Авторизация

МохIоса Дамадан ( хв. 1726 с. )

МохIоса  Дамадан

( хв. 1726 с.)

 

Жиндир хIакъалъулъ бицунелъул МохIоса Дамаданил цIаралда сверухъ кидаго цо балъголъи букIунаан, ва гьесул гIумруялъул гIемераб бичIчIулареб бакI хутIулаан. КигIан цIех-рех гьабизе лъугьаниги гьеб бицунеб я хIалтIи, я цоги тарихчиги кколароан. Нилъер заманалъул бугеб гIузру буго диниял гIалимзабазда аскIоре ун дунялиял гIалимзабаз хIалтIи дандбан гьабунгутIи. Гьедин букIиналъ гIелмуги цебе тIолеб гьечIо. Гьаб пикруялде дун вачана МохIоса Дамаданил тарих лъазабизе лъугьиндал. Кинниги дидаго лъараб жо бицина, гьев валиясул гIумру лъазабулезе дагьабниги кумекги цIалдолезе цоги цIар рагьизеги букIине.

МохIоса Якъупил вас Дамадан (апанди) гьитIинго цIализе ана ГIарчи (Ч1арада район) росулъе гIалим МухIаммад Аминида (Хъазахъиласда) цеве. ГIезегIан соназ гьесухъги цIалун, Дамадан цоги- цоги бакIаздаги цIалун вуго. Цадахъго гьес жинцагоги лъолел рукIана дарсал.

Дамаданица тIадчIей гьабуна тIабигIаталъул гIелмаби лъазариялда. Гьесда камилго лъалаан астрономия, математика, химия, геометрия ва гь. ц. Цояз абулеб буго Дамаданил жиндирго мадраса букIанила гьел гIелмабазде кIвар кьолеб. Дамаданил мутагIил Куриялдаса МахIадица (хв. 1734 с.) хъварал ва нилъехъе щварал хIалтIабаз бицуна кинаб лъай мадрасалда кьолеб букIарабали. Гьесул руго гIемерал арифметикаялъул, геометриялъул, алгебраялъул хIалтIаби. МахIадица хасал хIисабалги гьарун Куриялда балеб мажгиталъе берцинаб ва мухIканаб проект бахъана.

Живго Дамаданил абуни нахъе хутIун руго квадратный уравнениязул, лъабабилел, ункъабилел ва щуабилел степеназда решение бугел уравнениязул, пропорциялъул хIисабал. Тригонометриялда гьес хордазул бакIазда синусал хIалтIизарулаан.

Дамаданица Дагъистаналда тIибитIизабуна химиялъул гIелму. Гьесул малъиялда рекъон тIоцебе хIалбихьана гьаниб цоги батIиял элементаздаса махх бацIцIад гьабизе, ххамал ва къехь белъине.

Дамаданида лъикI лъалаан медицинаги. Гьесул нахъе хутIарал тIахьазул хал гьабидал нилъеда бихьулеб буго Ибн Синал (Авиценна), Абул Къасим Загьравил, Ибнул Байтарал, Закарья Рразил ва цогидазулги гIелмиял хIалтIаби гьесда лъикI лъалел рукIараллъи. Дамадан кколев вуго тIоцебе Дагъистаналда гьеб медицинаялъе бакI бахъарав гIалимги. Гьес гIадамал ахIулел рукIун руго тохтурзабахъе ун сахлъи тIалаб гьабиялде, бица-бицаралда божун жидецаго «дараби» гьаричIого.

Дамаданица перс мацIалдаса гIарабалде буссинабуна цIакъ къиматаб медицинаялъул тIехь «ТухIфат ал муъминин» («Муъминзабазе сайгъат») абураб. ГIарабалде буссинабиялъул мурад букIана Дагъистаналда перс мацI тIибитIун букIинчIолъи гIараб мацI гIадин. Гьелъ персазул гъваридаб культура дагъистаниязул кумекалдалъунги лъана гIараб мацI тIибитIарал бакIазда. Доб тIехьги цIакъ къанагIатаб, гIадамазухъе щвезе захIматаб тIехь букIун буго. Цо-цо тарихчагIаца абулеб буго Чулак Сурхай-ханасухъе Шемахи бахъун гьениб талавурчилъи гьабулаго  щвараб букIанилан гьеб. Гьес, медицина бокьулев чи вукIун, Дамаданихъе кьун буго гIарабалде буссинабизеги.  Гьеб тIехьалъул цо бутIа лак мацIалда хъварабги батана. Абула гьеб Сайфуллагь-къадиясул эмен ХIусеница гIарабалдаса буссинабун бугилан, живго Сайфуллагь-къадиясул хIалтIи букIинеги рес буго гьеб.

Киналго тарихчагIи цолъун руго Дамадан жиндир заманаялъул бищун лъай кIудияв астроном вукIиналда. Гьесда лъикI лъалаан Насруддин ТIусиясул ва Улугъбекил хIалтIаби.  Дамаданица парс мацIалдаса гIарабалде буссинабуна Улугъбекил «Мукъадамат» абулеб тIехьалъе  ал-Буржанияс хъвараб баян. Гьесул рукIана хасал алатал ва гьездалъун бакъ-моцI, цIваби хьвадиялъул хIисабал гьарулаан. Гьединго гьес бахъана моцI бихьи-тIерхьиналъул мухIканаб таблица, какил гIужазул рузнамаби. 

Астрономиялъул ва матеметикаялъул хIалтIабазулъ Дамаданица тарихазул бакIалда хIарпаздаса пайда босулеб буго.

Гьел гурелги, Дамаданица Хъазахъиласул мадрасалда вукIаго хъван букIана физикаялъул тIехь. Доб мехалъ гьеб гIелму философиялда гъорлъе малъулаан. Дамаданил пикру цебе тIуна Ибн Сина, ал-Фараби, Ибн Рушди гIадал гIараб философазул хIалтIабаз.

Дамаданил лъикIал гьоркьорлъаби рукIана доб заманаялъул гIалимзабазулгун. Къудукьа Мусалавги гьевги Йеменалда СалихIихъ цIалана. Дамаданица абулеб букIун буго ТIадегIанав Аллагьасул цIарал рагьарав чиясе щибго балъгояб жо букIунарилан. Дамаданил кинабго гIелму тIарикъаталъул макъамалъ камиллъараб букIинеги рес буго. Нилъецаго кIвар кьечIолъиялъ нахъе цIуничIого хутIун буго гьеб. ГIумруялъул гIемерисеб мех Дамаданица Дагъистан тун къватIиб банин абула. Гьев гIемер вукIунаан бусурбабазул бакъбаккул пачалихъазда – Сириялда, ГIиракъалда, Азербайджаналда ва цогидаздаги. ГIалимзабаз Дамадание «энциклопедист» абураб цIар кьолеб буго ва Дагъистаналде бусурманаб-гIараб адабият бачIаразул бищун цевесевлъунги рикIкIунев вуго. Дамадан (гьесул цIаралда цадахъ «апанди» абунги рехсолеб буго) хун вуго 1721 абилеб, цогидаб баяналда рекъон 1726 абилеб соналъ Азербайджаналъул Гянжа шагьар бахъизе туркал тIаде кIанцIидал. Гьеб рагъулъ чIвангицин ватизе бегьула гьев.   Дамаданил гIемерал гIелмиял хIалтIаби рукIараллъиялъе нугIлъи гьабула цогидал гIалимзабаз гьесде мугъчIвай гьабиялъ. Жеги гьесул хIалтIаби тIуранго кодоре щун гьечIо, иншааллагь, щвезе ратила.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьале ха унго-унгояв г1алимчи к1иябго дуниялиябги диниябги цадахъ баччулев.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook