дида лъалаан Гьочоса шагIир ХIабиб Давудовасул дова вихьун. Гьев вуго гьанже дагьлъараб, некIсияб къаралазул тIармил ва кочIол махщелчи. МухIамадица лъикIаб гьоболлъи гьабуна, шагьаралдаса рачIарал гьалбадерихъе, поэтас абухъе, "гъоркьанги тIасанги чагIи рачIана", сордо кватIизегIан кучIдул ахIана, арабгун букIараб ракIалде щвана. Иргадулаб кечI ахIизе тIамур бегьарабго ХIамзат МухIамадица абуна гьаб кечI нужеца телефоназде бахъизе батани, ахIизе гьечIин.


Дица гьел рагIабазул байбихьуда сан гьабичIо. Цо заманалдаса биччана гьаракь ва берцинго бачунеб тIармида гъоркь къанщун бералгун рагIи-рагIи ккун ахIизе байбихьана МухIамадица. АхIулеб букIана лъикIго, рагIабиги рукIана киданиги дида церехун рагIичIел, бакъанги букIана пашманаб. Гьел рагIаби лъил, МухIамад, абун гьикъана дица ахIун бахъарабго. Гьел рагIаби ругила жидер росулъа къого соналъ Сибиралда вукIарав цо чиясул. Лъеберабилел соназда ЦIоралда цо чиги чIван, чIвазе къотIун букIун буго гьесие диваналъ. Хадуб гьочосез кагътал хъван, хадур лъугьун, чIвазе гьабураб къотIиги нахъе бахъун, 25 сон кьун буго. Къого сонги туснахъалъуб бан росулъе вачIун вуго, гьес ахIулеб букIун буго гьеб кечI. Гьес абун букIанила жинда духъе гьаб кIиго кечI кьолеб бугин дуцаго ахIизе, чияхъе кьезе бегьиларин. Гьединлъидал хварасул аманат хвезабизе бегьуларила, жинца ахIулила гьеб кечI, чияхъе кьоларилан чIана ХIамзат МахIама. РукIуна гьединаб хасияталъул чагIи.


ГIолохъанаб заманалда Къамилухъ цо тIармида кечI ахIулев шагIир вукIун вуго АхIмадибир абурав, гьесул кучIдул басмаялда рахъизе ва гьев машгьур гьавизеян ун вуго ДГУялъул студентал - дир эменги ЧIикIаса Казиев ХIамзатги Къамилухъе. ШагIирас абун буго щиб кьолеб бугебин нужеца дир кочIохъ абун. Нижер гIарац гьечIо дуе кьезе, нижеца гьел басмаялда рахъизе кьела, хIукуматалъ дуе гIарацги кьела, мун Дагъистаналда машгьурав чиги лъугьинаян абун буго инсуца. "Дир кочIохъ гIухьбуца куй кьолаан, нужер хIукуматги, тIахьалги дида лъалел жал гуро, дица чIобого кечI кьоларо", - ян нахъе ритIун руго шагIирас. Кутакалда махщалида кучIдул тIармида ахIулев чи вукIун вуго. Жеги цо кечI кIицIул ахIарав чи гурин живилан абун пударулев вукIун вуго. Гьеле гьеб гьунар ва асарал къаникье ун рилана, кIицIул ахIулареб ва гIадамазухъе кьолареб мекъаб гIамал дов шагIирасул букIиналъ.


Гьевги ракIалде щвана ХIамзат МахIамаца "Дуца ахIе, чияхъе кьоге абу багIа дав чияс" абураб мехалда. МухIамадицани хварасул аманат тIубазабулеб батила, щибдай ракIалда букIараб дов хварав мунагьал чураясда гьеб халкъалдаса бахчулаго абураб балъголъи нилъеда лъаларо. Гьеб досда цадахъ къаникье ана…


КватIизегIан кечI-бакъаналдаги рукIун гьалбал кьижизе ана. Дун, макьу бачIунарого, сардилъ гордухъа къватIиве ваккана. Гвангъун щвараб моцIрол канлъуца къалъ-къалъизабун букIана некIсияб Гьочоб росдал авал ва сверухъ. Цере рукIана мугIрул аза-азар сонаца гьеб некIсияб росдал гIадамазухъ, гIумруялъухъ, ишазухъ ралагьарал нугIзал. Чан гIакъилаб калам, чан пасихIаб кечI, чан лебалав инсан гьезда вихьун ватилев? Машгьураб "Къарал гIор" абураб кочIолъ Шахтамановас ахIараб Нухакь мегIералъул гIазулаб тIогь цIер гIадин кенчIолеб бугоан моцIрол канлъухъе. Сверухъ сихIкъотIи, цоял моцIроца гвангъарал, цоял рагIадалъ рахчарал некIсияб росдал къватIал, чIваднал, чIалаби турарал ва бакI-бакIазда тIаса ракь арал тIохал ва балъгояб сихIкъотIи ва сардил хъаравуллъуда сверухъ тIабигIат. Рихьарал гIадамазул, суратазул, кучIдузул ва араб къоялъул пикрабазда гъапуллъана дун Давудов МухIамадил рокъов, хинаб бусада.


Горочханасул къиса,  цIар квешаб гохI ва бисал тIад сверулел тIогьал


Радал дун вахъарабго къаралал кIудияб столалда нахъа данделъун ратана нахъеги. Бежулел, белъулел махIал рахъана, нахъа рокъосан бачIунеб жоги камулеб букIинчIо. Дагьабго гIодорчIейги гьабун шагьаралъул гьочосезе бокьана тIабигIаталде, жидер лъимерлъиялъул лъалкIал ругеб бакIалде щвезе, аралъул хIасил гьабизе, букIунелъул хIисаб гьабизе. Гвангъун щвараб бакъул хасалихълъиялъул къо букIана. Ниж машинаялда ана Нухакь мугIрул рахъалдехун ругел лъарахъе, риидалил кулабазухъе. Цо нижеда дунялги дунялалда нижги рихьулеб бакIалда лъалхъун тIабигIаталъухъ ралагьана. ХIамзат МахIамаца ва Давудовас дие щавкъалда бицунеб букIана сверухъ ругел бакIазул, кулабазул ва мугIрузул цIарал, чундул руссунел сагабазул ва цияз гъурараб къарал гIурул рагIалда бугеб гIечул ахалъул.

- Гьадаб щобда нахъа рукIуна бисазул рехъаби, рихьизе щола. Гьаб цояб, цIар квешаб гохIда нахъаги рукIуна, - ян бицунеб букIана Давудовас.

- Щай гьеб цIар квешаб букIунеб? Щиб цIар бугеб гьелда, - ян гьикъана дица.


- Дора тIаса гъоркье ралагьарабго, гьадаб мугIрул ва жаниблъиялъул дагьаб санагIат гьечIеб сурат лъугьуна. Гьелъ гьелда лъун "... гохI" квешаб цIар. Гьеб хисун, "ЦIар квешаб гохI" абула гIадамаца, - янги абун нахъойги тIабигIаталъул бицине жувана.  - Гьаб сагIаталда бищунго санагIатаб заман буго чанахъанлъиялъе, бисалги сумалги жеги журан гьечIо. (Сум абула ЛъаратIа ва ЧIарада районалъул гIадамаца бисалъул дандиялда. Жибго бис бихьинаб гурони букIунаро, болмацIалда сумалда щиб абулебали лъаларо. Гьединаб рагIиго бати щакаб жо буго). Бисалги сумалги журалеб мехалда чIвараб жоялъул гьаналдаса лъикIаб гуреб махI букIуна, - ян дида тIабигIат-гIелму ва бисал кинал жал рукIунелали бичIчIизабулеб букIуна гьочосез.


Гьеб берцинаб щобда къадекванай, тункIица гIужда кьвагьдей гIадаб хIухьбахъиги гьабун, ниж руссине рахъарабго, Муртуз МахIама ахIдана дандчIван бугеб магIарде килищги битIун, бисал рихьулел гьечIищан. Ругизеги анцIгогIан жо бисазул бугоан рохьил тIарадаса магIарде унеб цо щоб къотIун, цоцада хадур унел. ГIемераб хабар бицана къаралаца жидер тарихалъул. Ниж ралагьун рукIаго, щинкIана.

- Гьадаб щобда нахъа букIун буго ислам бачIинелде цебе нижер букIараб некIсияб росу. Гьенив вукIун вуго Горочхан абурав чи ва гьесул рагъухъаби. Киса-кибего ислам босараб мехалдаги Горочхан къуркьизавизе кIолеб букIун гьечIо гъазизабазда. Ахирги хIилла гьабун босун буго росу... - ян абуна ХIамзат МахIамаца.  

- Кин босараб?

- Доб росу бугеб бакIалда цебе махIу бекараб чан биччан буго гьаб щобда нахъа жалгоги рахчун. Чан бихьарал Горочханасулаз жидер гьундузул кавабиги рагьун рекерун руго гьеб чIвазе, гьеб заманалда гъазизабазул аскар борчIун буго жанибе. Данде чIаралги гъура-чункун, хутIаразда исламги босизабун буго. Гьеб чIунтун хадур рачIун рагIула Гьочоб росу бугеб бакIалде, - ян къокъго арал гIасрабаздеги рачана ниж МухIамадица.


НекIсияб росдал къватIал, къадал, арал гIасрабазул гьаракь 


Къадеялдаса щвана росу бакьулъ бугеб годекIанире ва некIсияб мажгиталде. БекIкIун ганчIил гьарурал берцинал къадал, кIармал, къеда гIарабалъ хъвай-хъвагIаял. Мажгиталда аскIоб къебелъи, цебехун бахъун чIараб гамачI дабагъ гьабизе умумуз хIалтIизабулеб букIараб, къваридал къватIал, тIад махх гьечIел чIунтарал, реххун тарал тIохал, къватIал ва чIваднал. Гьениса цIорой бачIунеб бугин кколеб букIана валагьарабго, гьадаб некIсияб рокъоса къватIире араб гIасруялъул гIадамал раккун рачIине ругеб гIадаб асар букIана. Дир гIаданир рагъулел рукIана гьел киналго суратаз рижарал къаралазул пашманал кучIдул, гъар-гъар базабулеб асаралъул макънал, шагIир ХIабиб Давудовасул асарал. Цо къваридаб къватI ккун ниж гъоркье рещтIарабго, цо тIохдаги эхетун МухIамадица абуна:

- Гьадаб рокъов вукIана бертин гьабурабго ХIабиб, - абун цо чIвадан бугеб бакI бихьизабулаго. Гьеб рукъ букIун буго къотIнобе рагъиги гьабун, кIиабилеб тIалаялда. Гъоркьехун ругоан тIох борлъарал реххун тарал минаби ва чIваднал. РакIалде бачIана гьелда хурхун поэтасул магIу:


Гагу, рикIкIуге дий хутIарал къоял,

Хвана дун цевего, гьечIо дун чIаго.

Биххараб дир мина, гьеб буго дир хоб, 

ЧIунтараб инсул рукъ, гьеб буго зани...


Гьеб буго Гьочоб росдал некIсияб, реххун тараб авал. Росдал рагIалда, машиналъул нух бугел бакIазда ран руго цIиял, чIахIиял ва берцинал минабиги, амма гIадамал гочунел руго. Цо заманалда къаралазул бищунго кIудияб букIараб росулъ нусго цIаракицин батиларо гьабсагIат. Риххарал минабахъ ва берцинго цIунун хутIарал гамачI беккIун гьарурал къадахъ валагьун дунги тун цо гьитIинаб нуцIаги рагьун жаниве лъугьун ана Давудов. Гьесда хадув жанив вахъана дунги. Бугоан гьитIинаб рукъги, горда аскIоб лъураб тахги, цо гьайбатай, дир кIодоэбелалда релълъарай гьитIинай, хIалакъай кIодоги. МухIамадицагун цоцада къвалал рана, дун хIайран гьавун вукIана гьеб гьитIинаб, дида лъимерлъуда бихьараб къайи-свериялъ, къеда даларал гъудруз ва тIарсаз.


- Гьаб нухалда дица мун гьаний тезе гьечIо, исана МахIачхъалаялде йилълъине ккола мун. Дуе рукъги хIадурун буго дица, - ян кIалъалев вукIана Давудов.

- КъватIий яхъизе бокьун букIинчIо, гьанже яхъизе ккезехъин йиго. Дунго хутIана гьаний, дун гъоя хвани, дуца дун гъоя юкъуге, дун тIаса хабалалъ лъе, - ян абулеб букIана кIодоца. ГIумруялъул 92 сон бугоан, роцIцIараб гIакълу, гIакъилаб калам, цIороберал лъечIого цIалулеб бугоан динияб тIехь. Дун хIайран гьавун вукIана кIодоца, гIемераб жо сверана гIаданиб. Гъова щварабго Ринатги, цойги васги витIизе вуго мун ячизе, щибаб соналъ абула дуца ячIинин, ахиралде ккарабго чIола гьаний теян, гьанже тезе гьечIоян кIалъалев вукIана Давудов.


Ринатал ритIуге, мунго вачIа, Ринатаз бицунеб мацI бичIчIуларин жиндаянги абуна. КIодое къо-лъикIги гьабун къватIире лъугьарабго МухIамадица абуна жиндир инсул яцгIал йигила, лъимал-чагIиги гьечIин, исана жинца гьей гъоркье ячинчIого тезе гьечIин. ТIад руссун некIсияб росдал къватI ккун ниж унаго, Муртуз МахIама ахIдана цо горда цеве чIун цо лъидеялиго. Хадув нижеде вуссана, гьаний жаний Марал йигин. Марал... Марал... киб дида гьаб цIар рагIун букIараб, цо рагIараб цIар бугин хиялалъ вукIана дун. РакIалде щвана, Шахтамановасул Шагьасухъе кагъат абураб кочIолъ рехсолей йикIана гьей гIадан - "Гьочоса Маралил пашманал бакънал...".

Къаси ниж Давудовасул гъора рукIаго, телефоналъ кIалъалев вукIана МухIамад Сочинский абурав гIолохъанчи, гьес хIикматго, битIахъе гIодулаго ахIула гьеб Шахтамановасул кечI. Дица гьарун, ракIалдаса цIалунги букIана. ШагIирас кочIохъанасухъе хъвараб кагъат, жидер гIолохъанлъи ракIалде щвезабураб, гIухьбузул цIадухъ кочIохъабигун тIамураб цо сордо ракIалде щвезабулеб буго гьениб:


Доб сордоялдаги дида гьоркьоб

АнцIила микьго сон сверана, Шагьав,

Гьадаб сордоялда росулъ гьаюрай

Яс ятила къаси ригьанаде кьолей...


Кинаб асар, Къарахъ хIакъикъаталдаги Аваристаналъул рухIияб центразул цояб бугин абизе бегьула. АхIизеги, хъвазеги, гIенеккизеги, кочIол къимат гьабизеги лъалеб бакIалда бижулеб, хутIулеб ва наслабаца цоцахъе кьолеб жо буго хIакъикъияб шигIру-кечI ва гьунар. Гьадаб Муртуз МахIама кIетIараб рокъоса къватIие лъугьун ячIана лъабкъойилъе яхараб гIумруялъул, гьурмада нур бугей, рекIелъ йосулей чIужугIадан. Гьикъа-бакъиги гьабун, нижее нух битIиги гьарун тIадюссана.


БакъанидегIан некIсияб росулъги сверун руссана ниж рокъоре. Ниж руссинегIан къарал гIурухъа ккураб форель ччугIаги, белъунеб, бежулеб, тIолеб, лъолебгун валагьун чIун ХIамзат МахIамаги ватана. Мех инелде цо пашманаб хабарги бачIана, Гъизляралда автоавариялда хун цо чи вачIун вугоан росулъе. Хваразул гIагарлъиялда зигараги бан, хабалалъеги рахун, гьеб сордоги Къарахъ бан руссана МахIачхъалаялде.


ЛъикIаб асар гьабуна дие гьеб асаралъ. Къаралаз, жалго шагьаралде гочаниги, росулъ цIиял минабиги ралел ругоан, умумузул ракьалъулгун, магIаруллъиялъулгун бухьенги тIезе толеб гьечIоан. Гьеб цIунарабгIан мехалъ миллат миллатлъунги халкъ халкълъунги хутIизе буго.


КочIоца цолъизабураб халкъ


Дица гIемер пикру гьабулаан кин чIарадисезда кIолеб бугеб 10 азарго чи гурони гьечIеб районалда кинабго рахъалъ церетIураллъун рукIине. Гьел камураб бакI гьечIо республикаялъул гIумруялъулъ, диналдаса байбихьарал рекетлъиялде щун гьез квер базе бакI течIо. Культураялъулгун спорталъул байбрахъ гьез чияхъе биччалебго гьечIо. Дида бичIчIана цохIо жо - гьеб кинабго икъбал буго гьезул цолъиялъулъ.

Щай гьезулъ бугеб гьеб цолъи хутIаразулъ гьечIеб? Щайгурелъул, дунялалъул рагIалда ругелги чIарадисесда лъимерлъиялдаса бихьулеб буго данделъи лъугIарабго чIарадисез рахъун чIун ахIулеб жидерго гимн "Къарал гIор", гьенир мухъал руго:

"А даим цебехун, цолъе гIоралгун,

Цолъи гIадаб къуват гьечIо ракьалда...".

Гьеле гьеб "цолъи" ва цоцаца кквей абураб жо къаралазул бидулъ бессун ва гIаданиб тIун буго. Гьеб къуваталъ росулел руго бергьенлъабиги. Гьединаб гIаммаб кечIги, пикруги, цоцаца кквейги тIубанго авар миллаталъул букIарабани нилъеца цебехун тарихалда гIадин Кавказалдаго гьава-бакъ рекъезабилаан. Гьелда тIад хIалтIизе ккола. Гьеб пикруялъул рахъ кколев магIарулас бокьилаан гьаб хIукуматалъ хьихьулареб "Миллат" газеталъе подпискаги гьабуни, гьалъул гьурмазда рагIиги абуни, миллат цолъулеб ва цебетIолеб ишалъе гъежги гурани.

Аллагьас гIакълуги, кантIиги кьеги щивав магIаруласе, хабаралги лъикIал рагIаги.






















Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +14
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook