Авторизация

Кидадай Дагъистаналъул хIукуматалъ МочIохъ хIоралде пикру буссинабила?



(Биччаладай мачIхъадерил хIорихъе масакI-ччугIа?)


ХIакъикъаталда, хIисаб гьабидал, мачIхъадерил хIор ккола тIабигIаталъ нилъер Дагъистаналъе гьабураб кIудияб сайгъатлъун. 


ХIорил халалъи буго 1600 метра, гъварилъийин абуни гьоркьохъеб куцалда 10-15 метра. Бищун цIикIкIараб бакIалда гьелъул гъварилъи бащадаб буго 20-25 метраялда. 1964 соналда гьенибе ччугIа биччан букIана ГIанди хIорихъа, бочкабазда жанибги тIамун бачIун. ГIандадерил форель гьениб лъикI гIун бачIана ва гIемерлъана. ГьабсагIаталда хIорахъ гIезабулеб форелалдаса гьеб бетIералъ тIокIаб букIана. Гьелда тIад берцинал: багIарал, гIурччинал ва цойги батIиял кьеразул расенал рукIана.


ГIи чурараб лъеца лъугIизабураб форель


РукIанин абизе кколеб буго, щайгурелъул гьабсагIаталда хIориниб цониги гьеб ччугIа хутIун гьечIелъул. СССРалъул хIукумат биххиялде унеб заманалда гIи чурараб раствор лъелъе биччаялъул хIасилалда тIагIана гьеб берцинаб нигIмат. ХIакъикъаталда, битIун абунани, ункъо-щуго соналдасан хIоринибе биччараб ччугIаялъул цIайи гьоркьохъеб хIисабалда бахун букIана к1иго–лъабго килограммалде, цо–цоязул цIайи щуго-анлъго килограммалде бахунаан.

80 абилел соназул байбихьуда ккун букIана ччугIа жиндир цIайи 8 килограммалде бахараб. Гьеб ччугIаялъул бищун гIебаб бакIалъул свери борциндал, 48 см. батун букIана, халалъийин абуни букIана 95 см. Чехьалда жаниб лъабго кIудияб къверкъги 30 см. халалъи бугеб ччугIил скелетги батун букIана.


ХIорихъе хIухьбахъи гьабизе районалдаса гурелги, тIолаб Дагъистаналдаса ва гьединго къватIисел хIукуматаздасаги рачIуна гIадамал. Цо нухалъ гьаниве вачIун вукIарав Унсоколо районалъул МокIсохъ росулъа аваразул поэт, жиндир мунагьал чураяв, ГIисаев МахIамадица хIорил тIабигIаталъ гьабураб асаралъул хIасилалда хъван букIана гьадинаб кечI:


МачIхъадерил хIорихъ


ХъахIилал мугIрузул огъохъатиниб

Лъица мун тIинкIараб, жавгьарул магIу?

ТIогьол расеналъул расалъунибе

Кинан мун бортараб, зобалъул кесек?

МугIрул хъахIал тIогьаз тIагърал чуризе

Кинаб хIалкIолъиялъ хIикмат ургъараб?

ХIухьбан къаси сардаз цIвабзаз гьекъезе

Гьаб дур тIокIкIиналда тIад хIалтIарав щив?

Роол бакъ чвердолеб дур квенчIелалде

Дуниял балагьун бугилан ккола

Балагьаз чурхъараб, рагъаз чIунтараб

Батила урхъун гьеб бацIцIалъиялъухъ.

Ургъун хIал кIолареб берцинлъиялда

ХIинкъилеб батила хъвазе дир гIасру.

Хъублъараб гьавадул бицунеб мехалъ

Дир мугIрузда цебе нечела дунял.

Дун эхетун вуго хIорил рагIалда

МасакI басандула гьуридал сасгун.

СихIкъотIиялъ вуго къвалакье вачун,

Суалаца вуго кверде восулев.

Гьодида зодилал цIваби рекъараб

ЧчугIаялда дица цIехолеб буго

Мун разиго бугищ гьаб хIоралдаса

ХIабургъин лъалареб гьаб лъималдаса?


Баян: масакI-форель


ГIисаев МахIамадица кутакалда махщалида загьир гьабулеб буго гьаб берцинаб тIабигIаталъ жиндиего гьабураб асар. Гьесул кочIолъ ругел гьал мухъазул - «Ургъун хIал кIолареб берцинлъиялда, хIинкъилеб батила хъвазе дир гIасру» - пикру гьабидал, гIемерал суалал рачIуна цере.


Анжи-гьороца босун унеб хIакимзабазул рагIи


Поэтас кечI (дир пикруялда) хъван букIун батила араб гIасруялда ва гьеб гIасруялда хIорилги ва гьелъул тIабигIаталъулги тIалаб гьабулел идарабиги гIадамалги камулароан. Амма гьеб гIасруялда букIараб хIукумат батIияб хIукуматалде сверигун, гIадам гIарцудаги бечелъиялдаги хадув лъугьине байбихьидал тIабигIаталде мугъ реханин абизе бегьула. ТIубанго реханин абуни мекъиги букIина цо-цо гьоркьо-гьоркьоб риидалил заманалда камуларо хIорихъе квана-гьекъезе рачIунел чIахIи-чIахIиял хIакимзаби, депутатал ва гь. ц.

Амма цонигиязда ракIалде кколеб гьечIо хIорил тIабигIат цIуниялъе, гьеб берцин гьабиялъе цо пуланаб хIалтIи гьабилилан. Анкьго-микьго соналъ хIорихъ хIухьбахъиялда вукIарав доб заманалда росдал магIишаталъул министрас рагIи кьун букIана хIоринибе форель ччугIа биччаялъе кумек гьабилилан. Шагьаралде щвейдал, анжи-гьороца босун араб къагIида, гьеб рагIул лъалкI къосана.


ХIисаб гьабураб мехалъ, дагьа-макъаб гIарац гьечIо Дагъистаналде биччалеб ччугIа гIезабиялъе, гьелдаго гьоркьоб гIадамаз хIухьбахъи гьабулел хIорахъ ччугIа биччазе ва гIезабизе, амма кагътидаги хъван гIарац цо хасал гIадамазул чвантинибе чвахулеб бугеб -  къагIида чан нухалъ минсельхозалда гьарананиги, МочIохъ хIоралде ирга щолеб гьечIо. ГьечIо гьеб иш гьабиялъе щолев саламатав садакъа–рикъзиялъе хIадурав спонсорги.


Туристазул гIала-гъважа махIхъадерил лъималаз бакIарула


ХIухьбахъиялъе рачIараз гьениб гьабулеб чороклъиялъул бицун хIалго кIоларо. Хасал мусор рехулел бакIал гьенир ругониги, жалго гIодор чIараб бакIалда бугебщинаб хъублъиги тун ун ратула гьел. Гьединазда нилъер умумуца абулаан: «кванараб хIарччинире рилълъулел чагIиян». Щибаб санайил мачIхъадерил жамагIаталъул ва школалъул цIалдохъабазул хIаракаталдалъун бакIарула хIорда сверун мусор. Исанаги субботникги гьабун бакIарана гьеб мусор.


Гьенире жидер лъимал рачунилан цо-цо умумузул зигараги букIуна, гьез щайин бакIаризе кколеб къватIиса гIадамаца тараб муссорилан. Цо-цояз абула хIорихъе гIадамал гьукъизе ругин сверун кIудияб рахъги бахъун.

Гьай-гьай, гьеб кIиябго пикру мекъи буго. Цояз хвезабунилан, цойгидаз тIабигIат цIунизе ккеларищ? Гьединго хIорихъе гIадамал гьукъеян абураб пикруги мекъи буго. ГIадамаздаги жидедаго хадуб бакIа-бахари гьабизе лъазе ккела. Жегиги нилъ ругьунлъун гьечIо Аллагьас нилъее кьураб берцинаб тIабигIаталъул къимат гьабизе ва гьеб цIунизе. Поэтасе гIадаб асар нилъееги гьабулеб букIарабани, тIабигIаталъул къисмат батIияб букIинаан.


Хундерил цIияв нухмалъулесде бугеб хьул


Дида ракIалде ккола районалъул нухмалъиялде вачIарав Задиев НурмахIамадица, кисан ва кинал ресал ратунги, МочIохъ хIорил тIабигIат цIуниялъе ва берцин гьабиялъе ва гьединго гьениб букIараб форель ччугIа гьенибе биччаялъе хIалтIаби гьарилилан.

Хасго исана хасало гьеб тIабигIаталъ кьураб берцинлъиялдаса пайда босизе гIемерал гIадамал рачIана хIорихъе районалдаса гурелги, тIолабго Дагъистаналдасаги. Конькабазда хъещтIон ва гьединго цIордасан хъущтIун унел камеразда рекIун лъикIаб хIухьбахъиги гьабун нахъ руссун ана гьел. Гьелдаго цадахъ, хIориниб форель ччугIа букIарабани бегьилаан цIорда гъоркьан ччугIа кквезеги. РакIалде ккола Дагъистаналъул хIукуматалъ МочIохъ хIоралде пикру буссинабилин ва, тIоцебесеб иргаялда, гьенибе форель ччугIа тIад буссинабиялъе хIалтIаби гьарилилан.


Автор: МухIамад-ХIабиб Халилбегов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook