Авторизация

Расул Х1амзатов: Бихье, таманча кье, кьвагьизе дихъе... Сарат МухIумаева: Расул, доб таманча гьанже дихъе кье!

Расул Х1амзатов  


Бихье, таманча кье, кьвагьизе дихъе...


Цо таманча кье, ч1у, кьвагьизе дихъе,

Дове кьурде вахун хъах1ил зодихъе, -

Гьаб дуниялалда дунги вугилан,

Дагъистанги бугин лъазе гьабизе.

Гьеб кьвагьи маг1арул

Дандерижияз

Цояз цояхъе кьун

Гъугъазабизе;

Гьаб дир т1алъиялъул

Т1алаб гьеч1ого,

Паракъат кьижарал

Рорч1изаризе.

Кьурабазул иях1

Гьород биччарал

Гьалгъан,

Гьак1к1ан к1алгун,

Ч1езе гьаризе;

Жалго г1одор ч1араб

Бак1иде рак1 гъун,

Зодор парпадулел

Гьанир рачине.

Боц1уца г1орц1арал,

Ц1огьалъ ццурлъарал,

Бац1азда, гарц1азда

Цо гарац1 базе;

Гьал мац1ихъабазул,

Х1ел-х1елчаг1азул

Х1алихьатаб ч1анда

Къине гьабизе.

Гьал пударухъаби,

Гьал гьерсихъаби –

Гьаркьагъунел гъудул

Гъугълъизаризе.

Щибжо гьекъонали

Дида лъаларо,

Гьал даим мехтарал

Ригьинаризе.

Ришват баччулелги,

Гьеб босулелги,

Аск1ор женжедулел

Гьоркьохъабиги,

Г1арза ц1алич1ого,

Кодобе босун,

Мах1сунт1улел ругел

Диванчаг1иги;

Лъай-хъваялда божун,

Инсул кумекалъ

Институт лъуг1улел

Г1олохъабиги,

Гьал чияца хъварал

Диссертацияз

Докторал гьарурал

«Г1алимзабиги»;

Гьал, трибуназда

К1алги цвизабун,

К1иго-лъабго раг1и

Жидерго гьеч1ел

Докладал гьарулел

Ораторалги;

Гьаб Дагъистаналъе

Рогьо гьабулел,

Гьелъул рак1 унтулел

Бюрократалги, …

Гьаб кьвагьиги раг1ун,

Г1енеккизе те!

Гьезда Дагъистаналъ

Абулеб буго;

Умумузул занахъ –

К1очон тоге гьел;

Балагье халкъ буго

Хурзал рекьулеб,

Хирияб дир т1алъи

К1одо гьабулеб!..

Нус-нус г1асрабазул

Г1адат тарихалъ

Тамих1алде руго

Квешлъаби ц1алел..:

…Бихье, таманча кье,

Кьвагьизе дихъе,

Кьурабахъе вахун,

Хъах1ил зодихъе!

Таманча г1еч1они,

Г1арада босе

Г1ерг1езе гьабизе

Гьал муг1рузда т1ад!

1970 с.


Сарат МухIумаева

 

Расул, доб таманча гьанже дихъе кье!

 

Расул, доб таманча гьанже дихъе кье,

Кьурда тIаде яхун кьвагьизе дица!

Гьаб дуниялалда нижги ругилан,

Дагъистанги  бугин лъазе гьабизе!

Гьаб дагъистаналъул мацIги тарихги

Жибго теян ахIи базе яхъине!

Умумуз ирсалъе кьураб бечелъи

Чорок гьабичIого чIаян ахIизе!

Бокьун буго кьвагьи зобалазда бан,

ГIинкъал беццалщинал рорчIизаризе!

Бокьун буго гьезул кьижарал ракIал

РекIелъ цIаги кунчIун чIаго гьаризе!

Кье дихъе таманча кьвагьизе зодоб,

Гьал чIегIерал накIкIал нахъе хъамизе!

Кьерхадуй  гьураца росун рачIарал

Гьаз бакъулал къоял къезарилалде!

Миллатги лъаларел, мацIги лъаларел

Лъималазул гIелал гIун рачIиналде,

Умумузул  гIамал, гIадат, хасият,

Хисун бугониги, тIагIунгутIизе.

Вай, гьал гIадамазул макьуго кинаб,

Зобал  гъугъаниги рорчIулел гьечIел?!

Гьал дир ракьцоязул  кьижиго кинаб,

ТIупан тIунаниги  тIупахъе чIарал?!

Щай нуж рахъунарел, дир ватIанцоял,

ВатIаналъул ахIи рагIулеб гьечIищ?

Умумуз лъалинир лъурал хвалчаби

Къо ккедал къватIире рахъулел гьечIищ?

ВатIанги цIунизе, мацIги цIунизе

ЦIадулъе кIанцIизе нахъе къан чIечIел,

Къо ккараб бакIалда, цадахъги рахъун,

Къуватаб  цолъиялъ тушман нахъ чIварал.

КъвакIараб халкъалъулъул наслаби гурищ?

Нилъерго хаслъиги, дингун гI амалги

ГIасрабаз гьалъийищ цIунун букIараб?!

Цо  таманча кьея дихъе кьвагьизе,

ТIокIаб бицине дир рагIи хутIичIин!

ГьадигIан жидерго мацI - цIар рихарал

РекIеде рачIине ресго гьечIебищ?

Нужей мацI  рихине херищ щун бугеб?

Яги рахьгун цадахъ  загьруйищ  щвараб?

Ялъуни, кинидахъ, эбелги хисун,

Тушманаищ йикIарай кучIдул ахIулей?

Бице, бице, лъица гьадигIанго цIакъ

Гьаб нужерго миллат рихинабураб?

Я  кинав хирургас  гIакълудал бутIа

БотIрониса  къотIун  нахъе босараб?

Яги  цо балъгояб палата бугищ

Нижеда лъалареб,  нуж жанир  толеб,

Хасаб цо курс гьабун гьенир регарал,

Рихун Дагъистангун къватIир рахъунеб?

Ялъуни тушманас  тарал чагIийищ

Мухьги кьун гьаб ВатIан биххизабизе??

Бице, щай рихарал нужедаго нуж?!

Щай хIарам гьабулеб эбелалъул рахь?

Щай гьадигIан нужго нужей сурарал?

Щай нужерго багьа учуз гьабулеб?

Бокьун батичIони умумузул мацI ,

ЧIухIун ратичIони тарихалдаса,

Те гьаб нижер ВатIан, нижер Дагъистан,

Гьаб бокьулез  чIаго гьабизегIаги!

Те гьаб нижееги, ракь те гьаниса,

А нуж бокьаралъуй, ватIан рихарал,

Гьаб ракьалда хIетIе чIезецин нужей

Гьанже хIарамлъанин, лъута гьаниса!

Нижее бокьила умумузул ракь!

Нижеца цIунила умумузул мацI!

Гьабе инкар эбел – ВатIаналдаса -

МацI  рихаразе нух цохIо гьеб бугин!

ЧIегIерал борхьазул цIуна Дагъистан,

Чорокал чудказул цIуна Дагъистан…

Расул, дур хирияб бокьулеб ВатIан,

Дуца кучIдулъ ахIун кIодо гьабураб,

Дуца дунялалда машгьур гьабураб,

БацIазги, гарцIазги,  борхьазги цIуна,

Тушбабазул цIуна гьанже Дагъистан.

Балъгояб рагъ буго гьаниб гьабулеб

Умумузул мацIгун, тарих-гIадатгун,

КIоченабизехъин буго халкъалда

Жал кисан рачIарал, кинал рукIарал…

Таманча кьвагьунин ракь борчIиларо,

Дагьабги къуватаб кье дихъе ярагъ!

Я бакIаб макьилъа рорчIизарила,

Я тушбаби чIвала, я цо жо ккела!

Амма руцIцIун  чIезе тIокIаб кIоларо,

ТIокIаб яхI  гьабизе бажаруларо!

Я тушман чIчIинтIила, я дунго хвела,

Кье дихъе кьвагьизе къуватаб ярагъ! 

20I7 с.                               


Автор: Расул Х1амзатов, Сарат Мух1умаева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook