Авторизация

Рес къотIаралги къо бухIаралги руччабазегун лъималазе кумекалъе ятулей



Исламги цебетIураб, умумузул гIадаталги цIунараб, яхIалъул рачелги щулаго къараб бакIилан нилъго нилъецаго реццулел рукIуна нилъ.


Батила гьединги. Амма чанго къоялъ Хунзахъа Раисат ГIусмановалъ гьабулеб хIалтIуда хадуб халккураб мехалда батIияб дунялги, батIиял гIадамалги цере рачIана. Унголъунги Дагъистандай гьаб, гуродайин кколеб хIал лъугьана. 


Раисат ГIусманова республикаялда машгьурай гIадан йиго. «Дагестан – без сирот» абураб жамгIияб багъа-бачариялъул исполнительный директор ккола гьей. Исана анцIго сон бана гьеб гIуцIаралдаса.

Чанго соналъ цебе Раисатица жиндирго рокъоб социалияб гостиницаги рагьана. «Школа жизни» абураб проект ккола гьеб.



ГIумрудул нух мекъи ккарал, россабаз инжит гьарурал яги эбел-инсуца зулму гьабулел, ине бакI гьечIел  гIолохъанруччаби рачIуна гьенире, лъималгун цадахъгицин. Гьединал рес къотIарал руччабазул лъимал тезе бакI гьечIолъи бихьун, Раисатица гьанжегIагар рагьана чIобого лъимал хьихьулеб ясли-ахги.



Бокьарав чияс тезе бегьула гьенир лъимал. Гьелъухъ гIарацги босуларо. Узухъда, гьеб буго РФялъул президентасулги ДРялъул бетIерасулги грантазда рекъон гьабулеб хIалтIи.


Гьанже гьелда ракIалде ккун буго херазулги тIалаб гьабизеги. Дагьалъ церегIан ракIарун рукIана гьелъ гьел. Гьезул гIолохъанлъиялда кванил нигIматазул цогидалъуги рукIарал багьабазда ва цогидалда тIасан суалалги кьун, КВН гIадаб жогицин гьабун бугоан гьелъ. Санал унел рукIиналъ лъаларила, амма ригь арал гIадамалгун хIалтIизе бокьизехъин бугин жиндиеян махсара гьабула Раисатица.

Узухъда, гьеб бетIерунти тIаде босун щайин гьелъиеян ккезе бегьула. ТIадежоялъе Раисат йиго бокьараб куцалда гIумру тIамизе рес бугей гIаданги. Лъималги тIурарай. Амма жиндаго кIолеб гьечIин гьеб иш тезеян абуна Раисатица. Аллагьас тIамулей йигила жий цоялда хадуй цогидаб гьабизе.


ПалхIасил, РГВКялъул «ГIаданги, гIамалги, заманги» передача бахъизе журналист Хатимат МухIамадовагун цадахъ Раисат ГIусмановалъул социалияб гостиницаялдеги яслиялдеги щун рукIана гьал къоязда.

БитIараб бицани, цо-цо чагIазул рокъор рукIунарел гIадал квегIенал шартIалги, рацIцIа-ракъалъиги бугоан гьениб. Кьижулеб рукъалъул нуцIида хъван буго: «В спальню заходят только спать!» абун. Гьелъ дие гьимизе бачIинабураблъи бихьидал, Раистаица абуна жинца гьал ясазе рокъоб щвечIеб гIадлу гьабулила. Масала, гьез тIаде рахъараб параялъго бусаби ракIарун ратичIони, яги гьенир тIад регун, гIодор рукIун ратани, жинца квешаб кIалъай гьабулила гьезие. Гьединабго гIадлу богорукъалъулги бугоан. Гьениб къеда чIван буго щиб къоялъ квен-тIех лъица гьабулебали. Кваназе гурони богорокъореги ине бегьуларо.

ХIур тамахаб бакI батилин абун, цIакъго сихIирал руччабиги рачIунел руго гьенире парахаталда рукIинилан ккун. Амма гьениб бугеб гIадлуги тIалабалги рихьидал, жал хадур раккилин абун цересаги тIагIунел руго.


Сордо-къо гьениб баралъухъ щибай чIужугIаданалъ кьезе ккола гIицIго нусго гъурущ. Гьеб кьезе рес гьечIони, гьез букъизе бегьула щиб-щибниги жо. Масала, чанго фартук,  салфетка.



Ясал рокъоре руссунеб, къватIире рахъунеб гIужги чIезабун буго гьениб. ТIадежоялъе, Раисат дое-гъое араб мехалда жал рокъор ругилан гьез гьерсал рицинаредухъ, лъураб видеокамераги буго гьениб.

Гьенире рачIунел ясал батIи-батIияб къисматалъул ругелъул, Раисатица гьезда кьучIдасанго малъула кинабго. Квен гьабиялдаса бахъараб, хъвай-цIалиялде щвезегIан. Масала, гьабсагIаталда гьений йиго Бабаюрт районалдаса ячIарай гIолохъанчIужу, хIалицаго жиндирго фамилия гурони хъвазеги лъаларей. Гьезул щиялъул батIа-батIаго бицине бегьула.



Гьелда тIадеги ясазул ратуларо хIажатал документал. Гьелги цIи гьарула Раисатица.


Гьезул гостиницаялда ясаз цIализе лъурал тIахьазда гьоркьоб бугоан Къуръанги. Жиндие гьеб Сириялдасан щванин бицана Раисатица.

Бищун рагъ боркьараб мехалда ун йикIун йиго гьейги Россиялдаса вакилзабиги доре. ТIокIаб заман батичIебищин нужеда гьанире рачIинеян абунила доз жидецагогицин гьезда.


Доре иналъе гIиллалъун ккун бугоан 50 лъимер бугин мажгиталде бачIун чIунилан баккараб хабар. Гьел бесдал лъимал хьихьизе кумек гьабилаанин жинцаян бицен гьабун букIун буго Москваялде индал Раисат ГIусмановалъ. Гьей доя гIемер щола Пачалихъияб Думаялдеги цогидал бакIаздеги. Гьеб мехалда гьелъул лъай-хъвай ккун бугоан Сириялда риххарал килисаби къачIалеб организациялъул нухмалъулей Ланцева Валентиналгун. Гьелъ Сириялда рахъарал суратазул выставка букIун буго гьеб мехалда Москваялда.

Ланцевалъ Раисатил пикруялъул хIакъалъулъ бицун бугоан РФялда вугев Сириялъул посоласда.


«Гьелдаса хадуй дун йитIана Сириялде унеб букIараб Россиялдаса делегациягун. Доя дандчIвана дозул муфтийгун. Гьес дие сайгъат гьабуна Къуръан. Дица гьесие - гьоцIдерил гулгун. Хунзахъа хурдузул чаялги росун рукIана дица цадахъ, натIухI букIана. Табасаран районалъул бетIерас халичаги кьун букIана добе босизе. Цогидаз тIахьал рукIана кьун. Кинабниги тоннагун 700 кило букIана нижехъ батIи-батIияб къайиялъул.  


БитIун бицани, рекIелъ хIинкъиги букIана рагъул кор боркьулеб бакIалде унелъул. Амма инкар гьабизе кIвечIо», - ян бицана Раисат ГIусмановалъ.

ПалхIасил, гьеб къоялъ Хатиматгун цадахъ передача бахъулаго гIезегIан ракIгъураб гара-чIвари ккана Раисатилгун нижер. Гьелъухъ нуж балагьизе бегьула гIага-шагарго бачIунеб анкьалда.


«Миллат» абуни цойги нухалда тIадбуссина Раисатил къайи-свериялде.     

        


Автор: Зульфия ХIажиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook