Авторизация

МочIохъ: депортациялъ къуркьизабичIеб росу


МагIарулазул росу. «Миллаталъул» проект


МочIохъ: депортациялъ къуркьизабичIеб росу


Жакъа МочIохъ буго тIабигIияб газ, рес буго ччугIихъанлъи гьабизе, рагьана ясли-ахги


Хунзахъ районалъул централдаса 35 километралъ рикIкIад бугеб МочIохъ росдал хIакъалъулъ рагIичIев чи къанагIатги ватиларо дагъистаниязда гьоркьов. РагIизабуна гьеб такрарлъи гьечIеб тIабигIияб хIор аскIоб букIиналъги, Расул ХIамзатовас «форелал лъедолеб мачIхъадерил хIорилан» хас гьабун хундерил гимналда хъваялъги, чанги лъикIал сахаватчагIигун гIалимзаби жанир рахъиналъги. Жакъа къоялда нусгогIан магIишат гурони жаниб гьечIеб гьеб росу бараб бакI буго мегъ бакьулъ, сверун гьарзаго лълъималги ругеб, беричал харибакIазги сверун ккураб. МочIохъе бухьараб сапаралъ бихьараб-таралъ сагьвил гьаюрай дида ракIалде ккана газета цIалулезулгунги рекIел асарал рикьизе. Жакъасеб мухбиралъул сапар – тIогьол расалъабазги, хехал лъаразги, гьалбал хириял гIадамазги гьайбат гьабураб, магIарулазул МочIохъ росулъе. 


12 росулъа рачIарал гIадамаз ккураб росу…


Дагъистаналъул мустахIикъай мугIалим, президентасул гранталъул лауреат, цIар бугей педагог Булул МухIумаевалъ дида бицанихъе, МочIохъ росдал цIар бачIун буго «мачIу» абураб рагIиялдасан. Жакъа къоялдаги мачIуялъул тIубарал сиртIал ратизе бегьулин гьанирилан бицана гьелъ дида.


ТIоцебе росу ккун буго ГIахьалчIиса вачIарав КIудияв ГIумардибирас, гьесда цадахъ гьениве вачIун вуго гьесул ункъо васги.

Гьеб хъизаналъ тIоцебе кьучI лъун буго гьанжесеб МочIохъ росдае. Гьезул рещтIен гьениб лъугьараб мехалъ, ГIахьалчIиса гочун руго гьезул гIагарлъиялъул цогидал хъизаналги, дагь-дагьккун кIодолъизе лъугьун буго росу. КIудияв ГIумардибирас гьеб росдае бегавуллъи гьабун буго кIикъого соналъ. Гьев живго гIараб гIелму кодосев чи вукIиналъ, гьес росулъ, росдал гIадамазул кумекалдалъун, бан буго гьабсагIатги хIалтIулеб бугеб мажгит.


Гьаниб бицен гьабичIого гIоларо ГIумардибир МочIохъе гочиналъе гIиллаялъул. Гьеб букIун буго гьезул тухумалъ тIад квер лъураб ракь, гьединго МочIохъ гIадаб гьава-бакъ рекъараб бакI батизеги захIмат буго, гьаниб жаниб тIабигIаталда букIунеб кинабго буго: боцIуе кваназе гIалахги, бекьизе гьарзаяб ракьги, гьекъезе тIагIам лъикIал иццалги, цIакъго хIажат ккани, цебе балалъги нахъа балалъги рохьалги. Аби буго МочIохъ батараб: гьавураб къоялдаса жиндир гIумруялда жанив жив хвезегIан сундениги хIажалъун МочIохъа чи къватIиве ине ккечIевилан. Цебе гьелда абулеб букIун буго гьитIинаб Шалиян.


Шали ккола чачаназул росдал цIар. Гьеб абиялъе гIиллаги букIун буго гьениб гьарзаяб бачIин кьолеб ракь букIин. МочIохъе сверухъ ругел росабалъа гIадамал гIемер рачIунел рукIун руго тIощел ва кванил цогидал нигIматал росизе. ХIисаб гьабураб мехалъ, МочIохъ росу бугеб бакI гьениб гIумру гьабулезе чорхое щулияб сахлъиялъеги ва гIумруялъул халалъиялъеги кьураб тIабигIаталъул гьайбатаб бакI бугилан, гьенире гIемер рачIунел рукIун руго батIи-батIиял махщалил гIадамал, гьез жигар бахъулеб букIун буго гьенибго гIумру гьабун чIезе. Гьелъие цоги гIиллаги букIун буго - мачIхъал гьалбал хириял, гьединго тIаде рачIарал лъикI къабул гьарулел гIадамал рукIин. МачIхъадерил ролъул чадил тIагIамги лъараб, богIол чIагIдал къвакIиги бихьараб мехалъ, гьалбадерица гьениб заман бахъулеб букIун буго. Абула МочIохъ росулъ 12 батIияб бакIалдасан рачIарал гIадамаз гIумру гьабулеб бугилан. КъватIиса рачIун чIарал ругониги, гьез вацлъиялда тIобитIулеб буго  гIумру.


КIудияв ХIасан ва цоги гIелмудал ралъадал


МочIохъ росу кIодолъун, гIуцIун хадубги, колхозал гьарилалде цебе, ГIахьалчIиса рачIаразе гурони, ихтияр кьолеб букIун гьечIо магIарде боцIи битIизе. Гьедин заман анагIан, МочIохъ байбихьун буго гIараб гIелмуялъул машгьурал гIадамал рахъине. Гьале гIалимчи КIудияв XIасан лъабго соналъ халваталда жанив чIун вуго гIелму щулалъиялъе. Абулеб букIун буго гьесулъ кашпулъи бугиланги. ГIалимзабазе гIелмуялъе кьучI лъезе МочIохъе вачIун вуго шайих АхIмадил Бадай. Гьесие бараб шайихасул рокъов вукъун вуго гьев, гьесде зиярат гьабула мачIхъадерица ва къватIиса рачIарал зияратчагIаца. КIудияв гIалим вукIана СайгидулбатIал. Гьесул цIар тIоцересел гIалимзабазда гьоркьоб буго Дагъистаналъул музеялда. Музеялда гуребги, «Дагъистаналъул цIар рагIарал сонал» абураб тIехьалдаги тIоцересел гIалимзабиян хъван руго ГIободаса ХIайдарил МахIамадилги СайгидулбатIалилги цIарал. Хадувго гIун вачIана МочIохъа Къадил МухIума, гьев гIемерал соназ хIалтIана ЦIадаса ХIамзатгун цадахъ Хунзахъ шаргIияб судалъул секретарьлъун. Хадувго гIалимчи вахъана живго жиндаго чIун гIараб гIелму лъазабурав, жинда Къуръаналъул, жузазул магIна лъалев вукIарав Исбагьиев Гъайирбег. Гьединго рукIана гIалимзаби Сиражудин-ХIажи, ХIасанил АхIмад, MуxIамадов XIacaнxIoceн (КIудияв).


МочIохъе дин щула гьабизе вачIарав ва МочIохъ дибирлъи гьабулев вукIарав Хьиндахъа Бугъадибирасул хоб буго шайих вукъараб хабалалъ гIалимзабазда гьоркьоб. ТIоцебе гIараб гIелму ва Къуръан цIализе малъизе Мадраса рагьун буго росдал мажгиталда жаниб, гьенир цIализарулел рукIун руго киналго росдал лъимал, гьелъ рес кьун буго тIаде гIолеб гIел гIелмуялда гъорлъе лъугьине ва дин-ислам щула гьабизе. Гьезда гъорлъаги рахъун руго шаргIияб гIелмуялда гIадамал куцаялъе гIалимзаби. Гьаниб гIелмуялъул бицунаго, бихьизабизе ккола цебе гIелму кодосел гIалимзаби кигIан диналъеги шаргIалъеги ритIухъалги рацIцIадалги рукIаралали.


Чуги меседил цIурал хулжалги


Гьеб букIине ккола XIX гIасру. Гъумекив вукIун вуго цIакъ бечедав хан. Гьес гьенире ахIун руго доб мехалъ Дагьистаналда рукIаралщинал гIалимзаби мавлидалде, гIемераб боцIиги хъвехъун. Гьениве ахIун вукIун вуго КIудияв ГIумардибирги. Мавлид лъугIун хадуб киналго мавлидалде ахIаразда гьикъун буго ханас, гьаб бечелъи, гьаб ракь, гьаб боцIи-панз дие хIалалаб бугищилан. Гьениб ханасе кIудияб рецц-бакъги гьабун, гьеб кинабго хIалалаб букIин загьир гьабун буго мавлидалде ахIараз. Амма ГIумардибир вуцIцIун чIун вуго, кIалъачIого.

 Мавлидалде ахIарал нухда регIун хадуб, гьенивги чIезавун, ханас ГIумардибирасда гьикъун буго дие рецц-бакъ гьабичIого мун щай вуцIцIун чIаравилан. ГIумардибирас гьесда абун буго: «Гьаб боцIи, ракь, бечелъи дуе хIарамаб бугилан». Гьеб мехалъ ханас ГIумардибирасда абун буго, мун гурони мавлидалда рукIаразул цониги чи вахъинчIин гьедин абулевилан. Амма гьаб кинабго хIарамаб букIин дидаги лъалилан. Нуха регIулаго, ханас ГIумардибирасе чуги меседил цIурал хулжалги кьун руго. Гьедин Гъумекиса вачIунаго, гьев щун вуго гIехьелдерил иццухъе. Гьениб, чодаса гъоркьеги рещтIун, гIодов чIун вуго тIаде чи вачIинегIан. ВачIун вуго цо вас. Гьев вас аскIовеги ахIун, витIун вуго росдал дибир ахIизе. ВачIун вуго дибир гьесда аскIове иццухъе, бицун буго ккаралъул ва дибирасухъе кьун руго месед жаниб бугеб хулжалги чуги. ГIумардибирас дибирасда абун буго: «Дуца гьаб месед бикье росулъ ругел мискинзабазе, бесдалазе, гьалде ккаразе, дица гьаб рокъобе босани, гьалда тIаса чIужуялъ месед босичIого толаро, гьеб буго дие хIакъ», -ян. КIудияв ГIумардибирасул гIелмуялъулги вацIцIалъиялъулги хъвараб тIехь букIун буго Kьохъa СултIанахIмад-хIажиясухъ. Гьев мунагьал чураяв ва баракат нилъее щваяв хвана, гьеб тIехьалде халгьабизеги щвечIо.


Бугъади – 19 кули


ТIоцебе росу ккуразул ГIахьалчIиб гIагарлъи гIемераб буго, амма заман гIемер ун бугелъул батила, гьенире къварилъи ккараб мехалъ унел дагьлъун руго.


Цебе, бетIергьанал ракьазда гIадамаз кулал гьарун, бетIербахъи гьабулаан. Гьедин кулал гьарураб Бугъадиян абулеб бакIалда букIана анцIила ичIгогIанасеб кули. Гьелъ бицунеб буго некIо гIадамаз гIумру гьабулеб букIараблъи жидее гIумру гьабизе бигьаяб, жалго бетIергьанаб ракьалда.


Жакъа къоялдаги гьабурав чиясе гIезегIан магIишат гьабизе санагIатаб, квегIенаб бакI буго МочIохъ: росдал цояб рахъалда – чIегIерракьул хурзал, цогияб рахъалда – чабаххIалал ракьал – картошка, ламадур гьарзаго рижулел руго гьанир, лъагIел кинаб бачIаниги.


МоцIрол канлъухъеги хIалтIулел 


Диргун хабар ккарай байбихьул классазул учительница МутIалибова Сакинатица бицана араб соналъ 16 сотых ракьалда бекьараб ламадурил бачIин бичун 73-азарго гъурущ щванин жиндиеян. Узухъда, школалъул мукъсанабго харжиде тIаде гьеб кIудияб квербакъи ккола. Жалго бетIергьанал кIудиял хурзалги хьихьараб боцIиги гьечIев чи МочIохъ гьечIо жакъа къоялдаги. Дойго Булул МухIумаевалъ бицана, мадугьалихъ росабалъ КТО лъазабидал рещтIарал гIорхъалаби цIунулезул аскарияз г1ажаиблъун мачIхъадериде абун бугин: «Сордо-къо цIехечIого, свак лъачIого, моцIрол канлъухъецин хIалтIулел рукIунин гьал чагIи», - ян (рагIи-хер къазе прессалде ирга къад щоларелъул, къаси-къаси гьабулеб букIун гьаз гьеб хIалтIи, -- авт).


МочIохъ росу –  депортациялъул къурбан


 Узухъда, кидаго бигьаяб яшавалда рукIанин мачIхъалан дица абиларо. Лъабго магIишаталда гьоркьоб цо-цо гьокоги кьун, гIицIго гьелда лъураб къайи-цIагун Чачаналъе гочинарун рукIун руго МочIохъ росдал гIадамал 1944 соналъул кьварараб кьиндал гIужалъ. ХIакъикъаталдаги, щибха захIматаб букIинеб, рижараб росу-ракь, яшав тун, херал-беццал ратIа гьаричIого, чияр ракьалде рахъине ккеялдаса?! ГIицIго 1957 соналда нахъруссине риччан руго мачIхъал гIагараб росулъе.


ДандчIварал захIмалъабаз къвакIарал магIарулал къуркьизаричIолъиялъе нугIлъи гьабула цIигьабураб росуялъги гьанир гIуцIарал шартIазги, захIматчагIазул хIалтIулал бергьенлъабазги. Росдал магIишаталъул асс бугел соназ 200-210 чIегIерхIайван (гьездасан 100-110 беч1ч1улеб г1ака) жаниб хIебтIун, лъаг1алие 190 тонна рахьдал, 10 тонна гьанал кьолеб бук1араб фермаялдеги щвана дун гьеб къоялъ МочIохъ. БитIахъе ракI бахиллъилел бокьал, дояркабазул рукъ, бачазул ферма чIунталиде сверун ругоан жакъа къоялде. Киналго магIишатазе хасиятаб гьеб сураталъ гьоркьоб тун гьечIо рас тIуни нах кIанцIилеб гIадаб боцIи хьихьизе кIолел керчал харибакIал ругеб МочIохъ СПКги.


Грантал щвечIониги, ччугIби гIезарурел руго


МочIохъеги щун, хIорихъе щвечIони, дун цIалдолезда мекъи йичIчIилаан. Аллагьас майилан кьураб сайгъатлъун бихьана дида цо къоялъ зодил кьераб, цоги къоялъ гIурччин харил кьергун жубан бакъуда данде паркъолеб гьаб лъадал «матIу». 1963 соналъ мегIерги ччукIун бачIун, лъугьун буго 40-45 га гIатIилъиялда мачIхъадерил хIор. Риидалил заманалъ гьаниб хIухьбахъи гьабизе рачIунел руго, цо Дагъистаналдаса гурел, мадугьалихъ ругел республикабаздасаго гIадамал. Амма, пашманлъизе ккараб хIужа-гьелщинал соназда жаниб хIукуматалъ гьаб тIабигIияб памятник сверун гIуцIун гьечIо хIухьбахъиялъе кинал рукIаниги шартIал. Совет Союзалъул заманалда гьаниб ккунагIан форель, сазан, толстолобик тайпабазул ччугIби, тIад рекIине цIулал русби рукIарал ратани, гьанже хутIун буго гIицIаб хIор. Форельгицин нагагь-надир гурого лъедолеб гьечIо гьаниб. ГIезабизе бегьуларищя? ЦIакъ бегьула.


ХIоринибе биччазеги жидеего хайиралъе бича-хисизеги букIинеян ччугIа гIезабизе лъикIаб къасд бижараб гIолохъанаб хъизангунги ккана дир гьудуллъи МочIохъ. ГIабдулкъудусова ПатIиматилги гьелъул бетIергьанчи Муслимилги буго, икра, гIисинаб ччугIа (малек) босун, гьеб гIезабулеб магIишат. ГIезегIан тIад жидерго гIарцулал сурсаталги хвезарун, гIуцIараб буго гьезул магIишат. Хьул букIун буго рос-лъадул,  росдал магIишаталъул грантниги щун, «хIатIазда рахъун чIезе». Амма гранталги квегIал-кваранал гIарцал щолелги республикаялда батIиял ратула. ГIезабулеб ччугIил тIинчIалъул бащадалдаса ц1ик1к1ун къадар хваниги, гьабулелдаса ракIбуссин гьечIин жидеран бицана Муслимица. Гьелъул гIаксалда -- аскIобго балеб буго жанир чIезе мина, къачIалеб буго сверухълъи.


«ЛъетIагьо»


ЧчугIихъабазул «чIинкIиллъиялдаса» гьороца росун рачIунел ххунеб гIатIалги хьоналъулги тIагIамал махIаз дир балагьи кIкIалал рагIалдехун буссинабуна. Нусгоялдасаги цIикIкIун сон жиндир бугеб умумузулго батараб лъеда гьобо (лъетIагьоян абула хундерица гьелде гьакIкIараб кIалалъ) хIалтIизабулеб буго 90-ялдасаги жиндир гIумрудул сонал арав ГIабдулмуъминица. Цебе гьединаб гьобо лъабго букIанила росулъ, гьанже киналго механизированияб къагIидаялде, бигьаяб яшавалде ран, гьезде хIажалъи гьечIила. ГIодоркъоял гьечIониги, магъилъ наял кинигин хIалтIулел мачIхъал рихьидал, библиотекаялъул МочIохъ филиалалъул нухмалъулей Халилбегова Ирайсатида дица гьикъана хIухьбахъи, эркенаб заман тIобитIиго букIунарищ нужеран. АзаргогIанасеб тIахьазул фонд, казият-журналазе подписка (щаяли, гьезда гьоркьоб «Миллат» дида бихьичIо) бугеб «тIахьазул рокъоре» 100-150 цIалдолевги хьвадулин, байрамкъоязде вечералгун гIодорчIеялги гIуцIулин клубгун цадахъ жидецаян бицана Ирайсатицаги.


Кьерханкъояз гьенирегIаги руссинчIого, ракIги свакги сундеха чучилеб росдал захIматчагIаз?


Ясли-ах, тIабигIияб газ, Шамалда хIалтIулев тохтур…


КIикъогогIан соналъ анищ букIун буго гIолохъанал хъизамазул росулъ ясли-ах рагьизе. Ва гьале, рохел! 27 июналъ 17 гьитIичазе пайда босизе кьуна хIалеб площадкаялдалъун, богорукъалъул къайи-цIаялдалъун хьезабураб «Колосок» («ТIор») ясли-ах. Пачалихъияб Думаялъул депутат ГI. Магърамов гIахьаллъана гьеб рагьиялъул тадбиралдаги, гьебги - кодоб сайгъатгун - къед цIураб телевизоргун. Баракатаб батаги, хадур гIемерлъаги росдал гIадамазе хIажатал объекталгун сахаватал сайгъатал. Амин. Аллагьас кьураб тIабигIияб бечелъи гуребги, росуцоязул баракат камунги хутIулел гьечIо рикIкIадаб росдал гIадамал. Хунзахъ районалда кIиго-лъабго росулъ гурого гьечIеб тIабигIияб газ МочIохъ щибаб рокъоб буго. Гьеб бачине сахаватлъиялъул квер бегьун буго Россиялъул Оборонаялъул министерствалда чанго соналъ хIалтIарав « Бизнес-инжиниринг» компаниялъул директор, сахаватчи МухIамадрасул Юсуповас. Жидерго бажарарал ракьцояздаса бугеб чIухIи загьир гьабун лъугIуларого рукIана гIадатал гIадамал гьеб къоялъ. Лъидаха рагIичIеб, гьанжегIагар сахлъи цIуниялъул министр В. Скворцовалъул гъулбасалда гъоркь «Призвание» абураб миллияб премиялдалъун кIодо гьавурав, Сириялда госпиталалъул заведующийлъун хIалтIун, гIемерал гIадамал хвасар гьарурав рагъулав врач, капитан Сулиманов Исламил цIар?!

«ХIамил бетIергIанаб» росулъа вахъана Дагъистаналъул мустахIикъав бакIал ралев чи Халилбегов Пазлудин, Республикаялъул мустахIикъав тохтур МухIамадов ХIусен, Аллагьасдасанго тIокIборчIараб учительлъиялъул гьунар жиндие кьурай МухIумаева Булул ва гьел гурел цогидалги жалго хIалтIулел, цIалулел бакIазда къадруялда росдал цIар цIунарал гIадамал.


РакI гъолеб, парахатаб бакI буго МочIохъ росу. Гьанир гохIал-щобал, «даруял хурдузул гъамас» тIад сокIкIарал гIурдаллъаби мерхьунаго, дида кIочон тана гьаб сапар гIадаб чIагояб гуреб, гIатIгояб данделъиялде ретIарал рорхатал эгъебекеназ унтизарулел ругел хIатIазулги, ккун бугеб тIобитIун кIалалъулги, рокъое нахъюссине цебе бугеб сагIатгун бащадалъул нухлулги. Хадубккунги, рокъобго аппаратги, къаламги, диктофонги тун, свинабун телефонгун, хIорил рагIалда кIусун хIухьбахъизе, пикрабазул гIадлу гьабизе МочIохъе щвезе щулияб нигатгун мухбиралъул хъвай-хъвагIаязул блокнот къана дица.




Автор: ФатIима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
  • Гьениб т1абиг1ияб газ бук1ин ц1акъ лъик1аб х1алт1и буго  рохалие х1алт1изабеги, амма бич1уларо щай гьеб нижер район къот1ун гьенибе унеб кибниги лъалхъич1ого?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook