Авторизация

МугIрузул закон



«Миллаталъул» гъасда

МугIрузул закон


Адабияталъул сагIат: Фазу ГIалиева ва Машидат Гъайирбегова


2017 соналъул 14 декабралда «Миллат» басмаялъул редакциялда тIобитIана, щибаб моцIилаб «Адабияталъул сагIат» абураб проекталда рекъон, гIуцIулеб гургинаб стол.


ГанчIазда накъищал


«Миллаталъул» адабияталъул гъасда данделъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIов, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ГIабдулкъадирил МухIамад, МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей, педагогикиял гIелмабазул кандидат Баху МухIидинова, РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул квералъ хъварал асаразул фоналъул нухмалъулей Мариза МухIамадова, «Миллаталъул» редколлегиялъул гIахьалчи Ашахан Юсупов ва цогидалги.


Фазу ГIалиевалъ нахъе тараб бечедаб, кIудияб литературияб хазинаялъул бицана «Миллаталъул» гьалбадерица. БахIарчияй, къо хIехьолей, рухIел бихьарай, васги росги хехго жиндаса ратIалъарай, амма гьел къварилъабазда къуркьизайизе кIвечIей къеркьохъан йикIанин Фазу ГIалиевайилан бицана гьелъул къаламцояз.


МахIачхъалаялъул 32-абилеб школалъул щуабилеб классалъул цIалдохъан Асият Нажмудиновалъ Фазу ГIалиевалъул кечIги цIалана гьеб гургинаб столалда. МахIачхъалаялъул школазда гьоркьоб кучIдул рикIкIиналъул рахъалъ тIоцебесеб бакI щварай яс ккола гьей. Гьелъул мугIалим, авар мацIалъул учитель Жаврият МухIамадовалъ бицана Фазу ГIалиевалъул «МугIрузул закон» ва цоги асарал цIализе ва рекIехъе лъазаризе цIакъ бокьулин лъималазеян.


Бухари тIагъразде тIаде къо ккедал, 

Къан рачел борчана мугIрул руччабаз


Машидат Гъайирбеговалъ 90 сон тIубай кIодо гьабизе буго исана 16 декабралда, метер, ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул драмаялъул театралда. Гьелъул хIакъалъулъ гургинаб стол гIуцIана 14 декабралда «Миллат» басмаялъ. Гъайирбеговалъул музеялъул нухмалъулей Каримат ГъалбацIовалъ бицана шагIиралъул ва драматургалъул гIумрудулгун творчествоялъул нухлул.


Машидат Гъайирбеговалъул асарал ракIалдасан рикIкIана МахIачхъалаялъул 35-абилеб гимназиялъул цIалдохъабаз. Гьел хIадур гьарун ругоан гимназиялъул мугIалим, «Лира» абураб адабияталъул гIуцIиялъул нухмалъулей ПатIимат ГIалидибировалъ.


ГIемер щолей йикIун йиго ГIалидибирова цIалдохъабигун цадахъ Гъайирбеговалъухъе рокъое. Гьелъ киданиги нуцIаги рахалеб букIун гьечIо, тIаде рачIараз рагьизе, умумузул гIадат цIунун.


Гъайирбеговалъул гIаданлъиялъул, сахавалъиялъул ва цоги лъикIал гIамалазул хIакъалъулъ бицен гьабуна РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул квералъ хъварал асаразул фоналъул нухмалъулей Мариза МухIамадовалъги.


Имам Шамил, Гьонодаса МухIамад-амин Асиялав, ГIабдурахIман Даниялов, СаййидмухIаммад-хIажи Абубакаров ва цогидалги магIарулазул цIар рагIарал пачалихъиял ва диниял хIаракатчагIи халкъалда цIикIкIун лъаялъе, гьезул ишал ва гIумрудул дарсал жанире росарал асарал хъвана Машидат Гъайирбеговалъ г\умрудул ахирал соназда.


Гьелъул ихтияр буго жиндирго пикру загьир гьабизе, батIи-батIиял хIаракатчагIазе жиндирго ракIалъе рекъараб къимат кьезе. Гъайирбеговалъул асараз магIарул ва Дагъистаналъул литература бечед гьабуна, гьез авар мацI цIуниялъе ва цебетIеялъе квербакъулеб буго. «Вехьасул намус» ва цогидалги пьесаби, гьединго поэмаби ва кучIдул цIалдолез лъикI къабул гьаруна. Авартеатралъеги нухмалъи гьабуна Машидат Гъайирбеговалъ. Гьелъул хIакъалъулъ «Миллат» басмаялъ тIобитIараб гургинаб столалъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда бугеб гьаб аккаунталда:


https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A/videos?sort=dd&shelf_id=0&view=0


Школазул хрестоматиялда лъураб кечI буго Машидат Гъайирбеговалъул, КIудияб ВатIанияб рагъде бихьиналги ун, тылалда хутIарал руччабазул къвакIи ва захIмат цере чIезарулеб. Гьеб асаралда руго гьадинал мухъал:


Бухари тIагъразде тIаде къо ккедал,

Къан рачел борчана мугIрул руччабаз.


Гьединай, къан рачел борчарай магIарулай ва саламатай бусурбанчIужу йикIана Машидат Гъайирбегова. Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги Фазу ГIалиевалъе ва Машидат Гъайирбеговалъе.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +46
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook