Авторизация

"Жея, ясал!"



Гьал къоязда «Дагестан без сирот» гIуцIиялъул нухмалъулей Раисат ГIусмановалъ МахIачхъала бакьулъ бугеб рестораналде ракIарун рукIана ригь бекаралги гIолохъаналги руччаби. 


КIияздаго гьоркьоб тIобитIана «А, ну-ка, девушки» абураб конкурс. Гьезул бищун кIудиялъул гIумрудул сонал ругоан 94-ялде рахун. Бищун гьитIиналъул – 2I сон.


Амма кечI ахIизеги, кьурдизеги, кицабигун бицанкIаби рицинеги, шарикал понцIозеги гIолохъаназдаса къурал гьечIоан кIудияб ригьалъул руччабиги.



Гьедин жюриялъ тIоцебесеб бакI кьуна МахIачхъалаялъул 9 абилеб гимназиялъул мугIалим, ЧIохъа Аминат Мусаевалъе. Жюриялъе хасго рек1ее г1уна артисталъ г1адин гьелъ ахиралда рик1к1араб дикломация. 



Гьединго тадбиралъул ахиралда Раисат ГIусмановалъгун цо-цо спонсораз руччабазул щиялъе сайгъат гьаруна къиматал шапакъатал. Конкурсалда г1ахьалллъич1ел гьалбалги сайгъатал щвеч1ого нахъе инч1о гьениса. Масала, гьезие кьуна Раисат Г1усмановалъ Мах1ачхъалалда рагьараб социалияб гостиницаялда г1умру гьабулел ясаз рукъарал жал - хьаг-къоно кколел квердаххелал, квен гьабулелъул цере рухьунел фартукал ва цогидаб. 


Автор: Зульфия Х1ажиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook