Авторизация

Кицабиял алфазал

Инхоса Г1али-Х1ажи

Кицабиял алфазал

ГIабдал, ахIмакъасдехун, воре кIалъай гьабуге,

Жиндир пикру камилас чи хIакъир гьавиларо.

* * *

Жиндий макъам бокьарас халкъ къварид гьабиларо,

Жиндир диван битIарас чи ватIа гьавиларо.

* * *

ГIадлуялда хьвадарал, Аллагь, Дуца цIунаги,

ЦIакъго халкъалъ веццулев хвалида витIун ккаги.

* * *

ГIорцIизе гьабичIони, катица цIогь толаро,

Рагьда чури тIечIони, гьвеца рукъ хьихьуларо.

* * *

ЧIужуялъ хьихьичIони, рокъоб жо хутIуларо,

ТIину гьечIеб кIудаб гьегь хехго цIаялъ бухIаги.

* * *

ХIуби чIвачIеб чIалоялъ рукъ биххизе гьабула,

Бицун батичIеб рагIуд чи кIодо гьавуларо.

* * *

Чияр бикъа-хъамиялъ рокъоб жо цIикIкIинаро,

ЦIогьгин гъара гьабурав гьаваялде восаги.

* * *

Нилъер чияр чи лъазе, чи холареб кьал ккаги,

Кьибилалъул хIал лъазе, холареб унти ккаги.

* * *

Гьаб дуниялалъул гIатIилъиялда,

ГIамалалда рекъон жо камуларо.

* * *

Квен буго черх лъикIлъизе кваналеб,

КечI буго ракI лъикIлъизе ахIулеб.

* * *

Дагьал гIемерал лъикIал чагIи – гIакъилал,

ГIемерал дагьал лъикIал чагIи – гIадалал.

* * *

Гьинал ракIги чучун ракI цIилъиларо,

Лугбузда бугеб гьан гургурун индал.

* * *

Гьал дир рагIабазул магIна бичIчIарас,

МагIидаса хъанчал рахъун рехила.

Хъварал алфазазул пикру гьабуни,

Пашманлъи тIагIина дуниялалда.

* * *

РекIел ургъел бикьизе чи тIагIараб замана,

Чорхол унти бицине гьалмагъ гьечIеб дуниял.

* * *

Гурдилъ цIул гьабе, цIороялъул квер босе,

ЦIулада гъабу кьуре, кьиндада михъилъ хьиме.

* * *

Лъаралда гIамал гьаби – гIелмуялъул пихъ буго,

Халкъалъе кумек гьаби – камилаб санаъ буго.

* * *

БатIулалъе квербакъи какараб исраф буго,

Квешалде тIоритIулев, тIубарав Самир вуго.

* * *

Анкьабго рекъолилан къадараб жо гьабуге,

КъотIуе гIунгутIизе гIантав чилъунги чIоге.

* * *

Воре, гIадамил лъимер, гIумругун къацандуге,

Дуниялалъул ресал рас течIого лъазаре.

* * *

ТалихI къарал къороллъулел руччаби,

Къо бухIарал бестIаллъулелин лъимал.

* * *

Цо ахIмакъав гIабдалас гIадан къварид гьавула,

ГIелмуялдаса тIурав басралъигун хутIула.

* * *

Бецав чиясул чIухIи – чIолохъжо тIураб барти,

Рортун ун кколеб гIалам, гIазабазулъ цIикIкIараб.

* * *

Бихьизе цIакъ берцинаб, батизе жиб къабихIаб,

Гьаб дуниял загьруйин, нилъ чIвачIого холареб.

* * *

Унтун, херлъун ккечIого, гьабе дуца гIибадат,

Унтун, херлъун кканани, квер базего кIоларин.

* * *

Ина буго гьаб гIумру, щола буго тIаде хвел,

Гьанжеги борчIуларо, кьижун буго къаркъала.

* * *


Аллагьасул гIадатаз, лагъасул хIал бихьула,

Сурараб къварилъи щун заманаялъ кIвекIула.

* * *

Цинги хадуб гIатIилъи тамашаго букIуна.

Балагьал тIаса росун, Бичас рохизарула.

* * *

НасихIат бацIцIад гьабун кигIан мун кIалъаниги,

Вокьарасдехун гIайиб рагIуларо кинниги.

* * *

ХъахIаб расул чапарал, гьездаги дун щак вуго,

Щаклъиго гьечIеб чапар хъахIаб расги букIаго.

* * *

Квешлъи малъулеб черхалъ вагIзаго босун кIвечIо,

Жагьиллъиялъ рас хъахIлъун, бугеб хIинкъиго лъачIо.

* * *

ХъахIаб расул хIурмат тей букIараб анищан лъан,

Херлъун хъахIлъараб бетIер бил лъун балъго телаан.

* * *

Бухунилан хIамил чу лъугьунареб.

Чурунилан болъон бацIцIалъулареб.

* * *

ГохIда гьабунилан хIорги чIолареб,

ХIориниб гурони къверкъги чIолареб.

* * *

Хъархъица гулла кколилан хIисаб гьабуге,

ХIотоца гьорчо кколилан пикруги гьабуге.

* * *

Кьезе кодоб рекъараб, кваназе рокъоб лъикIаб.

Лъималазе квербакъи камилаб иман букIин.

* * *

ЛъугIарасул квен кванай кириян,

КватIарасул хIалтIи гьабе баркатан.

* * *

TIад вугев чи ци гIадин вукIин,

Цогидал гьаби гIадин рукIин сурукъаб.

* * *

ГIанкIудал ханилцин хайирги гьабе,

Ханждал къвачIаялъул низамги гьабе.

* * *

БотIролъ гIакълу кьурасе кьолеб гIелму буго гьаб,

TIop бахиндал хер гIадин, гIадамасулъ тIегьалеб.

* * *

ГIелмуялъул нух тарав, тушманлъунги лъугьина,

Таваккал тIамуравги тIул бикьарав вац лъвина.

* * *

ГIелмуялъул пай щварав сабруялда хьвадула,

Сабруялда хьвадарав мурадалде вахуна.

* * *

Жиндир вацIцIалъи тIокIав, тIаса вищизе хIакъав,

ХIакъаб нух хьихьун чIарав, хьибил кквезе рекъарав.

* * *

Кинан нуж кантIуларел, кинабгIаги цо лъикIлъи,

Халкъалъе гьабун тезе, мунго чIаго вукIаго.

* * *

ЛъикIав-цIакъав эв гьикъе, умумузда лъикI лъала,

Дуда гIабдалин ккарав, гIадамазе кIудияв.

* * *

Ярагьунев чи хведал чангияв къварилъула,

Къадар гьечIеб хазина халкъалъе нахъе тарав.

* * *

Гьаб ГIалил хабар рагIун гIин тIамурав кантIила,

Кодобе гIелму щварав ГIаршалде щун вохила.

* * *

Анищазул хур бекьана – баккичIо,

Хиялазул чу рекIана – билълъинчIо.

* * *

Рагъиде босун букъе, рокъобе босун лъутIе,

Лълъурчаралда рукъи бай, бихъаралда кун бахъе.

* * *

ПицIцIил рукъи бани хIал балев къебед,

ХIедул регъей гьабун, цIацIалевги гьев.

* * *

АхIи бащадаб лъикIаб, барщи гIахьалаб квешаб,

Кивго халкъалда цадахъ, цохIого чи какарав.

***

Гьумер нечезабуге, чи вихьизе гьавуге,

Чухъа ретIизе гьабун, гьерсил рачел борчунге.

* * *

Аллагьас хъвараб жо хъвагIан хвеларо,

Хъвараб бихьичIого нилъ рорчIиларо.

* * *

Ургъелал бигьа гьаре, балагьал рикIкIад гьаре,

Гьарзаяб рикъзиги кье, разияб гIумруги кье.

* * *

Дурц кванде axIe дуца, хIалтIуде цадахъ кколев,

ХIал хъубав рикIкIад гьаве, гьереси-рекIкI гIемерав.

* * *

ГIажаба, гьал гIадамазда, гIажаиблъи гьабуларел,

Жиде-жидер хIукму-хIал лъан, хIисаб гьабун хьваду-

ларел.

* * *

ЛъикIалде бортулеб халкъ хилафалде тIамулел,

Хабал гIазаб цIикIкIаги, гIалимзаби, нужое.

* * *

Ралъдал чIинкIиллъиялда чIвараб цо хIуби гIадин,

Халкъги гIагарде ахIун ГIали вуго гаргалев.

* * *

Бихьараб чияр квешлъи каранда цIунун бахче,

Бералгин мацI, гIундулги гIадамаздаги ругин.

* * *

БекьичIого Аллагьас хур тIаде баккулареб,

Жиндир яц жив чиясе ячун данделъиларо.

* * *

Дунял жибго бокьун, захIмат рихани,

Ахиралда дуе щибго щвеларо.

* * *

Херай кIодо гIадинаб дуниялги рехун тун,

ГIун ячIунеб яс гIадаб – босе гIелму, гIадамал.

* * *

Ханасул макруялда, вореги, мун божуге,

Жинде ракIалде ккаралъ рагIизе мун толарин.

* * *

Метер гьаризейилан лъикIлъаби нахъе тоге,

ТIаде щвараб гIажалалъ гIебса рехизе гурин.

* * *

ГIолохъанчи вугилан хвел кIочон тун вукIунге,

Херал эбел-эмен тун, таманал лъимал хванин.

***

Хараблъулеб жоялъухъ нахъе хутIулеб кьоге,

ГьечIел гIукъудахъ гIин бай гIакъиласул иш гуро.

* * *

Квешлъиялъул хур бекьун бечелъизе лъугьунге.

Гьелдаса ургъел гуреб ахир дуе щвеларо.

* * *

Щиб рохел бачIаниги чIухIи ракIалде ккоге,

Дуда лъачIого балъго балагьги бачIунебин.

* * *

Мискинлъиялда хIинкъун кьолеб нигIмат къотIуге,

Дуй къисмат гьабун хъвараб рикъзи камуларебин.

* * *

Бахиллъиялъ кквеларо, тIаса ине мугъ бани,

Кьунилан тIагIинаро тIаде бачIине лъвани.

* * *

Ханасдаса хIинкъарав нахъа цIакъ разилъила,

Зулмуялда даимав ахир гIодизе ккела.

* * *

ГIисяналда хьвадарав къватIив чIвазе гьавуге,

Дурго къабихIабщинаб ракIалде щун хал гьабе.

* * *

КъабихIаб хьул жибго те, тавбу кIочон вукIунге.

Тохлъукье ГIизраил щун, гIодизе ккезе гурин.

* * *

РетIизе, квине тIагIун кинго чи вижуларо,

Жакъа гьабураб гуреб метералде щвеларо.

* * *

Дуца гьабураб лъикIлъи букIина дуе лагълъун,

Лакин дур квешаб гIамал гIазабалъе батила.

* * *

ТIабигIат гIисяналде даимлъизе биччаге,

Ругьунаб гIамал тезе гIемер бигьалъуларин.

* * *

Гьавагун гIужбу-рияъ рехун биччай гIодобе,

РекIараб цIеца цIуллъун лъикIлъаби жинца кунеб.

 

***

Квешлъаби кодор росун кидалъагIан хьвадилев -

ЛъикIлъаби гIемер гьаре, гIадамал рази гьаре.

* * *

КъабихIаб бералдалъун балагьуге чиясде,

ГIадамазе, щаяли, эв вокьизе бегьула.

***

Квешасе вагIза гьабе, калам берцинаб бицун,

ЛъикIлъиялда тIовитIе, битIараб нухги малъун.

* * *

Нилъерго нахъе рехун, чияраб берцин бихьи,

Инсан басралъулеб жо, воре, цIакъ рикIкIад гьабе.

* * *

Воре, цо чи тарани, тункун рагIи абуге,

Эсул лъугьараб хатIа, хваштIан бадиб кьабуге.

* * *

АхIмакъасда хIалимлъе, хIалай чи дуй цIикIкIина,

ГурхIел-рахIму хIал гьабе, кIодолъи дуй букIина.

* * *

ВатIан рихун, pyxI бокьун, хIалихьатил гьа хола,

Гьанжесала яхI бокьун, хIиллаби цIикIкIун ккола.

* * *

Биччараб тIенкелгин тIамураб палас,

ТIад къараб хIалтIуе хIалихьатав чи.

 

* * *

Рокъоб бугеб жо кье, бокьараб балай,

Ракьхъвай гьанал хьвагIе, хьибил кIочонге.

* * *

ТIогьилаб явлухъ чIвай, чIегIераб бахъе,

ЧIухIараб гурмендо габуралда бай.

* * *

Дуниял къалъулеб къутIбу киниги,

Киналго ясазе мисаллъун йикIа.

* * *

БетIер къулизабуге къорица ккунин абун,

КъватIибе нух щолареб щулалъуде кканиги.

* * *

БухIун намус хварав халкъалъ жив телев,

Бежун ияхI хварав халат унарев.

* * *

Виччала, виччала мун, биччан тараб чу гIадин,

Ккун тела, ккун тела мун, къоралъ ккураб цер гIадин.

* **

БетIер хинлъизе тIагъур тIад лъурабги гIоларо,

КIутIби хинлъизе михъал рижаралги гIоларо.

* * *

Абураб лъезе лъор гIатIидаб лъикIаб,

Лъураб баччизе мугъ къвакIараб букIа.

 

***

Балагьал эхеде цIай, халкъалда гурхIел гьаби,

ЦIобал гIодоре риччай, гIаламалъулго талихI.

* * *

ХIалихьатавги зурун, зарул тIокъо базабе,

Залимасда тIаделъун, тIилил цIад базе гьабе.

* * *

ТIаде вачIарав къечон къватIиве ин какараб,

Кинаб тадбир гьабунги гьекъечIого лъимги тун.

* * *

Рекъас къвал цIун боси – бицалъ рекъараб,

Къокъав магь цIун вачIин – цIакъ рекъараб жо.

* * *

ХьуцIил цIаги бакуге, цIан бан мучари кунге,

ЦIогьор кIалалъги тоге, кIалчIван лъимги гьекъоге.

* * *

Дур-дурун ун хьунда гьабун, бихьизабе лебаллъи,

Хьур-хьурун ун бакъда гьабун, къине гьабе кIухIаллъи.

* * *

ГIакълу дагьал пахруял, ханасул нукаргIанги,

Пикру гьечIел чIухIарал, хIелкил чIеялдасаги.

* * *

Чурпагун хинкI кванай – камилаб гIорцIи,

Карш чIикIун кIал бацIин – беццараб кици.

 

* * *

Нух бихьилалдего хьитал рукъун те,

Гьобол вачIиналде рукъги лъухьун те.

* * *

Кодобе босани, квер бухIиледухъги вукIунге,

ГIодобе рехани, ракI бухIиледухъги вукIунге.

* * *

Бер бахилаб херлъун вукIа, харицелалъ бецулеб,

Хер керчаб мегIерлъун чIа, рагIалда чу бухьунеб.

* * *

Мадугьал гьорове регIулев, рогIол хал гьабизе,

Гьудул бокьовехун цIалев, боцIул хал гьабизе.

* * *

ГьабичIого таниги бегьулеб иш гьабизеян вахъунге,

ЛъугьинчIониги бегьулеб жо лъугьинаян абула умумуз.

***

Хурибе хьон хьайи – чорхое дарман,

Чохьол хьон гIезаби – гIумруялъе нух.

* * *

Мурад тIубаразе тIохде балеб цIад,

Чорхол хIалхьаразе рокъой щолеб бакъ.

* * *

Маххулалда черх бащадаб, чилъи гIурав гIакъиласул,

Чармил гIадаб ракI букIунеб, яхI бергьарав гьалмагъасул.

 

* * *

Ракь зурунги заманаби тIокI гьаре,

Зоб хъвалхьунги анищ ккараб балагье.

* * *

Ургъел бикье вокьарасда, кьалда чIолеб ракI бугесда,

РагIи бице цер махIасда, цоги уяб нахъеги тун.

* * *

ХIалихьатил хьимиялда, хьул лъоге дур хайиралъе,

Халкъалъ къадру цIунарасул, цIоб щвеялде щакдаруге.

* * *

ХIакъикъияб тIекъ гьабулел,

тIадагьаб къавм къабуллъуге,

БитIаралда гIорхъи чIвалел, гIадамазда божи лъоге.

* * *

Чияр квен кун нилъ какулел, квешаб уммат добегIан те,

Дуе квешлъи гьабулезда, гьунар гъолел рикIкIад гьаре.

* * *

Мурад цIунун бицардулел, бугьтанчагIахъ гIинтIамуге,

ГIелмуялда бицараб жо, цо течIого къабул гьабе.

* * *

Лайла бачун гIеч бикъарав, гIадамазе инжитлъула,

ЧIумал цIалун цIогь гьабурав,

цIар квешаб чIван, халкъалъ тола.

* * *

 

ГIакълу гьечIев шагъадиро,

данд чи чIвани чIун хутIулев,

ЧIечIого хвелдарулев дунгъуз,

даим хIебтIун тIувай щакав.

* * *

ГIадамасе хайир щвезе, хиял лъурав муршид вуго,

Щвараб давла дандиясе, бащад кьурав шафигI вуго.

* * *

Къварилъуде ккарав инсан, ресал ратун тархъан гьаве,

Гьеб ишалъе инкар бугел, инжит гьарун нахъегIан цIай.

* * *

ЛъикIлъиялде мугъ рехарал, халат рукIун хIебтIуларо,

ХIалимасда зулму гьабун, залим даим вохуларо.

***

Дуца вачун квер бакъарав, квешлъабазе ургъи хIакъаб,

ХIадисалда бицанихъе, цо ккун, цер ккун тей битIараб.

* * *

ЛъикIаб квешаб батIа гьечIев

витIаравлъун рикIкIунаро,

РекIкIал гIемер гьарулезда гьоркьов къазе рекъоларо.

* * *

Жиндир гIайиб гIемер бугес

гIадамазда бугьтан лъолеб,

ГьечIеб бугьтан чиясде бан,

чан мацI квешав къосун холев.

 

* * *

Квешав чигун къацандуге, къисматалъулъ мекъи кколин,

Къадараб бицун жиндирго, дуде ахIун, яхI рехулин.

* * *

Бищун гIемер гIелмуялда, гIадан чIухIи какун буго,

Каву кIалтIа чияхъ гIин бан, гIагIадулел дир къавм гуро.

** *

ТIасан вихьун гIадан каки, квешаб гIадат гIадамазул,

ГIумруялъул кинабго рахъ, кквезе тIадаб щивав чияс.

***

Мунагьазул гъунал гьарун, гъарим нахъа вахчун чIарав,

Чияр къисмат какулевги ккоге дуца гьудулавлъун.

***

ГIелму-гIамал рекъарал, гIадамал цIакъ камилал,

Кисанги гIайиб гьабун, гьел какулел капурал.

* **

Бичасул амру цIунун, уян ккезе хьвадулел,

Рохьил бацIазул гIамал, гIадамал дур тушбаби.

***

Багьана гьечIого гIадангун барщи,

Бищун кIудаб мунагь Аллагьас бицун.

Гьеб къосараб уммат рикIкIадги хутIун,

Халкъ разиго букIин – кIудияб талихI.

***

 

РагIи гьуин бицунесул, гьабулеб иш нухда уна,

Инсанасулъ хIеренасул, хIалтIул рахъи цIикIкIун ккола.

* * *

Бицараб тун, цоги ккурав, какун халкъалъ къватIив чIвала,

Къадарал жал камуларев, кинго ракIалъ восуларо.

* * *

Гурдида гурони черх бихьуларел,

Чияр бугьтанакьа кьерун чIоларо,

ЧухтIида гурони гъал бихьичIелда,

Гъибаталъул агьлу – инжитаб наслу.

* * *

ТIасан хIалимав хIелхIеч, хIалкIун аскIов виччаге,

Чанги веццулайилан нахъасан какдарулев.

Каранда ракI батIиял тIезарун те дорегIан

Дуе гьездасан хайир, хириял рикIкIада кквей.

* * *

Балагь бачIарасе хIалай чIоларел,

ХIасад жаниб бугеб наралъул агьлу.

Нагагь чIвалесеги квербакъуларел,

Куфрудалъ руцарал рицун пайда щиб?

* * *

Ургъел бигьалъула гIакълу данд бани,

ГIалимавгун рекъон къойихъ балагьун.

ГIумру бигьалъула гьабизе лъани,

Лъай бугелгун ургъун, уяб ккунани.

 

* * *

Азбар-къоноялда малъалда хъурще,

Щивасда рекъараб рокъоб рацIцIалъи.

КъватIахъе унелъул ретIа-къан вукIа,

Къимат лъикIаб кьолин балагьараца.

* * *

КъватIиб, магъилъ ретIе махIу халатаб,

ХIутI-хъурмазул загьру зарал кIудияб.

* * *

Лъимер лъезе чехь гурей, гypxIapace унейин,

ЧухтIу кквезе гъал гьечIей, гъаримас ячунейин.

* * *

Жидер анищ ккаралде аскIоре хех кколезе,

Ккедал квербакъуларев, къабулав гьудул гуро.

* * *

Къинлъаралъул хIан кванай – камилаб,

ХIоралъул гьан кванай – кепалда.

* * *

Жидерго ургъел гьабун, аскIор ругел кIочон тун,

КIвараб пайда гьукъулел, къадроги хун чIун ккола.

* * *

ТIагIинелъун квен кунел, квешаб чехьалъул агьлу,

Хвезелъун тIад ретIунел, тIасан ккаразул наслу.

АСА РА Л 285

* * *

ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIолго халкъалъ нахъе цулев,

ТIотIол рагIал биццат ккурав, какун гIалам гаргадулев.

* * *

АхIарав вачIунгеги, чIухIарав ватанани,

Лъутарав ворчIугеги, вачIунарев вугони.

* * *

Бечелъи чидай кьеги, кьолеб гIакълу мукъсанаб,

Чорхол сахлъи дие кьеги, даим гIумру талихIаб.

* * *

ГIагарлъи кьаллъун хадуб, кьолеб рокъоб хутIула,

Кьибилго тIурун чIани, тIаде кколеб дагьлъула.

* * *

Рокъоб мекъи квер бугев, кисанго цIакъ какула,

ЦIогьода гIумру арав, гIаданлъун рикIкIунаро.

* * *

ГIумру цадахъ арав гьудуласдаги,

Гьоркьоб жо ккечIого воре божуге.

Жиндилъ бергьараб яхI бугин кколев чи,

Кинго къабуллъуге къо ккун лъазегIан.

* * *

Хвараб ретIел нацIие, нуцIиде нахъе бараб,

Къадарав чи paгIye, малаягIни гIемерав.

 

* * *

Нужеца хIан кванай, хIанчIун гьан кванай,

ХIалтIичIев кваналеб кибго бакI гьечIин.

* * *

Баччарасе яхI буго, хIал ккаралъув ватулев,

Кварасе хинкIал руго, хайир гьечIев кIухIалав.

* * *

Найица гьоцIо тIола, тIулби кир лъунаниги,

ТIотIоца загьру кьола, зодоб бусен лъуниги.

* * *

Рагьде щварасе хинкIал, хехав гьоболасе тIех,

ТIохде щвезегIанго карщ, квине бокьарасе чед.

* * *

Рохел сайигъат кьун барке цо нухалъ,

Цоцазе гьуинлъи – гьоркьоб берцинлъи.

Амма нилъер рохел хиралъичIезе,

Хадусала эрга унеб гьоркьоса.

* * *

Жиндир гIайиб бахчун, чияраб гьурщун,

Гьерсихъанлъиялда заман тIамуге.

ТIолго гIумруялъулъ гIадан разилъи,

ГIадада холареб хазина бугин.

* * *

Дур тIагIел-квараби квалквазе гьарун,

Кеп босулев гьудул гьуин гьавуге,

 

Гьабун тараб зарал замана цIехон,

БецIуларев хIасад довегIан къан те.

* * *

КIалуд мокъокъ хвараб, бакъда къвакъвадун,

ЛъакIица гIанкI хвараб, гIазда лъалкI батун.

* * *

Берцинай ясалъул гьумер кIигогIан,

КIудияв чиясул гIакълу бокьила.

ГIумруялъ талихIав вукIине ккани,

Воре, хвезе тоге херасул адаб.

* * *

РакI батулев гьудул, гьабулеб хIалтIулъ,

ХIалайчиясдаса кIудияв вуго.

* * *

ХIеренаб рагIиялъ гIумру бохарав,

Халкъалъул курмузе карамат ккола.

* * *

Кколареб гьабулев гьорол чотIахъан.

Чангиясул кьал ккун кьеризе кколев.

* * *

Кьураб гIакълуялда гIумру бачунев,

ГIадамаз тIалиблъун тIаса вищулев.

* * *

ЦIия-цIияб хирияб, хвезегIан гьарза кьеги,

Ххун бачIараб гьуинаб, гьеб нигIмат гьуинлъаги.

 

* * *

Бицухъе букIунеб гъаримаб рагIи,

РагIадлъун бихьула гIалимзабазда,

Гъуралъуб букIунеб бахьинаб кьегIер,

Кьурулъеги харун хер балагьулеб.

* * *

ГIадамал релъулеб гурде гьабуге,

Гурез квер какулин кинай устаран.

ГодекIан белъараб рилълъин гьабуге,

Гьай щий гIабдалилан гIадамаз толин.

* * *

БетIергьанасде божи, беццараб гIамал буго,

Гьесде таваккал тIами, тIубараб гIакълу буго.

* * *

ТIадалдаса вагIза гьечI, вагIзабазул пайда гьечI,

Пасалъиялъ вохарав, вохулелъул бутIа гьечI.

* * *

ГIодовиччай берцин гьаби - гIайну сиясат буго,

Щукруялда хьвадарав цIикIкIаралде вахуна.

* * *

Кирамал нахъе рехун, нахъегIанал кодор ккун,

Инсан басралъулеб жо, воре, цIакъ рикIкIад гьабе.

* * *

Жинцаго жив квегъарав, кIвар гьечIеб рехун тарав,

Чиясдайищ кIалъачIев, гьевги дуе цIикIкIарав,

саламатлъи даимав.

 

* * *

Мадугьал басра гьавун, инсап гьечI хиралъуге,

Ихванал махIрум гьарун, сагIадат насиблъичIо.

* * *

Гьарилалдего щвараб щукруялъе рекъола,

Бищунго мустахIикъав гьари гьечIев вукIуна.

* * *

Жиндир вацIцIалъи тIокIав, тIаса вищизе хIакъав,

ХIакъаб нухги ккун чIарав, хьибил кквезе ватарав.

* * *

КъабихIаб ками гьабун, ццин бахъине гьабуни,

Гьабурасул хIал цIуне, хIилму бугеб батани.

* * *

Жиндирго черхалдаса боцIи хирияв вакил,

Жив хун лъадул росасе буссин лъаларев жагьил.

* * *

Хириязда божи бай, гурхIел дуйго букIине,

Лъималазда мугъал бай, мунго хIалхьун хутIизе.

* * *

Жинца кьураб бадиб чIван, щукруялде щвеларо,

Гьабуралдаса чIухIун, кири камиллъиларо.

* * *

Хьуллъунщинаб борчIарав, гьай ворчIарав гъазияв,

ГъарачагIазул хIилла хIакъабин дуда лъазе.

 

Къасдалде вахинеги хехлъарав хатIалъула,

Квешлъиялде кканиги, кIочарав витIун ккола.

***

Кьураб нахъе босарав басралъиялде ккола,

Къимат эхедегIанав халкьалъе кIодолъула.

* * *

ГIамал-тIабгI квешлъарасе рикъзи мукъсан гьабула,

РагIулъ витIун ккарасе кIодолъи, лъай цIикIкIуна.

* * *

БоцIи лъикIаб хIалалаб, хIажаталъуб пай щолеб,

Гьелъул квешаб, хIиллаяб, хIарамалде буссуна.

* * *

ХIал ккарасе квербакъе, къваридасде балагье,

Бищун цIикIкIараб лъикIлъи гьеб буго дуй батулеб.

* * *

Дудасанго лъугьараб квешлъи кIодолъун бихьа,

Чиядасан бачIараб – гьитIинаб жолъун бихьа.

* * *

Гьава чIезе гьабурас ияхI чIаго гьабула,

Жиндирго квер халатав халкъалда машгьурлъула.

* * *

БахIарчилъи, хIалкIолъи кIиябгоги тIубалин,

Гьаб ункъо пиша буго дудаго лъазе кколеб.

Дурго чорхой лъикIалъе хIакъабги кIочене тей,

Чорхой мазараталъе хIакъаб жо ракIалде щвей.

 

* * *

Ниятгун къасдал гьари - багIзул гIибадат буго.

ГIодовиччай, сабур чIей - гIайну сиясат буго.

* * *

БачIунеб ункъо пиша чорхолъ гьечIев чиясул,

ТIубай камиллъи гьечIо гьесул бугеб диналъул.

Цо - чияр жоялдаса хьул къотIаравлъун вукIин,

Цоги - жинде хьамуни, вуцIун чIей сабру гьабун.

Цинги - жиндий бокьичIеб чиясе гьабунгутIи,

Цогиги - Халикъасул къотIабазда божун чIей.

* * *

ГIафву, сафхIун гьабурав хиралъиялде ккола,

Хекко ццин нахъ чIварасе Бичас хIелму тIамула.

* * *

Ццин бахъиндал, хIинкъидал жиндирго черх квегъарав,

Гьев вуго дуй цIакъав чи – цIадуй лага хIарамав.

* * *

Дунял тун дин гьабурав, кIиго рокъов тIокIлъула,

Дин тун дунял ккурасул кIиябгоги борчIула.

* * *

Жиндир аслу лъикIасул лъимал цIакъал рахъуна,

ЛъикIлъи лъалареб чорхой, рехунтей цIакъ рекъола.

* * *

КIвар гьечIебщинаб тани, кIодолъиялде щола,

Ашрафазул гьалмагълъун, гьелдалъун мун вукIина.

 

* * *

Лъалареб ккани – гьикъе, хъущтIун тани – тIад вусса,

Къосун тани – вуссун тун, тавбу гьабулеб дуца.

* * *

Киналго муругIатал, гIакълуялда нахъ руго,

ГIакълуги хIал бихьун, лъан, хIасуллъараб жо буго.

* * *

ГIакълуялъул аслуги витIуда хьвади буго,

Элъул бугеб пайда, пихъ саламатлъун ккей буго.

* * *

Ригьниса гьури ана, гьале дунял хинлъана,

Гьороца цIинцIу ана, цIадал ран мегъ цIилъана.

* * *

БахIарчи рагъда хола, pyxI кьун ВатIанги цIунун,

ХIалихьат боснов хола, халкъалъул рогьо баччун.

* * *

Нуж кваналеб мехалъ чи балан тоге,

Гьезие кьураб жо садакъа бугин.

* * *

Гьанже дун чIун вуго, гIумру ун буго,

ГIамал гьабичIого борчIун эб буго.

* * *

ХъахIаб дарай тIад ретIун, диванбеглъун чIаниги,

Дин гьабичIеб къаркъала, къабихIаблъун бихьула.

 

* * *

Гъибат-бугьтан, вореги чиясдехун гьабуге,

Чехьалъул эбелалда туманкI речIчIи гьеб буго.

* * *

Добе-гьаниб квер бегьун, кету гIадин вукIунге,

Рокьи ккарай ясалда аскIов гIадинан кванай.

* * *

Унтун гьан бугони квен билълъунареб,

Ккараб рокьи букIун макьу щолареб.

* * *

Жиндирго тала бухъун, талихI гьесул хIалтIани,

Таргьа, турут биххараб ретIел тIалъи тIагIина.

* * *

ХIалтIи гIемерав гIакъил гIадамаз цеве ккола,

ГIемер чIандаби хIалев хIалихьат рикIкIад тола.

* * *

Бартулгун xIyp чIикIарав – хIакъикъат битIун ккарав,

ХIамилгун кIалцIи кварав – кисанго мекъи ккарав.

* * *

Бихьулареб щайтIаналъ щакаб зарар нилъее,

Щаклъи гьечIеб хIанилан хIинкъи тIаса унареб.

* * *

Биччаралъе бакъ хIажалъи хIакъаб жо,

Бакъваралъе цIадал тIири тIадаб иш.

 

* * *

Бищун рахIатаб гIумру гIелмуялъги беццулеб,

ГIадамазулъ лъикI вукIин, рекIелъ нифакъ ккечIого.

* * *

Горалъул рагIал балай – гIабдаласул иш буго,

РагIул ахир цIехолев – цIадабе накку балев,

* * *

Маххуда гъалай биччан, ургъуге гIарац лъвине,

ГIантал хIиллаби гьарун, хIамил чу лъугьунарин.

* * *

Жиндир хIалтIулъ гъалатI гьечI, гъасда саглилъ тIепарав,

ТIасан гъеду къвагIдунин къимат холареб лочнол.

* * *

ГъотIол борхалъи борце рагIадалъухъ балагьун,

ГIадамасул ритIухълъи – гIамалалъухъ балагьун.

* * *

Гьабурасе бецIизе цIараб къо, нусго сонил,

Сси гьечIев къорид кквезе, цо къойин нусго сонги.

* * *

Рокъоб лъадул гIузраби, гIантас къватIир рицунел,

Къо тIаде ккей гьечIеца, гьудул-гьалмагъ какулев.

* * *

Мунагьал гIемерлъунин гIадамазде рехуге,

ГIумру чорок гьабурас, чияда гьеб бацIцIунге.

 

* * *

Ахикь тIолго гъутIбузда пихъги бан рохуларо,

Халкъалда гъорлъ, щибунги, щвечIев чи камуларо.

* * *

ГIадамал лъикIал руго лъидагоги лъалеб жо,

Жеги цо-цоял гьаби, гьезул рачIал рукIунел.

* * *

ГIадамал куцаялъе кинабго жан кьуниги,

Капек кьун восуларев росулъ чи камуларев.

* * *

Барти квегъулелилан киналго ругониги,

Киназулго чуял гIун, гIадамал разилъичIел.

* * *

Нилъеца бицаниги цо-цо чи рикIкIунарев,

КIкIуялдасан цIунизе цIадаве лъунев гIабдал.

* * *

КигIан бокьичIониги кьерилалъ камуларо,

Лочнолги черхалда тIад чаргъеду чIезабулев.

* * *

Цо-цо гIайибазулни гIорал щваниги щибан,

ГIадамазда хъинтIулеб хъублъи гьоркьоса унеб.

* * *

Нилъеца бицанихъе веццуларо цо-цояв,

Цо ккун, цер ккун вахчани – хъублъуларо бугьтаналъ.

 

* * *

БахIарчиясул васал къадарал лъугьин цIакъаб,

Щибго намус гьечIесул, вас сахав вукIинаро.

* * *

Цадахъ ккарав гьалмагъ хIал рекъезабун,

ХIисабалда баче нухдасан гьоко.

* * *

Вахине гохI тIалаб тIалъарав дуе,

Цо-цо тIубарав гьечIес, гъваридаб кIкIал хIадураб.

* * *

Бицунеб рагIиялда гIей гьечIев, чIобогояв,

ЧIалгIуна гIадамазда гIайиб чIван битIаралда.

* * *

Сахав чи гIалхуда чIа, гIадамазда вихьула,

ГIадаллъи жиндилъ бугев, цеве чIа – вихьуларо.

ГIалимчи гьаб халкъалъе, хвел гьечIев инсан вуго,

Хабалъ мусру баниги, месед вукIанин толев.

* * *

Налъи бугев къолевги, къо щварав холев гIадат.

ГIумру рахIатаб бокьа, кьезе жо букIунареб.

* * *

Рукъ гьечIевни къанагIат,

къватIахъ хIаллъун чи лъалев,

Чед гьечIев камуларо, кинабгIаги мацI лъалев.

 

* * *

Лъимал рокъор хIаллъула, лъала эзда кинабго,

ГIабдал къватIахъ хIаллъула, хIажат гьечIеб бихьула.

* * *

Бихьиназда тIагърал лъун, тIолго камиллъуларо,

ТIад чохтIо къарай гIадан, гIемерисей какула.

* * *

Царал гьабун - цо гьабун цоцазда аз цIар гъола,

ЦIикIкIун даража хъварас – хъергъуян гъедо ккола.

* * *

ШагIил гъудрул чурани щиб, чинидал лъугьинаро,

Чол русснада бухьани шиб, хIамил айгъир лъугьинаро.

* * *

Гьудуласда гIей гьабичIев, гIайибал чIван гаргадула,

ГIадамазда гьеб рагIидал, гIайиб камурав щоларо.

* * *

Рокъоб бугеб къватIиб гьурщун, къацандиял гIемерал,

ГIузру камурай лъади, лъилго рокъой къанагIат.

* * *

Рокъор, къватIир нигIматал гIемер гьарзаял руго,

ГьечIо инсан разияб, ритIухъай чIужу гIадаб.

* * *

Инсанасул квералда кету божи якъинаб,

Къимат кьолеб – хIамие, хIалакъаб – кетоялъе.

 

* * *

Хъизангун дагIбаялда, даим чIужу какарав,

Кинав рос вукIа абе, эв херлъи - мехалдего.

* * *

Бахьикъосарал лъимал, къватIир рокъор чIалгIуна,

ЧIечIого питна бекьун, умумул хер гьарула.

* * *

Унтун вугев чиясда, дару кьогIаб лъаларо,

ЛъикIай чIужу тамахай, толей гьесие дару.

* * *

Воре, лъимал реэде, хIинкъун гьерсал рицунин,

Рес бугогIан квербакъе, бикъи къанагIалъила.

* * *

Умумузул хIурмат гьаби, хIалкIолареб роценила,

ХIалае эбел чIани, чIужу рекъей къимат бугеб.

* * *

ГIагарлъи какуге кирго ратизе,

Кванайги ретIелги жидерго бугел.

КъваригIараб къоялъ аскIоре индал,

Лъала эзул кумек кибго нилъее.

* * *

БоцIи-рикъзияли къваригIараб жо,

Къо ккедал батизе таманаб нилъей.

ТIаде чи цIилъани, тIаса чи ани,

Гьобол вачIарасе чара гьечIого.

 

* * *

Нилъерго хIурмат ккурав, воре дуца какуге,

Кина-кинав чиясда рекIел рагIи бицунге.

* * *

Бугеб гьарза гьабуге, гьой вугин гаргадулел,

ГьечIелда щукру гьабе, бацIихъего хьвадуге.

* * *

Бер бахъун бугониги, канлъуе мукъсанлъичIев,

Намусгин нич тIагIарав тIезавичIев сурукъав.

* * *

Бертин-тепси гIурав чи, гIорцIун ине беццараб,

ГIурухъе къечон ине, къулгIаги тун какараб.

* * *

Берцинаб кIалзул жаваб, кIицIун кьола нилъее,

КIарчамаб рагIи бугев, гIадамаз веццуларо.

* * *

ХIакъаб рагIи бугесул, борхатаб къадру буго,

Къойил бицун реццалъе, бицараб кьолев вуго.

* * *

БитIараб бицарасе бетIер къули якъинаб,

Къимат гьурмал бичуге, чаран гьелъий биунин.

* * *

ГIадамазда гьоркьов авадан вукIа,

РекIелъ кьвари бугес кьуру кьвагьулин.

 

* * *

БитIараб бицунелъул унеб сухъмахъ гIатIидаб,

ТIекъаб бицун кIалъалев, авлахъ гIечIого чIолев.

* * *

ХIакъаб батулеб бице, цо хIалалда чIезе лъай,

ХIарамаб рикIкIад гьабун, битIараб бицин лъикIаб.

* * *

ВацIцIадав, цIар тIокIавги цIадав лъун вухIуларев,

ХIалихьатав, хъубав чи чурун вацIцIалъуларев.

* * *

Меседил цIа-рагIалъ гIорхъи бахунеб,

ГIадамил лъимаца лъикIаб къасд толеб.

* * *

Мун вокьарав гьудул гьаве цIакъ гIaгap,

Вокьуларев рокьукъ, къол нухалъ рикIкIад.

* * *

РакI къвакIарав хирияв, ханжар цIулал букIаян,

Халкъалъго цеве ккурав, черх маххулилан тарав.

* * *

ХIалалаб босулел росдал гIадамал,

Элин ракъуларел - къокъаб калима.

* * *

Кванил адаб гьаби беццараб,

Лъалареб бакI ккани, астагъфирулагь,

АСА РА Л 301

Кваназе нигIматаз хьул лъезабуни,

ГIорцIи щакалъуве, АлхIамдулиллагь.

* * *

Кванде ахIаралъуб хIарччил адаб ккве,

АскIор рачIаразда чияр рукъ бице.

* * *

ХIурмат хунгутIизе ритIун чагIигун,

Чи гуресда гьари – гьеб мекъаб пиша.

* * *

ГIакъилас къимат ккураб, ункъабго жо нужее,

ЦIагин унти, тушманлъи, таманаб налъи-ракъи.

* * *

ГIелмудал гъотIода тIегь бижарабго,

ТIад пихъ гIезабулеб гIамал берцинас.

* * *

ГIун бачIунеб гIелалъ цIали тун хадуб,

ЦIивурзаби axIe михIмаралъуре.

* * *

ГIолохъанаб ахда xIaпapa бугин,

ХIалай щив вачIунев гьеб хвезабизе.

* * *

Гьабулеб хIалтIи гIакъилас, гьикъулеб цогидасда,

Гьес малъараб гIаданлъи, гIакъиласул цIодорлъи.

 

* * *

Тушмангун къеркьарав ункъабго рахъ ккун,

Эниб сабруялда сардал хIалкъарав,

БахIарчи халкъалъул Халикъас тарав.

* * *

Цо хIал кколареб щай, щаматан толев,

Щай, гьатIанан витIун, гьев хьвадуларев?

* * *

ГIадамал, хIинкъуге, бахIарчи вугин,

ХIиллачи, хIалихьат, хIинкъа гьесдаса.

* * *

Нужоде къо ккедал ватулев тоге,

Ватуларев ккурав кибго гIабдаллъи.

* * *

Гьоболасул хIурмат цIунун, чед беки камилаб,

Кирго берич чуял рихьун, кIалцIи бай дурусаб.

* * *

Таманал санаца сарналъ ахIула,

Тушманасул гьудул дирги тушманин.

Тамашаго гуро дуде абулеб,

Гьудуласул гьудул дурги гьудулин.

* * *

Сапар бухьунеб мехалъ бакъан рекъолев цIехе,

Къайи цадахъ гьабизе гьес дуе квер бакъила.

 

* * *

Жиндир къваригIел тIубан ватIалъулев гьудул те,

Къо ккани дуй гьесдаса гьечIебин пайда-хайир.

* * *

ЛъикIав гьудул дур талихI, хIакъавлъун ватанани,

ХIакъаб рагIи данделъи, дунял дуе щвараб къо.

* * *

ГIадамас рикIкIунеб махщелгин гьунар,

Гьудуллъи бице гьеб, гьадингояб жо.

* * *

Холеб рагIул бетIергьан гьудуллъунги гьавуге,

ГьечIони рес гьабулев, гьудул рехунги тоге.

* * *

PeтIунеб ретIел цIияб - цIар буго гIадамасе,

ЦIоралде ун вуссине, басрияв гьудул лъикIав.

* * *

Халкъалда рекъола къуркьи гьечIолъи,

Къацанди гIемерав довегIан гьаве.

* * *

Гьудуллъи беццула хириябилан,

Хвалчен кьабуниги къотIулареб квер.

* * *

ХIелеко беццула радал бахъине,

Амма гьудул гьечIо гьеб гъарималъул.

 ***

Гьорол къуватилан къец камуларо,

Кивго тушман гьечIо гьелъул бицине.

* * *

Цин дуда вихьарав гьобол вукIина,

Гьудул лъугьина гьев, жеги данделъун.

* * *

Гьод къокъаб чу босун, къоялъ тIад рекIа,

Къиматав гьалмагъ ккве, калам дагь бугев.

* * *

Гьекъолдулеб чехь къан лъикIаб, чияр бихьараб бахче,

Гьесул чехь цIедал, цIалкIу хIалтIулеб, хIалтIи какулеб.

* * *

Гьа балеб чиясе битIаралъе гуреб,

Гьереси бициналъе гIолойин.

* * *

Халкъалъе хирияб, халатаб жо мацI,

Хехлъиялъул рахъалъ рагIин хIадураб.

* * *

Бугъил лълъарал рачахъун, чол малаздаса цIунун,

ЦIодораб гIумруги ккун, квешав цIакъ рикIкIад гьаве.

* * *

Рохьдолъ ахIдолеб хIайван, paxIaт хвараб жо боцIул,

ЦIакъ битIун хъван, хъачIаб жинс, жамагIат гъоркье балеб.

 

* * *

Тушманлъи бекьун хадуб, рокьукъасин лъилъулеб,

ЛъикIазул гIумруялда гIайиб чIван рекъоларо.

* * *

ГIадамазда гьоркьов жив гаргадарасда,

Чухъа бихьизе гьабе, гьалъул багьа бицеян.

***

ГIатIал къимат гьабе къвачIил роцада,

РетIел цIуне, мискин, цIиго букIадго.

* * *

ГIадамаца хенезе хурисан кьеги давла,

Халкъалъул хивалазда хвел бусадасан таги.

* * *

Лъимал гIезарула анищалъ росун,

Азарго хиялал, халатаб гIумру.

* * *

ГIажаба, гьев инсул адаб тарав вас,

ТавбугIаги, Аллагь, эсдаса цIуне.

* * *

Хур-хералъул рахъалъ гIей гьабуларев,

РогIода рекъараб къавулъ боцIи те.

* * *

Кинан бугониги гIумру лъикI нужой,

ГIатIада рекъарал рокъор лъималгун.

 

* * *

ХIалакъаб чуги рекIунареб лъицаго,

Чиякъай ясги ячунарей чияца.

* * *

ГIелмуялъул агьлу, воре, какуге,

Квешаб гIамал бугин гIантав чиясул.

* * *

Огь, гьадинаб нигIмат дие щвечIилан,

Щукру цIакъаб гьабун босе сайигъат.

* * *

Меседил гIандаракин дурцги гьаве,

ГIарцул кIиликIичIин нусги те.

* * *

Унтуе дару тIагIун дар-дарун хутIугеги,

Гьабизе сабаб тIагIун салсалунги тогеги.

* * *

Бусенгун рекъей рокъоб, рекъараб дару буго,

Къаси къватIир кватIани, хIарамаб ккей мухIканаб.

* * *

Дур хIатIил росиялъ хIайран вуго дун,

ХIатта Аллагь вуго элъие нугIлъун.

***

Баккудаса бакъалъ хинлъуларев чи,

ТIерхьун унеб мехалъ хинлъуларевин.

 

* * *

Гъасда гьудул лъикIав гурев,

КъватIивин гьудул лъикIав, лъазавурав кисанго.

* * *

ЛъаргIив лъаларев магIаруласде унге,

МагIарухъ лъалевин апарагасдеги унге.

* * *

ГIуламааз какаразе квешаб жужахI хIакъабин,

Караматаз рехсанин, рехулеб цIа гьалагабин.

* * *

Хьвадизе кколеб куц малъе халкъалда,

Малъараб гьабуни мекъса кколарин.

* * *

Гьабураб къотIи тIубазаби беццараб,

ТIад къараб иш тIубазаби силияб.

* * *

Дуе бицине кколеб кисиниса лъугIанин,

Кодор хутIун ратарал балагье рагIабазухъ.

* * *

Чурпа гьалараб бугин, гьан кьаралъараб бугин,

Нилъерго чехь бугелъул, чияр квен гIемер кунге.

* * *

Бицунеб рагIиялда гьодги букIине ккела,

Гьабулеб хIалтIиялда бегIги букIине ккела.

 

* * *

Жиндир нич тIагIарав чи тIубанго гIассиявин,

ГIумруялъул даража жеги гIодоб хутIарав.

* * *

Махщел камилаб лъикIаб, кинасего пайдаяб,

Кунеб гьарзаяб лъикIаб, гьабулелъул тIагIамаб.

* * *

Биччараб бакълъиги, бакъвараб хьунлъиги беццулареб,

Роцен гьечIеб рикъзиги, къачIеб хурги цого жо.

***

Зирхун къан, къанщун ккун вукIанани,

Къарум абураб цIаргун, гIадамаца бицина.

***

Йиччалеб цIар чIваралъ, чIобого хьаг лъолареб,

Лъадигун рекъон вугев, къватIазда хIаллъуларев.

***

ГIащахъатун хъат чIвалейин, хъатамасан кьурдулей яс,

Кьураб талихI диргийилан данде васги вахъунила.

* * *

Къо рукIкIинегIан гIураб, гIамал кодоб гьечIев мун,

Гьеб сарин гIадамазе, гIолеб нафакъа гуро.

* * *

Бече хвананиги халкъ гIагалула,

ГIайнул хIаят хванин къо щвелалдеян.

 

Къадар-балагьалда рокъобе нух лъай,

ЛъикIаб гуреб къимат къадизабазул.

* * *

ГIумру гIелмуялъ лъалъай, гIамалалда пихъ базе,

ГIаламалъ квананагIан, цIикIкIун ккаралъ бижулеб.

* * *

РукIкIада кун хурасе, хамил тIокIлъи букIунеб,

Хирияб бихьун гIатIлас, гIадамал муъминлъизе.

* * *

Кьураб талихI босзе лъай, гIелмуялъул гъварилъи,

Гъурасе гIажал щолеб, щаклъи гIакъиллъиялда.

* * *

Росониб квен гьабизе гьалараб лъим хIадураб,

Корохъ чед бежизеги гьеб боркьараб рекъараб.

* * *

Цояб мегIер цогиялде тIаде анин божа нуж,

ХерлъизегIан гьабураб гIамал танин чиясин божуге.

* * *

Къадаралда божун гIумруги тоге,

ГIузрабаз чурхъулин черхалъул сахлъи.

* * *

Тавбу къабуллъичIесул мунагь, хатIа цIикIкIуна,

РакI бацIцIадго гьаричIев гьарделаго хутIула.

 

* * *

Воре, воре къосунге, къосани инжитлъула,

ГIумру, алжан элъ кванан, квешлъиялде тIамула.

* * *

ЛъикIлъиялде вуссарав, давла щун разилъула,

Сордо борчIун хьвадарав, хьул лъураб щун вохула.

* * *

КIухIаллъун гIумру арав, гIадада къоял хварав,

КIухIалщинаб борчIарав, жив гъарим мискин.

* * *

Къасдалде ваханиги, хехлъарав хатIалъула,

Квешлъиялде кканиги, кIочарав витIун ккола.

* * *

ГурхIелгун-рахIму гьаби, рикъзиялъул кIул буго,

Нахъехун пикру гьаби, балагьал гьукъи буго.

* * *

Лъимал тIаде кканани, киримал гьалаглъула,

Гьаби бутIруллъун ккани, гьалбацIал паналъула.

* * *

Ахлакъал квешав инсан, хьандезе гIедегIула.

Эл къурав, гIамал ккурав, гIадамазе вокьула.

* * *

Амру малъи гIемерав, гIамал-тIабигIат квешав,

Гьевги дуе мунафикъ, жинцаго-живго чIварав.

 

* * *

БорчIун аралда угьди, ургьиб бухIулеб хаслат,

Балагьалде зигарди, зинлъи букъулеб сангIат.

* * *

Цо жоялдасан лъарав эсда нисбат гьаруге,

Цо ишалде ругьунав гьелде жив хьул-хьудула.

* * *

Давлаталда хвей лъикIаб, хиралъуда чIвай лъикIаб,

Дур чIаголъиялдасан басралъиялъулъ бугеб.

* * *

Воре хIелму гьабе, гьелъ мун кIодо гьавулин.

Дин бичIчIи тIалаб гьабе, гьелдалъун цеве тIолин.

* * *

Чидай хIелиялдаса хIалккун рукIин рекъараб,

ХIалккун, хьулкъотIун вукIин Къуръаналда беццула.

* * *

МацIидалъун хьвадарав гIагаразе рихуна,

Цогидазе кьаллъула, кьерилазе кьогIлъула.

* * *

Хьул лъураб жо жибго тей, бищун кIудаб бечелъи,

Хьул халалъи лагь-лагьди, цIакъ какараб мискинлъи.

* * *

Манзил къокъав, къваридав, агьлуялда рихуна,

Гьудуласде хIусудав рокьи дагьав вукIуна.

 

* * *

Сабру лъикIав чиясул ракI тIеренаб букIуна,

БотIролъ гIакълу дагьасул, чIухIи хехго баккула.

* * *

Цо-цо гIужалда пикру битIараблъун батула,

Мех-мехалда хIал кIалъан, кIалзул хабар хIакълъула.

* * *

ГIадамасул ракI гъола гъорлъ восун чи вугони,

Чияца рехун тола, нахъасан кквей бугони.

* * *

ЧIухIани ццин бахъуна, хIелани кIодолъула,

Бахиллъани какула, квер халатав веццула.

* * *

ГIодов чIеялъ, квачаялъ, камураб гIемер ккола,

Вас-вас гьечIеб тадбиралъ разилъиялде щола.

* * *

БитIун кIалъай гьабиялъ, кIодолъи тIад гьабула,

Бащалъи гьабунагIан гьуинлъи цIакъ цIикIкIуна.

* * *

ГIадан басра гьавиялъ, рикIкIалъи тIад гьабула,

ВуцIцIун вукIине лъарав, лъийгоги гьайбатлъула.

* * *

Чидай лъикIлъи гьабиялъ, къадру кIодо гьабула,

ТIабигIат лъикIлъанани, гIамалал рацIалъула.

 

* * *

КIвар гьечIебщинаб тани, кIодолъиялде щола,

Хириязул гьалмагълъун, гьелдаса мун вохила.

* * *

Нахъехун пикру цIарав, хвасарлъиялде щола,

ХIелму тун къварилъарав, къосиндал пашманлъула.

* * *

Сабруялда хьвадарав давла щун разилъула,

ВуцIцIун вукIине лъарав саламатго хутIула.

* * *

Гьаваялде мутIигIав къосаравлъун вукIуна,

Хехлъиялдаса щолел пашманлъаби рукIуна.

* * *

Къосун ккани, вуссун тун, тавбу гьабея дуца,

Киналго мурадалги гIакълуялда нахъ руго.

* * *

Аллагьасдалъун цIуни тIалаб гьабурав инсан,

Жив битIараб нухалда тIовитIарав вугила.

* * *

Гьанже дие вугев щив, мекъав гьавизе витIун,

ТIурараб чу гIадинан, чIолохъжо кIалдиб тIамун?

* * *

Дуца шавгьат беки те, гIассилъабазда рекIун,

ГIемер тIагIам кванаялъ, гьабун кколин хьул цIакълъун.

 

* * *

Дуда лъикIлъи малъула, дунго нахъ вилълъунаро,

ВагIза кинан гьабулеб, дунго витIун чIоларо.

* * *

Къо гьечIеб къавмалде къо бачIанани,

Къад чирахъал ракун чурук гьабула.

* * *

БукIинчIеб бакIалда цо хъулухъ щвани,

ХIехьезе кIвечIого хIафас гьабула.

* * *

Я рабби, гьаб дунялалъ чи хIалада толаро,

Чорхолъ ругел унтаби тIатинчIого чIоларо.

* * *

Бичас кьураб бечелъи хIехьезего кIоларо,

Чияда квеш бихьулеб, воре, гIaгap гьабуге.

* * *

БоцIи цIикIкIун мехтарав вигьинего кIоларо,

Цо макъамалъ чIухIарав чияхъ балагьуларо.

* * *

Заманаялъ квегъичIев гIодове вуссунаро,

Щибго пикруго гьечIев, гьалмагълъунго гьавуге.

* * *

КIудиял рихьичIони, гIакълу камиллъулареб,

ГIалхул колол чиясул, ахIмакълъи камулареб.

 

* * *

Херлъи, ургъел цIикIкIани, лъаялда хутIуларо,

ЛъикIабщинаб гьукъизе гьоркьобе илбис лълъуна.

* * *

Черх сахлъиялда теялъ, воре, гуккизе чIоге,

Сон къо саламатлъиялъ рекIкI гьабизе вукIунге.

* * *

ГIумруялъул замана - гIемер дагьаб жо буго.

Даимго сахго хутIи - букIунареб жо буго.

* * *

КъотIуда разиясда чияр ццим бахъунаро,

Кьуралда разиясул рекIелъ жахIда кколаро.

* * *

ХIакъалъе кумек гьаби – камилаб хиралъийин,

Мекълъиялъе квербакъи – какараб гIорхъолъа ин.

* * *

РакI бахилав хайир гьечI – нигIматазул хъаравул,

Кверал къокъав кьолеб гьечI – варисасул цIунулев.

* * *

НигIматал гIемерлъиялъ гIакълу гьечIев чIухIула,

Балагьал тIад тIиритIун, цо къоялъ къварилъула.

* * *

Заманаялъул къоял лъабго батIиял руго,

Цо бусси-свери гьечIеб – цебе араб къо буго,

 

Цояб мун жанив вугеб – даимлъи гьечIеб буго,

Цойги хIал-куц лъалареб – тIаде бачIунеб буго.

* * *

Воре, къваригIунареб рагIудасан нахъе цIай,

РикIкIалъи тIалаб гьабе тIокIаб хабаралдаса.

Гьелъ дур рекIел гIузраби къватIир загьир гьарула,

Гьудуллъиялде ккараб тущманлъи цIи гьабула.

* * *

Ццин бахъарав вохичIо, хехлъарасе тIокIлъичIо,

ЧIалгIине гьабурасе гьудул-гьалмагъ ватичIо.

* * *

Жиндир намус цIикIкIарав бутIаялъулъ дагьлъула,

Заманалда божани, элъ хиянат гьабула.

* * *

Носол тIагъиялда тIатIи рекIарав,

ТIолго гIалам гьанад хьезе гьарулев.

ТIасахъа квералда нахул xIop чIарав,

ХIораб къинлъун боцIи цIикIкIинабурав.

* * *

Мадугьал чияр вукIа чанги дуе гIагарав,

ГIакъилас къимат кьурав, къо ккаралъув ватулев.

Гьесул адаб кквечIезда алжанул махI чIваларо,

Азар хIеж борханиги, хабал гIазаб гIемераб.

* * *

Дур рукъ гIумруялде гIагарлъанагIан,

ГIагарал барщулин щибдай азие?

 ***

Щвараб боцIиялда цIар гъунги рукIун,

КIутIухIун какулин кинаб гIаламат?

* * *

Дуца квер чIванщинал квешезе чIолин,

Куфрудалъ тIерхьиндал, тIад илбисги чIун.

ТIубараб гIумруялъ кумек гьабураз,

Квешалин рехсолин росдада цере.

* * *

Кумек гьечIев хIалим хIалтIул цевехъан,

ХIалай абичIилан анцIгоял гIола.

ГIедегIараб ишалъ эзухъе щвани,

Щивас батун толеб цо-цо багьана.

* * *

Эбел хваял хулжал чамас абулеб,

Чияр бугеб гIузру цебе рехизе.

Жиндирго гIайибал гIемерлъани щиб -

Рахчизе багъилал мугъзада нахъа.

* * *

КIухIалабго хIамида гьир кIудаб бихьун лъоге,

Хехго гIодобе бортун тату бахъи гьабулин.

* * *

Рокъой чIужу йигев чIандаби гIемер,

ГIакъилал руччабаз чилъун толаро.

ЧIахIиял беразул рагIул хобилан,

Халкъалъго какула кив вихьаниги.

 

* * *

Рекъел, рокьи ракьалда дуе тIадаб аманат,

Амма хIасад ккун щолеб, щакабин гьеб мукъсанаб.

* * *

БахIарчиян, цIукIаян цIар чIвазе рекъоларо,

КъабихIаб гIамал ккурав гIабдаласдаги лъалев.

* * *

Ахикь пихъ гIезабизе гIадамазде тIамуге,

ГIелмуги давар гьабун, дуцаго лъикI лъазабе.

* * *

Дур яхI чидай бичани, чилъун мун рикIкIунарев,

Чан бахIарчияб къисмат къокъаб гIумрудул нухда.

* * *

БетIер хIалтIулев гIакъил, гIадамаца веццулев,

ГIакълуялъулъ мукъсанав, гIемерав гаргадулев.

***

Бихьизе тейин абун, таманча чидахъ кьоге,

Кьвагьун гулла тIамуни, бетIергьанчи лъаларин.

* * *

Нахъе кьелилан гIарац, гIабдаласухъе кьолев,

ГIадада хвараб боцIи, бацIие малъун тарав.

* * *

Кинабго камилго ккве, ккаралъубе биччазе,

БихьичIого аралда аманилан ракI хоге.

 

* * *

Вегун кванай какараб, кири мукъсанлъулеб жо,

Ккараб захIмат къабуллъи, къимат щвезе беццараб.

* * *

Дунял тун ананиги, тIекъавги витIуларев,

ТIун зобал рачIаниги, витIарав тIекълъуларев.

* * *

ТIекъаб бергьун хьулалда, вахчарулев чаракъос,

Чияр лагълъун вукIунев, лагIикъияв бахьикъос.

* * *

Бокьанщинаб гьабуни, квешалда данде чIвала,

ЧIалгIен тун пикру цIани, цIан битIаралде ккола.

* * *

Бищун цIикIкIараб гIайиб – гIуюназда разилъи,

Мунагьал берцин рихьун, гIисяназда даимлъи.

* * *

Жиде-жидерго гIакълу гIадамазе бокьула,

Бахиллъани какула, квешлъани вухун тола.

* * *

Хал гьабуни бихьула, бихьарасда бичIчIула,

БичIчIарасда жо лъала, лъарав чи витIун ккола.

* * *

ТIолалго гIамалалги къадаралда нахъ руго,

Ихтияр лагъасе кьун къадарги батун буго.

 

* * *

Нухда бортун батараб тоге мугь босичIого,

Рес бугев чи вугилан, гаргадеян гьелги тун.

Гьелъ дуе квербакъила ракъуда цебе чIезе,

ЧIалгIун бугин гьечIолъи, гьабе Аллагь кумекан.

* * *

ЧIечIого кваналев чи, какун вуго гIелмуялъ,

ГIелмуялъул сахлъаби сундулъ ругел лъаларев.

ГIадлу гьечIеб чехьалда, дару гьечIеб унтиялъ,

Толарев пакъир регIун тIагIат бацIцIад гьабизе.

* * *

ВуцIцIун вукIине лъарав саламатго хутIула,

ЛъикIлъи гьабун хьвадарав хиралъиялде ккола.

* * *

Сахаватлъи гьабурав кIодолъиялде щола,

ГIаданлъиялда чIарав цIикIкIарасде вахуна.

* * *

Жиндилъ тадбир квешлъарав гьалаглъиялде ккола,

ЛъангутIидал пайда, пихъ – басралъи, хвей букIуна.

* * *

Къуватазул цо балагь – тушман загIипго вихьи,

НигIматалъулги балагь – кьураб жо бадиб чIвайи.

* * *

Анищазул хур бекьана – бачIинчIо,

Хиялазул чу рекIана – билъинчIо.

 

***

Хазинадул кIул кьун тана рагьизе,

Заман щведал дунго индал эзухъе.

* * *

ГIакълуялъе битIараб – васвас гьечIеб чIун ккараб,

Тохлъи – тушманзабазул заралалъе цIикIкIараб.

* * *

ХIилла тун гIодов чIарав, балагь щведал вахъуна,

Тушман вихьун кьижарав, рекIкI гьабидал ворчIула.

* * *

Инсанасул жавабалъ жиндир гIакълу бицуна,

Берциналда къокъ гьабе – къимат дурго букIина.

* * *

РагIиялъ гIадан лъала, гIамал бихьун рехсола,

БитIараб бицине ккела, беццараб кквезе ккела.

* * *

Воре, калам дагь гьабе, дуйго цIуни букIине,

ЦIакъго ритIухълъи гьабе, тIокIлъи, хиралъи щвезе.

* * *

РагIи гIемерав гIакъил гIадамазда чIалгIуна,

ЧIалгIаде гьарулев чи - гьев халкъалда рихуна.

* * *

Нахъа мун пашманлъулеб кIалъаялдаса лъикIаб,

Мунго саламатлъулеб вуцIцIун вукIун чIей цIакъаб.

 

* * *

РекъечIеб бицарасда бокьулареб рагIула,

Хвалчал ругъуналдаса рагIул ругъун унтула.

* * *

БоцIудалъун чумартав, чидае кIодолъула

Чорхол гIайибал тIокIав гIадамазда рихуна

* * *

Чидае гвенд бухъани бухъарав жанив ккола,

Бахъун хвалчен кьунани, кьал бугес чIван рехула.

* * *

ГIадамазде кьал ахIи – ахIмакълъидул гIаламат,

Гьудул квешавлъун лъугьин – талихI къеялъул хIикмат.

* * *

Жавабалъулъ хехлъарав битIаралъулъ тIекълъула,

Хехлъиялда рекIарав хъущтIиялъулъ хIаллъула.

* * *

Воре, дурго загIиплъи тушманасда бицунге,

Эв вохулеб, хъат балеб хабар бицун биччаге.

* * *

Жиндийго гьавудичIев гьардухъанлъун вихьула,

ЗахIмат къабул гьабичIев гьечIолъигун хутIула.

* * *

Нахъе бахъун иш течIев, щвараб щулат гьабурав,

Гьевиле витIарав чи, битIараб нухде ккарав.

 

* * *

Воре, гъапу ричIуге гъванкан чияца къалеб,

Воре, чIорги рехуге нахъ буссун дуда шолеб.

* * *

МацIалда хIал кIолаго кIудиялда квалуге,

Каламалъ рехулаго хвалчаде квер бегьуге.

* * *

Чидай хIелиялдаса вакъи рекъон букIуна,

ЯхI тун тереялдаса мискинлъиго рикIкIуна.

* * *

Беразе цIуни гьечIев гьалаглъиялде ккола,

ЧIаголъиялъ вохичIев хвелалъухъ гIащикълъула.

* * *

Инсанасул кIалдиб мацI – рекIараб хвалчен буго,

КIалдисан пулеб гьури – гьалаглъулеб чIор буго.

***

Нухда гIадан халалъани, хIетIе хъуштIун хутIула,

МацI хъуштIарасул нигIмат хъващтIан тIаса босула.

* * *

ГIалимзабазда жувай – жаниб ракI роцIцIунеб жо,

ЖахIда-хIусуд гIодоб тей-гIелмуялъ беццулеб жо.

* * *

ГIакъилавгун ургъарав тIовитIун нухда ккола,

Жиндирго гIакълу гIурав гIадада хун хутIула.

 

* * *

Какараб рехсей гьабун халкъалда лъаялдаса,

ЛъачIого вахчун вукIин лъикIаб, тIокIаб гьелдаса.

***

Воре, мун вуцIцIун вукIа, рикIкIадасев какуге,

АскIов вукIаравани цIакъго дуца веццулев.

* * *

Баччизе хIал кIвей гьечIеб гьир черхалда тIамуге,

МунпагIат гьечIеб гIелму гIагарлъизе биччаге.

***

Дуца кинабгоги жо кваранаб квералъ гIуцIе,

Какараб далил бицун диналдалъун кванаге.

* * *

Жакъа мун пашманлъулеб кIалъаялдаса лъикIаб,

Мунго саламатлъулеб вуцIцIун вукIин чIей цIакъаб.

* * *

Мун гьитIинав чиясда гурхIел бугевлъун вукIа,

Горбол гьод къулун хадуб къо кинги кколин гьесде.

ХIежалъул гъветIалда тIад тIагIамаб пихъил гIадаб,

ТIегьалеб гIумру бугин гIисинал гьал чагIазул.

ГIолохъанал къояца къо-мех лъикIан мун тедал,

Къваридаб ракIги чучун чан гьез вохизавилев.

Хиялал гIемер гьарун, гIодов ккун мун хутIидал,

Хириял лъималазда лъала мун хьихьулеб куц.

 ***

ТIаде къварилъи щведал къвакIун ккве каранда ракI,

КигIан зигарданиги дагь гурон хайир гьечIин.

БачIараб лъикIлъиялъул лъазе биччаге рохел,

Хадуб бачIунеб къисмат къанагIат бугин лъазе.

Бахиллъи рикIкIад гьабе – ракI жубалареб илбис,

Сахаватлъи гьарза ккве – гьудуллъи гучаб парчахI.

* * *

Мадугьаллъи, гьалмагълъи лъикIавгун щула гьабе,

Щиб икъбалалъ таниги, толарин мун гьез рехун.

* * *

РакIалда ккве, кицийин, квешав чиясул гIамал,

ГIодов вукIараб бакIги биччаге гьесда аскIоб.

* * *

Абе дуца хIакъаб жо, хIинкъичIого квешабги,

Каламалъулъ тIекълъунин битIараб тIеренлъулеб.

* * *

Мискинав пакъирасул къимат кIодого гьабе,

БакIаб хIал дуде ккани кумек гьесул цIакъабин.

* * *

Херлъиялъул гIаламат гIансихъ балагьун лъала,

ГIажизлъиялъул сакъат симахъ балан бицуна.

* * *

ГIадамасул хасият аскIов хIаллъани лъалеб,

ХIасад гъорлъ тIатарав чи тIолев хех халкъалдаса.

 

* * *

Чиясул гIумру гьикъе гIелмуялдаги борцун,

ГIалимасул лъай цIехе цIакъ гIамалалде балан.

* * *

Радал гьабураб гIамал гIумруялъго къин гьечIеб,

Къаденахъе босараб сардиецин гIолареб.

***

Цудун вахъун вугони дунялалда рекIуна,

Хъукьлъарав макьу гIемер дунял рекIун хутIула.

***

Цо-цояв къулкъудула къваридаб гIумру бугин,

Къисматалъ гIумруялда гIемерал ругънал лъунин,

Лъала гьесул гIузраби, гIайибал рехулеб рукъ,

КъватIив вахъун унелъул аслияб нух цIехечIев.

* * *

Черхалда сси бугесул, салам кьун, кверги босун,

РатIлица мугъ рехарав рехун тоге дандчIвайдал.

* * *

Мун гIадамил лъимаде нахъасан какдаруге,

Квешаб гьой гьебин кколеб, кколев мун танкан восун.

***

Тамаша, бегьулареб бадибецин абуге,

Балъгояб туманкIин гьеб, тохлъукье мунго чIвалеб.

***

Квешаб хабарги бицун ханасухъе чи кьуни,

ХвезегIан рахIаталда толареблъи лъан букIа.

***

ХIакимлъун тунин абун, тоге халкъ рахIму камун,

ХIетIе тарараб къоялъ къан кколев вати щакаб.

* * *

Зоб роцIцIун цIад банани, цIакъ бохула тIабигIат,

ГIадамил ракI роцIцIунеб цIад хIажатаб ракьалда.

***

РатIал щолев щибунги щигат кьун рази гьаве,

Щвараб тIокIлъи бикьизе кье мискин-пакъиразе.

Роччун цо къо бачIани, рокъобго къайи чIвала,

Къулкъул гIемерасулин гIумруго роччун унеб.

* * *

Рокъов гIемер кватIуге, кколареб заман бикъун,

КъватIивги цIакъ хIаллъуге, хIажат гьечIеб балагьун.

* * *

Мун цIодор хьвадичIони, цIар гьечIез бугьтан лъолеб,

Багьана ккезе чIани, чIвалеб гIайиб гIемераб.

* * *

ГIумру гьабе берцинго, балан дурго черхалда,

Чияр кодосан босе, квераз кколареб хIалалъ.

* * *

Рокъор ккарал гIузраби гIисинал загьирлъуге,

Заман бахъанин ккедал кколеб хъизангун рекъел.

***

ЧIужугIаданалъулгун гIорхъи гьечIеб калам те,

КигIан гIемерлъаниги боцIудаги божуге.

 

* * *

Зодиб накIкI бицалъани, бецIлъула тIолго дунял,

Дур гIелму камиллъани, кибго бецIлъи тIагIуна.

* * *

Ццин бахъарав вихьани, вахъунге гIайиб чIвазе,

ГIумру щвараб даража данде ккве цин цебеккун.

* * *

Дунял хIалагъун хадуб хиси ккола бакI-бакIалъ,

РакI хIалалда чIезабе, хIалакин тIагIун ине.

***

КIудияб даран дандбай, дурун кIанцIун гьабуге,

Гьавайин щвараб, кици, кодоб кватIи къанагIат.

* * *

ТIасан хьимунин абун хьул лъоге цIоб гьечIесда,

ЦIакъавин ккезе гьавун, кумек ккедал тIагIунев.

* * *

Мадугьал тохаб гIужалъ вахъун тIадеги унге,

Эсул адаб-хатир тун, рахчи къватIибги чIваге.

* * *

Нахъе бахъун кванарас кванил лазат босула,

КватIидал кьижарасда макьил гьуинлъи лъала.

* * *

Ролъул чадал рукIаго, мучариги квинаро,

Бугъби цере рукIаго, бусбиги квегъиларо.

 

Бикрияй яс йикIаго, сайибат ячинаро,

Найил гьоцIо букIаго, цIолболги бокьиларо.

* * *

ВорчIи тIалаб гьабидал гьалаглъарав чангияв,

Хьулалда хадув ккедал хвел гIунтIарав гIемерав.

* * *

Батулареб, щолареб щвезе тIалаб гьабулев,

Гьевги вуго хьул халат, хьитал хвей хайир бугев.

* * *

Къварилъаби цIикIкIани, цIуна-къуни тIагIуна,

ТIаде гIажал щванани, щибго хIилла лъугIула.

* * *

Бицунеб рагIудаса гIелму камилаб букIа,

Калам дагьав гIакъилин гIадамаз цеве кколев.

* * *

Цо къварилъуда хадуб гIатIилъи камуларо,

Кутакаб сабру ккурав саламалъун хутIула.

* * *

Гьурмадаса нич бахъун чияр хIурмат рехуге,

ХIисабалъулъ мекъи ккун кколевин нух къотIуде.

* * *

Чияр аманат, ругьел ригьдаго тIубазабе,

БетIер бугев гьечIевги гьелъги ватIа гьавулин.

 

***

ТIадкъараб хIалтIиялде хIурмат цIунун балагье,

ХIисаб гьабулеб къоялъ къолевин, мискин, мунго.

* * *

Дуде мугъ чIван вачIарав чIового нахъ къотIуге,

КъабихIаб гIамал букIин гIадамаз цIакъ какулин.

* * *

КIиго хIалихьатав чи цоцалъ речIчIун кьабгIани,

Гьоркьов лъваравги лъукъун, рекъолел гьел гIагарго.

***

ХIалихьатав инсул ясги ячунге,

Кьалда вагъуларев вас гьавулевин.

Ябудалъан лълъвараб чуги рекIунге,

Халатаб сапаралъ къо хIехьоларин.

* * *

Тушмангун кьварун вукIа, кьалда лъалин багьадур,

Кьибилгун хIерен вукIа, хIалбихьулин черхалъул.

* * *

Нилъер чи чинква вугин – чучуге ккараб бакIалъ,

Чияр чи курак вугин – каранзул хIал бикьуге.

* * *

Найица тIегь кванала, тIотIоца гъвес кванала,

Бичасул хIикматадда дун цIакъ тамашалъула.

Гъосолъ букIун тIотIоца тIогьолъ бугеб найиде,

Дун лъаларищ, гьвел роцан, рогьо къабихIаб бала.

 

* * *

КIицIул-лъабцIул xIacpaт щун, щвараб чорхол лазаталъ,

Горбода бугеб гудур бахъизе хIал кIвеларо.

ЛахIзаталъул лазаталъ лагълъун ккарав узденчи,

Лагъзал узденлъаниги, узденлъун вахъинаро.

* * *

Инсул сагIадаталъул васасе хайир гьечIо,

Жиндир сияразулъе сурукълъи батанани.

* * *

Рощнода тIад сахIги лъун, тIаде къали чIехьани,

Ункъо caxI заялъулеб лъазе ккараб жо буго.

** *

Бищун дун пашманлъулеб щиб жойилан абуни,

ГьацIул хъабаялъубе хъублъи ккун бати буго.

* * *

Цоцаде тIаде щведал тIутIун балеб гIагарлъи,

ТIад гурделъун ретIине гIакъил разилъиларо.

Анкьил рокьи - микьил рагъ дида лъалеб жо гуро,

Цо хIал гьечIеб гьудуллъи даимлъулеб мулк гуро.

* * *

Сордо-къо гIемер буго, сапар халатаб буго,

Дун жинда разияв чи замана индал лъалев.

* * *

Радалиса мацIалда чанги чи мукIурлъулев,

МацIалда ракI рекъарав, бакъ ун хадуса лъалев.

 

***

Халкъалъул тавбуялда дун тамашалъуларо,

Тарал квешал гIамалал дидаго рихьизегIан.

Барщаразул ракълида дунго къабуллъуларо,

Къадарал гIамалал тун дидаго ратизегIан.

* * *

Лъалес малъараб гьабун лъаларел хьваданани,

Пасалъулел гIемер халкъ саламалъун руссина.

* * *

Жиндир лъараб ахIмакълъи гIакълуйилан ккечIого,

Нахъ вуссарав чиясе нахъа лъикIаб букIина.

* * *

ГIелму гьечIеб жагьиллъи – жалго чIвалеб гьабилъи,

Лъалеб ани гIадамал гIадада хвелароан.

ГIакълу гьечIеб ахIмакълъи, pyxI бахъулел борхьаллъи,

БичIчIулеб ани, гьаб халкъ ригьдаго лъутилаан.

* * *

ЛавхIул МахIфузалдасан ХIабибасул рокъобе,

ЦогIаги сурат щвечIеб сабабул нузул гьечIеб.

(рещтIиналъе сабаб)

Расуласул кодосан асхIабзабахъе щвараб,

ХIадисги батилареб таъвил жиндие гьечIеб. (баян)

* * *

ТIагIат цIикIкIунилан чи жагьалде вахъинаро,

Жагьлу-мураккабалъул агьлулъун вукIанани.

 

* * *

Зулму бергьараб мехалъ мазлумас ахIи бани,

Бичасул гIазаб рещтIун залимги гьалаглъила.

* * *

Жинца кьураб бадиб чIван, щукруялде щвеларо,

Гьабуралдаса чIухIун, кири камиллъиларо.

* * *

Жиндирго квешлъиялда живго разияв инсан,

Аслу басриявилан нугIлъи гьабурав тущман.

* * *

Хиралъабазул тIокIаб-хIалкIояб тIаса лъугьин,

Бегьулаго, кIолаго ццин босичIого вукIин.

* * *

Залимасе хIал кьурав хIакъав Бичасул тущман,

МалгIун бохизабурав – гьевги жиндирго тущман.

ГурхIелгун рахIму гьаби – рикъзиялъул кIул буго,

Нахъехун пикру гьаби - балагьал гьукъи буго.

* * *

ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас,

БекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого хур.

* * *

Масала, гIакъилас гIадан теларо,

Тушман вугониги, гIадада хвезе.

* * *

Лъураб бугьтан рихун хвезе вахъунге,

Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIуларин.

***

ТIадагьаб къавмалъул къил-къвал цIехоге,

ЦIамул гьирал рецIцIун гьоцIо кьоларин.

* * *

Къуваталда ракI чIун къеркьезе лълъунге,

Лълъар бугин къоязда къвалакь тункулеб.

КъабихIлъун чи вихьун, чIухIи гьабуге,

ХIинкъарасул зарин зазгIан бегIераб.

* * *

Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасан чи тIурулеб,

Чан заралаб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб.

* * *

Гьерсил чода рекIарав хехго гъоркье рещтIуна,

Цинги лъелго вилълъине хIатIида гIицIго ккола.

* * *

Унеб буго дур гIумру, хьонда ботIил чIор гIадин,

Толеб буго дуниял, юргъа-чуялъ нух гIадин.

* * *

Къваридаб хIал чучун чвахизе гурищ,

Чорхол магIна лъалес магIу цIунулеб.

МугIрул гьаргьадулеб балагь щваразе,

Бигьаяб дарулъун лълъун буго гIоди.

* * *

ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго,

ТIерхьарал цIвабзазул цIар кIоченаро.

 

* * *

ХьвагIараб хвалчаца чаран къотIулел,

Чамасул квералдай ракьулъе ккарал.

Кверал къотIаниги къали багъулел,

Къиматаб чан бетIер чабхилъ тIупараб.

***

Хвалчабазул балал беццал жал руго,

Реццалъе рекъарал лугби къотIулел.

* * *

Гьирие гIорцIен хьихье,

Рахьдае гIака бечIчIе.

* * *

ТIубачIел къоязде ккун, Къарунил мал ккуниги,

Ахир дуе кьолеб жо цо кьогIаб лълъар хвелалъул.

Къайсарил мулк кодобгин Кисрал тах мерхьаниги,

Ахир босун унеб жо – анцIго натI мусруялъул.

* * *

Бичас тIамурабан тIаде щваралъе,

ТIул-ракI суданиги, сабру кин кквелеб.

ЛавхIалда къирараб къадар бугилан,

Къварилъи щваниги, щукру кинаб жо.

* * *

Щибаб цо рухIалъе лахIтуги хобги,

Ахир цохIолъидал - цояв тIокIлъуге.

 

* * *

Гъосол цIураб къвачIиниб гIарац-месед кин лъелеб,

Хъублъи къватIибе чIехьон жанисан чуричIого.

* * *

ГIадан дулъго хьундаллъулеб,

Хьвада-чIвади биччан тоге.

* * *

ГIагарал гьуин гьаре, – гьелъулъ буго дур икъбал,

Эбел-эмен лъикI хьихье, бихьила рекIел канлъи.

* * *

Дунялалъул икъбалаз къвал бала гIумруялда,

Дурго черх куцун хадуб, цойги ургъел рехун тун.

* * *

Тушманасдаса чанги черх заралияб нилъер,

Жинде чи мутIигIлъани бетIериса рехулев.

* * *

Хал гьабуни загIиплъи, заман цIехон хIакъирлъи,

ХIакъаб лъан даимлъани, даража кьун вохила.

* * *

Кванилгун иш лъикI гьабун, гьекъолеб жо дагь гьабе,

Дунялалъул квешлъи тун, кинавго гьудул гьаве.

Гьереси-рекIкI гIемерал гIалимзаби жалго те,

Жидер лъай чухъикь ккурал

чамгIалзаби рикIкIад ккве.

 

* * *

Черхалда гIетI цIиричIеб боцIи данде гьабуни,

БацIал дуй хIадуралин хIарамаб рикъзи квине.

* * *

ХIал кьун щвараб буголъи – бищун бечедаб давла,

ДорегIан къазе гьаре гьелда гIей гьабуларел.

* * *

Калам дагьлъи беццараб, рекIеда нур балеб жо,

ГIемер кIалъай какараб, каранлъ пардав лъолеб жо.

* * *

Рес къотIуде ккаралъуб калам къокъго рекъараб,

КъваригIун бицинеги роцен гьитIинаб босун.

* * *

АхIмакъасул харбиде, хал гьабуни тIекълъулев,

БитIараб каламилан киназго бицаниги.

* * *

Жиндир гIелму щула ккун, гIамал бацIцIад цIунани,

ГIорхъи бахун даража дуе щун камиллъила.

* * *

Жив тIаде восарав чи - инсанасе гьечIеб жо,

ГьабичIони, къо бихьун, рикъзи кьезе бигьаго.

* * *

ГIамал чорокав гIалим гIop бахун довехун те,

БоцIуе гIоло гIелму рагIад гьабун бахчарав.

 

* * *

Жидеда цIакъ разиял рачун дорегIан гьаре,

Чорхол гIайиб халлъулеб халкъалъулгун бухьен те.

* * *

БоцIул бетIергьабазде балагьичIони лъияб,

Лъай эхедегIан бугин, эзул хIисаб гьабуге.

* * *

ЧIумал ккун, гIанса босун, росабалъ жив гелгелев,

ГодекIан къотIун унев, тIубарав чи гурев лъай.

* * *

Гьуинлъиги рокьиги халкъалъе берцин гьабе,

Хасго эзда дандечIвай, хIал кIванагIан, лъикI гьабе.

* * *

Воре, жахIда рикIкIад те, гьелъ мун гьалаг гьавула,

БахIарчилъи, хIалкIолъи, кIиябго къезабула.

Жиндиего рецц гьаби чиясда рекъоларо,

КигIан битIаралъеги рецци рекъараб гуро.

* * *

Кинасго бикъанщинаб жинца-жинца бецIула,

Щивас гьабунщиналъе релълъун жаза гьабула.

* * *

Аллагьасул гIадатаз лагъасул хIал бихьула,

Сурараб къварилъи щун заманаялъ кIвекIула.

Цинги хадуб гIатIилъи тамашаго букIуна,

РекIей рохел щварав чи, щукру гьабун гьардола.

 

* * *

Горил рагIал батулареб,

РагIул ахир букIунареб.

* * *

Чан авараг, чан вали балагьазде тIамурал,

Хадуб гIатIилъи гьабун, Бичас рохизарурал.

Хадуб юсру камураб, гIycpy букIунаребин, (бигьалъи,

захIмалъи)

Къуръан-хIадис нугI бугин, сабру камилаб гьабе!

* * *

ГIелму-хIикматалъул хIалбихьаразе,

ХIалхьараб рукъ буго дица гьабураб.

Дирго ракI бахилаб борхалъиялда,

Бараб кIалгIа буго кIварас къачIазе.

* * *

Гьереси-цIогь гIемерав, гIадамаца какулев,

ГIумру авадан бугин, даруян кунеб загьру.

* * *

ТIекъав ритIухъ гьавизе, гьереси гьурмай гIоло,

ГIазаналлагь Аллагьас, гьесий насибин жужахI.

* * *

БитIаралъе къимат кьей, къабулаб битIуда ккей,

ТIекъаб бергьине вахчи, чиясул хIалихьалъи.

* * *

Гьерсихъанасе – жужахI, хIакъаб, тIаса ин гьечIеб,

БитIараб бицунесул бадиб кьер иман буго.

 

* * *

Гьерсил рачел борчараб чухъа дуда бугони,

Чараб борхьидегIанги гIадан аскIов къаларо.

* * *

ГIалимзаби рекъараб ункъо калима буго,

Ункъабго ТIехьалдаса тIаса бищун кквейилан.

Тавраталде балагьун бищана гьез гьелдаса,

Хьул къотIарав талихIгьечI гIорцIарав вукIинилан.

КIиабизе босана ГIисал Инжилалдаса,

ГIадамаздаса тIурав хвасарлъун хутIилилан.

Лъабабизеги ккуна Забуралда жаниса

Жив вуцIун вукIарасе саламатлъи щвелилан.

Ункъабизе хал гьабун, хираб Къуръаналдаса,

Цоги рагIи босана магIна гIемерабилан.

Аллагьасдалъун цIуни тIалаб гьабурав инсан,

Жив витIараб нухалде тIовитIарав вугилан.

* * *

ГIакъилзабаз рицарал биценалгун кицаби,

Квашухъе цIаличIого, ричIчIизе тIалаб гьабе!

ГIарабалдаса росун, мустатIрифалде ваккун,

Бицун кьураб таржама тоге, вацал, лъачIого.


оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook