Авторизация

СихIирлъийищ, гIадаллъийищ?

СихIирлъийищ, гIадаллъийищ? Цо къоялъ чIужуялъ росасда абунила, рачIайин нилъер эбел-эменгун  кьал гьабизе. Цинги къасиялде кьарияб гьанги тIамилин, кваназе гьелги ахIизе ккеларин. Кинин гьеб кьал гьабилебин цIеханила росас лъадуда. Гьелъ бицанила, мун айин дурго эбел-инсухъе, цинги абейин гьезул кIалтIа бугеб ицц нилъехъе туртал чуризе кьейин. Жийги инин  жиндирго эбел-инсухъе ва гьел тIад ракъвазаризе тIох кьейин абилин. Кинин гьеб кьолебин абун хIикмалъанила рос, гьедин гIиллаго гьечIого кьал гьабун бажарулин бицанила чIужуялъ.

Малъа-хъван чIужуялъгун анила гьав эбел-исухъе, цинги абунила нужер ицц кьейин жидехъе туртал чуризе. Кинин гьеб ицц кьолебин гьакIкIан хутIанила эбел. Я дир васин, чуризе жо батанани, гьанибеги босун чурейин, нужерго ицц кинин дуца гьенибе босилебин  абунила инсуца. Цинги ццим бахъараб ххвелги гьабун абунила васас, нужеца кидаго гIад гьабунин жинца абураб, гьарараб жоги щвечIин нужехъа, иццги нужеего тейин абун, кьабизабун нуцIагун къватIиве лъугьанила рукъзабахъа.

Щванила чIужуги жиндирго эбел-инсухъе, цинги абунила жидер чурарал туртал тIамизе нужер тIох кьейин жидехъейилан. ХIикмалъанила гьелъул эбел эмен, кинин, дир яс,  гьеб тIох дуца гьаниса босулеб,  гьеб щиб гIадалаб жойин. Чурарал жал гьанире росун гьарейин нужерго ракъвазейилан абунила гьез.  Квеш букIараб куцги гьабун ясалъги кIал-гьикъиял гьарунила, щибго щвечIин нужехъайилан, цинги гьелгун кьалги гьабун щванила рокъое. Гьенив вачIун росги ватанила.

Жуянила чIужу гьан белъине базе, ролъ буцизе  къасиялде. РукIкIараб гIужалъ гIодор тIамурал жалазда тIад лъун букIанила  татуяб гьанги, гьагIоги, хинкIалги. ГIодор чIанила кванда нахъа рос-лъади, цинги бер кIутIанила гьелъул хIарччитIа лъун лъим босун гьечIолъи цебе. Гьеб босизе яхъинеги кIвахIаллъун йикIун, гьелъ абунила росасда, тIоцебе рагIи абурав лъим босизе вахъине вугилан. ГIодор чIун цуцазухъ балагьун рукIанила гьел, анила таманаб заман, квенги цIоронила, сверухъ гIадамаз  чирахъал свинарун, кибго бецIлъанила, гIицIго гьазул рокъоб букIанила бакун чирахъ. Цуцахъ ралагьун чIун кIиялгоги рукIанила. Бисмиллагь лъезе киназ тIоцебе абулебали цуцахъ балагьун.

dvaГьезул рукъалда гъоркьан унев вукIанила кIиго хъаравул, цинги канлъи бакун сардилъ бугеб бакI щибилан кавудухъе лъугьанила. Жаваб кьолев чи ккечIеб мехалда гьел рокъоре лъугьанила. Ратанила кванда нахъа гIодор чIун, цуцахъ балагьарал чIужугIаданги бихьинчIиги. Гьез щибго данде жавабги гьабулеб букIнчIила цIехаралъе. Свакарал хъаравулзаби гьезда аскIор гIодорги чIун кинабго квен кванила, циги росги вачун анила туснахъалъул тIамизе, щиб кинали бичIчIизегIан. Нахъияб къоялъ, радалго туснахъалъуса ханасда цеве вачанила гьев, амма щиб абуниги, кигIан кьабуниги гьесдаса рагIи бахъун бажаричIила. Гьеб заманаялъ чIужу щиб-кин ккарабали яхъанила къватIие. Туснахъалда гьелда бицанила рос ханасда цеве вачун иналъул.

Рос вачун араб бакIалде щведал, гьелда бихьанила кIиго гъаравашас ккурав росасда тIилал кьабулел.  Сундухъин нужеца гьесда кьабулеб бугебилан абун ахIдезе лъугьанила гьей. Росин абуни, мун тIоцее кIалъанин, лъим босейиланги абун лъавудаса анила. Мун, ахIмакъ, дур ругелщиналгун тIагIагийин, сордоялъ туснахъалъув тIамун, вухун, хвалде ккезавулев вугин, амма гIакълудал асар тIаде бачIун гьечIин абунила чIужуялъ. Цинги бичIчIанила ханасда росасул гIадаллъиги чIужуялъул сихIирлъиги.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook