Авторизация

Сагьада бодул росаби чIунти

ЦIунтIа районалъул шималияб рахъалда бугеб «Лъацуда» росдал советалъе Аллагьасго тIабигIаталъул бищун берцинаб ва гьелдаго цадахъ бищун хъачIаб ва согIаб бакI кьун буго. Росдал советалде гьоркьобе уна кинабниги анлъго росу. Гьел ккола ХIамайикьахъ, Мешо, Лъацуда, Микали, Микьуда ва Сагьада росаби. Гьезда гьоркьоса гIемерисел чIорого ва чIунтун руго жакъа. Хасго Микьуда росу хутIана жанив гIаданги гьечIого. ХIамайикьахъ цониги цIараки гьечIо, дагьалъ цеве гьенив гIумру гьабун жиндир мунагьал чураяв АбутIалиб вукIана. Мешо - лъабго цIараки, Лъацуда - кIиго цIараки буго. Жанир гIадамаз гIумру гьабулел росаби ккола Микали ва Сагьада. Сагьадиселги гIемерал гочана эхере, гIатIиракьалде, амма росдал гIадамазул цIикIкIарасеб къадар жеги росулъго буго.
Гьеб анлъабго росдал гIадамаз жидерго магIишат цебегоялдаса нахъе гIи-боцIи хьихьиялда ва рекьарухъанлъиялда бухьинабуна. Узухъда, руго гьенир чанахъабиги. Цере лакай гьабулел устарзабигицин рукIана гьел росабалъ. Гьединго рукIана цIулал устарзаби, къадахъаби, пахьул устIарзаби. Росу ккураб бакIалда камилищха зурмихъабигун къолохъаби, кочIохъаби ва кьурдухъабиги. Рехсарал росабазул мухIканаб тарих лъалел гIадамал гьанже къанагIат хутIун ратила. Гьединазда гьоркьов вукIана Сагьадаса МухIамадов ГIали (Гарчи), амма гьевги 2015 соналъул ихдал къадаралде швана. Дир кинго рес рекъечIо гьесухъ лъикIго гIенеккизе ва гьесул хабар къалмикье босизе. Кин бугониги, дица хIалбихьила гьес ва цогидал нилъедасан ратIалъарал умумузул биценаздасан къатIра-къатIраккун данде бакIарараб жо нужер кодоб лъезе. Гьадал рехсарал росабаз жидерго магIишат гIи-боцIи хьихьиялда ва рекьарухъанлъиялда бухьинабуниги, риидалил мучIдузул санагIалъи
гьечIолъи букIунаан цо- цо росдае. Хасго бекьулеб ракьул ва харибакIазул. 
Амма ХIамайикьахъ росдае риидалил мучIдузул гьединаб къварилъи букIинчIо. Щай абунани гьезул риидал гIи-боцIи хьихьизе чамалиго мегIер буго - «Буси кIкIал»,«БацIил гIин», «ЦIаял ракараб мегIер», «Чабхил кIал», «Къот-гину», ай гьабил терелоян магIна бугеб мегIерги. Цоялдаса цояб лъикIал мугIрулгин мучIдул. Гьеб жиб-жиб магIарда лъабазарго-ункъазарго чахъуги щунус-нус оцги хьихьизе рес буго. Жидеего гIунги тIокIлъун ругел мучIул хIамайикьез санайил хьиндалазухъе ижараялъе кьолаан ва щвараб багьаги жамагIаталъул вакъпуялде рехулаан.
Сагьадерилин абуни цохIо «Анкьго ицц» мегIер гурони, риидалил мучIдул гьечIо, бугебги гIумруялъго ХIамайикьахъ росдалгун дагIбаялда буго. Цебе гьеб мегIер ХIамайикьахъ росдал букIанин абула умумуз. Сагьадерица кидаго ижараялъе босулеб букIун буго. Инкъилаб бергьун
хадуб совет хIукуматалъ хIамайкьезе мухь кьечIего сагьадерихъе ижараялъе кьун буго колхозалъул боцIи хьихьизе.
Гьеб мегIер сабаблъун дагIба-рагIи кIиго росдада гьоркьоб ккун буго. Гьеб жо рагъкьалалдеги сверун хIамайкьдерица сагьадерил чи чIван вуго. Гьединан хIукуматалъ (бидухъ) гIумруялъго гьеб мегIер сагьадерие кьун буго. Жакъа къоялъги хIамайкьезул дагIба камуларо жидер мегIер нахъе кьейилан. МугIрузулги мучIдузулги рахъалъ сагьадеридасаги дагьабги къварилъи буго Лъацуда росдал жамагIаталъе.
«ХIуронокь» ва «КъатIалих» мугIрузда рикIкIен гIемераб боцIи хьихьизе лъацудерил жамагIаталъе рес рекъолароан. Лъацудерил жеги «КIуси» мегIерги бугоан, амма гьеб риидалил мегIер гуро. «КIуси» ккола рии щвезегIан оцал хьихьулеб мегIер, рии щун хадуб гьениб
боцIуе никIкIалъ тIагIам толаро.
Микьуда росу сагьадерил росу букIиналда бан, гьезие батIаго хас гьабун мегIер хIажалъулароан. Гьезул боцIи сагьадерилгун цадахъ «Анкь иццалда» букIунаан. Амма бечIчIулеб боцIуе Микьуда гIадинаб рахIатги букIунароан.  Рагьдаса къватIибе, рохъдолъе, къотIун хадуб щунусго галул манзилалъ эхеде аралдаса мучIдузде щола гьезул боцIи. Добго къагIида ва хIал букIана Мешо росулъги, ХIамайкьахъ росдаде гъорлъе
унеб росу букIиналда бан.
Микали росу гьанже нахъа гIуцIараб росу буго. ГIурумухъалъ бехе шагьранухги щун, кьурабазда тIад, кулаби рукIараб бакIалда гIолохъабаз росу гIуцIана. Херал ва чIахIиял гIадамал гIемерисел данде чIунги рукIана. Амма хадуб дагь-дагь ккун гьелги рахъана шагьранухда аскIоре, гьелъул квегIенлъабиги рихьун.  Амма росдае статус щвечIого гIемераб замана ана, нилъер хIакимзабазул агъаз гьечIолъиялъ. Гьаб аслияб лъабабго росдае - ХIамайкьахъ, Лъацуда ва Сагьада - кида кьучI лъурабали мухIканго лъалев чи гьечIо нилъеда гьоркьов. Бокьилаан гьелъие археологазниги квербакъани.
Росдал тарих лъазабулелги цIакъго къанагIат руго. Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ гIумруги гьабун вугев тарихалъул мугIалим ЛатIипов АхIмадица данде гьарун рагIула Сагьада росдал тарихиял хIужаби. Абула Сагьада росдал тарихиял лъугьа-бахъинал хъвалеб хасаб цо тIехь букIун бугин цебе мажгиталдайилан. Гьанже гьеб араб бакI лъачIого тIагIун буго. Цогидал росабалъги гьединал мужалатал рукIун ратила. ГIадлу-низамалъул рахъалъин абуни гьал рехсарал росаби районалдаго цересеб кьерда рукIун руго. Сагьадиса БогIолав МухIамад, Микьудаса КьелекIил ХIасбулла, ХIамайкьахъа Пакилав МахIмуд, Лъацудаса Бахил Рамазан гIадинал ва гьел гурелги цойгиги гIакъилал чагIаз нухмалъи гьабурал росабалъ кьварараб гIадлу гьечIого кинго букIунароан. Инкъилалда хадусел соназ росдал советалъул бетIерлъуда жиндир гIадлу-низам шулияв, гIамал-хасият берцинав, гIадамазулгун ракI жубарав БогIолав МухIамад вукIиналъ гIемерал квешлъабаздаса цIунун хутIула гьал. Кидаго росдал жамагIаталгун гIакълу данд балев вукIиналъги, росулъ гIакъилал гIадамазухъ гIенеккиялъги БогIоласул рагIи цебе унаанила. 
ТIоцебе жиндирго рокъосан кьварараб гIадлу букIинабулаанила гьес. Биценлъун хутIун буго сагьадерие БогIолас чIужуялъе гьабураб тамихI. Риидал нилъ бахъизегIан росдал магъилъан хер бецизе гьукъулаанила. Гьанже цо къоялъ БогIоласул чIужу Сабигат рачун жиндирго гьалмагълъигун анила магъилъе, бачазе хер бецизе. ГIурччинаб харил магьалги гьарун гьал росулъе тIаде рахунелъул, босун цIалгун данде анила БогIолав. Цин тIоцебе жиндирго лъадухъа бахъун харил магь тIасан гъоркье реханила, хадуб гьелъул гьудулзабазухъа рахъун ранила. Цинги гьенибго лъикIго мугъзада цIалги  басандизабун, йигелъуй лъадиги тун рокъове нахъвуссунги анила. Гьединан кьварараб гIадлу рокъосанго гьабулеб мехалъ, росулъги росдал советалдаги гьеб гьечIого букIинищха.
БатIи-батIиял соназда сагьадерица гIахьаллъи гьабуна батIи-батIияб рагъулъги. Гьединго имам Шамилица бетIерлъи гьабураб гъазаваталда
мустахIикъаб бакI ккуна сагьадисез. Довго тарихчи ЛатIипил АхIмадил «Сагьада росу» абураб тIехьалда гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб баян кьун буго. 1831 соналъ Дагъистаналъул имам Гъази-МухIамадица Таркиялде гьужум гьабуна, шамхалзабазул тахшагьар кверде босана, амма гьеб рагъулъ 1200 мурид шагьидлъана. Гьел шагьидзабазда гьоркьор сагьадиселги рукIана - Мудал ГIали, ГIусманил МухIамад ва Мусал ГIали. 1833 соналъ имам ХIамзатбегида цадахъ Хьаргабиве бачIараб муридзабазул бодулъги рукIана сагьадисел. Хьергебдирица гIезегIан дандечIей гьабула имамасе, амма тIуранго тIагIинариялдаса хвасарлъула, сверухъ ругел эркенал марказазул гъоркьоре лъугьиналъ. Муридазе давладуе щола 300 чуги гIачиязул рехъедги. Сагьадисел Мусал Лабазан, ГIабидил ГъазимухIамад ва МухIамадил АлибахIарчи абуни шагьидлъула гьеб рагъда.
1854 соналъ гьабун букIана КIахетиялде чабхъен. Чабхъадулазул бетIерлъуда вукIана имамасул вас Гъази-МухIамад. ЦIинандали росулъ кверде росана гуржиязул гиназал Орбелианил ва Чавчавадзел хъизанал. Гьеб чабхъадулъ ва гиназазул хъизанал асирлъуде росиялъулъ кIудияб гIахьаллъи гьабуна Сагьадаса ГIали-Султаницаги. 1857 соналъ инарал Ипполит Веревскияс гьужум гьабула ЦIунтIа мухъалде.
Гуржиялъанги вачIун бежтIадерил эркенал росабалъ гъараги гьабун, Веревский магIарда тIасан цезазул ракьалдехун лъугьуна. 1857 соналъул I3 августалда радал пачаясул рагъухъабаз КитIури росдаде гьужум гьабула. Гьеб росуги цIунун цIунтIадерил 300 рагъухъан вукIуна.
Гьезда гьоркьов вукIуна сагьадерил бергьарав чанахъан Квацилав. Квациласул гулла киданиги гIужда алхунароанила.
Гьебги лъан нусил бетIерас гьасие хасаб бюрухъ кьола. ГIицIго апицерзабазде гурони ишан ккогейилан, Квациласги гьеб буюрухъ ракIбацIцIадго тIубазабула. 20 августалъул сардилъ пачаясул аскаралъ КитIури росу кверде босула. ГIемерал рагъухъаби къанщула гьенир, гьездаго цадахъ Квацилавги хола. 
Амма пачаясул аскаралъе гьеб бергьенлъи цIакъ хираго чIана, гьеб рагъулъ щвараб ругънадасан хвана инарал Веревский. Щиб лъалеб нилъеда, Квациласул гуллица ватизеги бегьула гурищ, пачаясул инарал гевегизавурав. 

Сагьада росу
Сагьада (цIунтIадерил ва жалго сагьадерил мацIалда Сокьо янги абула) росу ва росдал цIар бижиялъе батIи-батIияб бицен буго. Гьезул цо чангояб рехсон тела дица. Сагьадаса хъвадарухъан МухIамад Рамазановасул "АхIул си" тIехьалда гьадинаб баян кьун буго: «Цебе росу магъил рагIалда, кьурабазда тIад букIун буго. Гьелда цIарги Уволъ букIун буго, добго цIар жакъаги цIунун буго цебе росу букIараб гохIда. Цо заманаялъ гуржиязул Дзахъул ханас гьабураб гьужумалъ росу кьучIдасанго биххизабун букIун буго, росдал нахъе хутIарал гIадамалги Чаляхъ абулеб росулъ рукIун руго яшавги гьабун. Дагь-дагькун гьел тIадруссун руго ва росу бан буго цIияб бакIалда, Роскьо (СиртIалда) абунцIарги кьун буго. Гьоркьоб заман ун хадуб "р" хIарпги билун, "сокьо" абун хутIун буго. Гьединан бачIун буго Сокьо абураб цIар. МагIарул мацIалда Сагьадайилан абиялъе гIилла буго гьебросу къватIисан бачIараб боялъ бухIи. Умумузул биценалда рекъон, Абулмуслим шайхасул боялъ росуги бухIун, жидерго мацIалда "бухIана" ян абураб рагIи "сагьада- ян абурабила ва киназго бол мацIалда сагьадерида цIарги Сагьада ян тун буго. 
Тарихчи Р. Ражабовасул «ЦIунтIадерил тарих» абураб тIехьалда гьадинаб баян кьун буго росдада хурхун. 1614 соналъ ираназул шагь ГIабасица КIахетиязул ракьал тала гьаризе кIудияб бо битIула. Гьелги мутIигI гьарун, лагълъуде вачун уна гьезул I00 азарго чи. Доб заманаялъ цIунтIал гуржиязул рахъалда рагъула. I6I9 соналъ ираназул шагьас рикIкIенгIемераб къокъа битIула ЦIунтIе, 4000 васгун ясал рачун уна ираназул лагълъуде. Гьеб соналъ кьучIдасанго риххизарула Уволъ ва ХIари росаби. Гьелдаса хадуб Уволъ росдал хутIелазда аскIоб гьеб кIиябго росдал гIадамаз Сагьада росу бала.
Росдал гIадамазул къадаралъул тIоцебесеб хъвай-хъвагIай гьабун буго 1868 соналъ. Гьелда рекъон, Сагьада букIун буго 71 цIараки, гIумру гьабун вукIун вуго 317 чи. Гьелдаса хадусеб хъвай-хъвагIай гьабун буго I896 соналъ, гьениб бихьизабун буго 77 цIараки. Бихьинал – 167 чи, руччаби –126 гIадан. 1902 соналъул хъвай-хъвагIаялда буго 74 цIараки, гIадамазул къадар: бихьинал - 156 чи, руччаби – 136 гIадан.
1926 соналъул гIадамазул хъвай-хъвагIаялда Сагьада ва Микьуда росабалъ букIун буго 44 цIараки ва 125 бихьинчигун 119 чIужугIадан. Дол соназ гIадамазул къадар дагьлъиялъе гIиллалъун Багьадуров МухIамадица (77 сон) рикIкIунеб буго 20 абилеб гIасруялъул байбихьуда вабаъ унтиялъул тIибитIи. 
1944 соналда гIадамазул къадар гIага-шагарго 250-300 чи вукIанилан бицуна. Доб соналъ сагьадасел хIал гьабун Чачаналъе гочинарула ва бакъул унтиялъ pикIкIен гIемерал гIадамал хола. Росдал чIахIияз бицунаан цо хабадаса цойгиялде ине заман гIoлеб букIинчIилан, хъиза-хъизанго хваралги рукIанила, цо къоялъ кIи-кIи, лъаб-лъаб чи хваравги заман букIyнаанила. 2011 соналъ гьабураб хъвай-хъвагIаялда рекъон, магIарухъ росулъ (Сагьада) вуго 322 чи. Гьелдаса цо дагьабго цIикIкIараб къадар лъарагIлъиялдаги буго.
Росу тун къватIире арал гIемерал гIадамал руго сагьадерил. ТIоцебе Сагьада росу кIийиде бикьана 1957 соналъ чачаналъан гочун нахъе рачIунаго. Доб соназ сагьадерие кьун буго Салахъ (Хасавюрт) районалда росу базе бакI ва бащдаб росу минабиги ран гьениб чIана. Гьединазул нусгогIанасеб цIараки Салахъ (Хасавюрт) мухъалда Муцалаулалда буго, лъабкъогогIанасеб цIараки Тарумовкаялдаги буго. Лъабго цIараки Ростов вилаяталда буго, ункъо цIараки МахIачхъалаялда, лъабго - Шамхал гьеналда, цо - БагIарбо (Красноармейское) гьеналда, щуго - Гъизилюрталда, цIараки ГIолазухъ (Комсомольское) гьеналда, цо - Гъазданущиб, цо - Шурагьиб (Буйнакск) шагьаралда, лъабго - Салахъ (Хасавюрт) шагьаралда, анлъго - Сурхаб (Гъизляр) шагьаралда, цо - ХехабгIopтIа (Юрковка) росулъ, кIиго - Краснодар вилаяталдаги, цо цIараки буго чачаналъги.
Сагьада росулъа тарихалъул мугIалим ЛатIипов АхIмадил баяназда рекъон, росдае кьучI лъураллъун рикIкIyна ЖахIу, КIудияв Вату, Гибо
ГIумар, Зери ГIали, Ширквала, БохIoли ва Роша ГIали. Долго росдал харабазул биценалда рекъон, росу кIицIул-лъабцIул кьучIдасанго бухIун ва бихизабун буго.  Цин гъарачи Дзахъул ханас. Хадусала ислам тIибитIyлаго Абулмуслим шейхас. Лъабабизе росу бухIана I944 соназ коммунистаз, росу чачаналде гочизабулаго, сагьадасел нахъ руссун рачIинчIoго рукIине.
Росулъ буго анкьго тухум кьибил. ЖахIyязул, Ватуязул, Гибоязул, Зериязул, Ширквалазул, БохIoлиязул ва Чочобазул. Гибоязул кьибилалде унеб Дибиралазул тухум ккола ЦIунтIа мухъалъул Чаляхъ росулъа вачIарав Дибираласдасан лъугьараб. 
Гьебго Гибоязул кьибилалде унел Ардучилазул тухумги ккола ЦIумада мухъалъул Гъоркь Хъваршини росулъа вачIарав Ардучи ГIумаридасан лъугьараб. Микьуда росулъ букIана кIиго кьибил ЖахIуязулги БохIoлабазулги.
Сагьада росдал аслияб лъабго авал буго. Пойрох (Лъадхъоби) (кьурабалъ, кьурда), Малихъ (гохIда) ва ХIира (гъежалда). Авалал тухумазде рикьун гьечIo.Цоцалъ журан руго минаби, бокьал ва гьорал. Кулабигун мархьаби росдал гIемерал руго. Гьединаздасан цояблъун кколаан Микьуда кулаби, нух халатаб букIиналъ хадуб росу лъугьун букIана гьениб ва 2009 соналъ киналго гIатIиракьалде гочиналъ росун рехун тана ва чIунтана. Гьединго рикIкIад ругезул ва тарихияздасан ккола "Ирелъ" кулабиги. ЦIумада мухъалъул Метрада росдалги сагьадерилги кьал букIун буго росдада цебе бугеб мегIер сабаблъун, хIатта росдада гьоркьоб чIвай-хъвейги ккун буго. Цинги сагьадерица "Ирелъ" бакIалда кулабиги ран мегIер жодохъго хутIун буго амма тIад бижараб рохь метрадерихъе кьун буго хIукуматалъ. "ТIинал кули", "КIурохъ кулаби", "Ицухъ кулаби".
"Редозалъ кулаби" ккола Ватуязул наслуялъул кулаби, цIаралъул магIна бачIуна "хасалие хIадур гьабураб цIул" абураб.
ХIакъикъаталдаги гьениб хIaдурула хасалие цIyл. Руго цойги Зериязул кьибилалъул "Ишакь" кулаби, гьел кулабаздасан магIишат гьабула Зерилазул кьибилалъул Аличулазул, СагIитилазул, ва Гвакьани ГIумарилазул наслабаз. "Хвалах" колодасан магIишат бакIарула Гибоязул кьибилалде гъорлъе унел Ардучилазул наслабаз. Иццухъ колодаса яшав ва магIишат бакIарула жалго Гибоязул наслабаз ва гьезда гъорлъе арал Дибиралазул наслабазги гьединго ЖахIуязги ва МахIамагъазиязулгун БохIoлабазул наслабазги. ТIад Къоголъ" кулабазда магIишат бакIарула жахIуязул кьибилалъ. "Гъоркь Къоголъ" кулабаздасан пайда босула Гибояз ва МахIамагъазиязги Дибиралазги.
Росдал сверухълъабазда руго берциналги, гIажаибалги ва тамашаялги цIарал. Руго умумулъанго рачIарал цIарал ва гьединго гьанже ракарал
цIapалги. Мисалалъе "Цейби эхъиза" (цIумал рештIунеб бакI) росдада тIаде балагьараб кьурул гIус, "Витиршол хоб" росдал рагIалда "Уволъ" гохIде шолелъул батула. Биценалда рекъон, гьенив вукъун рагIула некIo "Уволъ" росдал вукIарав бетIер Витиршо хан."Шудазах" ва "Оцузах" "Хабалазухъ" ва "ГьоцIaбахъ" гьеб буго росдал къилбал рахъалда магъилъе унеб гIебаб гьакинухда тIасанги гъоркьанги ратулел хобалги ва некIo лал тIамулел рукIарал гьоцIалги. "Къвилъалах" (нухбикьуда) добго гьакинух кIийиде бикьулеб бакI. "ГIалжамхо" (Алжаналъухъ) росдадасан тIадехун магъилъ бакI, цо дагьаб гьури багъулареб бакI букIун лъураб цIар ккола гьеб.
"МахIамаз кьихъих" (МухIамадил хъошихъ) некIoго росдал гIачиязда вехьлъуда вукIарав ХIалакъасул МухIамадица, гамачIго гьечIеб бакIалда рикIкIадаса гамачIги баччун гьабураб хъош буго ва гьениб "МухIамадил хъошихъ» абун цIар рекIун хутIун буго.
ЦIиял рачIарал цIаразда гьоркьосан ккола, мисалалъе, "МухIамад вортарав бакI"- хасало релъеда Сагьадисан Микьуде рокъове унев вукIарав МухIамад абулев чи хъущтIун гъоркьеги вортун хвараб бакIалда, гьединабго цIар буго росдада гъоркь "TIexIав Муртуз вортарав" абулеб. Додинго релъеда кватIараб бецIаб сордоялъ вачIунев вукIарав цо Шодродасев нухги бихьичIoго сверудасан дандвитIун ун кьурулъан гъоркье вортарав бакI. Гьенибго аскIoб буго "Чебурек кIанцIарав бакI", шагьранухда гIолохъаби хIалтIyлаго гьалмагъасул ботIродасан гъороца араб тIагъур кквезе Юсупил МухIамадрасул (чебурек) кIанцIарав бакI. Росдадасан тIадехун шималияб рахъалда рохьоб "Верни МухIамадил анкералъухъ", токалъул мохъ росулъе цIалаго жиндир мунагьал чураяв Верный МухIамадица анкер-хIуби лъураб бакI. "Верниз къае" (Верни МухIамадил къайихъ), Идрисица жиндирго яс Умукусумие ирсалъе рохьоб цо бакI кьун буго, "Бодул майданалда" тIадехун, Верни МухIамадица чIужуялъе щвараб бакI сверухъан къазеги къан къачIан буго ва пайда босулеб букIана. Гьелъ гьединаб цIар рекIана гьениб. "ГъвакIиласул нух" абураб цIар бачIана гьадин; "Иццухъ" кулаби рикьун руго тIасиялде ва гъворкьиязде. НекIо гъоркьиял "Иццухъ" кулабаздеги ун унаан тIасиял кулабазде. ГъвакIиласул АхIмадица, росдал магъил рагIалда лъарахъе хасалиде хIадур гьабураб цIуладе унеб нухдасан, цIияб нух бахъун буго тIасияб "Иццухъ" кулабазде унеб ва гьелда гьесул цIарги хутIун буго. "Чанахъабазул кьо", рохьоре чанаре ине ккедал росдал чанахъабаз лъун букIараб кьо буго "Микьуда" гIоралда тIасан. Гьеб кьо гьебго цIаралда гъоркь жакъаги нахъе буго, амма жакъа гьениб кIудияб чаранкьо буго, шагьранухалъе лъураб, тIасан цIадул гьакал (машинаби) хьвадулел. «ГъванкIилил нух» гьеб буго магъил гъоркьияб нухдасан лъарахъе щун хадуб, лъар бахун добехун бугеб къулгIадухъан нух кIийиде бикьулелъуб.
Гьениб гъоркьияб болнух хIинкъи цIикIкIараб букIун, ГъванкIили абулев чияс тIасанахун бахъараб лъабнусго метраялъул нух. КIиябго нух данделъула «КIвакIварукь» абулеб бакIалда. Гьеб бакIалъе кьураб гьединаб цIаралъул магIнаги буго шибго тIад бижулареб
тIехIаб бакI гьеб букIиналъ.
Тарихиял бакIаллъун ккола цин росдал къилбаялъул рахъалда магъилъе унеб гьакинухда гъоркьехун лъарахъе щолеб бакIалда бугеб цо бакIалда цIар. "ШудахI мада" (Хобалазул кIалтIа) нилъеда лъан гьенир хобалги рукIинчIo ва заналги гьечIo ва амма цIар буго, гьеб гуребги археологаз гьарурал цIexpexазул хIалтIабаз бихьизабуна гьенир бусурбабазул гурел хIатта насраниязулцин гурел хобал. Жаназагун цадахъ
чанги батIи-батIиял рукIарахъиналъул тIагIeлал жанир лъурал. Гьединго росдадасан тIадехун рохьоб бакъбакул рахъалда бугеб цо байданлъи ва гьелда бугеб цIар. "Озйос гога" (бодул байдан), некIo мугIруздасан гурони нухал гьечIеб заманаялъ сапаралда бугеб бо рещтIунеб
байдан букIанилан бицуна, гьелъул хIакъалъулъ умумуз. Мажгит росулъ цо буго.
Умумузул биценалда рекъон гьеб мажгиталъул къадал ран руго кIиго чияс КIудияв СагIидица ва ГIадалаца. Гьенибго бицуна къадазе гамачI босизе унаан росолъан рикIаде, цо хасаб чIараб комисия букIанила, жив-живас босун бачIараб ганчIил хал гьабулеб, гьезда гьоркьосан цогIагиясе гьеб гамачI рекIее гIечIoнани, гьебги нахъе рехун цойгиялда хадув ине кколаанила дов чи. Гьеб комисиялъул кIудиявлъунги
живго КIудияв СагIид вукIанила. Жив-живасда тIад лъунги букIанила къоялъе лъаб-лъаб гамачI росулъе щвезабизе.
Къедги добго комисиялъ толароанила цо натIалдасан тIаде борхизе. Нагагь борхизабун батанани бихизабулебги букIанила. Къед балаго хIалтIизабулеб хIарщалъе ракь цо хасаб бакIалдасан бачунаанила, гьебги цIалкIизеги цIалкIун. Жанисан мажгит къачIазе ахIун вукIанила ЦIумада мухъалъул Гьаквари росулъа ХIажияв абулев цо цIулал устар. Чанги гьес доб мехалъ гьарурал жал жеги нахъе хутIун руго ва гIажаиблъизе бачIyнедухъ махшалида гьарурал руго.
Коммунизмаялъул зулмуялда гъоркь ругеб мехалъ росдал мажгит клубалде сверизабун букIана, хадуб гьеб зулму тIасан рехигун букIарабго мажгит гьелъулги гьабуна. Гьединго тарихияб бакIлъун ккола Сагьадисан шималияб рахъалда рохьоб бугеб цо бакI. Гьениб цебесанго нахъе цIар тун букIун буго "Гъодозалъ маликь" (Гьадил рохьил гохIда) гьениб цебе гьарзаяб гьадил рохь букIyн буго. Гьанже гьениб цойги цIиябги цIар абула "ГIаликул Рамазан лъукъараб гохIдаян". Сагьадире багIарал партизанал рачIараб мехалъ, росу сверун ккун букIун буго ЦIунтIаса Жабуласулги ХIoцоса Нажмудинилги рагъухъабаз.
Лъугьараб ахIвал-хIалалдасан рорчIизе Хъвайни штабалде кагъат щвезабизе кколаан. Гьеб хIинкъараб тIадкъай тIубазабизе тIаде босун буго ГIаликул Рамазаница (ГIаликулас). Муслим Атаевасул кагъатги чарухъазда жаниб бахчун, матIуялъувеги ваккун куц-мохъги рекъезабулаго унев ГIаликуласде лъабгояв ахIун буго "ле, мун кисан, кодоб бугеб жо гIодоб лъе". Гьасги данде жаваб кьун буго ГIахьвахъаян. Гьебго параялъ тункIил гьаракьги бахъун буго. Лъукъун гIодов ккарав гьасде тIаде вачIун вугила лъабго цIунтIасев "тIажу дие, гурде дие, гужгат дие, чухъа дие"-ян гьасул ретIел жидеего бикьулаго. "Дир ретIел, дир жаназа чурарасе букIине буго, ва амма дун жеги жаназа чуриялде ккун гьечIo ва дир ретIелги нужее щвеларо", - ян цIунтIадерил мацIалъ гьас абидал, тIаде рачIyна рукIарал абизе жоги лъачIoго хутIун руго. Гьанже гьабизе дарман тIагIарал цIунтIадерица лъукъарав вачун Хъвайнисезул «Царакь» абулеб колода гIумру гьабун вукIарав Герейханихъе щвезавун вуго. ГIаликуласги Атаевасул тIадкъай тIубазабун буго. Гьелдасан нахъе гьениб кIиабилебги цIар рекIун буго.

Автор: Хизри Дидойский

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
Абулмуслим Шайхасул боялъ Сагьада росу чан абилеб соналъ бух1араб хъван гьеч1еха.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook