Авторизация

Гьадин гьабе, гьудул, гьадин гьабе

 Киназдаго лъалеб батила, магIна бугеб кечIги, чIанда гуреб хабарги хъвазе бигьаяб жо гуреблъи.

Амма, киназдаго лъалеб батиларо, хъвараб кечIги, хабарги газет–журналазда бахъизе дагьабги захIмалъулеблъи. Дур гIадамал пана гьарулеб кечI гIадамазухъе борчIизе ккани, чанго нухалъ гIамал хисизабизе ккола, чанги бакIалда бокьуларого велъизе ккола, гIодизе ккола, дурго рилълъин хисизабизе ккола, цого бакIалде гIемер хьвадизе ккола, каранда заралги ран ахIдезе ккола… ХIасил–калам, гIемераб бензин бухIизе ккола.

Амма, цо–цо хIалбихьи гьечIев гIолохъанчияс гьеб бензин бухIизе кколареб бакIалда бухIун батула. Мисалалъе: радакь вахъун вачIун къалъизегIан жиндицаго Чехославакиялде гьабураб поэма цIалун батула хъвадарухъабазул союзалда йигей уборщицаялъе. Гьединал гIанта–гIантал жал хаду–хадубги ккечIого букIине, нижеда ракIалде ккана гIолохъанчиясда малъизе кинан, щиб, щай ва щиб гьабизе кколебали ва гьеб ишалъулъ эбелаб масъала кинаб бугебали. Амма, малъа–хъваязда цебе цо–кIиго рагIи абизе ккола гIолохъабазул хIакъалъулъги

Гьезул букIуна кIиго батIияб тайпа. Цоязе къваригIун букIуна жидерго асаразе хIакъикъияб къимат кьезе, живго литератураялде гъорлъе вачIани Пушкин гьениса нахъе ине кколевищ кколаревищали лъазе. Гьединал гIолохъабазулъ гIемер ратула гьунар бугелги, амма, гьединасе мустахIикъаб къиматги кьечIого, чангияв гIабдаласул гIеч гIадин гьоркьовги ана. Нилъер гIадат буго, жиндаго бичIчIичIониги, батIияс хъваралда релъараб гьечIониги, какулеб.

КIиабилеб тайпа буго, бокьани лъикIаб букIа, бокьани квешаб букIа, жиндицаго хъвараб жо басмаялда бахъейилан тIаса вичIуларев. Гьединаб тайпаялъул чиясе нилъер литератураялда жаниб битIула, гьев цеве тIунги вачIуна, амма гьединазулъ гьунар букIунаро.

Цин малъа–хъваял гьарулел руго жиндирго асаразе мустахIикъаб къимат къваригIарасе.

БачIинахъего чIван–къотIун абизе ккола дуе хIакъикъияб къимат щоларилан.

Жиндирго асаралъе хIакъикъияб къимат къваригIарав гьанжелъагIан унаан ва гьанжеялдаса нахъеги ине вуго хъвадарухъабазул Союзалде, литературияв консультантасухъе. Гьеб буго закон, гьабулеб къагIида, билъун араб нух ва гIолохъанчияс биччалеб тIоцебесеб гъалатI. Чан нухалъ аниги рахан батун гьеб кабинетгун, мун вачIине ккола микьабилеб нухалъги. Микьабилеб нухалъ дуда гьеб рагьун батула, амма, кабинет цIун гIадамал ратула, хабар–кIалалда, дур Чехославакиялъул хIакъалъулъ хъвараб поэмаялде регIарав чи вукIунаро.  АнцIила щуабилеб нухалъ щола духъе литературияв консультант. Гьесухъе цIализе поэмаги кьун, уна мун нахъе. Додинго, микьабилеб нухалъ рагьун батула кабинет ва гьикъула дуца поэма цIаларабищилан. Гьеб цIалун батуларо, дуца лъураб бакIалдаса, столалъул рагIалалдаса добе–анибе кьурун батуларо. Гьанже дагь–дагьккун бичIчIула дуда, дуе къиматали киса гурин, дуца хъвараб поэма цIализе чи щоларевлъи.

Цониги хъвадарухъанасги, поэтасги дур гьеб цIалуларо, регIун рукIунаро гьел. Жидецаго хъварал асарал цIалуларо гьез кIиабизе, кинан ккун бугебали, гъалатIал риччан ругелищали хал гьабизегIаги, дур Чехословакиялъул хIакъалъулъ хъвараб поэмайищ цIалулеб. Азие аб щай?

ЛъикI буго, щвана духъе гьеб цIалулев бахIарчи – хъвадарухъан. ХIалла–билахъе, кьижун–ворчIун цIалана гьес дур поэма. ЧIанда батана. Гьев хъвадарухъанас киданиги абуларо дуда гьеб чIанда бугилан. Добилан абула, абилан сверизабула, амма, чIван–къотIун: «Я вац ле, гьаб чIанда буго, мун къалеб бакIги къан чIа, гIадамазе гIакъуба кьечIого» – ян абулев чи вукIунаро, лъиегини бокьуларо гIолохъанчиясул ракI лъукъизе. Гьесул аб–добалдаги божун, жеги чанго поэма Югославиялъул хIакъалъулъги, Албаниялъул хIакъалъулъги хъвазеги тIамун, тIубараб гIумроялъ, жив поэт вугилан, гIадамал жиндаго релъизавулев хутIула гьев чи. БачIинахъего чIван–къотIун абун букIарабани, гьаб дур иш гурилан, лъикIав космонавт вахъинаан. ХIасил–калам, гIемераб добилан, абилан бичIчIулареб хабарги бицун, мун витIула гьеб поэмаги босун радиоялдасан цIализе аян. Радиоялда буго цо кIудияб папка, гIемерал Чехославакиялъул хIакъалъулъ хъварал поэмабиги жанир лъун. Гьеб папкаялда жаниб дурабги лъолаха… Аллагьас хъвараб бихьизегIан.

Малъулеб буго щиб гьабизе кколебали:

I. Гъоркь бецIхъахIилаб цIаги лъун бухIе гьеб поэма.

2. БухIизе кIолеб гьечIони, лъиданиги бихьулареб бакIалда гьебги бахчун, дунялалда цIар рагIарал поэмаби цIале: Шиллерил «Разбойникал», Байронил цIале, Гетел «Фаустал» цIале, поэма гуребги бегьула цIализе. Цин данде ккве дуцаго гьабурабги, гIадамаз гьабун бугебги. Гьеб мехалъ лъала дуда щиб жо гьабулев мунго вугевали, дурго поэмаялъе кьезе кколеб хIакъикъияб къимат.

Гьеб лъикIаб асарги батани, мун гьеб гIадамазда бихьизе нечолевги гьечIони, дуе гьеб басмаялда бахъизеги бокьани, мун ккола кIиабилеб тайпаялде гъорлъе. КIиабилеб тайпаялда гъорлъги ругел, жидерго асарал къватIире рахъичIого чIеларилан хачадилелги ругел гIоркьилаз гьабизе кколебщинаб жо рехсолеб буго гъоркьехун.

I. КIванагIан хехго лъай–хъвай гьабе хъвадарухъабазулгун. Киназулгун. Лъай–хъвай гьабизе бищунго лъикIаб бакI буго Буйнакскиясул цIаралда бугеб къватI. Нилъеца гьеб къватIалъул хIакъалъулъ гъоркьехун дагьабги бицина.

2. Киданиги къватIиве вахъунге цадахъ цо шиша босизе жогIаги гьечIого (25 гъурущ).

3. Хъвадарухъабазда цадахъ вугеб мехалъ цIар бахъуге кучIдузул, харбазул, дурго поэмаялъул. Литератураялъул бицинего бицунге, сундул бицунев мун вугевали бичIчIизецин бичIчIуларо гьезда.

4. Кинабго жинца гьабилилан, хъвадарухъабазда сверун лъугьун вукIа. Гьеб буго хIелхIеди – ян малъулеб рагIи, цIакъ захIматаб жо буго байбихьулев чиясе, амма райкомалъул, рескомалъул хIалтIухъабахъ валагьун, цо–цо дарс босизе бегьула.

5. Кидаго мацIалда хадув, харбазда хадув лъугьун вукIа. «Лъица, кида, лъида щибилан абураб…» – гьеле дуда кидаго лъазе кколеб жо.

6. Дуда лъазе ккола кинаб газет–журналалда, лъидасан, щибилан хъван бугебалиги. Мисалалъе, мун вуго поэт МухIамад ГIисаевасда цадахъ. Гьев ккола, мисалалъе, ГIабасил МухIамадил гьудул. Гьебги лъан дуца ГIисаевасда абула: «ХIалихьалъи бихьуларебищ гIолохъабазул, «Сабаб» журналалъул кIиабилеб номералда ГIабасил МухIамад какун вугеб куц!» – илан. Гьединан, гъорлъе–гъорлъе ваккун бицине ккола хабар.

Нилъеца гьабизе кколебщинаб жо дагьаб мухIкан гьабила Буйнакскиялъул цIаралда бугеб къватIалъул бицунеб бакIалде щвараб мехалъ. ТIад руссинин Чехословакиялъул хIакъалъулъ хъвараб поэмаялде.

Чехословакиялъул хIакъалъулъ хъвараб поэма бахъизе къваригIарав чи хъвадарухъабазул Союзалде унаро, къимат лъазе къваригIаравго гIадинан, гьев уна: а). ТIахьал рахъулеб издательствоялде; б) «БагIараб байрахъалде»; в) «Гьудуллъи» журналалде. Руго цойгиги ине бегьулел бакIал, амма, гьел «органал» эбелал кколелъул, батIиял рехсолел гьечIо.

Поэма тIехьалдеги сверизабун къватIибе бачIине бокьун бугони, мун ине ккола ГIабасил МухIамадида аскIове. Гьесул кабинеталде жаниве лъугьунаго данде йитIун гIодой чIун йигей гIурусалда «здрастье» – иланги абе, кваранидехун валагье, дуда ГIабасил МухIамад ватула 7 ноябирь баркун лъалевщинав чиясде открыткаби ритIулев.

– Ассаламу гIалайкум!

– ВагIалайкум салам, саламатав чи…

ТIокIаб щибниги къваригIунаро, гьесда кинабго бичIчIула. Гьес жиндицаго малъула щиб гьабизе кколебали… Малъа–малъараб гьабуни, цо къукъаялда цадахъ «ГIаммаб хоб» – илан цIар лъураб тIехьалдаса цо «мицIирги» щола дуе.

«БагIараб байрахъалда» бахъизе бокьун бугони, бищунго цIакъаб, беццараб буго, мун гьениве лъица вугониги, цо бакIаб рагIиялъул чияс витIун вачIин. ТалихI кьеги, поэма квешабищ бугеб, лъикIабищ бугеб – илан суал кьезе лъугьунге. Дуда лъалебани «БагIараб байрахъалъе» я дур поэмаялъул, я Чехословакиялъул гьечIеб ургъел. Ведроги кодоб ккун бахъараб, ГIащахъатунил сурат лъезе кколеб бугони, бащдаб тIаса къотIула поэма, «ма, босе» – иланги абун.

«Гьудуллъи» журнал. «Гьудуллъи» журнал дуца сунцаниги кверде босуларо. Лъай–хъваялъулги щаяли жо кколаро, гьунар бугев чияс хъвараб, гьунар бугеб асарги гьезда бичIчIулареб лъаларо, журналалъе гьеб къваригIунаро. Ургъелцин букIунаро щиб жо бахъулел ругониги. Амма, нилъеда лъала гьеб кверде босулеб къагIидаги. Малъулеб буго. Дуца дурго поэма, кIванагIан хехго, буссинабе Чехазул мацIалде. Гьеб мацIалда хъвараб поэмаги босун а Дагъановасухъе («Гьудуллъиялъул» редактор) ва гьимизеги гьимун абе: «ГIабдула, магIарул мацIалдеги буссинабун бахъе…» Нахъияб къоялъго журналалда лъун бачIуна.

Буйнакскиясул къватI…

Щибав хъвадарухъанасул гIамал хисула гьеб къватIалъул цIар бахъараб мехалъ, цо гIажаибаб, черх тIадагь гьабулеб хинлъи чIвала циндаго. Бигьалъула гIумру, недегьлъула къасдал, тIокIкIуна пикраби, чIаголъула ракI. Ва кенчIола берал. Буйнакскиясул къватI…

Цин, Чехославакиялъул поэма щиб гурин, къалам кодобе босилалде мун ине кколаан Буйнакскиясул цIаралда бугеб къотIнове. Гьеб къватI лъазе ккола кисини бугеб гIарацгIанги лъикI. Кинабго къватI гуро, Дахадаевасул къватIалдаса бахъараб «Дружба» кинотеатр бугеб бакIалде щвезегIан. Бищун батани, халасаххун лъураб азаралда щунусгогIанасеб гIаракъидул шишаялъул манзил батила. (БатIияб роценалъ гьеб къватI борцинего борцунаро). ТIоцебесеб асарги босун вачIунев чиясда лъазе ккола гьеб манзилалда баччун чIчIараб жо магIарул литература букIин.

Дир ихтияр букIарабани, дица цониги чи виччалароан Литературияб институталде цIализе, Буйнакскиясул къватIалде кечI хъвачIого.

Гьединго, я Литинституталде, я хъвадарухъабазул Союзалде росизе бегьуларо, цо бащдаб лъагIалицагIаги гьеб къотIнов женжедичIев чи. Буйнакскиясул къотIноб буго щивав хъвадарухъанасул школаги, институтги, хIалтIиги…

Школа. Гьеб къотIносан лъай щвезе къваригIарав чи (щибав литераторасда гьеб тIадаб жо буго) вачIине ккола Буйнакскиясул къватIги, Дахадаевасул къватIги цолъулеб бакIалде. Гьениб бихьула дуда гъобе ракьулъе унеб цо болъо. Болъоялъ рачуна гIаракъи бичулеб бакIалде.

 Гьеб ашбаз ккола зама–заманалдасан хъвадарухъаби жанире руссунеб бакI. Гьеб бакIалда мун, гIолохъанв хъвадарухъан, вукIине ккола цо минуталъ лъалхъичIого, цIертIа гIандарак гIадин, зенелев: буфеталде – нахъе, буфеталде – нахъе… Гьеб бакIалда ворцуна мун хъвадарухъабаз, хал гьабула дур бажариялъухъ, щив чи мунали. Амма, дуца гьенибги абизе бегьуларо мунго хъвадарилев вугилан. «Цойги сто биччай» – илан абураб рагIиги, буфеталде – нахъе нухги гурони дуда лъазецин бегьуларо. Цойгиги абичIого гIоларо, мунго мехтаниги бегьула… гьелде хъвадарухъабаз гIайиб гьабуларо, амма, дуего лъикIаб букIунаро, сверулеб бетIерги букIуна, нахъияб къоялъ чороклъун накабиги ратула…

Гьеб школа лъугIарабго духъе кьола аттестат – Дур Чехославакиялъул хIакъалъулъ хъвараб поэмаялъул, килищ чIвани бахчулеб гIанасеб кесек, бахъун бачIуна газеталда бугониги, журналалда бугониги. Рокъобе гIарацги бачIуна дуе битIун, I гъурущги 57 копекги. Гьеле дур аттестат. Дуца гьеб, дагьалдасан дагьаб, лъабго къоялъ Буйнакскиясул къотIноб чуризе ккола. ЛъугIана школа ва лъугьине ккола институталде.

Институт. Гьениве лъугьунев чияс кьезе ккола гьади–гьадинал экзаменал:

I. Ракьулъ бугеб ащбаз.

2. «Сухой» бичулеб, «Лезгинкаялда» аскIоб бугеб кафе (бищунго бигьаяб экзамен).

3. Ресторан «Лезгинка» – (захIматаб экзамен буго).

4. Ресторан «Каспий» – (дагьабги захIматаб экзамен буго).

5. Гьаб экзамен кIирекъараб буго ва кIиябго цадахъ кьезеги ккола: цо «Ленинград» гостиницаялда бугеб рахъун чIун гьекъолеб бакI, цо «Дагъистан» гостиницаялда рахъун чIун гьекъолеб бакI.

Гьал киналго экзаменал кьун рахъаралго, мун лъугьуна институталде. Институталда руго курсал.

Мун уна дуего къваригIарав хъвадарухъанасде тIаде. «Ле, гьадинаб жо буго, – ян абула дуца гьесда, – дихъ шагьи–гьараги буго, вилълъа цо…» Кивеяли ва щаяли дуда гьес гьикъуларо, я дуца гьесда бицине кколаро. Вачуна дуца гьев добго гвандиниве, цо кIиго–лъабго шиша лъугIараб мехалъ бицуна, цинги, дуца гьесие Маяковскиясул хIакъалъулъги, ПатIимат МуртазгIалиевалъул хIакъалъулъги, Хеменгуэйил хIакъалъулъги. Бицуна дурго унтуда цIарги. Гьев хъвадарухъан вукIине бегьула тIахьал рахъулев чи, батIияб мацIалде дур гьел руссинарулев чи, дур критик ва гь.ц. Чан гьединав чи хъвадарухъанасе къваригIунев ватаниги, гьелгощинал курсал руго гьеб институталда.

ХIалтIи. ХIалтIиги балагьула гьединго. Курсал лъугIизарулеб мехалъ дуца гьабураб щинаб жо такрар гьабизе ккола дуе хIалтIи гьабизе кIолел гIадал хъвадарухъабиги цадахъ рачун. Цо–цоязухъе рокъоре ине ккола. Амма, бицунеб хабар я Маяковскиясул хIакъалъулъ, я ПатIимат МуртазгIалиевалъул хIакъалъулъ, я Хеменгуэйил хIакъалъулъ букIунаро, букIуна нилъер газет–журналазда киб бакIалда щал хIалтIулел ругел, хасго гIемер бицуна пенсионеразул. «Кадровый вопрос» – илан абураб жо мухIканлъула гьадабго гвандиниб… Гъоба данд бала гьадин гьабуни киндай букIина, гьадинахун гьабуни киндай букIинаян.

ГIолохъанчи дагьав чIухIаравги вукIунелъул, хасго Чехословакиялъул хIакъалъулъ поэма хъварав гIолохъанчи, гьес чIухIун гьикъизеги бегьула: «Литератураялъул хIакъалъулъ, магIарулазул маданияталъул хIакъалулъ, цIи–цIиял асаралги гьоркьор лъун, гьабсагIат нилъер мацIалъулги, нилъер миллаталъуги хIакъалъулъ бицен кибха кколеб?» – илан.

Кибниги кколаро. Литератураялъул хIакъалъулъ бицен ккечIого букIине цо гIиллаги буго. Нилъер хъвадарухъабаз цоцазул асарал цIалуларо. ЦIаличIого тезеги буго гIилла. Нилъер хъвадарухъаби киналго «гениял» руго, киналго бергьарал хъвадарухъаби руго. Бергьарав хъвадарухъанас аскIов вугев щивали лъаларев хъвадарухъанас хъвараб жо цIалулебищ? ЦIалуларо. Довцоявги «генийлъидал», досги цIалилищ? ЦIалиларо.

Гьедин буго хъвадарухъабазул иш. Гьеб ишги лъазе ккола, литератураялда жаниб сунца чураниги нахъе унареб лъалкI телин жиндицайилан, тIирун чIарав гIоркьиласда.

Чехословакиялъул хIакъалъулъ поэма хъварав чиясул цойгиги бижизе бегьула гьадинаб суал: (дагьаб жойищ бижизе бегьулеб Чехословакиялъул хIакъалъулъ поэма хъварав чиясул ботIролъ) «Гьеб дуца бицунеб жо битIараб батани, кидагIаги хъвадарухъаби хъвадаризегIаги хъвадарулел?»

Дицаги жаваб кьела ва гьаб жавабалда гIоркьиласе гьарулел малъа–хъваялги лъугIизе тела: «Щиб гьез хъван бугеб?»

I99I


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

Баяналъул кьучI: Журнал "Сабаб"

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Валлагь,хъван бугеб куц щиб мунагьал чураяс,амма доб х1абургъараб 1991 соналдаса,квешлъун гурони т1ок1аб жо хисич1о адабияталда,добго доб(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook