Авторизация

МохIоса Дамадан

Тарихалда тIад хIалтIулезул гIаммаб пикруялда рекъон МохIоса Дамадан рикIкIуна Дагъистаналда рахъарал церетIурал, бергьарал гIалимзабазул цоявлъун. ТIупал ЯгIкъубил вас Дамадан гьавуна 1650 яги 1651 (гьижрияб тарихалда рекъон 1061) соналъ МохIоб росулъ ва гьитIинаб къоялдасаго гьев вукIана цIакъ Аллагьасдаса хIинкъарав, ТIадегIанасе хIелун гIибадат гьабулев чилъун. Гьесдаса цере рукIарал Шангъодаса ГIисаги ва Шиназалдаса ИсмагIилго гIадин МохIоса Дамаданги рикIкIуна Дагъистаналда астрономиялъе, медицинаялъе ва хIисабалъул гIелмуялъе кьучI лъурав гIалимчилъун.

ГIелму тIалаб гьаби
Дамадание кIудияб лъай щвана жиндирго ватIаналда, гIагараб магIарул улкаялда. ГIелму камил гьабизе сапар бухьана гьес Ширваналдеги. Дагьаб заман арабго гьениве цIализе вачIана Къудукьа МухIамадги (Мусалав).  Чияр ракьазда лъай-хъвай ккарал кIиго гIолохъанал магIарулал цадахъ щун руго ГIарабиялдеги. Мусалас гIадин гIемер заман гьениб бачIого нахъ вуссун вачIарав Дамадан. Дагъистаналда жинда лъикI лъалел гIелмаби тIоритIулаго, лъаларел магIарул гIалимзабаздасан босун тIамарал Дамаданица сонал. Балагъа гIелму (риторика) лъазабиялъул рахъалъ гьесул мугIалим вукIун вуго ТIидиса Лабазанилав (Лабазанил МухIамад), фикъгьиялъул – Къудукьа Мусалав. Гьединго гьев цIалун вуго МухIамад-Амин абулев гIалимасда цевеги, халкъалда гьоркьов гьев лъалев вукIун вуго Рочиса Хъазахъилав абун (хвана 1126 гь. / 1713 cоналъ). Гьелъие нугIлъи гьабулеб хъвайхъвагIай батун буго Румиса Къади-задел «ШархI ал-мулаххас» абураб хIисабалъул тIехьалда. Гьелда тIад жиндирго Дамаданил квералъ хъван буго: «Дир мугIалим Рочиса Хъазахъилав МухIамад-Аминил мадрасаялда хъвараб захIмат абун, 1110 гь. с. (1698-99 с.)».
ТIадехун рехсарал Къудукьа МухIамадги, ТIидиса Лабазанилавги, Рочиса Хъазахъилавго гIадин Дамаданида гIелму малъарав чиясда гьоркьов тарихчагIаз рехсолев вуго гьединго жанубияб Кавказалдаса цо гIалимги. Гьесул цIар лъалеб гьечIо, гIицIго лъалеб буго гьев Ганжа шагьаралдаса чи вукIин. Чара гьечIого лъагIалида жанив цо нухалъ гьесухъе щолев вукIун вуго МохIоса Дамадан.
Багинуса ШугIайб-апандица бицунелда рекъон МохIоса Дамаданида гьединго тIокIкIун лъалеб букIун буго адабиятги, фикъгьиги, цогидаб гIелмуги. ХIатта цо-цояз абулеб букIун буго гакъида гIелму хIакъалъулъ хъвараб «ШархI ал-гIакъаид» абураб мажмугI гьесда рекIехъе лъалеб букIаниланцин. Грамматикияб гIелмуялъул ва ТIадегIанав Аллагьасул цIарал лъазариялъул рахъалъ гьев ващалъун вуго цIар арав ал-Буни абурав гIалимасда. Цо-цо гIалимзабаз бицунелда рекъон Дамаданица хIукму къотIулеб букIун буго бусурбабазул ихтияралда тIасан. Мисалалъе гьес нахъчIван буго инсул ялъуни инсулги инсул ихтияр бугин хIал гьабун жидерго яс гьезие бокьараб бакIалде ригьнаде кьезеян абураб шафигIияб мазгьабалъул цо-цо гIалимзабазул пикру. Гьел мекъи рукIин баян гьабизелъун гьес мугъчIвай гьабун буго жиндие бокьулареб бакIалде чIужугIадан ригьнаде кьезе салат салам лъеяв МухIаммад аварагас инкар гьаби.

Анкьгьунаралъул гIалим
Персазул мацIалда ГIабдуллагь ал-Бурдажандица (хвана 932 гь. / 1525 с.) хъвараб «Мукъаддимат Зидж Улугъбек» (астрономия) абураб тIехь гIарабалде буссинабун буго Дамаданица. Гьеб ккола Самаркъандалдаса машгьурав астроном Улугъбекил захIматалде (хвана 853 гь. / 1449 с.) ал-Бурдажандил баянал. МохIоса Дамаданида тIокIкIун лъалаан хIисабалъул ва тIабигIияб гIелму, гъваридаб лъай щун букIана гьесие гьадинго тригонометриялъул рахъалъги. ХIисабалъул гIелмуялъул рахъалъ гьес хъварал тIахьал ккола «Мухтасар ал-фараид» («Дандегьарурал жавгьарал»), «Тамарин фи-р-рийадийат» («Математикиял упражненияби»), ва гьел гурел юнаниязул (греказул) гIалимчи Икълидисица (Евклидица) байбихьараб гIелмуялде мугъчIвайги гьабун хъварал жегиги рикIкIен гIемерал баяналги, макъалабиги.
ГIелмуялъе Дамаданил бугеб кIудияб гьунар бихьидал Шамахалда бугеб жиндирго рухIияб цIалул идараялда дарсал кьезе ахIун вуго гьев Гъазигъумекиса Сурхайица. Сурхай-ханас Хачмас шагьар бахъидал гьес гьединго талавур гьабун буго гьезул библиотекаги ва жиндиего пайда босизе изнуги кьун гьелъул тIалаб-агъаз гьабизе МохIоса Дамаданида тIад къан буго Гъазигъумекдерил ханас. Гьеб библиотекаялда жаниб Дамаданида бищунго хIажаталлъун бихьун буго лъеберго соналъ цебе персазул мацIалда Мазандараналдаса МухIамад ад-Дайламица хъвараб «ТухIфат ал-муъминин» («Муъминзабазе сайгъат») абараб тIехь. Гьеб медицинаялъул тIехь Дамаданица Ибн-Синалги (хвана 428 гь. / 1037 с.), Абу-Бакр МухIамад ар-Разилги гIелмиял хIалтIабаздаса пайдаги босун гIараб мацIалде буссинабун буго. ГIемерал соназда, МагIарухъ халкъалда гьоркьоб «Дамадан» цIаралдалъун машгьураб тIехь, чанги гIадам хвалил унтиялдасацин хвасар гьавун, хIалтIизабуна. ТарихчагIазул пикруялда рекъон МохIоса Дамаданица гIарабалде буссинабураб гьеб мажмугIалъ нух рагьанин абизе бегьула Дагъистаналда тохтурлъиялъул махщалие.

Гьесда лъалареб гIелму букIинчIо
Нилъеда бихьухъе Дамадан вукIун вуго гIелмуялъул гIемераб рахъ лъалев, цеветIурав гIалимчилъун. Амма гьесул гьунаралъул сияхI гьаниб лъугIуларо. Халкъалъул биценалда рекъон алхимиялъул кумекалдалъун гьесда лъалеб букIана пахьул-маххул месед-гIарац гьабулеб куцги. Цогидал гIалимзабаз тIураб «месед» квартIа тIад бан гъурараб мехалъ гьес хIадур гьабураб месед-гIарац гъуризе кIун гьечIо щулалъиялъул хал гьабураб мехалъ. Амма гьелъие бугеб жиндирго махщел къватIибе загьир гьабулеб букIун гьечIо гьес. Гьединго МохIоса Дамаданида лъалеб букIун буго тарихазул сихIруги (гIилм ал-джафр), гIемер гIадамазе кумек гьабурал сабабалги хъван руго. Бицен буго гьесда рекIехъе лъалеб букIун бугин «Сирру ар-Рабан» абураб тIехь. ГIалимчияс халкъалда бицунеб букIун буго нахъа ккезе бугелъул.

Дамаданил мутагIилзаби
Жиндасаго цере рукIарал гIалимзабазго гIадин МохIоса Дамаданицаги жиндасаго хадур тун руго гьесул гIелму босарал гIемерал чагIи. Доб заманалъ гIелму лъазабулеб мутагIалимал цо гIалимасда аскIоса цогидасда аскIоре ун цIалулел рукIиндал жиндир заманалъ МохIоса Дамаданида цеве цIалун лъай камил гьабулев вукIана ХIуриса МахIад (хвана 1147 гь. / 1734 с.). МохIоса Дамаданил мадрасаялда цIалулаго ХIуриса МахIадица лъазабун буго хIисабалъул гIелмуги, астрономияги, гьелъул хIасилалда гьес хъван буго Шиназиса ИсмагIилил «Хуласат ал-хIисаб» абурабги «ШархI ар-Ризван» абурабги (гьелъул автор лъалев гьечIо) мажмугIалъе «ШархI Хуласат ал-хIисаб» абураб баян.

Кашфу-карамалъиДамаданил халкъалда гьоркьоб букIараб машгьурлъиги, къадру къиматги хIисабалде босун, гьесда цере рукIарал гIалимзабиго гIадин гьевги рикIкIунаан Аллагьасул вали, ТIадегIанас кашфу-карамат кьурав чилъун. Бицен буго къотIносан гьев унев мехалъ гьесие ракьцин къулулеб букIанилан. Гьединго абула гьес бицун букIин халкъалда Закаталаялда капурал гIурусазул хъала букIине бугилан. Гьебин абуни букIана гIурусал гьеб ракьалде рачIине ракIалдацин гьечIеб мехалъ.
Дамаданица тIаде жубан буго гьеб хъала сокIкIине бугин чIахIи–чIахIиял ганчIаздасан. Кинабго гьедин ккунги буго. Багинуса ШугIайб-апандица дагьабги мухIкан гьабун бицунеб буго гьелъул хIакъалъулъ: — Цо нухалъ Дамаданихъ гьоболлъухъ вукIун вуго ЧIар росулъа гьобол. Каки чуризе къватIиве арав Дамадан нахъвуссине кватIун вуго. Нахъвуссун вачIаравго гьесул хьитазда бахараб гIазу бихьун буго гьоболасда. Гьебин абуни букIун буго багIарараб риидалил къо. Гьоболас гьелъие гIилла гьикъидал щибго жаваб кьун гьечIо Дамаданица. Амма кингоги гьобол тIаса вичIичIев мехалъ живго хвезегIан гьеб лъидаго бицинарилан гьоболасухъа рагIиги босун бицун буго гьадин:
— Рокъоса къватIиве вахъаравго дида рагIана борхатаб мугIрул тIогьив вугев чанахъанас дир цIар ахIулеб, гьес абулеб букIана жив цо кьватIелалда гьоркьове ккун вугин, гьениса жив къватIиве вахъизе цохIо дида гурони кIоларилан. Дун ана гьениве ва гьевги къватIиве вахъана, гьаб дир хьитазда бахараб гIазуги добаса кколилан. Гьоболасе гьеб хабаралъ кIудияб асар гьабун буго, амма Дамаданица гьесда абун буго жинда ургъел чIвазабураб жо батIияб бугилан. Щибин гьебилан гьикъидал гьес гьоболасда бицун буго гьадин:
— БачIине буго заман, дур ракьалдеги рачIун Аллагьасда божуларел мунапикъзабаз базе буго гьениб хъала гьабсагIат дур рукъ бугеб бакIалдайин абуни рукIине руго гьеб хъалаялъул каваби ян. ЧIаралдаса гьобол цIакъ вихха-хочун лъугьун, кIалалде рагIи бачIунарого хутIун вуго лъикI мехалъ. СагIат араб мехалъ гьикъун буго гьес Дамаданида: «Я дир шайих унго унгоги рачIине ругищха гьел гьанире. Гьелдаса хадуб кинха гьаниб бусурбабазул пачалихъ букIинеб абун?».
— Капурзаби гьаниса рачахъизе руго ТIадегIанав Аллагьасул кумекалдалъун, гьебги ккезе буго нужер доба бугеб гIурул лъим, КIатIихъ росдал лъимгун жубараб мехалъилан жаваб кьун буго гьесие Дамаданица.
Дамаданил хIакъалъулъ буго гьадинаб биценги, гьеб хурхараб буго Къудукьа МухIамадида. «МаркIачIукакдаса хадув рокъове вачIарав шайихасда хъизан ятун йиго тIагIамал цIурал чадал гьарулей. Гьеб мехалъ лъабго нухалъ абун буго Къудукьа МухIамадица: «Диналъул вац Дамаданиеги цIакъ рокьулинха гьал цIурал чадал» - абун. Лъабабилеб нухалъ гьес абун хадув жаниве лъугьун вачIун вуго МохIоса Дамадан.
КватIанаха Дамадан мунилан Къудукьа МухIамадица абидал, тIоцебе дуца дие рокьулин гъол цIурал чадалилан абидал дун как балев вукIана, кIиабизе абидал дун хьитал ретIунев вукIана, лъабабизе абидал щвана дун дур рокъовейилан жаваб кьун буго МохIоса гIалимас.

Ахираталде къокъин
Гьев накълулъараб къо-моцIалда тIасан цойиде рачIараб пикру гьечIо гIалимзабазул. ГIемерисез рехсолеб буго 1131 гь. с. (1718 с.). ГIали Гъаяевас мисалалъе 1137 сон бихьизабулеб буго, Багинуса ШугIайб-апандица мухIкан гьабулеб буго, ай гьебго соналъул сафар моцIалъ хванин Дамаданилан (1724 соналъул октябрь-ноябрь моцI), тарихчагIазул хъвай-хъвагIаязда рехсолеб буго 1138 соналъул сафар моцI (1725 соналъул октябрь–ноябрь моцIал).
МохIоса Дамадан къадаралде щун вуго Ганжа шагьаралда (гьеб букIана Тифлисалъул ханлъун тарав туркав ГIусман-къадица гьеб бахъараб мех). Гьеб заманалда Дамадан гьенив мударрислъун вукIана. Гьесул хоб буго Ганжа шагьаралда аскIоб бугеб магIарда, гьенивго вукъун вуго гьесул мугIалимги. «Жакъаги гьесул хабаде зиярат гьабизе щола батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал гIалимзаби» - хъван буго цо тIамчида нусго соналъ цебе цо магIарулас.

Автор: МахIач Мусаев

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook