Авторизация

Макьу

 МахIмудил кучIдуздасан

ХъахIаб росулъа МахIмуд 

Рамазан моцIалъул анцIго къо индал,

Къавулъ чи гьечIого дунго хутIана.

Дежурна гьечIого поч теларилан,

Танкан сваказегIан вахъун свердана.

Нур ссваял беразда макьу щвечIого,

Микьго къвал цIулал лъун, цо печ бакана.

ХIал кIвараб куцалда цо таргьа цIураб,

ТIаде хветер бана хехго рекIине.

Ханзабазул утар толеб бугилан,

Тахида шагь гIадин, гIодов вукIана.

ГIурус берданкалда патиранги лъун,

Гьорол иш чIваниги речIчIилин абун.

Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб,

Хиял цIи гьабуна, цIадавги къулун.

НухIил гаминибе гважулги гьвелги,

ГьабичIого пикру хутIичIо нахъе.

Хасел чIолеб заман, халатал сердал,

Рогьине хIал кIвечIо, кIал гьикъун чIана.

Гьуригун пун балеб цIадал гьаркьихъе,

ЦохIо буртинадулъ кьижун ватана.

Бищун цIикIкIун ани,анцIго дакъикъа,

ТIокаб заман бачIо,ячIана гьудул,

ЦIакъго нахъе цIани цо читбиралде,

Танкан хурхун чIана,холей йигилан.

Хвалчада бекьулеб багIараб месед,

Росо щай сурараб,cагьвил дунги тун?

Cамаал гвангъулеб гургинаб къамар,

КъватIив щай кватIарав,йигин якъвалей?

Бакъ чIвайдал цIер гIадин рецIцIанин берал,

Баче цо дирги квер канлъи бихьизе.

Кун тIурал маххаллъун биххун бугин ракI,

БакIаризин данде,дидехун вусса.

Дур цIар ахIулаго хIинчIлъун йоржанхъун,

Щун йигин хьолбохъе, бахъе хъурайсин.

ХъахIил зодил накIкIлъун свердахъилаго,

Ккун йигин аскIое, яче каранде.

Рокьул чIорал речIчIун, чIван дунги рехун,

Кив воржун вукIарав, ГIиса авараг?

ГIалхун чан гурхIараб хIал дихъеги кьун,

Дун гьечIеб бакI бихьун хьвадизе къасдищ?

Къирарзабаз балеб меседил сагIат,

Дир хIухьелго чIвачIищ, хьухьикьан араб?

Ингилис ханасул илхъидул айгъир,

Гъеду-хIинчIго щвечIищ, бугеб хIал бицун?

Алжанул хIурулгIин дунги гурелъул,

Дидаги хIал кIвелищ хIалалда чIезе?

ХIажрул-асвадалъул гамачI гурелъул,

РакIги кин букIинеб бихъун инчIого?

Аанкьабилеб зодихъ ГIиса авараг,

СабабгIаги бице цо хIал ккун чIезе?!

ХIакимасул дару дие гIоларин,

РагIул цо ахир кье хвел балагьизе?!

-Халкъалда нур балеб багIараб месед,

МугIрул бис бачIунищ ячIарай дихъе?

Нухъил куркьбаздасан куцарай гьалмагъ,

Капур женищ щвараб,бугеб хIал бицун?

ХIайваналгун чучун чанги къо анин,

Чигун ургъел бикьун аскIов щвечIого.

Чундулгин гIалхуда сардал рогьана,

Сала-каламалъул кагътал ритIизе.

Зобалде угьараб дир хIухьелалъул,

ЦIадцин гурищ бараб,накIкIлъунги лъугьун?

Гьаб дуде бикьараб дир ургъелалъул,

Гъугъай чIванцин гурищ аскIой ячIарай?

Исана соналъги йихьичIей ани,

ЙихьунгутIиялье къотIи букIана.

Къаси макъильгIаги къвал бачIеб ани,

Къарун гIадин ракьалъ кIкIун тIагIинаан.

ТIогьол къимат бугеб къирбалалъул най,

Къоно гурищ чIвараб,чIаго вукIаго,

Жалал хIурмат бугеб хIежалъул микки,

ХIал баччун букIана, кIигъежги гьабун.

Гьиндалъул гъулдулъе гъаримаб гигу,

Гуч бергьараб цIаяль цIуллъун вухIана.

ХIарамалъул ахикь ахIдолеб гьудгьуд,

ХIал щун балагьиялъ, берзул нур ана.

Мискгун-кагьруялда куцараб булбул,

Квен тун мех бахъидал, тату хун буго.

Кагьру-гIарабалда гIурай манарша,

ГIадан вихьичIого, мацI кIочон буго.

МоцIрол свери бугеб силияб гьумер,

Саламго бачIинчIищ бакъ-моцIалъ гIаги?

ЦIвайил гвангъи бугеб гургинаб нодо,

Рагьде хабар щвечIищ халикъасдасан?

Дур хIалихьат хунищ,хиваяй бика,

Халкъалда свердизе дуда хIал кIолеб?

ХIатIидаса рухьен тIун унцин гурищ,

TIабигIат хисараб хасият бугин?

Хаслил гIужрукъида къонойищ чIвараб,

КъватIий мун яхъизе ихтияр щвезе?

Ихдал ахIдолеб руз ракьулъ букъунищ,

Боркьараб гамалъун гаргалей йигей?

Гарбил къули берцин къватIахъе унищ,

Ургъел гьабулареб бицунеб рагIул?

ГIалхул тIехIаб чудук кив вуссун тарав,

Кие яхъаниги, нахъа чIечIого?..

-ЧIалгIараб куц бугин, бецIбагIараб тай,

Те досулунгун рехсей, йигин турулей.

Тавбу гьабун бугин бицинарилан,

Берзул канлъи босун киве кканиги.

ХьвацIа къваригIиндал, къасабчагIазе

Вичун ун вукIана оцол тIукъбузухъ.

ТIаде дагьал кепкал кодореги щун,

КвацIи габанидул босана эсухъ.

Дуе хабарго щай халат гьабизе,

Хурхун цо къвал жеме,къотIулин рагIи.

Рокьул къимат лъалел къацандуларин,

Къвал бан керен чуче,чапулей йигин.

Чан сордо рогьараб угьдилаго духъ,

Дур бицун кIалъайгун,кIал бидулги цIун.

БецIаб хоблъун кьуна мун вокьи дие,

Дур цIар рехсолаго хвалчакьа хIинкъун.

Харсалъул кавуда карпиталъул гIекI,

Кин мун ворхуларев аб халкъ бихьизе.

Xаликъас дун ячун духъе битIараб,

ТIолго гIалам бугин,балагье гьазде...

Гьабго щиб хабаран хал гьабулаго,

Билал гьундухъ буго дунялго гвангъун.

Гаргарго щибдаян тIаде вахъиндал,

ТIолабгоги гIалам буго бакIарун.

Тирщун тIаде вахъун,тIагъурги борхун,

ТIолго гIаламалъе хъваш-баш гьабуна.

Хъорщол рагъабазда, къвалакъ кверги чIван,

Кепалда черхги лълъун, дагьав свердана.

Ссиялда,къоялда къадру цIунарал,

Къиралзаби чIана гIасакиралгун.

Ассалда куцараб кепаб низамгун,

Калам гьабиялъухъ балагьун чIана.

Издаравистилан цо дун кIалъайдал,

Дунял гьаргьадулел гьаркьал гьаруна.

Издрав желайилан,жундузул ханан,

Дуе хIурматалъе хIадуралилан.

Дицаги фурман кьун, бокьанщинав чи,

Иргадал риччана аскIой рачIине.

Эзул хIикматалда нахъ гIунтIичIого,

АхIун чиги вачIун, хIалалъ вачана.

ХIал къвагъваяв гъункар первай расалда,

Салам-гIалайкуман тIаде вачIана.

ТIолго хIукмуялъул хIисаб дихъе кьун,

Дицаги абуна "ижлис" гьениван.

Инглис-парангазул пачазабиги,

Час ккун цере чIана ,тIаргъалги рахъун.

ТIолабгоги гIалам гIажаиблъана,

Амирканазул хан наку чIван чIедал.

Кагьру-гIанбаралъул гIадалде тажгун,

ГIурус пача щвана чIужу-къираргун.

Къарал чалмабазул чукъбигун цадахъ,

Хатай-хутаязул ханги вачIана.

Халкъалда рихьичIел бицен, рагIичIел,

Бищун цIакъаб карман румазул  буго.

БотIрода тIоргъода тIокIаб ишангун,

Иран шагьги вуго гьезда гьоркьов чIун.

Алласакъласенан эрмени ясал,

Авалго къалъарал,къого гвангъарал.

Гамаржобайилан гуржи мусудул,

Меседил къунщбазда къан гарцIал рарал.

ЦIоралъул чиллайгIан чурхдул чIурканал,

Чергес ясал руго савболан сверун.

СабахIул хайиран къажаразулги,

ХъахIаб-цIвакараб жо цIергIадин буго.

Бицун инсанасда ургьибе унеб,

Эдин данделъараб дуниял бихьичIо!

Рехсон сипат гьабун хадуб гъолареб,

Халикъас тIамураб гIаламат буго.

ГIанбар-маржан жубан жавгьар кьабурал,

Жалго цIорол рукъзал - къай,рахай гьечIел.

Варакъ-якъуталъул тарих бахъараб,

Нахъе рагIи гьечIеб жаннатул гIадну.

ГIодов чIезе тахбакI,хиял гьабуни,

Гулайталъги сверун буссуна нахъе.

Сверун караватал,ракIалде ккани,

Кинаб бокьаниги бачIуна цебе.

БагIар мина кьураб остолалда тIад,

Тебси-суля буго ссилияб бихьун.

СунтIун чи мехтулеб испирт-гIаракъи,

ГIарцул рункабаца буго гьекъолеб.

Къайсарил бахчабахъ барщараб цIолбол,

ЦIердул шишабаца чагъир баччула.

Чарал истакабаз берцинал ясаз,

Черхалъе кепалъе коньяк гьекъола.

Квараб жо бигьине къагьва-чаялъул,

Лъида хIисаб лъалеб самаваразул.

РоцIараб сордоялъ цIвабзаздасаги,

ЦIикIкIун рукIаниги, камун рукIинчIо.

МугIрузде чундузул,чанил буртIазул,

ТIаса камулареб закуска буго.

Зодил тIайпусалъул тIанчIил гьаналде,

ТIаде чакар щвараб квине жо буго.

Киве вуссаниги сверун бугеб жо,

БокьанагIан кванай,кепалъе гьекъей.

Вахъун свердарасда берда рихьула,

БагIарал байрахъал,хъахIчарал дугъал.

Лампа-панар бакун киб бажарулеб,

Канлъуй ракарал жал жавгьарал руго.

Рогьун къоян абун,къаси сордоян,

Расги хиси гьечIо,цохIo хIал буго.

ХIажрул-асвадалъул малаикзабаз,

Дие тах бачIуна,ваха тIадеян.

Халкъалъе гьуинлъи гьалъул букIинин,

Дица фурман кьуна пуй, кьабейилан.

Гьунар бугел рихьун бихьинал,цIуял,

ЦIар-цIар ккун ахIана афицерзабаз.

Ихтилат бугев чи нахъегIан чIани,

ЧIваян буюрана къиралзабазда.

Зодихъе ахIдолел хIанчIи панаяб,

ХIеренабго бакъан музыкантазул.

ХIорил рагIалалде маккал панаяб,

Гьайбатаб расанди ясазул гьениб.

Гьаваялде лочнол ракI чапун унеб,

Чанги лоти вуго тира-сверулев.

Сверун рачIунезде хал гьабун чIани,

Берда бихьулеб хIетI хIурда хъваларо.

ХIисаб гьабун инсан,сагьвиллъун гурон,

Нахъ чи кин гIунтIилев гIолохъабазда?

ГIарцул забру бугеб зурма-къалигун,

Къоялъ кьабуниги, руго гIоркьилал.

Хъумуз-аргъанали нахъегIанаб жо,

Дицаги рехсечIо чIухIунцин кочIолъ!

Кинабгоги халкъалъ хIурматги гьабун,

ЦIикIкIун къоял ана эб къадруялда.

Къирал-пачазабаз хъулухъги гьабун,

Нахъе вижуларев жундузил ханан!

Хасалил сордоялъ роол бакъ щведал,

Къаси чи витIана яче гьудулан.

Гьудгьудил харбихъе Билкъис кинигин,

Къукъагун ячIинчIо,жийго ячIана.

-Жаниб ракI чакарул багIараб соно,

Бекун кваначIого киве вуссун мун?

Каранда хатI хъвараб алжаналъул хIинчI,

ХIула-чIурхIичIого щай,вас,кунареб?

Коралъул рагIалда гIанграл рурудун,

ГIедегIун ворчIана добго щибдаян.

Тирщун тIаде вахъун ,тIагъурги борхун,

Бала-гъалагьана гъаримлъиялъухъ.

Гъугъдулъ боржанхъиялъ милъир хIулараб,

ХIубаралъун вуго гIодов ккун гьенив.

Логол куцберцингин васандилеван,

Cалдат вегилареб боснов ккун вуго.

CанагIат берцинил кеп босулеван,

Кисаго гIекколеб рокъов ватана.

Дие лъугьараб щиб,дун вугеб куц щиб?

Кие арай гьудул,гьадин дунги тун.

Гьаб гIаламатго щиб,гьаб хIикматго кинаб,

ХIурулгIин йикIанин гIодой чIун аскIой?

Дие гьаб даража макьилъ гурони,

Кьелареблъи лъала тIадегIанасес.

ТIокIаб гьаб къоялде къадру дир бахун,

БукIинилан абун къасд дир лъоларо.

Къвал бан гьудулилан каранде къаялъ,

ТункIил хъундагъалъул нахъе жо гьечIо.

Гьиндияй бикалгун кеп босулаян,

Караватцин буго цоцалъа бахъун.

Барзахалъул хIанчIил берал цIулаян,

ЦIалагIоркь цIункIулеб кIалалъул цIорой.

Къарби бикаялъул курмул къалаян,

Килщал рагьун руго патирабаца.

Дие балагьалъе гьал рукъзал рарав,

Къаникь бетIер ккаги ХIасан ханасул.

Хасалил сордоялъ,хъахIлъи базегIан,

Дие алжан кьурал жундул тIагIаги!


Автор: ХъахIаб росулъа МахIмуд

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook