Къоло щуабилеб апрелалда, МахIачхъалаялда бугеб 58-леб школалда (Семендералда) тIобитIана "КочIолгун анищазул куркьбазда" абураб фестиваль. Гьенире къабул гьаруна киналниги шагьаралъул школаздаса рахьдал мацIалъул мугIалимзаби. Дунги 40-леб школалъул магIарул мацIалъул мугIалим щвана гьение гьоболлъухъ.
Кутакалда кIудияб хIадурлъи гьабун бугоан гьеб школалда. Азбаралде жанире лъугьингун гьекъезе кьолеб букIана тIохол гьабураб гIандарка. Гьелъул гьуинаб тIагIамалъ рекIее цIакъ лъикIаб асар гьабуна нижее. Цинги азбаралда ругоан зурма-къали, палугьаби, кьурдухъаби.
Школалде жанире лъугьиндал ругоан гьарзаго къачIарал столал: лъарагIазул, тумазул, магIарулазул… Гьениб камураб кванил нигIмат букIинчIо: тIохол, гIатIал, ролъул ханждал... Гьанал квен, гIурччинлъиялъул квен, бакъвараб гьан-бакьалде гIунтIунги, щиб бокьаниги букIана гьениб. Маргьабазулъ букIунеб остолалде нахъе ккаралин кколеб букIана гьениб.
Гьединго гьениб музеялда гIадин бугоан умумуз хIалтIизарулел рукIарал богорукъалъул тIагIел-гIучI, ретIел-хьит. Бихьизабуна ясазул гваяз тIанса-халича бессулеб куц, квас самулеб къагIида, цIоросаролъ чIунулеб къагIида. Берцинго ахIулеб кочIол гьаракьги къотIичIо цо лахIзаталъги. Цоцалъ цIакъ хIеренаб гьуинаб жура-гъурай букIана киналго миллатазул.
Нижер рахъалъан кIудияб баркала буго гьеб тадбир тIобитIараб МахIачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъе, 58 школалъул мугIалимзабазе, директоралъе, заучазе гьединаб гьайбатаб тадбир гIуцIаралъухъ! Хасго гьений хIалтIулей магIарул мацIалъул мугIалим Муслиматие кIудияб баркала гьабураб гьоболлъиялъухъ. ХIалчIахъаги гьелъул! Ниж киналго магIарулал рази хутIана Муслиматидаса.
Гьенир кIалъазе рахъана ва гьадинаб даражаялда лъималазулги гьезул улбузулги рахьдал мацIазде рокьи бижизабуледухъ тадбир нухда бачаралъухъ баркала кьуна МахIачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев ТIагьир Мухтаровичас ва цойгидалги хIакимзабаз. Бокьилаан гьединаб тадбир санайилго тIобитIани батIи-батIиял школазда.
Гьениб бихьулеб букIана дагъистаналъул миллатазул нилъерго мацIазде бугеб рокьиги цоцазде бугеб гьуинлъиги . Гьедин гьуинго таги нилъ кидаго. Таги цоцаздаса рохун ва цоцалъ гъункун. Сахлъи ва рохел киназего!
Автор: ГIабидат Пирбудагъова, 40-леб школалъул авар мацIалъул мугIалим
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала