Авторизация

ТIиндиб имам Шамилилгун дандчIвай

ГIажамалда хъвараб имам Шамилилгун ккараб гьаб лъугьа-бахъиналъул бицен батана ТIинди росулъ. Гьаниса нилъеда лъикI бихьула магIарулазда гьоркьоб букIараб адаб-хъатир. МагIарул миллат бикьизабиялда тIад хIалтIулел гIалимзабазе жаваблъунги ккола гьаб хъвай-хъвагIай. МагIарул мацI ГIанди-гIурухъ ГIабдурахIман Данияловас билълъанхъизабунилан бицарал чагIазда цIехезе бегьуланилъеца – гьаб хъвай-хъвагIайги гьес тIамун гьабураб жойищилан? Гьелдалъун нилъеда бихьулеб буго болмацI ХIХ-б гIасруялдаго кинабго магIаруллъиялда киназего гIаммаб жамгIияб алатлъун букIараблъи. Гурони щайзе ТIиндиса чиясе къваригIараб 1854-леб соналъ магIарул мацIалда гьаб жо хъвазе. Гьеб соналъ Имам Шамил унев вукIана Гуржиялъе (ЦIинандариса гуржиязул гиназазул хъизамал хъамиялдалъун хадуб машгьурлъараб чабхъен гьабизе). Унаго нухтIа ТIиндив рещтIарав гьесухъе рачIана гIалимзаби ва жамагIатчагIи, кIудияв Имамасе адаб гьабизе. Гьебго къоялъ рокъов щун хадуб хъвараб бицен буго гьаниб гъоркьехун кьолеб хъвай-хъвагIай. ТIиндиса бахIарчи Усайилав Къарахъа МухIамадтIагьирица рехсолев вуго Бусайилав хIисабалда. Амма гьеб росулъ ругел биценазда рекъон, гьесул цIар букIана Усайилав. Гьев хун хадув гьесул инсул гьавун вуго цоги вас ва гьесдаги инсуца лъун буго Усайилав абун цIар. Гьевги чIвана 1930-л соназда. Жеги гьанивго рехсолев Дибирасулав ккола ТIиндиса чи.

 

Ла хIавла ва ла къуввата илла биЛлагь. Дун рокъове щун хадуб,дица хъвана имам Шамилил нижеда гьабураб гьаб калам. Ниж ана – дунги, Дибирасулавги, Усайиласул МухIамадги – жакъа имамасда тIаде, гьезие гьоболлъи гьабизе бокьун. Кодоб квенгун нижеца имамасда тIаде рачIине изнуги тIалаб гьабуна.

Имам Шамилги гьесул наибзабиги рещтIун рукIана нижер росдада цебе бугеб Гъассилахъ абулеб колода. Кванан хадуб, дица имамасда абуна: «Гьав МухIамадил вас ккола дов Аргъванив шагьидлъарав тIиндисев Усайилав», – абун. Гьеб мехалъ имамас, тIаде вахъун, цIидасан нижер кверал росана. Гьанже гIодор рукIаян абуна. 

«МухIамад, дуеги дур хъизамалъеги дица баркала кьола ва лъияб дугIа гьабуна. Нужее Аллагьас лъиялдаса жазаги гьабеги, гъодинав бахIарчи гIезе гьавиялъухъ, рагъулъ, тушманасдаса щибго беркъачIого жиндир рухI бичарав ва тушбабазе кIудияб ками ккезе гьабурав. Гьес босана камилаб гъазават. Гьев нужее ахираталда ватила бахIарав гIадин. Дица гьесие бахIарчиясул цIарги кьуна. Гьединго нужер багвалазул, тIиндадерил лъиял бахIарзал дир бода рукIана: ГIалуч-МухIаммад, Денгал МухIаммад. Гьев ГIалуч-МухIаммадицаги ИчичIали ккараб рагъда бихьизе гьабуна бахIарчилъи. Гьединал лъимал хьихьарал нужер эбел-инсуе МахIшаралъул къоялъ дир кумек букIина. Иншаллагьу тагIала.Гьанже нужеца нужерго мурад бицине изну буго», – ян абуна имамас.

Цинги нижеца гьикъана: «Дур къадру борхаяв, хIурматияв имам! Гьаб кIудияб аскар гьаниса эхеде рехиялъе щиб мурад бугеб?» – абун. Имамас жаваб гьабуна: «Нилъер магIаруллъи, лъарагIлъи ва чачанлъи гурелги, нилъее къваригIун буго нилъеда сверухъ ругел улкаби капурлъиялъул лагълъиялдаса эркен гьаризе ва жидерго ихтияраб улка гIуцIизе. Гьеб букIине гьабизе бацIцIадаб аварагасул шаригIат цIунараб улкалъун. Цо хан, цо лагъ гьечIого нилъер кинабго халкъ, жиндир ихтияраб букIине. Гьаб дир боги Гуржиялъе унеб буго, гьазул бетIерги дир вас ГъазимухIаммад гьавуна дица». 

Гьеб мехалъ нижеца абуна: «Гьеб гуржиязул цIикIкIараб улка гьечIищ, дуца гIажамалдаса яги турказул добаса кумек щай тIалаб гьабичIеб?» – абун. Имамас абуна: «Нилъее щивго чиясул кумек хIажатаб гьечIо. Нилъерго халкъалъ кинабго рагъуе хIажатаб жо гьабула. Нилъее кумек жив бетIергьанав Аллагьасул бугони гIола. Аварагас кколеб ислам – Аллагьасул дин – ханзабазул кумекалдалъун билълъине гьабичIо. Жив, Аллагьасул кумекалдалъун билълъине гьабуна. Нужер букIинарищ Аллагьасдие квегъун кьураб аскар?» Гьеб мехалъ МухIаммадица гьикъана: «Чан азар чи ватила гьаб аскаралда?» – абун. Имамас хекко жаваб кьуна ва дагьаб тун букIана, сангар бухъулеб къоялъ аварагасул гIанаб батила абун. Цинги имамасе бокьана хабар къокълъизабизе. Хадуб нижеца гьикъана: «Гьанже нижее амру гьабизе бугищ?» –абун.

Имамас абуна: «Нужеца нужер лъималазда ва нужер гIолилазда абе нужерго Усайилав гIадинав лъугьайин. БахIарчиясул хвел гьечIин, я дуниялалда, я ахираталда».

Нижеца квералги росана, нижги нахъ руссана.

1270/1854 соналъул роол авалаб гIуж.


Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий
Х1урматияв   Г1аличулайил  Мух1амад   рак1  рак1Алъулго  баракалла  дуе     дуца  гьабулеб  гьадиг1ан  нилъер  милаталъе    пайдаяб   х1алтухъ.
Ахираб заманалда  дун   кавполиталъул сайталда  щола  г1иц1го  дур   пикраби   ц1ализе  абун.
Тиндиса   Г1аличулайил   Мух1амадица      "ДУН  ВУГО  АВАРАВ"  абураб  раг1и   жакъа   буго  ц1ик1ун  багьа  бугеб   цоги  г1адатияв   аварас   абун  таралдаса.
Черхалъе  сахлъиги   гьабулеб  х1алт1уе  икъбалги   кьеги  дуе   К1удияв  Алагьас.



ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook