Авторизация

Аваразда нахъа пачалихъ букIарабани…



Аваразда нахъа пачалихъ букIарабани…


МагIарул басмаялъул цебесеб номералда бахъараб авар мацIалъул мугIалим, ТГУялъул профессор Резо Абашиялгун букIараб гара-чIвариялъул ахир кьолеб буго гьанжесеб номералда.


-Гуржи мацIалда гурел, Грузиялда гIумру гьабулел цоги халъказул мацIазда газетал, журналал риччаларищ къватIире?


- Эрмени, азерабайжан мацIазда рахъулел гьединал СМИял руго Грузиялда: газетал, журналал, телевидение. Эрмениязул ва падаразул цIикIкIараб къадаралъ гIумру гьабулелб буго Грузиялда. Гьединлъидал гьезул мацIазда дарсал кьолел школалги дагьал гьечIо.  ХIукуматалъул цIияб прогаммаялда рекъон, хасго цIикIкIараб кIвар кьолеб буго  пачалихъияб  гуржи мацI лъазабиялде.  Падар ва эрмени миллатазул кIинусго студентас  ТГУялда гьедин гуржи  мацI лъазабизе байбихьаралдаса лъагIелгIаги батила. ХIукуматалъул идарабазда хIалтIизе гуржи гуреб миллаталъул Грузиялъул гражданинасада ракIалда батани, гьесда чара гьечIого лъазе ккола пачалихъалъул мацI.


-Гьанир риччалел эрмениязул ва падаразул алфавитал гьезул пачалихъаздаго гIадалищ ругел ялъуни гьезиеги, аваразего гIадин, гуржи алфавиталъул кьучIалда цIияб хъвай-хъвагIайищ нужеца ургъараб?


-УргъичIо. Эрмениязул цIакъго некIсияб жидерго алфавит буго, азербайжаназул басмабиги, АРалдаго гIадин, латиницаялда  рачIуна къватIире.


-ЮНЕСКОялъул цIех-рехазда рекъон, Северияб Кавказалъул мацIал рикIкIун руго тIагIиналда хIинкъи бугеллъун. Гьездаго гьоркьоб рехсон буго авар мацIги. АхIвал-хIал гьелде ккеялъе кинал гIиллаби рихьулел дуда?


- Грузиялда гIемер руго эрмениял ва падарал. Гьезул мацIазул рахъги квеш гьечIо гьаниб. Щайин абуни, гьезул ихтиярал цIунизе къачIан чIун, аскIорго кIиябго халкъалъул пачалихъал рукIун. Дун политик гуро. Амма мацIазул гIалимчи хIисабалда, гьединаб хIукмуялде вачIунев вуго. Эрмениязулги падаразулги гIадал пачалихъал аваразулги Шималияб Кавказалъул цоги миллатазулги рукIаралани, гьезул мацIалги гьанир жеги лъикI цIунун рукIинаан. Гьеб хIужаялъ рес кьолеб буго эрмениязе ва падаразе Грузиялда жидерго мурадал рилълъанхъизаризе (гьездаго гьоркьоб - мацIазул политикаги). Масала, гъобго удин мацIалде тIадруссани,  литературияб гуреб удин лугъаталда кIалъалеб кIиго росу хутIун буго дунялалда – цояб Грузиялда, цогидаб – Азербайжаналда. Амма гьеб мацI литературияб кколаро. Гьединлъидал Грузиялъул ХIукуматалъ гьезие кумек гьабулеб гьечIо удиназул школал рагьизе ва цогидалги жидерго миллат цIунулел тадбирал гьаризе. Ниж, мацIалъул гIалимзаби, гурони, гьел суалазде кIвар кьолев чи гIемер кколев гьечIо.


-Мунго тбилисиялъулавлъун рикIкIунищ дуца? Бокьилаан чанго рагIи дурго гIумрудул нухалъул хIакъалъулъги абуни.

-ХIалтIизе Тбилисиялде кканиги, дун ккола Абхазиялдаса мегрелав. Гьавуна 1958 соналда.


-Гьезде хIажалъи гьечIилан абун, рахьдал мацIал кIочоне толел яги лъазего гьаруларел «церетIурал» гIадамазул рахъалъ щиб абилеб дуца?


-БитIараб буго, ингилис мацIалда данде ккун, авар ва удин мацIазде кьолеб кIвар ва гьез тIуралел масъалаби гьитIинал руго. Дида гьабсагIат ракIалде рачIана гьаб Тбилисиялъул Университеталъе кьучI лъурав Иванэ Джавахишвилил рагIаби: «Лъай бугев щивав гуржиясда тIадаб буго Кавказалъул халкъазул мацIалги тарихги, нилъерго гуржиязул гIадин, гъваридго ва щвалде щун лъазаризе», - абурал. КIиго-лъабго соналъ цебе гьаниб телевидениялдасан гьарурал «рищиязда» бищун аслиял гуржиязда гьоркьов рехсон вукIана Иванэ Джавахишвилиги. XX гIасруялъул гуржиязда гьоркьоб гьесие тIоцебесеб бакI кьелаан дицаго. КигIан тIибитIараб мацI ингилисазул батаниги, Кавказалъул мацIал нилъеца рехун тезе гьечIо. Гьел рехун тезе гьечIо тIоцебесеб иргаялда нижеца, Арнольд Степанович Чикабавал цIалдохъабаз. Чанги махщел камилав специалист хIадурана гьес. Гьесул школа хвезе тезе бегьуларо ва ракIалда гьечIо. Кавказалъул цо кьибил , цо тарих, цо гIумру буго. Жиндирго миллат бокьулев чиясе киналго кавказияги рокьизе ккола. Дагъистаналдаса дир махщелцоязда гуржи мацIги лъала. Исана ТГУялъул ХIурматияв докторлъун рагIизавуна ГIиса ГIабдулаев. Дие кьолеб тIехьалда гуржи мацIалда гьабуна гьес хъвай-хъвагIай. Гьанир цIаларал цоги гIалимзабаздаги лъикI лъала гуржи мацI -  ГIабдулкъадирил МухIамадидаги, Борис Атаевасдаги, цогидаздаги. Хунзахъе щваравщинахъе дир магIарул гьудулзабаз дида абулаан.,Москваялъул футболалъулаб «Динамо» клуб кигIан бокьаниги, гуржиязул «Динамоялъул» рахъкколин жидецаян. Гьадин цоцазулъ рекъон, гьудуллъиялда рукIине ккола кавказиял.


2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +75
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркала кьезе ккола ,гуржиязе нилъер мац1ал лъазаризе,малъизе ,ва ц1унизе гьабулеб жигаралъухъ!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook