Авторизация

Аваразул багьадур: КIикIуниса ГIусман

Аваразул багьадур: КIикIуниса ГIусман 1912 соналъ, гьанже Хьаргаби мухъалда гъорлъе унеб КIикIун росулъ, ГIабдурахIманил ва ГIашатил хъизамалда гьавун вуго вас. Гьавуралдасаго вукIанин гьев лага бугев, залимав васлъунин бицунаанила росдал чIахIиял чагIаз. Гьесул эмен чIинчIикъав чи вукIанила, эбелин абуни йикIанила лага-щват бугей гIадан, гьелъул йорхалъи 2 метраялдаса цIикIкIараб букIанила, гьелда Хъарт-ГIайшатиланги абулаанила. ГIемерисез хъвалила, ГIусманилги лага 2м 37 см. букIанин, амма хIакъикъаталда, гьеб бугила гIемер цогидабго гIадин кIодо гьабун хъвалеб жо. ГIусман вукIанила Аллагьас ворхалъиги, хIалги, кинабго рекъезабун кьурав багьадурилан бицунеб буго КIикIуни росулъа ГIабдулхIамидов МухIамадица.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесда захIмат щибжояли лъанила, цин гьев хIалтIун вуго Каспий ралъдада ччугIа кколеб бак1алда, цинги Хьаргаби консервазул заводалда, хIалтIун вуго гьев Хьаргаби ГЭСалдаги. Гьениб кьун буго тIоцобе ГIусманиде кIвар, ГЭС баялъул хал гьабиял гьаризе рачIарал Дагъистаналъул нухмалъиялда рукIарал Тахо-Годица ва Нажмудин Самурскияс.

ГЭС балеб бакIалда гьесие лъикIаб квен ва ругьун гьавиялъе заман бихьизабун буго. 1934 соналъ ГIусман тIоцеве гIахьаллъула МахIачхъалаялда тIобитIулеб букIараб спортакиадаялда. Гьениб гьес гамачI ва гьецIо рехун чи толаро, Союзалъул рекордалде щвараб хIасил босула багьадурас. Гьелдса хадуб ГIусман гIахьаллъанила Пятигорск шагьаралда тIобитIараб Шималияб Кавказалъул халкъазда гьрокьосеб спортакиадаялда. Гьениб гамачI рехун гьесие щванила патефон. Гьеб патефон ва цадахъго пластинкабиги гьесие кодобе кьунила живго Серго Орджоникидзеца. Нахъа лъагIанги цогидал ГIусмание щварал шапакъатазда цадахъ цIунун букIанила гьеб патефон, амма гьабсагIат гьеб цIунун хутIун гьечIила, гIемер цогидал гьесул шапакъаталго гIадин.

Орджоникидзеца ГIусман ахIула Москваялде, гьиниб байбихьула гьесул гугарухъанасул нух. ГIурус мацI лъазабун хадуб Москваялдаса гьев ахIула Тифлисалъул циркалде. Циркалъул гугарухъанасул къуваталъул цIар хехго тIибитIула тIолго Союзалда. ГIусман гIадамазда цо вихьарав гIолаанила, гьелъ хIикмалъизарулаанила гIадамал, 2 метраги 30 см ворхалъи,165 кг. цIайи бугев гьес батIияб асар гьабулаанила тIоцеве вихьараб мехалъин ракIалде щвезабулеб буго жиндирго хъвай-хъвагIаязда Зулпукъар Зулпукъаровас. Союзалъул батIи-батIиял шагьаразда гьев речIула цIар рагIарал багьадурзабигун; Иван Поддубный, Климентий Буль, Орсо Ярчак, Мазур, Ян Циган ва жеги гIемер залимал гIадамалгун.

Бакуялда ГIусман речIчIула цIар рагIарав Яунзе абурав гугарухъангун . Гьенив ГIусман бергьуна ва цIидасан речIчIизе хиял гьабидал, гьес Яунзе ахIула Дагъистаналде, жиндирго ватIаналде. 1956 соналъ, КIикIуниве речIчIизе Бакуялдаса гугарухъан вачIараб мехалъ кинабгIаги спротивияб зал , яги цогидаб квегIенаб бакI букIинчIила. ГIадамаз рокъоса бачIунеб букIанила ургал, ургъанал гъоркь тIамизейин ракIалде щвезабулеб буго КIикIуни росулъа МухIамад ГIабдулхIамидовас

МухIамад ГIабдулхIамидов: « Киналго росабалъа гIадамалги рачIун бицун бажарулеб жо букIинчIо. Дун гьитIинав чи вукIана. КIикIуни ГIусманица гьев гIодов лъедал, дагIба бан Хьаргабиги речIчIана гьел. Бакуялдаса Яунзегун речIчIун вукIана цевеккун ГIусман, амма нахъеги речIчIизе къотIи гьабидал, гьес шартI лъуна жал кIикIундерида цере речIчIизе тейилан. ГIагараб ракьги гIадамалги рокьулев чи вукIана гьев. Щибго рес гьечIеб бакIалда, рокъо-рокъоса ургал, ургъабиги росун къорьтIамизе речIчIана гьел росдал годекIан бугеб бак1алда. Гьенив Яунзе къезавидал, гьес дагIба бана ва Хьаргаби цIидасан речIчIана. Гьенир жанир киналго хIебтIизе рес букIинчIолъиялъ жанире гIицIго чIахIиял чагIи риччан рукIана. КIалтIе ракIанрун жанисан бахъунеб гьаркьихъ гIенеккун рукIана гIемер гIисиналги чIахIиялги».

ГIадамалгун гуревги, ГIусман речIчIана батIи-батIиял жанаваралгунги. Циркалда гьев къеркьолев вукIун вуго циялгун, гъалбацIалгун.

Душанбе шагьаралда багьадур къеркьон вуго варанигун, Минск шагьаралда гьев речIчIун вуго Бизонгун, Испаниялда ГIусман къеркьон вуго корридаялда биччалеб оцгун. Киевалда ГIусман речIчIула «Аздагьо» абураб цIар бугеб удав борохьгун.

Гьеб речIчIиялдаса хадуб ГIусманил сахлъи тархъула. ГIемер гIадамал ракIарарал, хъуй бугеб бакIалда жаниб цIер гIадинаб цIорораб борохь цин жемизе тезе шарт I букIанин бицунаанила ГIусманица росуцоязда. ГIицIо цояб хIетIе ва цояб квер эркенго тун, сверун жемун, керен данде къалеб букIанила гьелъ.

МухIамад ГIабдулхIамидов: « Тамахлъун, гIодов кколев, лъан-лъаларого вукIанин живилан бицунаан мунагьал чурадица. Гьеб параялъ жинда рагIанила «ГIусман, къвалакь!»,- илан ахIулеб гьаракь. Хадуб лъан бугила ГIусманида гьев ЦIадахIариса даргияв вукIараблъи ахIдолев».

ГIусман гьеб къеркьеялъулъ берьуна, амма гьелдаса хадуб гьев гIемерго речIчIуларо ва росулъе вуссуна. Киналго росуцоязда лъалаанила гьев ракI рагьарав, щибго зарал гIадамасе гьечIев чи гIадин, гьитIинал лъимал кидаго сверухъ ракIарун рукIунаанила гьесдайин ракIалде щвезабулеб буго росуцояс.

ГIусманил хъизам талихIаб букIанин абизе бегьуларила. Гьес лъабго нухалъ чIужу ячун йиго: тIоцесей чIужу ГIайшат абурай йикIана КIикIуниса, кIиабилейги йикIана росулъа яс. Лъабабилей чIужу ГIусманил йикIун йиго ГьоцIалъа, амма гьезул ирсилал хутIун гьечIо.

ГIабдурахIманов ГIусман вахъун вуго киноялдаги; «Остров Сокровищ» (1937сон), «Детство Максима Горького» (1938сон) «Богдан Хмельницкий» (1941сон), «Бакинцы».

Ахирал саназ ГIусман рекIелъан лазатбахъияз хIалхьиялда толев вукIун гьечIо.Борохьгун букIараб речIчIиялдаса хадев хIал дагьлъун лъугьунаанила гьевилан ракIалдее швезабулеб буго МухIамадица.

ГIисиназулгунги, чIахIиязалгунги хабар рекъезабизе лъалев, гурхIел бугев чи вукIанила гьев. Жиндир заманаялъ ГIусмание боксалда гIахьаллъизе ресал рукIанила, амма гьумер бухи бихьиназул иш гурилан абун инкар гьабунила гьес.

1969 соналъул 29 декабралъ, ГIабдурахIманов ГIусман хола, жиндирго рокъов, КIикIуни росулъ. Гьесие букIуна 56 сон.

Жинда росуги бихьулеб, росдада живги вихьулеб бакIалда гохIилъ вукъейин живин абулаанила гьес. КIикIуни росдал хабалалъ, гьедин вукъунги вугила цIар рагIарав багьадур.

2007 соналъ КIикIуни росулъ рагьун буго ГIабдурахIманов ГIусманил цIаралда бугеб Спорткомплекс. Гьелъул кIалтIа лъун буго багьадур борохьгун къеркьолеб монумент.


Автор: Алиса Алдашева

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Валлагь вук1анаха,залимав амма ц1акъ х1алимав инсан,дир к1удавинсуда,лъалаан Г1усман!Аллагьас ккарал мунагьал чураги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook