Авторизация

Михъида хIур хъвачIого 55 сон



Михъида хIур хъвачIев гIолохъанчи вугин гьав нилъер художник ГIамирханилан нилъ рукIаго, гьас цо гIажаибаб игIлан чIвана къватIиб, жиндица 55 сон баялъул хIурматалда гьабулеб выставкаялде рачIайилан. Уяб жойищ гьеб махсаройищали гьикъизе къватIие яхъинчIого кинго ракIалъ къабул гьабичIо. Жиндирго кIал бихьараб гIадаб жо букIунарелъулха.

                                                                                                                       

- ГIамирхан, уяб жо бугищ, вац, гьаб дуца 55 сон банилан абулеб хабар? 

- Бугилан абулеб бугоха паспорталъ. Дунгицин божулев гьечIо. Бекерун унеб жо букIунеб буго аб гIумру.


- Дур художниклъиялъул байбихьи сундасан букIараб? Дуего суратал рахъизе бокьулеблъи кин дуда лъараб?

- Дида лъалелдасаго нахъе суратал рахъулев ватана дун. Дица школалдаги суратал рахъулаан цойгидазе, доз дие математикаялъул масъалаби гьарун кьолаан гьелъухъ. Школалдаги кинаб бугониги бокIоналъул оформление, къадал газетал, хъвай-хъвагIаял, кинабго гьабулаан дица. Рисованиялъеги физкультураялъеги кидаго щуйилал рукIана дир. Цойгидал предметазул цо беццилеб хIал букIингчIо.


- Школа магIарухъ гурищ дуца лъугIараб? ГьитIинаб къоялдаса нахъе дун художниклъун вахъиниланищха мун вукIарав?

- 3 класс Шотода лъугIана дица. Школалда учительзабаздаги, рокъоб эбел-инсудаги бихьулеб букIун батиларищха дир суратал рахъиялде бугеб рокьи. 4 классалде Хунзахъ художествияб школа-интернаталде цIализе витIана дун. Цо соналъ хIалтIун армиялде вачун ун, хадусевги гьединго, хадусевги гьединго… ункъо соналда жаниб  суратал рахъиялъул ункъо учитель хисана. ЛъикIал учительзаби рукIана киналго. Гьенив 8 классалда вугев мехалъ дица гьабуна стенд киналниги Дагъистаналъул адабияталъул классиказул сураталги рахъун. Киналго дарсазда гьеб хIалтIуде машгъуллъун вукIунаан дун. Жакъа къоялъги гьеб стенд буго ГIараниб школа интернаталда. Гьанже гьеб бихьарабго, кингIагидай дица доб мехалъ доб бахъанаян ккола дида.  


- Суратал рахъизе бегьуларилан абулел чагIи рукIинчIищ?

- РукIинчIо. Доб заманаялъ устарзабазул сураталгицин рахъулаан дица.


- Эбел-инсул щиб бербалагьи букIараб дур художниклъун вахъине бугеб гъираялде?  Суратал рахъун хъизан кин хьихьулебилан гьикъулеб букIинчIищ гьез дуда? Гьеб цо «несерьезный» хIалтIи бугилан абичIищ?

- Эмен вукIана данде чIун. Астраханалда милицаялъул щколалде дун витIизецин букIана гьесул къасд. Дие бокьичIо. Эбелалъин абуни дир рахъ кколаан кидаго.


- Дуцаго гьабулеб букIинчIищ пикру, суратал рахъун щиб дие щвелеб, кинаб магIишатдай дица гьабилебилан?

- Дица жакъаги гьабуларо гьелъул пикру. Гьеб магIишаталъулги щолеб-толеб жоялъулги пикру гьабулев чи художниклъунги вахъунаро. Суратал рахъи гурони цогидаб жо ракIалда гьечIеб мехалъ, батIияб хIалтIиги лъугьунаро. Бокьун гьабулеб хIалтIул гурони хIасил ккезеги рес гьечIо.


- Гьединал чагIи гьанже заманаялъ цIакъ къанагIалъун руго. Ругелги, щолеб жо гьечIого хIалтIулел чагIи, цодагьал гIакълу гьечIеллъунги рикIкуна гIарцуда хадур рекерун гIумру тIамулел ругел гIемерисез. РухIияб бечелъи материалияб бечелъиялдаса кIвар бугеб букIин бичIчIичIони, месед-гIарацалъулъ ччун рахъаниги бечелъулареллъи лъазе заман щун бугоанха. РакI мискинав чиясул бечелъиялъул пайда щиб? 

ГIадан малълъарун чи лъугьунарила, Аллагь малълъарарал рижагийилан рукIунаан кIудиял чагIи. Аллагьас кантIизарегиха.


- Дагъистаналъул бищунго махщел камилав художниклъун щив дуца рикIкIунев?

- Дица рикIкIуна Халилбег Мусаясуласухъе вахарав художник нилъер гьечIилан. Гьесул суратазухъ валагьун дун гIорцIуларо. КигIан берцинго, чIагоял чагIазухъ ралагьараб гIадаб асар лъугьунедухъ рахъун ругел гьес нилъер магIарулазул суратал. Живго ВатIаналдаса рикIкIад вукIун гIемерал сонал аниги, цере чIун ругедухъ кьун буго гьес гьезул берзул балагьиги, хIатIил росиги. ТIоцебесеб иргаялда, гьесул музей букIине кколаан нилъер республикаялда. Гьеб гьечIолъи буго нилъ нечезе ккараб хIужа.

Гьединго, Гъуниб районалъул Бухтиса мунагьал чураяв Шабанов МухIамадил суратал рокьула дие кутакалда. Гьелги руго музеяздаги, гIадамазул коллекцияздаги.


- Дуда кколеб гьечIищ гьал цо жидерго хIакъалъулъ пикру тIадегIанал чагIаз, гьаб искусство бугин, гьаб гьечIилан квер битIун кьолин цо-цо художниказеги гьезул хIалтIабазеги къиматилан? Гьез абуралдаги божун, жидеда бичIчIулареб жогIаги батилилан, гьелъие мукIурлъизеги бокьуларого, цойгидал гIемерисезги гьезул пикру къабул гьабулилан. Масала босани, кинаб къимат дуца кьолеб Малевичасул «ЧIегIераб квадрат» сураталъе?

- Гьеб бугоха цо-цо искусствоведазул хIалтIи. Щибниги гьечIеб бакIалда цо мифги ургъун, гьелъул багьа зодобе бахине гьабула гьез. Гьезда хадур цойгидалги уна.


- Дурго хIалтIудаса рази гьечIолъи букIунищ дур?

- Жакъа лъикI бугилан кканиги, метер валагьидал хисизабизе кколел бакIал ратула кинаб сурат бахъулеб бугониги. Цин цебе цо сурат чIолеб букIуна, хIасил батIияб лъугьуна. Гьединаб жо букIуна творческияб хIалтIи.

80 сон барав Леонардо да Винчида гьикъун буго, щиб дуда лъараб бичIчIарабилан. Гьес жаваб кьун буго, гьанжего гьанже азбука лъанин, цойгидаб жеги лъазабизе цебе бугилан. Руго гьитIинаб жо гьабуниги кIудияб жо гьабураб гIадин жалго рихьизарулел художникалги. Амма тарихалда хутIула унго унгояб махщел. Заман буго унго-унгояб цIалкIу. 


- Дица гьаб сурат бахъила, хадуб цойги бахъилаян, планги хъван рахъулел жалищ суратал рукIунел?

- ШагIирасе кечI гIадин, художникасеги циндаго бачIуна пикру, цебе чIола сурат. Гьединлъидал, кив дун вугониги дида аскIоб кидаго букIуна мольберт, яги кагъат къалам ва гьеб сураталъул гIуж-куц гьабун тола гьениб. Гьеб гIуж-куцалда тIад хадув гIемер хIалтIун лъугьуна щвалде щвараб сурат. Художникасул бетIер кидаго пикрабазда, цо-цо жал цере чIезабулеб, ургъулеб букIуна.


- Дур, тIабигIаталъул суратал, гIадамазул портретал гурелги, руго гIемерал тарихиял сураталги. Руго Шамил Имамасул, ХIажимурадил ва цойгидал наибзабазул суратал… Гьел тарихиял суратал рахъилалде цебе тарих лъазабун хIадурлъи букIине кколеб батилаха.

- Тарих лъазабиги буго дир хIалтIул цо бутIа. Дица кинаб букIаниги рагъул эпизод бахъизехъин бугони, мухIканго чанго тарихчиясул тIахьаздасан лъазабула гьеб бакIалда букIараб ахIвал-хIал ва киноялда гIадин цебе чIезабула гьениб букIараб хIалуциналъул асар. Гьеб асар сураталъухъ валагьарав чиясухъе кьей буго дир аслияб мурадги. Чиясе асар гьаби ва гьев пикру гьабизе тIами. Гьеле художникасулги аслияб масъала.


- Рес букIарабани, дунялалда рукIаралщинал художниказул щив художникгун дандчIвазе дуе бокьилеб букIараб? Ва щиб суал гьесие кьелеб букIараб?

- Ван Гоггун дандчIвазе бокьилаан. Гьев вуго дие бищунго вокьулев художник. Гьаб нижерго хIалтIуда хурхун ругоан дир гьесие кьезе чанги суалал.


- Госзаказал ругел мехалъ лъикI рукIун ратила художникал.

- Гьаб хIукуматалъул хиса-баси лъугьаралдаса кIудияб кьаби щвана художниказдеги. Чанги чи батIияб хIалтIуде, гIарац щолеб гIадаб бакIазде ана. Амма жиндирго хIалтIиги бокьулел, Дагъистанги бокьулел, творчествоги бокьулел художнткал рагъаричIого дораго руго. Жакъа къоялде Дагъистаналда I82 художниказул Союзалъул членал руго. РекIелъ творчествоялде рокьи бугев чи кивего унаро, кигIан захIматаб ахIвал-хIалалде кканиги.


Совет хIукуматалъул заманаялъ букIана художественияб фондилан абураб жо. Кидаго гIарацги букIуна гьениб. Киса-кибего Совет хIукуматалдаса рачIунаан заказал. Памятниказе рукIунаан заказал, кIуди-кIудиял заводал фабрикабазде ритIулаан художникал хIалтIи гьабизе. Жакъа гьединаб жо гьечIо. Фондал руго, гIарац гьечIо. Гьелъухъ балагьичIого нижеца гIахьаллъи гьабула киналниги Дагъистаналъул, Россиялъул ва халкъаздагьоркьохъел выствавкабазда. Дагъистаналъул художниткалги, дагъистаналъул хаслъиги, берцинлъиги, колоритги киса-кибего лъазабун, билизе кIочене толеб гьечIо нижеца.

Цереги нилъер рукIана цIакъ махщел камилал художникал, мунагьал чураги гьезул. Гьединлъидал нилъер Дагъистаналъул художниказул школа лъала добаги, нижеца гьанжеги кIочене толеб гьечIо.


- Цебе хIукуматалъул кумекги кверчIвайги букIараб батани, гьанже нужерго хIаракаталдалъун лъалел ругоха нуж дунялалдаго. КъватIиреги рахъинчIого нуж чIани – кIоченеги рес буго. Гьаб культураялъул министерствоялъул букIунарищ нужее кинаб букIаниги кумек.

- БукIуна. КIудияб кумек гьабизе кIвечIониги, гIиси-бикъинаб жоялъениги квер чIвачIого гьез ниж толаро.


- Спонсорал щоларищ нужее?

- Гьаб цо бихха-ххочи ккараб 90 соназ спонсоралгIаги рукIунаан. Бокьулаан гьезие творческиял гIадамазда квер чIвазе. Жакъа гъолги гьечIо. Каталогал риччазе, выставкаби гьаризе нижерго рес рекъани гурони, тIокIаб рес гьечIоха. Гьаб юбилеялъул выставкаги буго дирго чIаголъи.


- Жакъа дур творчествоялъул бицаниги, мун спортсменги вукIин лъаларев чиги магIарулазда гъорлъ ватиларо. Валлагь вац, ГIамирхан, гIодой ккун хваниги бажарулароха цебе чIезабун, лъалхъичIого нусгоги кIинусгоги километраялъ кин чIагояв чи векерулевали. Марафоназда векерунги, цогидал соревнованиязда гIахьаллъунги дуе щвараб-щинаб медал-килас бихьизе бокьарал, ГIамирханил персоналияб выставкаялде рачIайилан абила дица. Суратаз гьабураб асаралде тIадеги, гIажаиблъи гьабизе жо гIемераб батизе буго нужеда гьениб. Гьединав вугоха нилъер ГIамирхан. 


P.S. ГIамирханил суратазда гьоркьоб буго,  ГIамирханида релълъарав, кьурарал чалухъал михъазул унго-унгояв магIарулав. Гъоркь дир эмениланги хъван буго. Дица ГIамирханида абулеб буго, валлагь релълъаравни вугоха мун инсуда, амма гьал михъал камун ругилан. ГIамирхан вуго, рассада босизе кIочон батанила))).


Михъал рукIаралани, хIур хъвазеги рес букIана, ГIамирхан. Гьедин гIолохъанго, къартIалда, бокьулеб ишалде рекIелъ цIагун, жеги 55 соналъ суратал рахъулев таги мун Аллагьас.


ХутIараб хадусеб юбилеялъулаб гара-чIвариялда бицина, Бичас биччани.


Справка

ГIамирхан МухIамадов гьавуна I964 соналъ Хунзахъ районалъул Шотода росулъ. Хунзахъ художествияб школа-интернаталда. ДГПИялъул ХГФ лъугIана I990 соналъ. ГIамирхан вуго Россиялъул художниказул союзалъул член. Гьесул хIалтIаби руго батIи-батIиял музеязда ва художникас бахъараб сураталъул къимат лъалел цо-цо чагIазул рокъор.

ГIамирхан МухIамадовасул хIалтIабаз  гIахьаллъи гьабуна нусгоялдасаги гIемер выставкабазда гъорлъ. Гьесул букIана жиндирго I5 персоналияб выставкаги.

 



Автор: Гара-чIвари гьабуна Баху МухIидиновалъ

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook