Авторизация

БакI-бакIалъул цIаразул кьучIалда халкъазул гIорхъабиги мацIазул тIиритIиги чIезариялъул къагIидаби (магIаруллъиялъул мацIал)



Топонимика тIей гьечIого хурхараб буго геограпиялда, тарихалда, этнограпиялда. МацIалъул тарих лъазабиялда жаниб топонимика буго цойги гIелмабазул квер гIунтIулареб борхалъиялда, щайгурелъул гьелъ кумек гьабула аза-азар соназ цебе букIараб халкъалъул гIумру, рукIа-рахъин лъазабизеги, гьезул цере рукIарал гIорхъаби чIезаризеги, цебе киб кинаб росу-ракь бакIарабали бицинеги. Гьелъул  кумекалдалъун  хIалтIула тарихияб лексикология, диалектология, этимология, лингвистикияб геограпия ва цогидал гIелмаби. 


Хунзахъ, Унсоколо, Гумбет районазулги, тIубанго гьечIониги, Хьаргаби, Шамил, ва Гъуниб районазулги топонимал, ай бакI-бакIалъул цIарал, руго магIарул мацIалда щибго магIна гьабун нилъеда бажаруларел, амма нилъер гIисинал къавмазул мацIазде раккани, гьениб жидер «кIул» батулел, жидер магIна цебе рехун бачIунел цIарал. МацIалъул гIелмуялда жанир магIарулазул гIисинал мацIал рикьула кIиго бутIаялде. ТIоцебесеб иргаялда, гьел руго гIандадерил мацIал (гьезда гьоркьоре уна жалго гIандадерил, балъхъадерил, гъодоберисезул, гIахьвалазул, кIкIаралазул, чIамалазул, багвалазул, тIиндадерил кинабниги микьго мацI). КIиабилеб иргаялда, гьел руго цIцIунтIадерил яги ццезазул мацIал (гьезда гъорлъе ккола  жалго цIцIунтIадерил, бежтIадерил, гьинухъезул, гьунзисезул ва хъварщадерил кинабниги щуго мацI). ЦIцIунтIадерил мацIазда гьоркьоре кколел хъварщал ЦIцIумада районалда руго. Гьединго ЦIцIумада районалда буго ццезазул мацIалда кIалъалеб  жеги жанибе машина бачIунареб Хушет росуги. «ГIандадерил мацIал» ин абиялъе гIилла буго гIандал къадаралъул рахъалъ бищун гIемер рукIин киналниги Болъихъ, ГIахьвахъ ва ЦIцIумада районазда бугеб микьабго мацI бицунел тIадехун рехсарал магIарул къавмазда гьоркьор. Гьедин шартIлъун босунги буго. Гьебго гIиллаялъ ццезазул мацIалиланги абулеб буго.


Гьаб макъалаялда дица киналго хасал цIарал магIарул мацIалда абулеб къагIидаялда хъвалел руго, щайгурелъул цониги нухалъ рагIичIеб цIар чияс битIун цIалиялда щаклъи бугелъул. Гьеб буго цIакъ кIвар кьезе ккараб, гIурусаз абухъего, «унтараб» суал. Нилъер мацIалъ хIукуматалъул ишалда гьоркьоб гIахьаллъи гьабулеб гьечIолъиялда бан, нилъеца  хисизаризе ккезехъин руго битIунхъваялъул къагIидаби(правилаби). Жеги анцIго соналъ цебе, нижер институталъ хIадур гьарун рукIана цIиял битIунхъваялъул къагIидаби. Гьениб чIванкъотIун бихьизабун буго щиб кин хисизабизе кколебали. Нилъер гьаб хIабургъараб заманаялда гьелде кIвар кьолев чиги кколев гьечIо, гьелъул ХIукуматалъе ургъелги гьечIо. Доб советияб заманаялъ ХIукуматалда цебе гIуцIун букIараб битIунхъваялъул комиссиялъги нилъ церего «лъикIго рукIаян» тана. ГьабсагIаталда иш ккун буго хъвараб жо гIемерисез хъвараб къагIидаялда цIалиялде. Масала, газеталда хъвала КIаратIа, КIуяда абун, гьедин цIалулебги буго, щайгурелъул мацIалъ пачалихъияб ишалда гьоркьоб тIубалеб  хъулухъ гьечIони, кин битIун букIинеб, кин мекъи букIинебали лъазе цIакъ захIматаб жо буго. Гьединал гъалатIал ккечIого рукIине чара гьечIого къваригIун буго кинабго жо, хасго бакI-бакIазул цIарал, абулеб къагIидаялда хъвазе. ГьабсагIат ругел битIунхъваялъул правилабазда гьелъул хIакъалъулъ кьураб баян гьечIо. Нижеца цIиял хIадурарал правилабазда абулебщинаб жо абулеб къагIидаялъ хъвазе бихьизабун буго. Дица гьаб макъалаялда бакI-бакIазул цIарал нилъеца абулеб къагIидаялда хъвалел руго.


Е. М. Шиллингица хъвалеб буго гIандадерил мацIазда кIалъалел гIадамал магIарул мацI бицунел гIадамаз бакътIерхьудехун къазарунилан. Амма гьес хъвалеб гьечIо кида гьеб ккарабали, щиб заман гьеб букIарабали. Гьединаб масъала гьес жиндаго цебе лъун букIинчIилан ккола. Гьелдаго цадахъ абизе ккола, гьеб ккезе кколин IV-V гIасрабазде щвезегIанин абун, щайгурелъул гIемерисел гIалимзабаз хъвалеб буго Дагъистаналъул аслиял халкъазул гIорхъаби гьеб заманаялдаса хадур дагьа-макъал гурони хисичIилан.                          МагIаруллъиялъего гIаммаб мацI цIцIунтIадерилги гIандадерилги мацIазде бикьизе байбихьун буго нилъер эраялъул авалалда (ай, гIага-шагарго гьанжеялдаса 2000 соналъ цебе). Бищун цере ратIалъун руго цIцIунтIадерил мацIал. Гьелдаса щунусго соналъ хадур рижизе байбихьун буго гIандадерил мацIалги магIарул мацIалъул жанисел сверелалги. ТIоцере цIцIунтIадерилги гIандадерилги мацIал рукIун руго гIаммаб мацIалъул сверелал, хадур гьел сверун руго жалго жидедаго чIарал мацIазде. Гьелдасаги цебе чачаназулги ингушазулги магIарулазулги гIаммаб мацI букIун буго. Гъелъие нугIлъи гьабула гъорлъе ракканагIан гьел мацIазул гIаммлъи цIикIкIунеб букIиналъ ва цоцада релъарал хасиятал гIемерлъулел рукIиналъ.

Дагъистаналъул  халкъазул некIсияб хъвай-хъвагIай букIинчIолъиялъ нилъ тIамулел руго гьезул  хIакъалъулъ цойгидаз хъвараб жоялда гIей гьабун чIезе, гьелда божизе. МагIарулазул ва нилъер гIисинал  къавмазул хIакъалъулъ хъван батула батIи-батIиял некIсиял  тарихчагIаз, геограпаз, тира-сверулел гIадамаз, ханзабаз (Страбоница, КIудияв Плинийица ва цойгидаз). Нилъер эра щвелалдего. 722 — 705 соназ ханлъун вукIарав Ассириялъул хан Саргон КIиабилес 7I5 соналъ Урартуялъул Манна абураб шагьаралде гьабураб тIадекIанцIиялъ гьезул 22 хъала бахъула. Гьелдаса хадуб, гьес бахъула Андия яги Мисианда абулеб ракь. Телусина вукIуна гьеб ракьалъул  хан. Гьелдаса хадурги гIемерал чабхъенал гьарун, Саргон КIиабилес Ассириялъул ракь цIакъ  гIатIид гьабула. 705 абилеб соналъ гьев чIвала. Гьес гьениб рехсараб Андия нилъеца рикIкIине бегьулищ гIандадеридехун гьоркьоблъи бугеб ракьлъун? Дир хIисабалда, бегьуларо. Андия абураб рагIиялда гъоркь нилъер гIандал рати щакаб жо буго. Гьединго хъван буго Саргоница Куммух абураб улкаги бахъанилан. Гьеб Куммухги гьанжесеб  Кумухалдехун (Гъазигъумекалдехун) гьоркьоблъи бугеб бакI бати щакаб жо буго. БатIаго росун, гIандалги тумалги Каспий ралъадалъул къилбаялъул рахъалда, киналго Дагъистаналъул халкъаздасаги тIун рукIин щакаб жо буго. ТIасан балагьун релълъен-хъвай букIин гурони, гьел цIаразул жанисеб хурхен гьечIо, дир хIисабалда. 


Амма гьеб бицен гьабураб ракьги жибго Урартуги Урмия хIорил рагIаллъабиги  цIакъго цебе заманалда Дагъистаналъул халкъазда жидер мацI релълъарал халкъаз гIумру гьабун букIарал бакIаллъун рикIкIуна. Гьеб букIун буго эрмениялги Ираналъул халкъалги гьанже жалго ругеб бакIалде рачIиналде заман. БатIаго росун гIандал рукIаниги тумал яги цойги Дагъистаналъул халкъал рукIаниги цо бакIалда батIаго рукIанин абураб жо ккола, дир хIисабалда, букIине рес гьечIеб жо, щайгурелъул Дагъистаналъул халкъазул тарих цоцадаса тIей гьечIеб, цоцадаса киданиги батIалъичIеб буго. ГIандадерил мацIал цоцаде цIакъго гIагарал руго. МагIарул мацIги буго гьезулгун цIикIкIараб гIагарлъи бугеб, амма гIандадерил мацIазул жидедаго жаниб бугеб гIагарлъи цIикIкIараб буго гьезул щибалъул магIарул мацIалъулгун бугеб гIагарлъиялдаса. Балагьараб мехалда, гьездаса магIарул мацI батIалъун буго гьел жеги цо мацIалъул сверелаллъун ругеб заманалдаго. Гьеб батIалъи ккун буго цIцIунтIадерил мацIал гIаммаб мацIалдаса ратIалъун хадуб.


МагIарул мацIалда бугеб «гIандал» абураб рагIул магIна щиб ва кинаб гьоркьоблъи бугеб гьеб рагIул жидецаго гIандадерица жидедего абулеб «гъIваннал» абулеб рагIудехун. Щай гIандадерил мацIалда гьечIеб «гIандал» абураб рагIи? Нилъер мацIалъул гIалимзабаз хъвавухъе, цого бакIалъул, цого росдал цIар батIи-батIияб къагIидаялда аби дагъистаналъул мацIазда жаниб къанагIатаб жо гуро. Масала, Болъихъ росдал цIар балъхъадерил мацIалда абула Буйхе абун. ГIурус мацIалъул Ботлих бачIун буго Буйхеялдасан гуреб, Болъихъалдасан. Гьелдасанго лъугьун буго лак мацIалъул Бущихъи (гьебги бачIун буго Бухьхьихи абураб пормаялдасан). Амма «гIандал» абурабги  «гъIваннал» абурабги рагIиялда гьоркьоб гьединаб бухьен чIезабун бажаруларо, щайгурелъул нилъеда лъаларо «гъIваннал» абураб рагIул магIна. ГIандадерил мацIалъул кумекалдалъун гьелъул магIна гьабун бажаруларо. ГIандадерил мацIалда гьечIо гI гьаракь. Гьеб мацIалда магIарул гI гьаракьалъе данде ккола гь гьаракь, масала гIункIкI – гьинкIкIу. Щиб рагIиха кколеб, гьедин батани, ГIанди яги гьелдасан бачIараб гIандал? Абизе ккола, гьеб рагIул кьибил бугин  гIан, -ди абуни бугин суффикс, жиндицаги « жаниблъи » магIна кьолеб, масала кIал-ди-б, ба-ди-б ва гь.ц. ГIан абураб кьибил жиделъ бугел бакIалъулал цIарал гIемер дандчIвала Гъуниб, Ххунзахъ, Гумбет ва цойгидалги районазул ракьалда. Гьезул бищун киназдаго рагIараб ккола  гIандалал. ГIанди цо росдал цIар батани, гIандалал ккола гьанжесеб Гъуниб районалда бугеб магIарулазул тIубараб къавмалъул цIар. ГIандалал руго магIарул тарихалда гъорлъ гъваридаб лъалкI тараб къавм, эркенаб жамагIат. ГIанди и гIандалал абурал рагIабазул гьоркьоблъи буго Хьиндахъ  ва хьиндалал абурал рагIабазда гьоркьоб бугеб гIадаб. Хьиндахъ буго лъеда аскIоб бугеб росу.Хьин, лълъин(м) абураб кьибил гIаммаб буго киналго дагъистаналъул мацIазе(масала гIандадерил мацIазда лълъен(и), лълъин, дарг. шин, лак. щин, таб. шар, шад, шед, агул. хьед, шед, рутул. хь`ед, лезг. йад ва гь.ц.). «Хьиндалал» буго ГIанди ва Авар гIурул рагIаллъабазда пихъ бижулел бакIазда ругел росабазул гIаммаб цIар. 


ГIандалал ругониги, гIандал ругониги цойги-цойги гIан гьоркьор ругел тIадехун рехсарал цIарал ругониги, гьел киналго руго цого магIнаялъул цIарал. ГIанди росдал цIар буго магIарулаз гьезде лъураб, «тIаса гIодобе балагьараб бакI лъугIараб жаниблъиялда бугеб росу» абураб магIна бугеб росу. Амма гъIваннал абураб рагIиялъул жибго гIандадерил мацIалда гьединаб магIна гьечIо.


ГIандадерица магIарулазде абула хьиндалол абун, щайгурелъул гIандадерида аскIоса гIебеде ругел магIарул расабазул гIемерисел пихъ бижулел бакIазда руго. Гьедин гьеб рагIи халкъалъул цIарлъун лъугьун буго. Амма Муни яги КванххидалI росабазул гIадамазде гIандадерица хьиндалол абун абуларо, гьел пихъ бижулеб бакIалда ругониги. Гьелъги нугIлъи гьабула гьеб рагIи халкъалъул цIаралде сверун букIиналъе. ГIанди абураб рагIи ккола хъвалсараб аслуян мацIалъул гIалимзабаз абулеб форма. «Жаниблъи» магIна кьолеб батани, кинаб жаниблъиха гьениб букIине  кколеб ва тIубанго гьеб рагIул магIна щиб? Гьеб лъазе  нилъее кумек гьабула гьелда релълъарал цIарал цойги-цойги бакIаздаги ратиялъ. Масала, ругъеждерил гIалах ГIанада майдан, Куллаб росдал мегъ ГIанада, ГIандима гьаргIи, Гьонода росдал ГIанди ицц, Гьарадерихъ росдал ГIандяла. Гьеб цIар гьанир рехсечIел цойги-цойги росабазулги буго. Гьал киналго руго геограпиял терминал, «гIандал» абуни буго къавмалъул цIар. Гьел цIаразда гьоркьоб бугеб хурхен буго гьезул рачIин, рижи цо букIин. РагIи хисулаго, магIарул мацIалда жаниб рагIул кьибилалъулъ хиси ккола. Хъвалсараб аслуялъул порма жиб батани, гIан аслияб падежалда батIайса букIине ккола. Масала, тIегь абураб рагIи хисун уна тIогьоца абун. МагIарул мацIалдаса нагагьлъун тIегь абураб рагIиги тIагIун, тIогьоца абураб хутIани, гьезда гьоркьоб букIараб хурхен чIезабизе захIмалъизе буго. Гьаб бакIалда дица «абгил » абураб рагIи хъвани, гьеб аслияб падежалда лъезе захIмалъизе буго гьеб рагIи жеги рагIичIев чиясе. Гьедин хисула «огоб » абураб рагIи. Гьединлъидал, нилъеца балагьизе ккола гIан(ди) кибехун сверараб порма кколебали. Гьелъие данде ккола гIоно абураб рагIи. Щайгурелъул, «гIодобе балагьараб» абураб магIна кьезе гьеб рагIи нилъеца гIемер хIалтIизабула. Масала, абула гIанабаздаса гIодове валагьун вугила довилан. ГIоно ккола гIодобе балагьараб бакI. ГIандалал ругониги, гIандал ругониги цойги-цойги гIан гьоркьор ругел тIадехун рехсарал цIарал ругониги, гьел киналго руго цого магIнаялъул цIарал. ГIанди росдал цIар буго магIарулаз гьезде лъураб, «тIаса гIодобе балагьараб бакI лъугIараб жаниблъиялда бугеб росу» абураб магIна бугеб росу. Амма гъIваннал абураб рагIиялъул жибго гIандадерил мацIалда гьединаб магIна гьечIо. Лъалеб жо буго кIиго нн гьаракь цадахъ аби гIандадерил мацIалъе хасиятаб жо букIин. Гьеб лъугьуна рагIулъ н ва л гьаракь данде ккани, масала,  лълъен-на ← лълъен-ла «лълъеда». ГъIваннал букIине бегьула гъIван-ла-л абураб къагIидаялдаги. МагIарул мацIалда гьечIо гьеб гъI гьаракь. Гьелде абула зарараб хъ гьаракьилан. Амма Дагъистаналъул цойги-цойги мацIазда гьеб гIемер хIалтIизабула (масала, лак, дарги, лезги мацIазда).


Гьанжесеб Казбек районалъул ракьалде абула НахъбакIилан. Харахьи, ГIорутIа ва цойгидалги гьезда сверун ругел росабазде абула нахъахьиндалалилан. Гьеб буго хундерица гьезде абулеб цIар, жидедаго нахъехун гьел рукIиналъ. Гьединабго нахъа магIна батизе бегьула гъIваннал абураб рагIулги (данде ккве гъван-ща).


Ххунзахъ, Унссоколо, Гумбет районазул росабазул цIаразул магIна гьабулаго, абизе ккола гьенир гIумру гьабун ругел магIарулазул мацIалъул жанисел батIалъаби гIезегIан ругилан. Гумбет районалъул жаниблъиялдасан чвахула ГIандигIор. ГIорги гIорхъиги магIарул мацIалда цого кьибилалъул рагIаби ккола. АваргIорги ГIандигIорги руго рахине захIматал, гIорхъалаби гIадал гIорал. Гумбет районалъул ракьалдасан ГIандигIорул квегIаб рахъ буго нахъбакIалъул сверелилан мацIалъул гIалимзабаз абулеб, кваранаб рахъ буго хундерил сверелилан абулеб. Хундерил сверел буго АваргIоралдаги ГIандигIоралдаги гьоркьоб. ГIоралъ мацIал рикьула кIиго сверелалде яги мацIазде. Масала, чIамалал руго ГIандигIоралъул квегIаб рахъалда, багвалалги тIиндалги руго кваранаб рахъалда, НахъбакIалъул сверелалда кIалъалеб ЧIиркъатIа росу буго квегIаб рахъалда, хундерил сверелалда кIалъалеб ГIашилта росу буго кваранаб рахъалда, гьединго бакъбаккул сверелада кIалъалеб Рихьуни росу буго Авар гIорул  кваранаб рахъалда, хундерил сверелалда кIалъалеб Балахьуни росу буго квегIаб рахъалда. Гьеб низам хвезабун буго кIиго росдаца. Генуб росдал буго хундерил сверел, гьеб букIине кколааан хундерил сверелалда кIалъалел киналго росбиго гIадин, Авар гIорул квегIаб рахъалда. Гьединго Гумбет районалъул Гъоркьияб Гьарадерихъ росдал буго нахъбакIалъул сверел. Гьеб букIине кколаан ГIандигIорул квегIаб рахъалда. Гьелъул кьучIалда абизе бегьула, цебе заманаялда генал рукIун ругин АваргIорул квегIаб рахъалда, гъоркьагьарал рукIун ругин ГIандигIорул квегIаб рахъалдайиллан. Цоцазул ракьал рахъулеб, росаби чIунтизарулеб заманаялда цо росу цойги бакIалде бахъине ккеялъулги, тIубанго росаби тIагIиналъулги хIужаби гIемерал руго. Гьеб гьедин букIараблъи чIезабиялъе мацIалъул гIелмуялъги кумек гьабулеб буго.


Росабазул цIаразул магIна гьабизе тIоцебе макъала хъварав чи вуго Ш. И. Микаилов. Гьес хъван буго МелъелтIа росдал магIна эркенго бачIунила гIандадерил мацIазул милъи абураб рагIудасан. Гьелъул магIна ккола «бакъ» абураб.

ГIандадерица мелъелдериде абула милъийол абун. Гьелда данде ккола магIарул бакъдассел абураб рагIи ва лъарагI Гумбет абураб рагIи. Гьел киназулго цого магIна буго «бакълъул рахъалда, бакъда ругел» абураб. Гумбет буго магIарул мацIалдаса лъарагI мацIалде районалъул цIар буссинабун лъугьраб рагIи. МагIарул мацIалда букIине кколаан Бакъдаб район абун. Этнограпиялъул гIалимчи М. Агъларовас магIна гьабун буго цо-цо росабазул цIаразул. Гьес хъвалеб буго Гъадари бугила гъадоралда хурхараб цIар (гъадор «лъар» гIандадерил мацIалда). Гьединго Щабдухъ – Сиюхъ (щеб «си»), ЧIиркъатIа – чIабатI бахъулеб бакI (чIир «чIабатI»), БакьайчIи – бокь, кули (бекьи «бокь»). Ахираб заманалда хъвазе байбихьун буго БакьагьечIи абун. Гьеб буго щибго кьучI гьечIеб мекъаб хъвай. Гьедин лъицаниги абуларо хъвазеги бегьуларо. ГIуркIачIи, ГIахьалчIи, Хара(й)чIи, БакьайчIи руго цого кьерда ругел цIарал. Гьезул ахиралда бугеб чIи ккола аскIоб магIна кьолеб гIаламат. МагIарул мацIалда гьелда данде ккола хъ гIаламат (масала, Ххунха-хъ). Абизе бегьуларо ГIуркIагьечIиб, ГIахьалгьечIиб яги ХарагьечIибиланги. Ургъун бахъулеб жо букIунаро росдал цIар. Гумбет, Унссоколо, Ххунзахъ ва дагьабго Гъуниб, Хьаргаби, Шамил районазул росабазул ва магъил цIаразул хIисаб гьабураб мехалъ якъинго бихьулеб бихьулеб буго гьел цIаразул магIарул мацIалда щибго магIна гьечIолъи ва гьезул магIна гьабун бажари нилъер гIисинал къавмазул мацIазул кумекалдалъун.


БолмацI бижун буго бакъбаккулги, ххундерилги, нахъбакIалъулги кьучIалда гьел сверелазда кIалъалел гIадамал  гьанже жалго ругеб бакIалде рачIун хадуб. Дагъистаналъул киналго гIисинал къавмал, гьездаго цадахъ нилъер магIарул къавмалги рагIа-рагIалде ккеялъе гIиллаги буго гIисинал халкъазул цо бутIа чIахIиязда гьоркьоре ккун гьезул мацI бицунел гIадамазде сверанилан абураб.

Кин гьеб гьедин ккараб? Балагьараб мехалда тIадехун рехсарал районазул ракьалда гьенире магIарулал рачIиналда цере гьенир гIумру гьабун рукIун руго гьадаб микьабго мацI бицунел гIандал, балъхъал, гъодоберисел, гIахьвалал, кIкIаралал, чIамалал, багвалал, тIиндал. Цо заманаялдасан гьел росабалъе бакъбаккул рахъалдасан рачIине байбихьун буго магIарулаз. ТIаде рачIаразул къадар цIикIкIун гьезул мацIги бергьун буго ва цо нусго-кIинусго соналда жаниб гъоркь рукIаразул мацI тIагIун магIарул хутIун буго. Амма росабазул цIаралги магъил цIаралги гъоркь ратаразул къагIидаялда хутIун руго. Ахираб кIудияб халкъазул багъа-бачари букIана Рекъав Тимур Дагъистаналде вачIараб I396 соналъ. Гьеб заманаялда лъарагIлъиялдегIан къан ран рукIарал магIарул росабиги рехун тун гIадамал гьениса эхеде рахъине ккана гьес кIудияб магъало лъун, гIакъуба кьун толарого. Гьеб заманаялъ ккараб хиса-баси батизеги бегьула гьеб. Тарихалда жаниб чIванкъотIун гьелъул хъвараб жо щибго гьечIо. МагIарул мацI бицунел гIадамал рукIун ритизе ккола гьанжесел ЧIарада, ЛъаратIа, Гъуниб районазул ракьазда, ЦIцIоралда. Масала, гIандалазул свералалъулги гIандадерил мацIазулги релълъарал рахъал цIцIикIкIун руго нахъбакIалъул сверелалъулги гIандадерил мацIазулгиялдаса. Гьелъул магIна ккола гIандалаги гIандадерил мацIазда кIалъалел къавмалги цере цоцазул  гIорхъода рукIун ругилан абураб. БолмацI бижун буго бакъбаккулги, ххундерилги, нахъбакIалъулги кьучIалда гьел сверелазда кIалъалел гIадамал  гьанже жалго ругеб бакIалде рачIун хадуб. Дагъистаналъул киналго гIисинал къавмал, гьездаго цадахъ нилъер магIарул къавмалги рагIа-рагIалде ккеялъе гIиллаги буго гIисинал халкъазул цо бутIа чIахIиязда гьоркьоре ккун гьезул мацI бицунел гIадамазде сверанилан абураб.



Автор: МухIамад МухIамадов ДНЦялъул ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook