Авторизация

КIицIулго магIарулал

Миллатцоял

КIицIулго магIарулал


ТIоцебесеб сирт. Щиб къо рещтIаниги, росу щущачIо


Тиви росулъа жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Адаловасулгун гара-чIвари


СССРги щущан, гIемерал халкъазе эркенлъи щвелелде Грузиялъул Къварели районалда ва Лагодех шагьаралда гIумру гьабун букIана ункъазарго магIарулас. Гьезул гIемерисел рукIана Къварели районалъул Тиви ( Гургинросу), Чантлискъуре ( Росохъ), Сарусо  (Хъаладухъ, Шорохъ) ва Тлискъаро (Никул ицц) росабалъ. 1990 соналда Къварели районалда гIумру гьабулеб букIана 41 азарго чияс, гьезул 3800 чи магIарулал кколаан  (ичIго процент). Звиад Гамсахурдиял ва Эдуард Шеварднадзел нухмалъиялъул заманалда гьениб аваразе «гьава-бакъ рекъечIо», аза-азар чи Россиялде гочана.


ГьабсагIат Къварели районалда гIумру гьабулеб буго 1500 аварас (районалъул гIадамазул ункъо процент). Кахетия ккола Къварели ва жеги ичIго район гъорлъе унеб Грузиялъул регион. Гьелъул центр буго Телави шагьар. Кахетиялъул аваразул масъалаби рорхарал макъалабазул читIир бахъулеб буго «Миллаталъул» чанго номералда. Грузиялъул ССР бугеб заманалда гьениве щварав Расул ХIамзатовас Кахетиялъул магIарулазда абун буго гьаб динги мацIги батIияб халкъалда гьоркьорги рукIун миллияб хаслъи цIунизе кIварал нуж кIицIулго магIарулал ругилан. Гьеб цIаралда гъоркь бахъулеб буго Грузиялда гъорлъ хутIарал нилъер миллатцоязул бицунеб макъалабазул рахас.


Авар мацIалъе гIоло къеркьей


-Бадрудин, киназдаго лъала миллияб хасияталъул аслияб гIаркьел жиндир халкъалъул мацI лъай букIин. Грузиялда ругел магIарулазул росабалъ мактабазда авар мацI кьеялъул иш кин бугеб?


- Анкьракьалъул диалекталда кIалъалеб нижер Тиви росулъги бежтIадерил лугъат бугел цогидал росабалъги школазда магIарул мацI малъулеб букIана. Амма гьелъие гIоло гIезегIан кьеркьезе ккана. Къеркьезе кколел руго жакъаги. Авар мацIалъул тIахьал раччулаан Дагъистаналдаса. Нижер школалъул директорас росун рачIунаан гьел. ГIурус мацI малъулел тIахьалгицин рачIунаан Дагъистаналдаса.


Мугъзада лъималгун лъелго тирараб Кавказ


-Тиви росдал тарихалъул хIакъалъулъ щиб бицинеб дуца?


-Дида лъалеб жо буго дир кIудаинсул эменги гьанив вукъун вукIин. Дунги гьавуна Тиви росулъ 1935 соналъул лъабабилеб марталда. Дир эмен Адалов вуго. Гьесул эмен Идач ккола. Идачил эмен – Шарип. ТIокIал тIадехун умумул лъалел гьечIо. ИчIго сон букIана дир, 1944 соналда ниж Чачанлъиялде гочинаридал. ТIощел бакIарун бахъараб июль моцI букIана. Тивиялъулал ритIана Чачанлъиялъул Саясан (Рилъаб) районалде. ЧIарадаса, ЛъаратIаса ва цоги магIарул районаздаса гIезегIан жамагIатал рахъинарун рукIана гьенире. МагIарухъ бугеб Анцухъ росдаде ТIухъ абула нижеца. Чачанлъиялда гьезулги тивиялъулазулги (гьелги Анцухъа рачIанин чанго гIасруялъ цере Кахетиялдеян чIезабулеб буго тарихчагIаз. – ГI. ХI.) росаби аскIор рукIана. ТIадехун бугеб РагъитIа росулъ анцухъел рукIана, гъоркьехун Ачеришка росулъ – тивиялъулал.


Нижер гIадамазул гIезегIанал хIукуматалъ изну кьечIониги Тивиялде ва Анцухъе тIадруссана. Гьединлъидал Чачанлъиялда 27 цIараки гурони хутIун букIинчIо. Масала, гьедин нахъруссана Бадрудин Ибрагьимовасул эмен ва цоги гIагарлъи. ГIемерал гочана цIидасан Анцухъе. ТIадчагIаз гьукъараб иш гьеб букIаниги, гIадамал Чачанлъиялда чIезаризе кIолеб букIинчIо. ГIачиязда тIад парталги бухьун, къаси къватIире рахъунаан гьел. Веденосан, Болъихъан, лъелго гIемераб нухги нахъа тун, кIудияб къварилъи-гIазабги хьехьон, щолаан нахъе. ГIемерал гIадамал гочана магIарухъе, Анцухъе. Босизе хIалкIвараб къайиги, мугъзада къарал лъималги, - кIудияб гIазаб чIамизе ккун буго нухда.


Чачаналъ рукъарал тIадмагIарулал


- Чачанлъиялда яшав гьабизе щай гьедингIан захIмалъараб? Хур-ах гIезабиялъе санагIатаб бакI гурищ гьеб ракь кколеб?


- КьучIдасанго цIидасан лъалареб бакIалда бетIербахъизе бигьа букIинчIо. Квен-тIехги хашаб гурони щолароан. ЦIулакьо чIвалаан нижеца. Амма гьеб бичун шагьи-пара балагьизе рес кколароан. ИчIго сон барав чи щвана дун Чачанлъиялде. Гьениса нахъе гочиналде, нижерго Тивиялдаса ясги ячун, ригьин тIубан букIана. 22 сонил гIумруялде вахарав чи гочана нахъе (1957 соналда). Чачанлъиялда тIумараб 13 соналда жаниб цIакъ гIемер чи хвана нижер гьенив. Тивиялъулазги тана Саясан мухъалда хобал. 1979 соналда, Тивиялъул совхозалъ автобусги чIезабун, гьенире ун рукIана ниж. Хъарщал чIван тун рукIана хваразул заназда. Гьелги турун, кив щив вукъун вугевали лъалеб хIал батичIо. Дир кIудаэбел ПатIимат ва кIудияй яц ПатIимат рукъун руго Чачанлъиялда.


Росулъа къватIире къотIарал тивиялъулал кирго риххана – цоял Анцухъе руссана, цогидал – Грузиялъул ракьалда ругел росабалъ ва шагьаразда щущана – Телавиялда (Кахетиялъул тахшагьар), гуржиязул Ахалсопели росулъ, ЦIонори, Кеди ва цоги бакIазда. БоцIи хьихьун бетIербахъи гьабуна гIемерисез. 1957 соналдаса хадуб Тиви росу цIидасан буцIцIине байбихьана. Кавказалдаго риххизарурал росуцоял гьанире рачIине лъугьана.


Гуржияз магIарулазул ракь тIадбуссинабичIо


-БетIербахъи гьабизе киб бигьаяб бугеб – Анцухъищ, Тивиялдайищ?


-Тивиялда. Гьаниб ахихъанлъи гьабизе рекъараб гьава-бакъ буго, гIодоблъи буго. Тивиялъулаз цIибил гIезабула. Советияб заманалда щуго сотых бугеб пастIаниса цIолбол лъабго-ункъо тоннацин бакIарулаан нижеца. 1976 -1990 соназда «Ахалсопельсикий» абураб совхозалъул бригадирлъун вукIана дун. Тивиялъулалги гьеб совхозалъул членал кколааан. Гьенир хIалтIулезе 150-200 гъурущ щолаан, тIураб гIетIалда рекъон. Совхозалъ лъагIалие пачалихъалъе микьазарго тонна цIолбол кьолаан. Тивиялъулал Чачанлъиялде гочинарурабго, нижер ракь гуржиязул Балгъужаниб росдае кьун батана. 1957 соналда ниж тIадруссиндал,  гIезегIанго ракь нахъе кьуна. Амма росу батIияб бакIалда базе ккана. Хьваназул (бежтIадерил) къисмат жеги пашманаб ккана. Гьезул цо-цо росабазул ракь гуржияз нахъе кьечIо, масала, Арашиб росуги гьелъул мулк-ракьги гьез жидеего тана.


ТIагьир хваниги, гьесул цIар хун гьечIо


-Кахетиялъул нухмалъулезда гъорлъ цониги магIарулав вукIанищ?


- ВукIинчIо. Гьанир тIадчагIи ва гIемерисел хъулухъчагIи гуржиял рукIана ва руго. Дир эбелалъул эмен ТIагьир вукIана Телави мухъалъул почалъул началникI. ЦIакъ ритIухъав чи вукIун вуго гьев. Гьанжеги кIудиял чагIаз бицуна, ТIагьир хваниги, гуржиязе гьесул цIар хун гьечIилан. Гьесул кумекалдалъун Телавиялда милициялда хIалтIизе росун руго магIарулалги.


Щиб бицунеб бугеб хваразул заназ?


- Тарих лъазабиялъе кIудияб квербакъи букIуна хабзалазул. Гьенире раккун, цIех-рех гьабулеб гьечIищ гIалимзабаз нужер тарихалъул?


- Тивиялъул хабалалъ вукъун вуго шайих Анцухъа  МухIамаднаби.


(Хадусеб букIине буго)


КIиабилеб сирт.  Кахетиялъул Аваристаналда Расул ХIамзатов, Звиад Гамсахурдия, ХIажи МахIачев…


( ТIоцебесеб сирт – цебесеб номералда («Щиб къо рещтIаниги, росу щущачIо»))


Тиви росулъа жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Адаловасулгун гара-чIвари


Россиялъулгун гьоркьорлъаби хвеялъ Грузиялъул гражданазул бетIербахъи нахъе ккезабуна. Дагъистаналъул БежтIа мухъалдасан Грузиялъул Къварелибе шагьранух бахъулеб букIана къого соналъ цебе. Гьеб иш тIаде босарав БежтIа ракьалъул вакил МухIамад Къебедовасе пачалихъалъ изну кьечIо хIисабалде босараб иш рагIалде бахъинабизе. Бикьизабураб авар халкъ цолъиялъе гьеб нухалъ квербакъизе букIана. Дагъистаналдаса Кахетиялде нух щуцIул къокълъизе буго, БежтIа-ЦIунтIасан шагьра хIалтIизе биччани.


«Гьале дунги ана Алазаналде»


-Нужер Тиви росдал гIадамазда кIочон гьечIо гьаниве Расул ХIамзатов вачIараб къо.  Бицуна гьеб сапаралдаса хадуб росдал школалъе цIияб кIитIалаяб мина банилан. Гьеб цIалул идараялъе шагIирасул цIар кьезе кколин абулеб буго нужер росуцояз. ХIамзатов нужехъе вачIараб мех ракIалда бугищ дуда?


- Щай букIунареб! 1979 соналда жиндирго гьудул Ираклий Абашидзеда цадахъ Гуржагьани шагьаралде щварав ХIамзатов вачIана Тивиялдеги. Нижехъе Расул вачIана лъади ПатIиматгун, яс СалихIатгун, дурц Камилгун. Абашидзеги вукIана цадахъ. Оцги хъун, букIине кколеб дандчIвай нижецаги гьабуна. ХIамзатов нилъерго магIарул мацIалда цIалдохъабазда цебе кIалъазеги вахъана. Дунял сверанила жинца, гьанирги ТунисалдагигIан гIемерал лъимал ругел хъизамал ратичIилан махсароги гьабуна.


Хадуб ПатIиматица Расулида абуна гьаб росдае кинаб бугониги кумек гьабизе рагIи кьечIого нилъ тIадруссине рекъон гьечIилан. Гьоркьохъеб школалъул сахаб мина букIинчIо росулъ. Нижеца Расулида абуна, рес рекъани, мактабалъе цIияб ригь базе квербакъи гьабейилан.  Расулица рагIи кьуна. Кьураб гIадин тIубазеги гьабуна. Гьев аралдаса хадуб къасиги къадги хIур гIодоцинчIо цIияб школа балеб бакIалда. Грузиялъул лъай кьаялъул министерствоялъул хасаб хъаравуллъилда гъоркь лъагIел сверилелде бан кьуна кIитIалаяб, киналго шартIал жанир гIуцIараб мактабалъул мина.


«Грузия – гуржиязе!» Росу сверун кквей


- 1990 соналда Къварали мухъалда ругел аваразул росаби Грузиялъул миллатчи ва тIоцевесев президент Звиад Гамсахурдиял яргъид гIуцIарал къокъабаз сверун ккун рукIана. Гьеб лъугьа-бахъиналда сврухъ кIудияб ахIи-хIур багъарана. Аваразул миллиял хIаракатчагIи миллатцоязе хIалае къватIире рахъана. Доб мехалда ахIвал-хIал хIалуциналъе кинал гIиллаби рукIарал? РакIалде щвезабиларищ дол къоязул хIакъикъат?


- Гьадинаб жоги ккезе бегьилилан киданиги ракIалдего кколареб гIала-гъважа лъугьана 1990 соналда. Миллатчи Гамсахурдия тIалъиялде вачIин букIана гьеб багъа-бачари ккеялъе гIилла. Грузиялда гуржияз гурони гIумру гьабизе бегьуларилан гаргадизе вана гьев.

1990 соналда  Гамсахурдиял чагIаз сверун куна Тиви росу, къватIире риччалел рукIинчIо, чедги лъимги гIолеб букIинчIо, раккана цоги гIузрабиги. Гьеб хIалалда лъабго къониги бана. Гуржиязул Ахалсопели росдал администрациялда гъорлъе уна Тиви. Гьеб Ахалсопели къайи чIван букIана Гамсахурдиял чукъаялъ. Тиви росулъе лъугьине гьезда кIвечIо. Нилъер чиясда цо килищги хъвачIо. МагIарулаздаса кидаго нахъе къалаан гьел. Бугъби гIадал гIолохъаби руго нижер.


14 соналъ «Ахалсопели» совхозалъе бригадирлъиги гьабун, дун хъулухъалдаса  гIодов чIараб сон букIана гьеб. Ахалсопели росулъе ана ниж, гуржиязе щиб къваригIун бугабали лъазабизе. Кахетиялъул аварал, Грузияги тун, Дагъистаналде гочине кколилан суал лъуна Гамсахурдиял нукарзабаз. Цо-цо хIисаб гьабула, гьеб мехалда гочун рукIаралани, битIунги ккелаанилан. Резо Эсадзе абурав кинорежиссер витIун вачIана нижехъе Гамсахурдияца. Гьес абуна, Расул ХIамзатовги жиндир гьудул вугила, амма гьанже заман хисун бугила, Ленинградалда рукъги рехун тун, Гуржиялъе вахъанила живги, жидеца кумекги гьабилила, Дагъистаналде гочине гIамал гьабейила. Къайи-цIа баччизе траспортги чIезабилила, Расулил кумекалдалъун Дагъистаналда нужее гIемертIалаяб минаги базе бугила. Гьедин бицунеб буго Эсадзеца.


МаркIачIул заман букIана.  Ахалсопели росдал администрациялъул минаялъуб Резо Эсадзеца нижеда абуна : «Дагъистаналде гочунарел ратани, нужее буго кIиго нух. Яги нужер росу биххизабизе ккола, щу-щу, анцI-анцI хъизан Тбилисиялда, Мцхетаялда, Гориялда ва цоги гуржиязул шагьаразда ва росабалъ рилъун тIагIинаризе. Гьеб къагIида данде кколарилан абидал, кIиабилеб нухги рехсана Эсадзеца : «Дир яс дур васас яче, дур яс дир васас ячина», - абун. Ццин бахъана дир. «Гьедин кIалъалев чиясда нодо бакьулъ жо речIчIизе ккола!», - ян кьуна жаваб. Гъоркьгоги ццин бахъарал нижер тIадеги би гьалаг гьабуна гьел рагIабаз. Цинги нилъ вацаллъун рукIунарилан абуна Эсадзеца. «Нилъ вацаллъун киданиги рукIинчIо, динги аварагзабиги батIиял руго нилъер», - илан жаваб гьабуна дица гьесие. Гьединлъидалила нуж Грузиялдаса гочине кколелилан букIана Эсадзел ахираб рагIи.


«МагIаруласдаса цо рас бортани…»


- МагIарулазул, Дагъистаналъул, Россиялъул рахъалдасан нужее кумек щванищ гьеб 1990 соналда?


-Дагъистаналъул ва гIаммго Россиялъул тIадчагIазул хIаракталъ доб масъала тIубанилан абуни мекъи букIина. БитIараб буго, гьаниве вачIун вукIана ДагъАССРалъул миллиял ишазул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул нухмалъулев МухIамадсалихI Гусаев. Амма гьесул сапаралъул бицинегIанасеб хIасил ккечIо. Улка биххулеб, тIалъиялъул къимат хвараб заман букIана.


Яргъид гIуцIараб Гамсахурдиал аскаралъ сверун ккураб Тиви росу эркенлъана Тбилисиялде аваразул миллияб фронталъул цевехъан ХIажи МахIачев вачIун хадуб. Автоматазул цIурал машинабиги рачун кьабун Гамсахурдияда тIаде ун вуго гьев. Тивиялдаса гIолохъабиги рукIун руго цадахъ. Президентасухъе МахIачев виччаларилан лъугьун руго гьев цIунарал чагIи. Гьездаса «дагьабго хIурги кIутIун», кьаба-тункун, щун руго Гамсахурдияхъе. Цинги МахIачевас гьесда лъазабун буго: «МагIаруласдаса цо рас тIуни, нижеца букIине кколеб жаваб гьабизе буго», - йилан. Гьелдаса хадуб Тиви сверун ккурал гуржиял нахъе ана.


БитIараб бицани, магIарулазул цо-цо такъсирал ва тIасанккарал ишал багьанаялъеги щвана гуржиязе, 1990 соналда нилъеда данде гьел рахъиналъе. Масала, рестораназдаги цоги бакIаздаги гуржиял квешго рухулаан нилъер гIолохъабаз. РукIана чIвай-хъвеялъул хIужабиги.


«ЛекIиялин» тIокIцIарал лъоларо гьес


- Исана тIоцебесеб октябралда тIоритIарал парламенталъулал рищиязда гьаркьазул 57 процент щвана Иванашвилил «Грузиялъул анищ» партиялъе, Саакашвилил «Цогояб миллияб багъа-бачари» партиялъе – 48 %. Авараз гIумру гьабулеб Кахетия регионалдаги «Грузиялъул анищ» бергьана, гьелъие гьаркьазул 60 процент щвана, Саакашвилил партиялъе – 36. Дуца лъие кьураб гьаракь?


- Саакашвилие. Щай? Ахираб заманалда гьесгIанги ритIухъаб сиясат бачунев нухмалъулев Грузиялъул бетIерлъуде ккечIо. ЦIогьалъе, бикъа-хъамиялъе ахир лъуна гьес, халкъал хIакъир гьаричIо, масала, аваразда «лекIиялин» тIокIцIарал лъечIо. Эркенаб, рагьараб жамгIият гIуцIана. Грузиялда нуцIби рахаларо. Кьижизе вегарав чи нуцIби щула гьарун ругищали бихьизе вахъине кколаро.


1944 соналда Чачанлъиялде гочинарулелъул, Тиви росулъ гIумру гьабун вукIана 400 чи. 1990 соналда гьеб росулъ 512 хъизан букIана (азаридаса цIикIкIун чи). ГьабсагIат гьенив яшав гьабун вуго 450 чи (120 хъизан). Россиялъулги Грузиялъулги кIудияб политикаялъ гIемер гIакъуба-къварилъи бихьизабуна Кахетиялъул аваразда.


(Хадусеб букIине буго)


Лъабабилеб сирт. Мажгит биххулезда речIчIараб пири


(КIиабилеб сирт – цебесеб номералда («Кахетиялъул Аваристаналда Расул ХIамзатов, Звиад Гамсахурдия, ХIажи МахIачев…»))


Тиви росулъа жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Адаловасулгун гара-чIвари


«Америкаялде аниги, гуржи школа гурони букIине гьечIо»


 -Кахетиялъул магIарулазул гIолохъабазе Россиялъул вузазде цIализе лъугьине бигьаго букIине, гьединго школалда болмацI малъизе рес щвезе, гьанир гIурус школал рагьизаризеги гIемер рекеранхъдизе ккун ругоха нуж…


-Грузиялда гIемерисел школал гуржи мацIалда руго. Нижее бокьун букIана гIурус мацIалда хIалтIулеб школа. Гьебмехалъ рес кколаан гьаниб авар мацI малъизеги. Амма гьеб мурад тIубаялъе гIемер рекеранхъдизе ккана. 1971 соналда росуцояв ГIабас ГIабдулаевгун цадахъ цин къватIире рахъана ниж, гIурус интернаталда лъималазе бакI щоларищали. Дир кIудияв вас КIожорив цIалун вукIана. Грузия тираниги, санагIатаб бакI гьечIоан.ЧIегIерралъдал рагIаллъуде къараб бакIалда бугеб Зугдиди шагьаралде щвана. Гьенибги магIаралал къабул гьарулеб интернат батичIо. Жидеразго цIезарун ругоан. Гьанже ццин бахъинарищха.


Цинги Тбилисиялде Грузиялъул лъай кьеялъул министерствоялде ана. Гьениб нижеда абуна Тиви гIурус школалъул ункъо класс хIалтIулилан Къварели районоялъ битIараб хIисабкьеялъул кагъат бугилан. Гьединаб гьересияб документ хIадурун батана. Гьелдаса хадуб Грузиялъул финансазул министр Гоча Лошкарашвилихъе аян абуна. Гьей министралъги абулеб буго лъай кьеялъул министерствоялъул цо инспекторасги Къварели районоялъги баян кьолеб бугин Тивиялда гIурус школалъул ункъо класс хIалтIулилан. Гуржи школа гурони гьечIилан нижеца абуниги, божулел гьечIо. Ахиркъадги тIадчагIазде хитIаб хъвазе ккана. Щвана Къварелире. Райкомалъул тIоцевесев секретарас абуна: «Америкаялде аниги, Тиви росулъ гуржи школа гурони букIине гьечIо», - йилан.


«ГьодитIа раччана тIахьазул цIурал хъапал»


-ГIарзалъ СШАялдейищха ине ккарал?


-Жеги анкьго-микьго нухалъ Грузиялъул лъай кьеялъул министерствоялдеги ун, кинги рагьизабуна росулъ гьоркьохъеб гIурус школа. Районоялъул нухмалъулев Давид Лапатишвили гьанжеги зигардулев вуго: «Учительзаби гьечIо, тIахьал гьечIо». Гьесул рахъккун чIана нижехъаго Ахалав МухIамадхановги. Гьесул вацасул вас Загир МухIамадханов вукIана росулъ цебесеб гуржи школалъул директорлъунги. ГIурус мацIалда хIалтIизе рачIарал учительзаби цо соналъ нахъе ритIун руго районоялъ, гьел магIарулал квешал чагIи ругин, гьез нуж чIвалин, жидеда жаваб кьезе кIоларин.


Лапатишвилида дица абуна: «МагIарулазул росабалъ гIурус школазда хIалтIизе чан специалист дуе къваригIунев ва кинал предметазул тIахьал хIажалъулел? Гьезул сияхI кье дихъе. Россия тиризе кканиги, учительзабиги учебникалги ралагьила. АнцIго къоялда жаниб суал тIубазе буго». ВуцIцIун чIана Давид. Нижерго гIолохъабаздаги абуна дица: «Лъай бугел чагIаз учительлъи тIаде босе. Гьабизеян лъугьараб иш рагIалде бахъинабизе ккола. Гьаб хIалтIи гьоркьоб борчIизе бокьун гьечIо дие. Чияс цебе масъала (принцип) лъуни, яги гьев мурадалде щвезе ккола, яги хвезе ккола. Жо лъугьунареб бакIалда цеве вахъинего бегьуларо чи, иш нухдаго хутIизе.


ГIабас ГIабдулаевгун цадахъ учебниказда хадур щвана Грузиялъул батIи-батIиял шагьаразда ва росабалъ ругел гIурус школазул библиотекабазде. Тбилиси, Рустави ва цоги бакIал мерхьана, 15 школалде ана. Цо-цо тIехьалъухъ цо-цо гъурущги босана гьез. КIиго хъап тIахьазул цIезабуна. Таксиялъухъ кьезе гIарацги букIинчIо. Автобусалда рекIана. Аслияб нухдаса росулъе гьебги сверичIо. ЛъикIаланго нухалъ гьодитIа лъун раччана росулъе тIахьазул цIурал хъапал. Радал ахIана директорги учительзабиги: «Гьале тIахьал, тIокIаб щиб нужее къваригIун бугеб? ХIалтIе». 150 -300 гъурущги щолаан учительзабазе. 1957 соналдаса Тиви школалъе директорлъи гьабуна МухIамад КъурамухIамадовас ва Загир МухIамадхановас. ГIурус школа рагьаралдаса нижер гIолилазе бигьалъана Россиялъул батIи-батIиял вузазде цIализе лъугьине.

Аваразул «Хехаб кумек»

- Къварели районалда аваразухъе щвараб хъулухъго букIинчIищ?


- БицинегIан кIудияб тах букIинчIо. Амма гIадамаз къимат гьабулел тохтурзаби рахъана магIарулазда гьоркьоса. Къварели районалъул «Хехаб кумекалъул» хъулухъалъул нухмалъулевлъун вукIана Кьадалиса кьалбал ругев Ибрагьим ГIалиев. Лъеберго хIалтIухъанги анцIго машинаги рукIана гьесул идараялда. Ахалсопели хIалтIана Тивиялдаса МухIамад ХIажиев. Нижехъаго ХIажи МухIамадов, Тбилисиялдаса цIар бугел тохтурзабаз кIудияб къимат кьурав, Ленинградалда цIалун вахъарав махщалилав вукIана. ЛъикIав специалист кколаан Залумхан МикIдаровги. МухIамад ХIажиев гурони чIаго гьечIо, Аллагьас мунагьал чураги гьезул.


«ЦIаха гIадин буго, цоцахъе цIалеб»


-Тиви (Гургинросу) рагIалдаса тIезеги гьабун, гьениб гIачIаразулгун (аджарал) гуржиязул свери гьабун буго Грузиялъул тIадчагIаз. Гьелда щибин абулеб дуца? Гьезулгун махI рекъон бугищ нужер?


- 1990-абилел соназда Грузиялъул нухмалъулез гьенире гочинаруна ЧIегIерралъдал рагIалдаса гIачIарал. Амма гьениб хIал рекъечIо гьезул, нахъе гочана. ГьабсагIат гьеб бакIалда гIумру гьабулеб буго гуржиязул къого, гIачIаразул анкьго ва магIарулазул цо хъизаналъ. Мтисубани («МагIарда гъоркь авал») абун цIарги лъун буго гьеб авалалда. Гь езулгун дандеккунгутIаби камуларо. Масала, Гургинросдал гIадамазул ах букIараб 36 гектар нижер ккун буго гьез. Дагьаб цебегIан администрациялдаса кагъат тIалаб гьабуна дица, гьеб ракь тивиялъулазул букIин чIезабулеб.

 


«МагIарулазул рахъги ккун, къапIун чIа»


-ЖамагIат гьабун какал разе рес бугищ росулъ?


- ЦIияб  мажгит балеб буго. НекIсияб мажгит букIана цебе росу букIараб бакIалда. Чачаналъе ниж гочинарун хадуб гьелъул тIохда ккураб щегI баччулел рукIун руго гуржиял. Гьениса щагIил машинабиги цIун унев кIиго гуржияв, роцIцIараб къоялъ цинтIаго накIкIалги данделъун, речIчIун бачIараб пириялъ чIван руго. Гьелдаса хадуб гуржияз тIокIаб мажгиталда квер хъвачIо. Гьелъул къадал хутIун ратана нижеда. Гьеб Аллагьасул рукъ цIигьабун къачIана нижер жамагIаталъ.


- Росулъе гIадамал тIадруссунел рукIин бихьулеб буго. ЧIунтарал минаби цIигьарун руго чангияз…


-Ахираб заманалда Дагъистаналде рахъарал хъизанал гьанире тIадруссунел руго. ГьабсагIат Тивиялда 120 хъизаналъ яшав гьабулеб буго. ТIадруссун рачIараз минаби цIигьарулел, къачIалел руго. Санкт-Петербургалда вукIарав вас нахъе ахIана дица, гьанже херлъунги вуго, тIалаб гьабизе чи къваригIуна. Эбел-инсуда аскIоре Тивиялде рачIуна гIолилал. Гьоркьо-гьоркьор гьанире щунги гьабизе бегьула даран-базар. ЛъагIалида жаниб чанго моцIалъ хIалтIизе цереги унаан нижер бихьинал Россиялъул регионазде – Алтаялде, Сибиралде ва ва гь. ц.


-Жакъа авар миллаталъул бугеб ахIвал-хIалалъе кинаб къимат кьолеб дуца? Нилъее гIоларого бугеб жо щиб?


-МагIарулазул рахъги ккун, къапIун чIайилан абила. Дие цIакъ рекIее гIоларо Дагъистаналда магIарулазда гьоркьоб чIвай-хъвей гIемерлъун букIин. МагIарул чи вукIиналдаса намуслъизецин бачIунеб буго. ЦIияб кьвагьа-гIанхъиялъул хабар Дагъистаналдаса рагIарабго, нужерал цоцаца чIвалел ругилан абула нижеда гуржияз. Гьеб бидулаб нух рехун тезе ккола нилъеца.


ХадурагIи


Цебесеб сирталда бицен гьабуна Кахетиялъул аваразулги гуржиязулги букIараб дандечIеялъул. Грузиялъул тIоцевесев президент ва миллатчи Звиад Гамсахурдиял бояз Тиви сверун ккуна 1990 соналъул июналда. Гьел захIматал къоязда журналисталгун цадахъ гьенире щвана инсанасул ихтиярал цIунулев чи Вазип Мейлановги шагIир ГIадаллоги. «БатIияб зоб» абураб тIехьалда Мейлановас мухIканго хъвалеб буго дол къоязул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Аваразул миллияб багъа-бачариялъги доб мехалда кIудияб хIалтIи гьабуна. Хасавюрталда къоазарго чи вакIарараб митинг хIадурулеб букIана. Гамсахурдияда магIарулал чIаго рукIин бихьизабуна.


ГIизудинил ХIамзат,


МахIачхъала  –Тиви - МахIачхъала


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +117
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьеб  макъала дуца хъвараб 2012 соналъго ц1алун бук1ана дица эб миллат газеталдаса ,гьабсаг1атги шавкъалда ц1идасан ц1алана,баркала Х1амзат Дагъистан къват1ибехун ругел маг1арулазул г1умру бихьизабуралъухъ!Бит1ун бицани, воххана ва пашманлъана дун,гьеб макъала ц1алун хадуб .Воххана,т1адмаг1аразул бугеб кьвариялдаса,киг1ан зах1малъи,г1акъуба,къулч1изе кканиги,гьезул къуркьунгут1иялдасаги,къварилъана эзие Дагъистаналдаса,Россиялдаса кинабг1аги кумек гьеч1олъиялдаса,90 соназда ц1оралъул маг1арулал рак1алда щолел рук1анани,гьанже квер хьваг1ун тун абизе бегьила(( pensive 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook