Авторизация

ЦIоралъул магIарулазул фольклор

МагIарул фольклоральул цо тIеллъун букIараб ЦIоралъул фольколориял асаразда гьоркьоб хасаб бакI ккола магIишатиял кучIдуз. Гьел кучIдузда нилъеда ратула цIакъ гьайбатал рагIабаздалъун рахъарал, гьеб пикру ритIухъ гьабулел суратал. Сордо бачIун, моцI баккун, цIваби кунчIун, бакъ щун хисардилеб бугеб дунялалъул хIакъикъат.

ЦIоралъул магIарулаз цIакъ камилаб сурат бахъун цебе чIезабулеб буго. ЦIоралъулаз Аллагьасдаса цIад, бакъ гьарулеб мехалъ ахIула батIи - батIиял кучIдул.

Дагъистаналъул магIарулазухъ «ЦIадал хIама» гIадин, ЦIоралъул магIарулазухъ данделъана гьелда релълъараб вариант. Гьениб гьадин ахIула:


ГIисин бади, шурун бади,

Щуго къоялъ чвахун бади.

Амин, я Аллагь.

Гьеб къоялъ рукъзабахъ гьабула бурджа-

хIал абураб квен.

Бакъ гьарулеб мехалъ гьадин ахIула:

Горде -горди, гордина,

Горди салам вардина,

Жакъа нужей бакъ щвайги,

Метер нижей нахI кьейги.

НахI кьурасе вас вейги,

Магаш кьурасе яс кьейги.


Бакъ гьарулеб мехалъ гьабула махара абураб квен. ЦIияб моцI бакки некIсиял умумуз

байрам хIисабалда гьабулаан. Гьез ахIулаан:


ЦIияб моцI, цIияб моцI,

Вихьине цIонеб, зоде канлънеб,

Дур нуралъе нухI битIаги.


ЦIоралъул фольклоралда жанир нилъеда ратула лъималазе эбелалъ ахIулел кучIдулги. Гьездаса цояблъун ккола эбелалъ лъимер - ясалде еэдун ахIулеб кечI:

Игъли цIотун чал ругези кьезина (кьела)

Чувал цIотун ролъ бугесе кьезина(кьела)

Чоли цIотун гIи бугези кьезина (кьела).

ЧIипи (чванта) цIотун гIарац бугесе кьезина.


Рокьул кучIдузулъ нилъеда дандчIвала рокьарал ратIалъизарурал, мацIихъаби-васаз гуккарал, хIалихьатал ясал какулел кучIдулги. ГIемерисел рокьул кучIдузе кьун руго ясазул цIаралги. Гьединал кучIдуздаса цояблъун ккола «Аминат» абураб кечI:


Бехе кIолеб гIор буго,

ГIарба цIотун хер буго,

Ячзи шарав дун вуго,

КIинзи шарай мун йиго.

Цогидаб кочIолъ яс релълъинаюн йиго

ралъдал ччугIида:

Бехе кIолаб хехаб гIор,

Хехго щайги ралъадухъ,

Ралъдахъ бугеб ччугIида,

Дица салам бицун.

Цо чанго рокьул кечIалда чияр бакIазда

росасе аразул пашманлъи загьирлъула:

Чидал бакIазул рокьи-

Рукьбузда унти,

Рокьица йохIичIей дун,

ЦIудуд йохIнуру.

Дидаса аманат,

Убалъул ясал,

Убаса къатIиб бекьехъ,

Рокьи гьабуге.


МагIишатияб лирикаялда гьоркьоб хасаб бакI ккола берталъ ахIулел кучIдуз. БахIарай ячине араб мехалъ васасул яцалъ гьелъул мугъалда бекула чед ва ахIула:


Квер нухIулай, бох кусулай,

Рикъий къурай, къатIи бергьарай,

КIудав васи тIинай нусай.

Нусай ячун рачIунел гIадамазул гьаракь

васасул рокъоб рагIулеб мехалъ ахIула:

Дайалай йелъена,

Музум кьодухъ щала,

Гьедул хIапи-хIупи буго.


ЦIоралъул магIарулазул кицаби ва абиял


1. ГIодоб чIобораб лъим нахъе бакIар кIан гуро.

2. Гье чIарас бехна.

3. Тупанкиса данкраб гулла нахъе бэнгуро.

4. ЦIогьорасда хьана рацIал цIогьорал руго.

5. ГIанкI бехьрасул гуро, чIварасул буго.

6. ХIерай йехьалъиги яс лъикI, халаб бехьалъиги нух лъикI.

7. БагIар гIака багIарго хIана.

8. Нусго гьунараса цо бащарлъи цебе хьала.

9. Рикъиб хIелеко, къатIиб гIанкIу.

10. Лъим бакун букъалънуру.

11. КIухIалаб бацI бакълад хIала.

12. Цеве гIадалав, нахъа бецав

13. Нусго гьунараса цо бащарлъи цебе лъала

14. ВатIан тарасул талихI бегьуларо

15.Гьубузи лъарасе кас, кинзи лъарасе нахI

16. КIудияв гIадамасул хабар - рагI цIураб месед

17. ХIабану иман гьэугун кIаравги, гIарац гьэугун базарну кIарав цо вуго

18.  Рокъоб бац, къатиб нац.


БицанкIаби 


1. МахIла кьорой йиццай абай. (Тундур) (Чед бежулеб магIаб ракьудаса гIуцIараб жо)

2. Кодоб бокIраб мехалъ гIаннаб, гIодоб лъураб мехалъ балънаб. (Зинжир) (Рахас)

3. ГъотIоса вортараб мехалъ къачи гъотIол гIончIлода хотIана. (Михъ)

4. КIиго бетIер, ункъго гIин, цIо кIал. (Жом) (Нах бахъулеб жо).


Ихдалил кучIдул


Васал, рахъа къватIире,

Босун пуруцгун.

Буртинаги бахъун,

Бекьея цо рaкь.

ТIад гIерекъги речIчIун,

Оц туркIизабе.

БачIин лъикIаб щвела,

ЦIад гIемер бала.

Васал, рачIа къватIире,

Их бачIун буго.

Босе кодоб пуруц,

Баче цо наку.

***

Байги, Бечед, чваххун цIад,

Чабхилъ иццал раккизе

Чваххайги Аллагь, гонгал

ГIорал-лъарал цIикIкIине

Байги, Бечед,чваххун цIад,

Чахъабазул хIал хьезе

Чваххайги, Аллагь, гонгал

ЦIцIаназул мугъ бекизе.

***

Зодисан рахIмат кье, Аллагь!

Ракьудасан баркат кье Аллагь!

Баркат бугеб ц Iад кье, Аллагь!

ЦIоб бугеб рахмат кье, Аллагь!

Бекьараб хур цIун бачIаги,Аллагь!

Хваразе алжан кьеги, Аллагь!

ЧIагоял балагьаздаса цIунаги, Аллагь!

ХIалал рикъзи даимлъаги, Аллагь!

***

Чваххе, чваххе, цIадал къатIраби,

ГIагараб ракьалъул къеч хьезабизе.

Чваххе, чваххе, баркаталъул цIад,

Гьайбатал, кьер-кьерал т Iугьдул рижизе.

ГIурччинал рохьазе, гIатиракьазе

Лъимадуй эбелгIан мун хIажат буго.


(хадусеб букIине буго)


Автор: Загьид Халаев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook