Авторизация

МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ – авар мацIалда


МацI билизе тани, билула миллат

МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ – авар мацIалда


Лъималазда гьоркьоб диниял асарал рикIкIиналъул къец тIобитIана


    «МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ – авар мацIалда» абураб къец тIобитIана Бакълъулазул  гIолилазул централъул хIаракаталдалъун. Къецазда гIахьаллъана 12-ялде щвезегIан сонал рараб батIи-батIиял регионаздаса 105 лъимер. МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) хIакъалъулъ лъималазда гъваридго лъазелъун, гIагараб авар мацI цIунизелъун, миллияб адабият, рухIияб рахъ церетIезаризелъун гIуцIараб тадбир букIана гьеб.


 «МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ – авар мацIалда» абураб къецалда гIахьаллъизе хIалтIаби къабул гьаризе байбихьана 14 ноябралда ва тIоцебесеб декабралда лъугIизе тана. ГIуцIиялъулаб комитеталде жидерго церерахъиналгун видеосюжетал ритIун рачIана конкурсантаз. Ниж гIажаиблъун хутIана гьеб проекталде гIадамазул бугеб рокьи бихьидал ва разилъана 105 лъимералъ гIахьаллъи гьабиялдаса. Къецалда гIахьаллъана Дагъистаналъул районазда ва шагьаразда гIумру гьабун ругел лъимал гурелги, Россиялъул батIи-батIиял регионазда ругелги. Хирияв МухIаммад авараг (с.т.гI.в.) гьавураб РабигIул аввал моцIалъул хIурматалда тIобитIараб тадбир букIана гьеб», –  ян абуна МухIамад Зубайировас.


  Бакълъулазул гIолилазул централъул шагьаралъул офисалда тIобитIана лъималазул церерахъиналъе къимат кьолеб жюриялъул данделъи. Жюриялда гьоркьор рукIана Авар басмабазул цолъиялъул  нухмалъулев, РАНаалъул ДНЦялъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб ИЯЛИялъул цIех-рехчи МухIамадрасул ГIумаров, «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудинов ва Бакълъулазул районалъул бетIерасул кумекчи НурмухIамад ГIизудинов.


  Къецалда гIахьаллъаразул махщалие къимат кьолаго, хIисабалде щиб босарабали ва жюриялъул хIалтIул хIакъалъулъ бицана ХIамзат ГIизудиновас.


  «Гьадинаб пайдаяб ва кIвар бугеб къец гIуцIаразе, авар мацI ва маданият цIуниялъул ургъел гьабуразе хъвадарухъабазул рахъалдасан баркала загьир гьабула. Къецалда гIахьаллъаразул церерахъиназе къимат кьеялъул бицани, гьеб хIалтIи гIуцIана гIаммаб куцалда къабул гьарурал къагIидабазда рекъон. Жюриялъ щивав конкурсантас бицаралъул халгьабулаго, хIисабалде росана темаялде гьеб данде  кколеб бугищан, берцинго цIали, артистизм, махщел, ратIлил форма ва цогидалги хIужаби. Конкурсантазул церерахъиназул халгьабуна фамилия, цIар, росу ва цогидалги баянал рихьизаричIел номераздасан», – ян баян кьуна  ХIамзат ГIизудиновас.


  Жюриялъул членаз баркала кьуна лъимал лъикI хIадураралъухъ гьезул эбел-инсуеги.


  МухIамадрасул ГIумаровасги баян гьабуна конкурсалъ рази гьавунин, анцI-анцI лъималазулъ рахьдал мацIалде, рухIияб литератураялде рокьи бижизе, гьезие МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) хIакъалъулъ цIикIкIун лъай щвезе квербакъанин.


  «Къецалъул гIахьалчагIаз аслияб куцалда цIалана Инхоса ГIали-хIажиясул, Игьалиса Чупаласул, шайих СагIид Афандил ва цогидазулги асарал. Баркала буго гьеб проект хIадураразе, тIобитIаразе, рахьдал мацI цIуниялъе квербакъаразе. ГIуцIиялъул комитеталде рачIана лъикIал хIалтIаби. Масала, ЦIияб ИчичIалиса лъималаз МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) хIакъалъулъ  назмаби цIалана, футбол хIайги гьоркьоб къотIизабун, КIудияб ВатIанияб рагъда хваразул хIурматалда бараб памятникалда аскIореги рачIун ва цогидалги жамгIиял бакIазда. РакIалде ккола гьадинал конкурсал щибаб соналъ тIоритIилин ва гьединал ишаз хадубккунги бусурбабазул уммат ва нилъер халкъ цолъиялъе квербакъилин», – ян абуна МухIамадрасул ГIумаровас.


  Къецазда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Фатима ГъазихIмаева (48-аб. номер), кIиабилеб бакIалъе – СагIдигат Насрудинова (81-аб. номер), лъабабилеб бакIалъе – Фатимат МухIамадова ( 9-аб. номер). Бергьенлъаби босаразе кьуна грамотаби, гIарцулал сайгъатал ва тIахьал.            


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +17
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook