Авторизация

Лъие Барак, лъие ХIусен?

Лъие Барак, лъие Х1усен? Ахирал къояз Дагъистаналда ккаралщинал батIи-батIиял лъугьа-бахъиназ къватIиса пачалихъаздаса гIебеде бугеб ахIвал-хIалалде регIулеб хIалго хутIун букIинчIо. Кинниги гIумру буго гIумру, ва дуниялалда бугеб хиса-баси лъачIого тIубаларо.

Ахиричсеб анкьил лъугьа-бахъиназдаса бищунго кIвар кьезе кколеблъун бихьизабулеб буго Америкаялъул Цолъарал Штатазул Президент Барак Обама (цо-цояз гьесул цIаралда цадахъ ХIусен абунги рехсола) Египеталде вачIин. Гьенивеги вачIун тIолго бусурбабаздехун хитIаб гIадаб жо гьабуна гьес. Къокъго абуни гьесул кIалъаялъул хIасил букIана америкаялъеги бусурбаби рокьулин ва рокьулелги рукIанин, амма гьал цо эктремистаз нилъеда гьоркьоб кIудияб кьватIел рехизабун цоцазде рокьукьлъи бижизабунин. Нилъеца гьанже цIидасан гьоркьорлъаби щула гьаризе ккун ругин ва цебе букIараб хIалалда рукIун лъикI гурин  абун.  Ургъани кигIанги лъикIаб, бокьаравги чияс къабул гьабилеб гIадаб пикру буго. Амма гьеб буго квеш ккараб жого, гьеб гIицIго пикру букIин, жиб жеги хIакъикъаталдасаги рикIкIадаб тIубалищалиги балагьизе кколеб. Гьелъие буго гьадинал хIужаби: Обама Каиралда тIолго бусурбабазде хитIабал гьарулев вуго, ГIиракъалда ругел америкаялъул генералзабаз армия къаватIибе бачине инкар кквезехъин буго, Гуантанамалда кидаялиго къазе букIараб туснахъ, жеги къан гьечIо, Афгъанистаналда америкаялъул армиялъул къадар цIикIкIинабулеб буго ва гь.ц. ва гь. ц….

Гьаб сияхI цIакъго халатаб букIина мухIкан гьабунани. Гьаб кинабго ишалда гъорлъан Обамал сапар бихьулеб буго лъикI бухизеги бухун хадуб лъимада ботIрода бахъулеб квер бахъизе арав цIикIарав чи гIадин. Нилъеца кинабго лъикIалде бачина, ва тела Баракие унго-унгоги грекъелги лъикIал гьоркьорлъабиги къваригIун ругин абун. Амма, кIочене бегьуларо цохIо Президентас кинабго суал Америкаялда тIубалареблъи. Гьезул буго Сенат, Конгресс ва цогидал институтал, жидерго хIукуматалъул ургъел гьабун хадуса цоги тIолго дуниял чIунтаниги бегьулин абураб пикруялда рекъон хIалтIулел, ва гьелъие гIоло кинабго гьабизе тIадчагIиги тIамулел. Гьелги гIемерисел, (политологазул пикруялда) руго жугьутIал яги гьелгун журарал чагIи. Ва киданиги Обамада бажариладай бусурбабазе лъикI букIунеб хIалалъ политика бачине, яги цо хIалалда гьел хIукуматал тезе. Шакаб жо буго. Дидани бихьула ХIусен Обама Америкаялда Президентлъун кканин абун бусурбаби рохи, бадибе хIур хъамизе гьабураб гIадаб хIалтIилъун. Киданиги рохизе бегьуларо, дур рокъовеги вачIун дудасаги лъикI жинца гьабилин гIадлуйин абун талавурчилъи гьабулев чиясда. Досие доб гIадлу батани азие зулму кколеб бугелъул. Гьединго кибениги рехизе бегьуларо ГIизраил. Гьеб буго ГIагараб Бакъбаккул рахъ гуребги тIолго дунялалдаго кьалбал риччараб макруялъе хадув чи жеги гIечIеб жидерго миллатги миллаталъе хасаб дингицин гьабураб пачалихъ. Гьезул киса-кирего руго жидерго интересал. Обамал сапарги жидеего цо щинаб пайдаялъе хIалтIизабила гьез.

Гьелда тIадеги ГIагараб Бакъбаккул рахъалда гIун бачIунеб буго цоги гучаб, лъабго пачалихъ данделъараб къуват. ГьанжелъизегIан рахъ-рахъалде руссун рукIарал Иран Пакистан ва Афганистан цолъулел руго гIаммал гIузрабазда данде рагъиялъе. Гьез цере лъолел суалалги руго гIаммав къватIисев тушманасда  экстремизмалда, наркоманиялда данде рагъизе ва энергетикаялъул суалал рекъон тIуразе. Гьеб букIина дир пикруялда бищунго ХIусен Обамае я гуккизе я къуркьизабизе кIолареб персазул къуват. Кидаяли букIахъе гьеб лъабабго пачалихъ цолъани ГIагараб Бакъбаккул рахъалдаго политикаги хисизе бегьула, Обамаги Бараклъун хутIила. Щивали ХIусен умумулъ вукIаниги вукIинчIониги щибго цIияб жо гьес гьабиялда хьул цIакъ дагьаб буго.

Аллагьас лъикIаб хъван батаги.


Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook