Авторизация

МачIадаса ХIадис (хв. 1770 с.)

Жиндир баракат нилъее щваяв кIудияв шейх Багинуса ШугIайб-апандияс Дагъистаналда рахъарал жидеего щвараб гIелмуялда гIамалги гьабун цогиязда гьебги малъун БетIергьан Аллагьасукьа хIинкъун шаргIалъул нухда варагIалда жал хьвадиялдалъун Гьесде гIагарлъарал ва Гьесдехун рокьи-шавкъги цIикIкIарал гIалимзабазул цIарал рехсолаго цересел мухъазда кьолеб буго МачIадаса ХIадисил цIарги.

Гьесие сипат гьабулаго, ШугIайб-апандияс (къ.с.) гьадин абулеб буго: Гьезул (ай гIалимзабазул) бищун лъай бугев, бергьун кIудияв гIалим, камилав мударрис, цере тIурал гIалимзабазул цояв ХIадис ал-МачIади ал-Гьидали абун.

ХIакъикъаталдаги, ХIадисица исламияб гIелмуялъулъ тараб лъалкI цIехон, гьесул заманаялъ рукIаралги хадур рахъаралги Дагъистаналъул гIалимзабазда гьоркьоб гьесул къадру-къиматги бихьун, жакъа къоялъги гIаммаб халкъалъ ХIадисил гьабулеб адаб – хIурматалъулги хIисаб гьабун букIинчIебани ШIугIайб-апандияс гьесие гьадинаб къимат кьей щакаб жо буго.

ТIаде жоялъеги XVIII гIасру ккола тIолго дунялалдаги хас гьабун Дагъистаналдаги исламияб гIелмуги кутакалда цебе тIураб, гIемерал гIалимзабиги рахъараб заман.

Гьезда гьоркьосан цо хассал ХIадис гIадал гIалимзабазул халкъалъ гьабулеб биценалъги гьез нахъе тарал жакъа къоялъ цин кIвар цIикIкIарал гIелмиял асаразги нугIлъи гьабула гьединал гIалимзабазул гIелмуялъул букIараб тIадегIанаб даражаялъеги, рухIияб рацIцIалъиялъеги, кинабго халкъалъе пайдаяб хIаракаталъеги.

Цо-цо баяназда рекъон МухIаммадил вас ХIадис гьавун вуго 1689 соналъ МачIада росулъ. ХIассайлал абулеб тухумалда. Гьев гьитIинго гIелму тIалабалъе лъугьун вуго. ГIелмуялъул тIоцересел галаби ХIадисица лъун руго доб заманаялъ магIаруллъиялдаго машгьурлъарав МачIада МугIаз абулев гIалимасде цеве. Хадубккун гIелму камил гьабизе цIалун вуго Дагъистаналъул батIи-батIиял росабалъ. Цо заманаялъ цIалун вуго жиндир заманаялъ Дагъистаналъул гуребги тIолго бакъбаккул бусурбабазул улкабазда жиндир гIелму-лъаялъе гIалимзаби мукIурав Къудукьа Мусаласухъ Ругъжаб росулъ. Гьевгун цадахъ гьениб цIалулел рукIун руго ЧIохъа МахIад абулев машгьурав гIалим ва живго Мусаласул вас Дибирги. Гьелъие нугIлъи гьабула живго ХIадисица гьабун батараб хъвай-хъвагIаялъги. Мусаласухъ гьес цIалун буго «хIарф» гIелмуги. Джамалуддин Гъумукъиясул (къ.с.) вас ва Шамил имамасул дурц Гъазигъумекиса ГIабдуррахIманица жиндирго «Тазкират» (РакIалдещвеял) абураб техьалда Дагъистаналда рахъарал гIалимзабазул бицен гьабулеб бакIалда абулеб буго: «Гьал хадур рехсезе ругел гIалимзаби ккола Дагъистаналъул диниял церехъаби ва чIахIиял фукъагьаал (ай гъваридго исламияб шаригIаталъул тIолалго рахъазулъ бичIчIи щварал чагIи), гьезул руго жинде мугъчIвай гьабулел гIелмиял хIалтIаби. Гьединаздасан ккола: Къудукьа Мусал вас МухIаммад, Убриса МухIаммад, ГIаймакиса Абубакар, МачIадаса ХIадис», – абун.

ХIадисил гъваридаб лъай букIун буго мантIикъ (логика), усул (основа мусульманского права), хасго фикъгьи гIелмабазулъ. 

«Жинда Aллагь разилъаяв ХIадис гIараб гIелмуялъулъги мантIикъ гIелмуялъулъ лебалав цогидал гIулумазулъги цеве ккарав вукIана, гьел малъизеги, гIалимзабаздехун бахIсалъеги, цогидал нахъ таравлъунги вукIана, шаргIиял масалаби тIокIкIинариялъулъ сардал рорчIулевлъунги вукIана, ричIчIуларел бакIал ричIчIизариялъеги машгьурав вукIана», – ян хъвалеб буго жегиги гьесул хIакъалъулъ ШугIайб-апандияс. Хасго лебалав вукIун вуго ХIадис ибн ХIажар ал-Гьайтамиясул «ТухIфат ал-мухIтаж» абураб тIехь тIалибзабазе бичIчIизабизе – ян хъвалеб буго жиндирго «Нузгьат ал-азгьан» абураб тIехьалда Назир Дургъелияс. Гьаб цебе рехсараб гIелмияб тIехь хъвана гьоркьохъел гIасрабаз вукIарав АхIмад ибн ХIажар ал-Гьайтами абулев бергьун кIудияв гIалимчияс. Гьесул гьеб тIехь рикIкIуна шафигIияб мазгьабалда рекъон шаргIиял масалабазе баян кьолел бищунго аслияб ва кьучI бугел хIалтIабаздасан цояблъун ва гьеб хасго Дагъистаналъул гIалимзабацаги хIукму къотIулеб мехалъ аслияб къагIидаялда мугъчIвай гьелде гьабулааан. Жибго гьеб тIехь цIакъго гIемерал масалаби гъорлъе рачараб, гъваридаб магIнаялъул ва цIакъго тIадегIанаб гIелмияб даражаялда хъвараб хIалтIи буго. ТIалибасдани киса гурин, тIадегIанаб гIелмияб даражаялде щварав гIалимчиясдаги ричIчIизе цIакъго захIмалъулел масалаби гIезегIан руго гьеб хIалтIуда жанир.

ХIадисица нахъе тарал гIезегIанго гIелмиял хIалтIаби ругилан нугIлъи гьабулеб буго Дургъелиса Назирицаги. Жакъа къоялде нилъер рукIарал гIалимзабазул тIахьазул хал гьабураб мехалъ къанагIатги батуларо ХIадисиде мугъчIвайги гьабун хъвачIеб.

ХIадисил букIун буго гIемер тIехь жанибе бачараб бечедаб библиотека, амма гьелъул дагьа-макъаб гурони бутIа нилъехъе щвечIо ва гьеб МачIада росулъ нахъе хутIун буго, амма гьелда тIад жегиги гIалимзабаца хIалтIи гьабун гьечIо.

Нахъе цIунун руго XVIII-абилеб гIасруялъ вукIарав КIкIаратIаса Титалав абулев гIалимчияс гIалимзабазе кьурал суалал. Гьенир ругоан хъизан-лъималазда, ирс бикьиялда, назру-вакъпу гьабиялда хурхарал, ракьал хIалтIизариялда тIасан, сверухъ ругел бусурбабазул гурел ракьазде (гуржимухъ, тушал ва гь.ц.) гъазават-чабхъенал гьариялда тIасан суалал. ПалхIасил, доб заманалъ хIалкъалда гьоркьор гIемер кколел ва кIвар бугел масалаби. РикIкIуна гьел суалал рорхун жаваб тIоцебе Дагъистаналда бищун машгьурал гIалимзабазул цоял ГIурадаса Ибрагьим-хIажияс ва Усишаялдаса Давудицаги кьун рукIун ругин. Гьезул щивас жиндир бичIчIиялда рекъон кьун руго жавабал. Амма дагьаб цебе нижехъе кодобе щвана гьелго суалазе ХIадисица кьурал жавабалги. ХIисаб гьабидал гьел суалал тIоцере гьесухъе рачIарал рукIун руго ва гьесги камилаб хIалалъ рорхун руго гьел суалазда тIаса ишкал (бичIчIунгутIи) кколаредухъ.

ГIагарал соназ гIалимзабазада батана араб гIасрялъул 40-абилел соназ репрессиябазде гъоркье ккун хварав машгьурав тарихчи ва гIалим Каяев ГIалил Дагъистаналъул гIалимзабазул таржамаби данде гьабураб мажмугI. Гьенирги руго кьолел руго ГIалица МачIадаса ХIадисил гIумруялъул ва гIелмияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ къиматал баянал.  Гьесги нугIлъи гьабулеб буго ХIадисил гIемерал гIелмиял хIалтIби рукIиналъе. «Хасго гIемер рукIана гьесул (ай МачIадаса ХIадисил) шаргIиял «фатваби» ва гьезул гIемерисел халкъалъ къабул гьарун рукIана», – ян хвалеб буго ГIалица. Гьединал «фатвабазул» дихъе щваралдасан ккола ХIадисил гьаб хитIаб: «Ле бусурбаби, дир диналъул вацал нужеда лъан букIа! Нилъер хIурмат тIадегIанал шайхзаби Къудукьа Мусалав, Убриса МухIаммад, Кудалиса Салманилав (ибн Салман) ва гьел гурел цогидал цересел чIахIиял гIалимзаби (жидеда Аллагь гурхIаял) тIад рекъон абулеб букIана: «Жакъа къоялъ исламалда жанир ругел къосун ккарал (мекъаб рекIелчIеял) рикьалаби купурлъиялде рачине бегьуларо гьединаллъун гьел ратаниги. Ва гьеб имам ШафигIиясул кьучIаб рагIиги буго», – ян.

(Халгьабе, гьаб хIукмуялъул жакъа къоялъги нилъее бугеб кIваралъул ва гьелъул свин гьечIолъиялъул, жакъасеб гIелалъе жинда нахъ рилълъине  мустахIикълъиги).

Цого-цо шаргIиял гIелмабазда тIад хIалтIи гуребги ХIадисица кIвар кьолеб букIун буго гIаммаб бусурбабазул ва гьелдаго цадахъ гIагараб ракьалъул халкъазулги тарих лъазабиялдеги. Мисалалъе, нахъе цIунун буго гьесул квералъ хъвараб Дагъистаналда Ислам тIибитIизабизе Аварагасул (с.гI.с.) имгIалзаби Аллагь разилъаял ГIаббасил ва ХIамзатил наслуялъул чагIазул бетIерлъиялда гъоркь ГIарабустаналдаса рахъун рачIарал гъазизибазул боязул хIакъалъулъ машгьураб тарихияб макъала. Ва гьелдаго ХIадисица батIи-батIиял росун данде гьабун ругоан Дагъистаналъул ракьалде исламалъул ахIи щвезабиялъул ва гьениб шагьидлъарал чагIазе бугеб хиралъиги ва тIадегIанаб даражаги баян гьарулел живго Аварагасдасан (Аллагьас салат салам лъеяв) рицарал хIадисал.

 


ЖамгIияб хIаракат

ГIелмияб гуребги жамгIияб хIаракатчилъи загьирлъана МачIадаса ХIадисил. Ираназул шагь Надирил хъамалачагIазда данде гьабулеб къеркьеялъулъ Ибрагьим-хIажи гIадал гIалимзабигун цадахъ гьес кIудияб жигар бахъана халкъ тушманасда данде цолъиялде ахIизе. Дагъистаналъул миллаталги данделъун къажаразул боязда кьаби льолел къояца, ХIадис цо чанго жиндирго мутагIилги вачун ун вуго Лъамилал абулеб къелдерил мугIрузда бугеб хирияб бакIалде. Гьениб цо чанго къоялъ гIемераб гIибадат гьабун Аллагьасда тушманасда тIад кверщел бати гьарун рукIун руго гьел. Бергьенлъи щванин тушманги инжилъанин абураб хабар лъачIого, тIадги руссун гьечIо. Жакъаги буго Лъамилазда ХIадисил гIириян абулеб тIад тарихги хвараб гамачI ва зиярат гьабун унеб бакI.

МачIадаса ХIадис тасаввуф гIелмуялъул бутIа щварав чи вукIиналъеги далилал руго. Амма щиб тIарикъаталда гьев вукIаравали ва гIадамал тIоритIизе изну бугев вукIиналъе жеги кодоре щварал хIужжаби гьечIо.

 Живго ХIадис кутакалда дуниял гьаби рехун тарав ахираталъул гурого ургъелги гьечIев цIакъго Аллагьасукьаги хIинкъун хьвадулев чи вукIун вуго. «Цо сордо-къоялъе гIураб гурони кваназе жо гьес данде гьабичIо, ретIелги берцинлъи-сурукълъи хал гьабичIого ретIунаан, Аллагьасе гIоло гьабулеб жоялъулъ гьев гIадамазул гIайбалдаса хIинкъулароан», – абун хъвалеб буго жеги гьесул хIакъалъулъ Багинияс.

ХIадисидасан загьирлъарал караматал гIемер бакIазда рехсон руго, халкъалъ цIунунги руго. Гьезул цояблъун ккола гьадинаб биценги: «ЦIакъго гIелму-тIагIаталдеги вуссун, дунялияб магIишат-яшавалъулги, ретIунеб ретIелалъулги агъаз гьабичIого, загьидасул гIумру тIамулев росасда ццим бахъун, гьев сасикь гьавичIого ийгей ХIадисил хъизаналъ, гьесда цо къоялъ абун буго: «Дур магIишат-яшав, ретIа-къайги хъарчигъаялъул гIадаб буго ва сипат-суратги гьединабго буго, – ян. – Гьеб лахIзаталъго жиндихъ балагьун чIарай хъизамалъе ХIадисил сипат, цIумалдеги сверун боржун ун, рокъоса бихьулеб цо гохIда тIад чIун буго. Хъаган хъутIарай хъизан дагьалъ лъавудаса ун йиго ва гьелдаса хъадуб росасул къадруги бичIчIун гьесул кутакалда адаб-хIурмат гьабизе лъугьун ийго».

 Бицен буго хабалъе бегьулеб ХIадисил жаназаялъ абун бугила: «Гьаб буго дир дунялалъул ахирисеб, ахираталъул тIоцебесеб къо», – ян. Жиндирго гIелмияв устар ахираб сапаралъ нухда регIизе щварав Ибрагьим-хIажиги вукIун вуго гьенив. «Гьединал чIагIи гьедин рукIуна, жаназа хабалъе бегье», – ян абун буго гьес хIайранлъун хутIараб жамагIаталда.

ХIадисил МухIаммад абулев васги вукIун вуго. Гьевги инсул даражалде щвечIониги, лъикIго гIелму цIаларав чи вукIун вуго.

 Доб заманаялъ Гьидалъ тIад сверулеб букIун буго тIагIун (чума) унти. Гьелъие къурбанлъун руго гIемерал чIаги, хун руго гIемерал Ибрагьим хIажи, ГьентIаса Байбун, МачIадаса Багъужалав гIадал бергьарал гIалимзаби. Гьездаго гъорлъа ХIадисги тIагIуналъ чIван вуго. БатIи-батIиял баяназда рекъон гьеб кколеб буго 1184 гь./1770 сон. Гьел гIалимзаби хведал гьарурал марсияталъул рагIабаздасан ккола гьал мухъалги:

Къуръаналъе лъикIав

ХIадисги хведал,

ХIадисгимо Къуран

ЧIунтIун теладай!

ХIадис-шайихасул вас МухIаммадица квералъ хъвараб ХIадисил васияталъулаб кагътил гьитIинабго бутIа нахъе цIунун батана: «Жинда Аллагь гурхIаяв МухIаммадил вас ХIадисица васият гьабулеб буго: Дица дир бугебщинаб тIехь дир наслуялъул гьелдаса пайда босулезе, гьединал рахъичIони, гьел васият гьарула инсул рахъалъан гIагарлъиялъул пайда босарасе, гьединал ратичIони, МачIада росдал жамагIаталъул гIелму цIаларасе, росулъги рахъичIони, гьидерил боялда жанире кьела. Амма бо бахъун къватIибехун кьеларо. Кьуниги гъоркьлъалие (юкалъе) жоги лъун, мухIканаб къотIи-къай гьечIого кьеларо. 

Гьединго дир гIириялда накъишалги гьаруге цого-цо гьадинан хъвай: «Гьаб гIорол бетIергьан ккола жинда Аллагь гурхIаяв МухIаммадил вас ХIадис», – абун.

Гьесул васийат жамагIаталъ тIубана, гьев вукъун вуго росдал басриял хабалалъ. Зияратги гьенибго буго. «МачIадаса ХIадис вукIана дуниял рехун таразе мисаллъун, Аллагьасул лагъзадерий вагIзалъун, ахират тIалаб гьабулезе устарлъун, жиндир рагIудалъун гуреб гIамалалдалъун халкъалъе насихIат гьабулевлъун, гьаб дунялалдеги вачIана пакъиравлъ нахъеги ана пакъиравлъун», –ян хъвалеб буго ахиралдаги ШугIайб апандияс.  

Гьадинал гIалимзабазулги вализабазулги адаб-хIурмат цIунараллъун, васият тIубараллъун нилъ рукIуна гьез малъухъе нилъ хьвадани, нилъее ТIадегIанав Аллагьас тавфикъ кьеги гьединаллъун рукIине. Амин!


Автор: МухIамад ШехмухIамадов

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook