Къалам, дуца щуре…
Авар адабияталъул ва мацIалъул сагIат – Москваялда
Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль
2017 соналъул 6-10 сентябралда Москваялда, ВДНХ-ялда, тIобитIана Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль. МагIарул мацIалъул вакил хIисабалда гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна гьал мухъазул авторас. Россиялъул Федерациялъул Президентасул ишазул управлениялъ гIуцIараб Президентасулаб библиотекаялъул хIалтIухъан Максим Антипов вачIана кIалъаялдаса хадув аскIове: «Баркала дур каламалъухъ. Асаразе таржама гьабизе бокьани, дицаги кумек гьабила», – ян абуна гьес (гьанже «Миллат» басмаялъул лъай-хъвай буго Кремлиялъул вакилзабазулгун), гьединлъидал, багьанаго гьечIого басмаялде гъегъ балел эливашазе лъикI букIина чIолохъжо дугъдан кквей)).
Миллиял литературабазул фестивалалда гIахьаллъарал Дагъистаналъул хъвадарухъабазда ва гIелмиял хIалтIухъабазда гьоркьор гьединго рукIана ДГУялъул профессор Светлана МахIмудова (рутул мацI), шагIир Владик Батманов (лезги мацI), Минскалдаса Хизри Асадулаев (кIкIаралазул мацI) ва Дербенталдаса Фэхрэддин Гэрибсэс (азербайжан мацI).
Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль рагьана 2017 соналъул 6 сентябралда ВДНХялда. Гьеб тадбиралда кIалъаял гьаруна Роспечаталъул вакил Юрий Пуляца, Москваялъул мэриялъул хъулухъчи Иван Петровас ва цогидазги. Исана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул бетIер, Литератураялъул, тIахьал рахъиялъул ва цIалиялъул рахъкколеб комитеталъул нухмалъулев Сергей Нарышкинил бетIерлъиялда гъоркь къватIибе биччана Россиялъул халкъазул гьанжесеб поэзиялъул антология. Басмаялда бахъана гьединго лъималазе хъварал асаразул антологияги. Данде гьабулеб буго прозаялъул антология. Гьел тIахьал рахъулел руго Максим Амелин абулев чиясул басмаханаялъ. Гьесги гIахьаллъи гьабуна рехсараб фестивалалда. Поэзиялъул антологиялъе «2017 соналъул бищун лъикIаб тIехь» абураб шапакъатги кьуна 6 сентябралъул къаси «Геликон» театралда Сергей Нарышкиница. Исана къватIире рахъарал лъикIал тIахьазе шапакъат кьезе цеве вахъана дагъистаниязда лъалев, гьабсагIат Россиялъул тIахьазул союзалъул президентлъун хIалтIулев вугев Сергей Степашинги.
Къад цоцазда хадур цере рахъана щибаб мацIалъул вакилзаби. МагIарулазул тарихалъул, мацIалъул ва адабияталъул бицана гьал мухъазул авторас. РикIкIана цо-цо асаралги. КIвар кьуна 1999 соналъул рагъул темаялде, тарихияб прозаялде. Литературияб «Гьудуллъи» журналалда бахъараб, Рекъав Тимурица Дагъистаналде чабхъенал гьарураб замана цебе чIезабулеб «ХIаригабурлъухъ» абураб къисаялъулги бицана. «Миллаталъул» «Адабияталъул сагIаталъулги» аваразул маданият цIуни ва цебетIезаби мурадалда гьарулел цоги хIалтIабазулгун проектазулги рехсей гьабуна.
Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль тIобитIана 30-абилеб Москваялъул халкъазда гьоркьосеб тIахьазул выставкаялъул цо байданалда, ВДНХялъул 75-абилеб минаялъуб (павильон).
Гьединал тадбиразда авторал цоцазда лъала ва улкаялъул халкъазул тарихги маданиятги цIикIкIун ричIчIула, цIалдолезухъе тIахьал щола. Гьединлъидал, 2017 соналъул 6-10 сентябралда Москваялда тIобитIараб Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль букIана пайда бугеб лъугьа-бахъин. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ исана гьенире нухда регIана цIияб гIелалъул къаламцоял. Гьеб ккола цIубараб, республикаялъул маданияталъул букIинеселъул, метерисеб къоялъул ургъел бугеб политика.
Халкъалъул адабияталъул ва маданияталъул иццал къуни, гьеб миллат талихI къураб миллат ккола. Авар халкъ гьединазул кьерде ккезе хъван батугеги. Амин.
Автор: ГIизудинил ХIамзат
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала