Авторизация

Пагьму цIакъго битIарав Рочиса Хъазахъилав...

ГIемерисезда Хъазахъилав хIисабалда лъалев Рочиса МухIамадамин ккола хIакъикъиял гIелмабазде кIвар кьолеб гIелмияб школалъе Дагъистаналда кьучI лъурав гIалимчи.


ГIелму
МухIамадаминида цере цIалана ХVII-ХVIII гIасрабазда машгьурлъарал гIалимзаби, масала, МохIоса Дамадан. Гьелъие нугIлъи гьабула “Шарх ал-мулаххас” абун Къади-заде ар-Румица хъвараб (хвана 841/1437 соналда) хIисаб гIелмуялъул тIехьалда нахъа Дамаданица гьабураб хъвай-хъвагIаялъ: «Дица квералъ гьаб тIехь хъвана дир мугIалим МухIаммад-Аминил мадрасаялда 1110/1698-99 соналда». Гьединго ГIали Каяевас жиндирго биографиялда хъвалеб буго гьев гIалимчи МохIоса Дамаданил мугIалим вукIанилан.
Рочиса Хъазахъилас гьоркьохъел гIасрабазда машгьурлъарал Дагъистаналъул гIалимзабазулгун щулиял бухьенал рукIиналъул баяналги руго – масала, Къудукьа Мусал МухIаммадилгун. Буго гьединго гьижраялда рекъон 1126 соналда (1714 с.) Хъазахъиласдаги Мусал МухIаммадидаги гьоркьоб гIелмияб дагIба ккеялъул хъвай-хъвагIайги буго. Къудукьев жиндирабго ккун чIун вукIун вуго, рочисес гьеб чIезе тун буго. Цо заманалдасан (моцIидасан яги кIиго моцIидасан) Хъазахъилав хола, жив мекъи вукIин бичIчIарав Мусал МухIаммад абуни Нукъуш росулъе гьесул хабаде вахине вач1уна. ГIали Каяевас гьединго хъвалеб буго гьесда гIелму малъарал мугIалимзабиги гьев цIалараб бакIги лъалеб гьечIилан.
Лъалеб гьечIо жеги гIезегIан хIужабиги, масала, Хъазахъилав гьавураб сон. Якъинаб буго гIицIго гьев хвараб сон. ГIали Каяевас хъвалеб буго гьесул зонода гьарурал хъвай-хъвагIаял ратIа рахъизе бажарулел гьечIин, гьединлъидал гьев хвараб заман чIванкъотIун лъалеб гьечIилан. Амма Дагъистаналъул гIалимзаби хварал сонал рихьизарурал хъвай-хъвагIаязда рекъон, Хъазахъилав хун вуго 1126 соналда (1714 с.). ЧIарада районалъул Нукъуш росулъ гьесул хабада зани ХХ гIасруялъул байбихьуда лъураб букIин бихьулеб буго, амма гьелда хъван гьечIо гьесул гIумрудул сонал. Амма Хъазахъилав хварабин ГIали Каяевас бихьизабулеб сон тарихчи Тимур Айтберовас гьабураб кIиго хъвай-хъвагIаялдаги рехсолеб буго. ТIелекь росдал мажгиталъур ратарал кверца гьарурал хъвай-хъвагIаязда абулеб буго Хъазахъилав 1126 (1714) соналда хванилан. Гьединабго баян буго ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда гьарурал хъвай-хъвагIаяздаги. Цо-цо хъвай-хъвагIаязда рехсон руго батIиял соналги (масала, 1136 / 1723-24). Амма гIемерисел руго Хъазахъилав 1714 соналда хвеялъе нугIлъи гьабулел баянал.
ГIелмуялда цадахъго Хъазахъилас вагIзабазул къагIидаялда шигIрабиги гьарулел рукIун руго. Кверца гьарурал хъвай-хъвагIаязул фондалда нижеда ратана Рочиса Хъазахъилас гьарурал, цинги гьесул заманалъул гIалимчи Г1убриса МухIаммадица кверца хъварал гьал мухъал:

Бакараб цIаялъ гIурму кунеб буго

Огь инеб буго дир гIурму
Мехтарав дун вигьинчIого,
ГIагаршуму буго дир хоб
Дир мунагьал чуричIого.

Огь инеб буго дир гIурму
Вай бекерулеб чу гIадин,
ГIунтIулеб буго дир гIажал,
Огь цIакъаб бутIанчIор гIадин.

РачIа руссине товбоялде,
РацIцIадго хабалъ лъугьине,
РачIа рехун тезе дунял,
Ахир лъикI…

ГIумрудул сонал
ГIали Каяевас хъвалеб буго гьавураб къоялдаса нахъе МухIаммадаминилан цIар лъун букIаниги, Дагъистаналда гьев лъалаанин Хъазахъилав хIисабалда. «Хъазахъ» абураб рагIул кIиго магIна буго. Цин бугони, гьеб ккола хинаб рахъалдехун гIумру гьабулел магIарулаз гуржиязде абулеб рагIи – «хъазахъ». КIиабизе, магIарулаз гьедин абула асир гьарурал гуржиязул наслуялъул чагIазда. Закаталаялъулгун гIорхъода бугеб гуржиязул «Хъизихъ» абулеб бакIалдасан бачIараб рагIи ккола гьеб. Аслияб куцалда гуржиял гьениса ккун рачIунел рукIун руго. Гьединлъидал МухIамадаминги гьединаб хъизаналдаса чи вукIун ватилин абураб пикру бижулеб буго.
Хъазахъиласул гIумрудул хIакъалъулъ ГIали Каяевас данде гьарурал батIи-батIиял баянал руго Каяевасул васасул вас Илясихъ. Нижеда гьеб бицана тарихчи Тимур Айтберовас. АхIмад-дибирил тIахьазда гъорлъ ГIали Каяевасда батун буго Хъазахъиласда цеве цIалулеб мехалда МохIоса Дамаданица кверца хъвараб «ШархI ал-гIакъаид» абураб тIехь. Гьеб хъван буго Рисиб (Дусрахъ) 1099 (1688) соналъул зу-л-къагIида моцIалъ. Гьелъул рагIаллъабазда Дамаданица хъвалеб буго гьесул мугIалим Хъазахъилав ваккараб бакI Къушан мухъалъул ХIудугъ росу бугилан. Къушан жамагIат гIуцIун букIана гьанжесеб Агъул мухъалда бугеб анлъго росдадасан (Кошанапу абулеб гIурул рагIалда).
Гьел ккола Буршаг, Арсуг, Яркуг, Цирхе, Кураг и ХIудугъ. Жибго гьеб ХIудугъ росулъ гьабсагIаталда гIумру гьабун буго нусгогIан хъизаналъ. Гьеб буго Кураг росдал советалда гъорлъе унеб Кушандере абулеб расалъиялда. ПалхIасил, лъабго-ункъо наслуялъ церехун МухIамадаминил рукIарал умумул кколаан агулазул ХIудугъ росулъа. ХVI гIасруялъул байбихьуда гьел Рочире рачIун ратизе руго. Гьедин апарагзаби хIисабалда гьеб росулъе рачIарал гьезул кIудияб къо-асс букIинчIолъиялъ рекIун батила МухIамадаминида Хъазахъилав абун кIиабилеб цIарги.
Цебехун бицухъе, гIалимчиясул гIумрудул хIакъалъулъ мукъсанал гурони баянал нахъе цIунун хутIун гьечIо. Гьев гьавуна ва цIикIкIанисеб мех бана Рис-гIоралъул рагIалда бугеб Рочиб росулъ.
Хъазахъилав 1714 соналда хванин абураб баянги хIисабалде босун гьес гIезегIан сонал ранин абизе бегьула. ГIага-шагарго 1630 соназда гьавун ватизе ккола гьев.
Исламги гIараб мацIги Дагъистаналда лъазабизе байбихьун хадуб гьес лъай камил гьабун буго Дагъистан тун къватIиб. Исламалъул тарих лъазабулей К. МухIамадовалъул баяназда рекъон, Хъазахъилас рекIехъе лъазабун буго Къуръанги 500 хIадисги, гьединго лъалеб букIун буго «Сирру раббанги».
1960 соназда машгьурай этнограф Г. А. Сергеевалъ данде гьарурал баяназухъ балагьун, Хъазахъиласда камилго лъалеб букIун буго местIерлъиялъул, астрономиялъул, хIисабалъул гIелмаби. Гьев гIезегIан мехалъ вукIун вуго гIараб улкабазда сапаразда. Хъазахъиласул хIакъалъулъ чанги биценалги руго. Абула гьесда инсан сасинавизе кIолаанилан (гипноз). Гьединго гьес бахъараб планалда рекъон бан рагIула Рочиб мажгитги. Хъазахъилав вукъун вуго Нукъуш.
Рочисезул биценазда рекъон, гьезул басрияб росулъ цIунун хутIун руго Хъазахъиласул жигарчилъиялдалъун бан букIараб мажгиталъул чIваднал. Гьединго руго баянал Хъазахъилав мажгиталъул дибирлъунги гьеб жамагIаталъул къадилъунги вукIиналъул баянал. ДГПУялда историялъул кабинеталъул библиотекаялда буго Рочиса Хъазахъиласда цеве цIалулеб мехалда Мугиса МухIаммадица 1111 (1699-1700) соналда кверца хъвараб «ал-Фаваид ад-дийаийа» абураб тIехь.
ГIумру гьабун Хъазахъилав Алчуниб абураб колотIа вукIун вуго. Гьениб букIун буго магIишат.
ХVIII гIасруялъул байбихьуда Хъазахъилав вахъуна кьесеразул кIкIалахъ бугеб Нукъуш росулъе. Кьесеразул росабалъ хутIарал биценазда рекъон, МухIаммадамин (Хъазахъилав) цIалулев вукIун вуго Нукъуш росулъа ХIажи абулев гIалимчиясда цеве. Гьел кIиязулго хIакъалъулъ хъван буго Багинуса шайих ШугIайб-апандил асаралъулъ:

«Пагьму цIакъго битIарав Рочиса Хъазахъилав
ГIелму гIамал рекъарав дов ХIажи Нукъушияв».

ГIезегIан тIахьалги цIаларав бегIераб гIакълуялъул гIолохъанчи - Хъазахъиласда байбихьудаго ракIалда букIинчIо Къуръаналъул аятазе баянал кьеялда гIей гьабун чIезе. Заманалдасан гьеб бичIчIарав Хъазахъилав уна жиндирго мугIалимасухъе, амма гьев хун ватула. Гьедин хабадеги щун нахъвуссуна. Хадувккун Хъазахъилав, росдал гIадамазулгун дандеги ккечIого вахъун ватула Нукъушиве. Ахирисеб нухалда Нукъушиве вачIиндал, квешго унтарав Хъазахъилав нахъе виччан гьечIин гьесул мугIалимасилан бицуна. Гьедин гьенив дарсал кьезе чIанила гьев.
ГIали Каяевас хъвалеб буго Нукъуш росдал мадрасаялда дарсал кьолев вукIаго хванин гьев, гьенивго вукъунги вугилан. ХIакъикъаталдайин абуни Хъазахъиласул васият букIун буго жив Нукъушив вукъизе. Росдал гIадамаца тIубала гьеб амру. Жидер росуцояв-гIалимчи хун вукIин лъайдал, рочисел рачIуна вукъизе Рочиве гьев восизеян. Амма гьесул васият батIияб букIанилан, нукъушисез инкар гьабула жаназа кьезе.
Нукъуш росдада мадугьалихъ ругел ГIириб
ги Рулдабги росабалъ цIунун хутIун руго Хъазахъиласул хIакъалъулъ биценал. Гьедин Рулдаб бицуна какил заман тIаде щвараблъи лъазабулеб алат гьабун букIанин гьесилан. Гьелъие гIоло гьес росда гъоркь бугеб гохIда гьабун букIана чIахIиял ганчIазул си. Гьединаб сиги кIи-кIи букIана – цояб риидал заманаялъе, цогидаб хасалил гIужалъе данде кколеб. Гьезда речIчIарал бакъул чIорал мажгиталъул къадаздасан цIарал хIуччазда тIаде кколел рукIун руго. Щибаб хIуччалъул букIун буго какил ригь бихьизабулеб магIна.
Гьединго ГIириб росдал гIадамазги бицуна жидер доба мадрасаялда дарсал кьолеб заманалдаги ургъун букIанин Хъазахъилас какил гIуж тIаде щвараблъи бихьизабулел алатал.

Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook