Авторизация

Хъвадарухъан – миллаталъул вакил


Адабият


Хъвадарухъан – миллаталъул вакил


Переделкиноялда данделъана батIи-батIиял улкабаздаса нусго гIолохъанав автор


 2011 соналъул 13-17 октябралда Москваялда тIобитIана гIолохъанал хъвадарухъабазул ТIоцебесеб халкъазда гьоркьосеб совещание. Переделкиноялда бугеб хъвадарухъабазул Творчествоялъул минаялъур данделъана СНГялъул улкабаздаса, Франциялдаса, Германиялдаса ва цойги пачалихъаздаса литераторал.


Гьеб тадбир гIуцIана Хъвадарухъабазул союзазул халкъазда гьоркьосеб идараялъ (МСПС). Данделъиялда кIалъаял гьаруна ва семинарал рачана гIурусазул машгьурал рагIул устарзаби  Валентин Устиновас, Лариса Баранова-Гонченкоца, Владимир Силкиница, Александр Торопцевас, Владимир Бояриновас, Николай Переясловица, Станислав Куняевас ва цогидазги.


Россиялъул, гIурус гуреб, цогидал халкъазул мацIазда асарал хъвалел авторазулгун семинар бачунезда гьоркьов вукIана поэт, прозаик, публицист, таржамачи, Литинституталъул мугIалим Николай Переясловги. ГIолохъанал авторазда цеве кIалъалаго, гьадин абуна гьес: «ГIурус литератураялдасаги интересаб куцалда цебетIолеб бугилан тола дица гьабсагIат Россиялъул цоги миллатазул мацIазда бугеб адабият. БакътIерхьул улкабазул модабиги, гIарцухъ кинабго жо бичулеб гIадатги, тIаса-масаголъиги гъорлъе лъугьун руго жакъа гIурус адабияталда. Гьединлъидал, гьанжесеб гIурус литература цебесеб классикаялдаса цIакъ рикIкIад буго, гьелъул тIадегIанаб цIар хвезабулеб буго XXI гIасруялъул хъвай-хъвагIаяз. Юмор бугел романал, ирония хIалал детективал ва гьезда релълъарал, «дармил литератураялъул» коцонир тIурал «текстал» гIемерлъун руго. Россиялъул цогидал миллатазул литератураби абуни 70 соналъ «соцреализмаялъул» нухдасан унел рукIана. Асаразулъ захIматчи вихьизавизе кколин малъулаан гьезда. Циндаго гьеб гIуцIи биххана, миллиял литератураби жалго хутIана: Магъриб рикIкIад буго, Машрикъги тарихалъул рахъалъ гьедигIан аскIоб гьечIо. Цинги гьел литературабаз жидерго хасал нухал ралагьизе байбихьана, мугъчIвана халкъияб фольклоралде; мацIал цIигьариялъе ва церетIезариялъе гIоло багъа-бачариял, къеркьеял рижун рачIана. РакIалде ккезе бегьулаан кинал миллиял шура-хъуриял ва рахьдал мацIазда хъварал асарал Якутиялда ратилелилан. Дица таржама гьабуна Якутиялдаса Елена Слепцовалъул асаразул. Миллияб культура тIадбуссинабиялъул, рахьдал мацI цIуниялъул ахIи буго гьелъул творчествоялда жаниб. Гьедин жинди-жиндир халкъ бихьизабизе ккола хъвадарухъабаз асаразулъ. Гьелъие гIоло цIалула  дунялалъулго пикру гьабулел гIадамаз тIахьал. Миллиял литературабазда жанир щибго хIинкъичIого хъвадарулел авторал загьирлъана ахирал соназда. Гьебги ккола лъикIаб рахъ».


БатIи-батIиял пачалихъаздаса ва Россиялъул регионаздаса авторал рачIун рукIана совещаниялде. Гьезие рес щвана чIахIиял хъвадарухъабазул пикру лъазе, гьезул гIакълабазухъ гIенеккизе, цоцазулгун лъай-хъвай гьабизе. Хадубккун гIолилазул асарал басмаялда рахъизе квербакъизе бугиланги абуна данделъи гIуцIараз.


Поэзиялъул, прозаялъул, лъималазул литератураялъул, таржамачилъиялъул ва литературияб критикаялъул семинаразда цадахъго тIобитIана рагъулаб адабияталъул темаялда дандеруссиналги. Севастополалдаса ралъдахъабиги Афгъанистаналда, Чачаналъ ва цойги кьал ккарал бакIазда гIахьаллъарал аскариялги рачIана совещаниялде. Жидедаго бихьаралъул ва хIехьезе ккаралъул хъвалеб бугоан гьез. Гьайгьай, гьезул асаразулъ ритIухълъи цохIо рахъалдасан бихьизабулеб батизе рес буго. Гьел авторазул гIемерисел цоцазда лъан руго okopka.ru сайталдасан. Гьенир лъун руго гьезул асаралги.


ТIадчагIаз литератураялде ва халкъазда гьоркьосеб политикаялде кколеб кIвар кьолеб гьечIолъиялъги квешлъулеб бугин ахIвал-хIалилан бицана совещаниялда.


2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +148
  • Нравится
Оставить комментарий
Бук1ана цензура,квеш бук1ана,гьабсаг1ат гьебги гьеч1о,ах1вал-х1ал,кинаб бугебали,нужедаго бихьулеб буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook