Авторизация

Гъагъалъа ГIалибег – гIандадерил шамхал

1640 соназ Сунж гIуруда аскIор росаби чIвана Аваралъул АмирхIамза-нуцалас. Гьенир рукIине кколаан хадубккун Чачанлъи квегъизе кумекалъе рукIине рарал щулалъби ва хъалаби. Амма Гъизляралда аскIоб букIараб Терки абураб гIурусазул рагъулаб гарнизоналъул нухмалъулев князь Венедикт Оболенскияс терекалъул ва гребеналъул казаказул гьариялда рекъон гьел щулалъаби щущазаруна. Гьелдаса нахъе аваразул нуцалал гьенире раккичIо абун хъвалеб буго гIурусазул документазда. Гьедин, Теркалда ва Сунжаялда гьоркьоб, Грозниялдаса 20 км хьунал рахъалдехун рукIун руго аваразул нуцалазул щулалъаби, амма казаказулгун тунка-гIусиял ккун нахъе ун руго. Хадур гьенир гIуцIана Дарбанхи ва Виноградное абураб кIиго лъарагIазул ва цоги чачаназулги росаби. Гьебго заманалда Хунзахъ АмирхIамза нуцалги чIван ханлъуде вачIана Туралав. Аваразул нуцалал регIун рукIинчIо жаниб бугеб дагIба-рагIиялдаса.


Аваразул нуцабазул рагIи дандеккунгутIи

Хунзахъ кIудиял хиса-басиял унаго, Чачаналъуб унел лъугьа-бахъиназда асар гьабулеб букIана МелъелтIа ва ГIанди ругел нуцабазул тухумазул нухмалъулез. Гьеб кIиго нуцалазул тухумалда гьоркьоб дагIба-къец унеб букIана Чачаналда щиваз жидерго сиясат билъанхъизабизелъун. Аслияб къагIидаялъ гьеб кколеб буго Видан ва Нажаюрт мухъал. Гьеб дагIба къецалъул хIасилалда тунка-гIуси ккана МелъелтIа вукIарав нуцал ГIалиханил Тураласулгун, Гъагъалъ вукIарав нуцал ГIалибегида (Дургъануцал) гьоркьоб. Гьеб заманаялъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъвалеб буго гIараб мацIалъ бугеб «ГIандиса ГIалибегил ва гьес ГIалиханида тIад босараб бергьенлъиялъул хIакъалъулъ» абураб хъвай-хъвагIаялда. Хъван буго гьеб 1815 соналдаса цебе. Гьениб хъвалеб буго ГIалибегица чачаназдаса бакIарулеб магъалоялъул хIакъалъулъ. «Магъало бакIарулеб букIана гIарцудалъун, мугь ва боцIудалъун киналго бакъдасел рахъалда ругел чачаназдаса, Салатавиялъул мугIруздаса байбихьун бакътIерхьуде Шубуталде щун ва къилбаялъул рахъалдаса ГIанди гIурухъ щун киназго»-ян. Щибаб соналъ ГIалибегие щибаб рукъалдаса щолеб букIана цо-цо меседил диргьам, гIемераб мугь, щибаб нусго гIиядаса цо-цо гIи, щибаб гIачиязул рехъадаса цо оц. Гьеб бакIарулеб букIана рии аралдаса 20 къойидаса.

Амма гьеб магъалоялда хьул лъуна бакълъулазул нуцалчи Тураласул. Цо заманалдаса ГIалиханил Туралав вачIана бакълъулазухъе гьезул гьариялдалъун, Гъагъалъа ГIалибегида данде рагъ гьабизе. ГьанжелъагIан ГIалибегица босулеб букIараб магъало, гьанже чачаназ Тураласе кьуна. Балъго бакълъулазул аскарги бакIарун Туралав ана ТIад-Буртиялде (Чачаназулгун балъхъадерил гIорхъода бугеб ЧIарбилъ абураб бакI) ва балъго магъало бакIарана.

Мамайхан Агъларовас ва Тимур Айтберовас хъвавухъе, ГIандиса ГIалибегие щолел магъалабазул хал гьабурабго бихьулеб буго гьединалго магъалаби Суракъат-нуцаласеги щолел рукIараблъи, ай, дагIба унеб букIана ирсалъе кьолеб магъало босизе бугеб ихтияралда тIаса.

Гьединго рехсараб документалда хъвалеб буго: Туралав вачIана ГIандиве ва шамхаласухъ лъалхъана. Гьес лъикIго къабул гьавун вуго гьев ва цадахъ рукIарал. Лъабго къоялъ ГIалибегилгун гьеб магъалоялда тIаса хабарги бицун гьев вуссун вуго МелъелтIе. ГIалибегица гьезда лъазабун букIун буго тIокIаб жиндир лагъзадеридаса магъало бакIаругеян. Иргадулаб нухалъ магъало бакIаризе замана щварабго ГIалибегица жинцаго бакIарун буго. Гьебмехалъ Туралас бакълъулазул аскарги бакIарун ГIандибе сапар бухьун буго. Гьесул рагъухъаби чIана Гъагъалъ росдада данд битIун бугеб магIарда. ГIалибегида лъалеб букIана гьев Туралав вукIин ва гьесие рагъ гьабизе ва жив тIаса реххизе къваригIун букIин.

Туралас гьенисан чапар витIана ГIалибегихъе кагъатгун. Кагътида рукIана хадур рехсарал тIалабал: «… СултIан ГIалибег! Дица амру кьола дуе нахъбахъичIого гьал дир чапарзабазда цадахъ кинабго дуца гьаб соналъ бакIарараб магъало битIеян. Ханлъудасаги нахъе а, ихтиярал кьезе ва гьукъизе токIалъ ракIалде ккоге, лагъзадерил ва магъало кьолезул ишазда гъорлъеги жуваге. Гьаб амру дуца гIадахъ босичIони, дун гьаб сапаралдаса нахъ вуссина нужер бихьиналги чIван, руччабигун лъималги кверде росун, нужер росабазулги ганчIида тIад гамачI течIого».

Кагъат щварабго ГIалибегица жиндир гIакълучагIазулгун дандбана кинабго хадуб гьабизе кколеб. Хадусеб къоялъ хъахIлъи рещтIарабго къотIи гьабураб бакIалде Тураласулгун гара-чIвари гьабизе витIана гьес жиндир вас Нурав. Гьес нуцалчиясул рагьтIателазде ахIана жиндие Туралавгун кIалъазе къваригIун бугин, къватIиве вачIаян гьареян.

Туралав къватIиве вачIаравго Нурас гьесда абуна: «Те гьаб нилъеда гьоркьоб бугеб дагIбаги, а дурго аскарги бачун дурго рокъове. Гьаб ишалдаса дуе пайда букIине гьечIо. ИнчIони дуе щвезе буго гIицIаб ганчIидаса тIотIое щолебгIан хайир». Туралав гьесухъ кIваркьун гIенеккана ва жеги кьварун абуна: «Дица гьесулгун дагIба тезе гьечIо гьаб дир хвалчен бекизегIан, ялъуни гьеб ханлъиялдаса гьев реххичIого, хадув жиндирго тIалинибе най гIадин цадахъ давлаги босун гурони вуссинеги гьечIо нахъе».

Нурасда бичIчIана тIокIалъ гара-чIвари халатбахъун магIна гьечIеблъи. Цебеккун хIадурараб планалда рекъон, гьес ишара гьабула гвандинир рахчарал рагъухъабазде, Тураласде кьвагьдеян. Гъагъалъа Гьиматица речIчIун Туралав чIвана. Гьев вортарав вихьарабго бакълъулазул къокъа тIуризе байбихьана битIун ГIалибегил аскаралъ гъоркьчIел гьабураб бакIалде. Гьеб мехалъ гьез цо лахIзаталъ цадахъ киназго кьвагьун гIемер чагIи жеги щапизаруна ва кодор хвалчабиги ккун жеги хадур лъугьана. Тураласул къокъаялдаса 70-гоялдаса цикIкIун чи чIвана гьеб бакIалда.

ГIалибегица амру кьуна Тураласул жаназа буртинаялдаги жемун, киналго гьаризе кколел ишалги гьарун, цоги чIвараздаса батIаги гьабун Бакълъулазул гIорхъоде щвезабеян. Гьезги амруги тIубан, щвезабуна жаназа: «Гьале нужер хан, нужецаго вукъе нужее бокьаралъув», абун.


Кин щвараб ГIандибе шамхалазул тузум

ТIадехун бицен гьабураб документалда тIад хъвай-хъвагIаял гьарурав Гъагъалъ МайаргIали Идрисовас хъвавухъе, гьеб хъвай-хъагIай гьабуна 1815-1816 соназ ПирмухIамадил вас АхIмадханица. Гьев вукIун вугила Дургъа-нуцал абулев вукIарав ГIалибегил вас Нурасул, гьесулги вас ГIумарил ва гьесулги вас Хъачил васасул вас. Хъвай-хъвагIаялда рекъон, ГIалибег вачIун вуго кисаялиго Гъагъалъе ва гьенив чIун вуго, киса вачIаравали хъван гьечIо. Гьебго документалда хъвалеб буго 1318-19 соназ Гъазигъумеки кверде босун хадуб гьенир рукIарал ханзаби щущахъ ранин ва Дурга-нуцал абурав ГIалибег ГIандиве ун вугин. Гьеб хъвай-хъвагIаялда щаклъизе бачIунеб буго, щайгурелъул 1318-19 соназ вукIарав чи XVII гIасруялъ ГIандиве щвезе рес букIинчIо.

КIиабизеги, ГIалибегил умумузул цIаразул бакIалда хъван руго аваразул нуцалзабазул цIарал. Гъазигъумекиса вачIарав вугин ГIалибег абизе кинабгIаги мухIканаб баян гьечIо. Гьединлъидал, Шамхалилал абураб хадусеб гьезул наслуялъги рикIкIунеб буго жал Гъазигъумекиса шамхалазул наслуялъул чагIи ругилан. Гьеб буго ургъун бахъараб жо. Гьелъие гIиллаги букIана Туралав Абумуслим шайихасул тухумалдаса вукIанилан абураб гIадин, живго къурайшиязул тухумалдаса бачIараб наслуялъул чилъун вихьизавизе, халкъалъул жидеде хIурмат-адаб цIикIкIине, аварагасул тухумалдаса рачIарал чагIи ругилан.

ХIакъикъаталда кисан бачIарабха букIараб ГIалибегил наслу ва гIандадерида гьоркьоб тIибитIараб Шамхалов абураб фамилия? Гьелъие жаваб кьолеб буго цIар арав этнограп Евгений Шиллингица. 1940 соназ гьес лъазабулеб букIана гIандадерил тухумазул тарих. Гьес гьадин хъвалеб буго: «ГIандадерида гьоркьоб лъикIаблъун рикIкIунеб Шамхалазул абураб тухум бачIараб буго Хунзахъа XVI гIасруялъул ахиралда, щайгурелъул гьезул тIоцевесев Доргъа-нуцал вукIун вуго Хунзахъ вукъарав чи. Гьеб тухумалда гьабсагIаталдаги тIиритIун руго гIемер хундерида гьоркьор дандчIвалел цIарал: Нуцалхан, ГIумахан, Баху ва гь.ц. Цойги хIужа буго, дунгун кIалъарав гьеб тухумалдаса чияс абулеб букIана жиндир кIудияв инсуца вацасулгун букIараб дагIбаялъе ахир лъеялъул мурадалда рекъел гьабизе вачун вукIанин Хунзахъа гIагарав чи».

Шиллингил рагIабазда рекъон, Гъагъалъ Шамхалал абураб наслу баккун буго ГIанди росулъа. Гьеб тухумалъул Мамади (МахIамад) абурав чи ун вугин Хъачи ва ХIажикIу абурал лъималгун ГIандиса гочун Гъагъалъе. ГьабсагIат Гъагъалъ ругел кIудиял тухумал руго Хъачилал ва ХIажикIулал. ГьабсагIаталда Шамхалазул тухумалда жанире уна ГIанди ва Гъагъалъ росабазул гIемерисел гIадамал. Руго гьел гIандадерил цоги росабаздаги.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook