Авторизация

Лъалищ Парижалда...

* * *

Лъалищ, Парижалда площадь бахун,

Цогияб рахъалде мун ячIинегIан,

Азарго гьелегьун унеб машина

 Полицаяс хантIан чIезе гьабуна?


 Хадуб дуде аскIов живго вачIана,

ХъахIаб гвадич ххураб квер дуй борхана

 «Дуй хъулухъ гьабизе вохарав вугин...

 Мадам, мерси» абун нахъ вуссун ана.


Цинги Венеция, кида кIоченеб,

Каналазул лъадалъ цIадалаб шагьар!

 ТIогьилал русбузда къаси нахъа нилъ

, Рачана свердизе цо италияс.


 Гьев щибаб сагIаталъ нахъ вуссунаан:

 «Синьорина, дуда чIалгIунеб гьечIищ?

 Синьорина, дуда кинан бихьулеб,

Нижер Венеция, берцинаб гьечIищ?»


 Варшавалда къаси театр лъугIун,

 КъватIир рахъаралго чвахун балеб цIад.

«Пани, гьале плащ, пани, гьабсагIат

Таксиялъ ячина мун отелалде».


 Госпожаян абун, бетIерги далун,

 Дуе салам кьуна японияца,

Цоцазда лъун кверал гьормаде рорхун,

 Гьединго абуна индияз дуда.


Америкалълъ-леди, турказулъ-ханум,

 Хирияй синьора, дир магIарулай,

Дун ЦIада росулъа мистер ХIамзатов,

Мунгун вуго даим дунял сверулев.

 1963


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook