Авторизация

Чачанлъиялда магIарулазул хобал


Чачанлъиялда магIарулазул хобал


1944 соналда хIал гьабун чачанал Гьоркьокьеб Азиялде гочинаридал, гьединабго зулмуялдалъун ВатIаналдаса Чачанлъиялде рачахъана Дагъистаналъул гIемерал росабазул гIадамалги. Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъ 2011 соналъул 24-абилеб марталда рахъккуна «Зулмуялъул къурбанал ритIухъ гьариялъул хIакъалъулъ» абураб федералияб къануналда данде кколедухъ Дагъистаналъул къанун хисизабиялъул. Гьелда рекъон, бигьалъабиги гIарцулаб рецIелги чIезаризе ккола ритIухъ гьаруразе, гьел хун ругони, гьезул наслабазе. Амма Гьоркьохъеб Азиялде хъамурал дагъистаниял гурони, Чачанлъиялде ритIарал сиясиял къурбаналлъун жеги рикIкIун гьечIо, гьединлъидал, пачалихъалъ гьезие кумек гьабизеги тIаде босулеб гьечIо.


2011 соналъул 24 марталда Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз иргадулаб данделъиялда гьоркьоб лъуна ва рахъккуна сиясияб зулмуялъул къурбаналлъун лъугьарал чагIазда кверчIвай гьабиялъул хIакъалъулъ къануналъул. 1991 соналъул 18 октябралда къабул гьабураб «Зулмуялъул къурбанал  ритIухъ гьариялъул хIакъалъулъ» абураб къануналда данде кколеб гьечIин республикаялъул къанунилан бихьизабун букIана Дагъистаналъул прокуратураялъ.


Рехсараб къанун букIине кколедухъ хисизабизе хIалтIи гьабуна Халкъияб Собраниялъул сахлъи цIуниялъул ва рукIа-рахъиналъул сиясаталъул идараялъ. Халкъияб Собраниялде кIалъайдал, нижеда бицана щибаб хамиз ва шамат къояз тIолалго депутатал гIадамалгун дандчIваял гьаризе унилан, гьединлъидал хIалтIуда щивго гьечIилан. РачIине тIадал данделъияздецин раккуларелги гIемер руго гьел «халкъалъул лагъзал». Басмабаз чанцIулго хъвана гьелъул хIакъалъулъ.


ХIалтIуде рачIарал цо-цо депутатаз баян гьабуна, гьеб къанун цебего рекъезабизе кколаанилан, жидецаги гьелъие гьаракь кьунилан. Республикаялъул прокуратураялде кIалъайдал, киналго хIалтIухъаби дандеруссиналда ругила, регIарав чи гьечIилан щвана жаваб.

Дагъистаналъул ХIукуматалъул нухмалъулесул заместитель Ризван ГъазимухIамадовасеги бокьичIо баян кьезе. Рехсараб къанун гIумруялде бахъинабулаго, гIемерал кIуди-кIудиял суалал церечIана тIадчагIазда: чачаназул ГIавухъ район цIигьаби, ЦIияблак мухъалъул гIадамал нахъе рахъинариялъе биччараб пачалихъияб гIарац букIине кколедухъ хIалтIизаби ва гьел гурел цогидалги.


Дагъистаналда хасаб багъа-бачари гIуцIун буго, чачаналго гIадин, хIал гьабун гочинарурал халкъаллъун гьанир ругел миллаталги рикIкIине кколилан. ДандечIеялъул тадбиралги гIемерал данделъабиги тIоритIана гьеб гIуцIиялъ.


МагIарулазул гIемерал росаби зулмуялдалъун рачахъана Чачанлъиялде. Гьава-бакъ рекъечIогоги, ракъунги, унтабазги гьезул бащдал гъора хвана. ЧIарада районалъул Щугинуб росулъа Ибрагьим МухIамаднабиевги, росуцоязда цадахъ, гIакъубаялдалъун къотIана Чачанлъиялъул Саясан районалде. Гьадин бицана гьес :


- Дир гIага-божаразул кIудиял хобал руго Чачанлъиялда. Гьенире гочинаридал, хвезе байбихьана гIолохъанаб гIел. ТIадруссун ватIаналде цониги чи ани, чIвазе къотIулаан гьев ва нахъбахъичIого гьеб амру тIубазабулаан. ХIажат буго, чачаналго гIадин, дагъистаниялги зулмуялъул къурбаналлъун рикIкIине ва къанунияб къагIидаялда ритIухъ гьаризе. Халкъияб Собраниялъ гьоркьоб лъураб къануналда гьедин хъван гьечIо.


Бакълъулазул районалдаса ТIаса Гьарадирихъа Будунил ГIалибуладица бицана, кулакилин абун Гъиргъизиялде хIал гьабун ритIарал гьесул гIагарал гIадамазе къануналъ рихьизарурал бигьалъабиги рецIалил гIарацги щвечIилан.


МагIарулазул шагIирзаби ХъахIабросулъа МахIмудил ва ЦIадаса ХIамзатил гьудул Гьарадирихъа ХIасанил Шигьабудинги гочинавуна Гьоркьохъеб Азиялде. Гьесдасан лъана МахIмудил аслиял асарал. Исиблъиялда Шигьабудинида бихьараб гIакъубаялъул бицана гьесул гIагарав чи ГIалибуладица.


Шималияб Кавказалда тарихияб ритIухълъи букIинабизе Россиялъул тIадчагIаз жигар бахъичIони, зулмуялъул къурбаназе рецIел кьечIони, гьанир гIумру гьабулел халкъал жеги рикIкIалъизе ва чиярлъизе руго Москваялъе. 

   

2011 сон                                                           



Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +77
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагь гурх1аги,хваразда,гьеб михиралда гъоркь ккараздаги,суал ц1акъ гъваридаб буго,нилъеда т1адаб буго,гьеб бугеб куцалъ бихьизабизе!
Амин. Аза-азар чиясул къисмат. Пачалихъалъ гражданазул къимат гьабичIеб мехалъ, гьединал лъугьа-бахъинал ккола.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook