Авторизация

Бесдалас хвасар гьабуна инсаният


 

Динцоял


Бесдалас хвасар гьабуна инсаният


Умматги напсги


РагIалде щвана 1433 соналъул рабигIул авал, тIаде гIунтIана рабигIул ахир. Нилъеда тIаса араб хирияб моцIги ракIалде щвезабун, цоги нухалъ хIисаб гьабилин МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.)  сираялъул ва жакъасеб къоялъул.


Ислам цIунун, гъазаваталъул рагъда шагьидлъана бищун сахал ва бахIарчиял бусурбаби. 


Гьединлъидал МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.)  умматалда гIемер рукIана гьитIинго бесдал хутIарал лъимал. Аллагьасул диналъ бесдалал цIакъ тIадегIан гьарун руго. Гьедин букIинчIебани, халкъул-гIаламалъулго расул –  МухIаммад авараг (с.т.гI.в.) бесдалавлъун вукIинароан.


«МухIаммад авараг» абураб тIехьалда МухIамад ХIамзаевас хъвалеб буго: «ГIабдулмутIалибица, санаде вахингун, ГIабдуллагьие ячана къурайшиязул руччабазда гьоркьой насабалъул ва намусалъул рахъалъ бищунго лъикIай яс – ГIабдулманафил Вагьбил Аминат. Гьелъул эмен вукIана, къурайшиязда гьоркьоб къиматги бугев, Бану Зугьра кьибилалъул бетIерлъун. Лъимаде Аминат йикIаго, сапаралъ арав ГIабдуллагь, гIумруялъул къоло щуго сон барав чи, Ясрибалда къадаралде щвана».


Авараг (с.т.гI.в.) гьавилелде эмен камуна гьесие. Анлъго сонил гIумруялде МухIаммад (с.т.гI.в.) вахиндал, гьесул эбелалъги тана панадуниял: «…Анлъго сон базегIан, МухIаммад (с.т.гI.в.) жиндирго эбелалда аскIов вукIана. Цинги Аминатил къасд ккана росасул хабаде щвезе Ясрибалде ине. Цадахъ васги вачун, Уммуайман абулей гъаравашгун гьел Ясрибалде къватIире рахъана. Гьезда цадахъ Аминатие къайимлъи гьабулев ГIабдулмутIалибги вукIана. МоцIги Ясрибалда бан, Маккаялде тIадруссун рачIунаго, Абваъ абулеб бакIалде щвейгун, Аминат къадаралде щвана» ( «МухIаммад авараг», М. ХIамзаев).


ХIикмалъаби гIемераб гьоболлъул рукъ буго аб дунял. Киналали лъаларел гьураз жидер бутIрузулъе росун рачIарал сихIрабазда мугъги чIван, гьезда рекъон дунял-гIаламалъего хIукму къотIизе лъугьуна цо-цоял. Гьел сихIрабаздаса гIемерго кIудиябги, гъваридабги, гIатIидабги, бечедабги, азаркьерабги махлукъат букIин бихьизе бокьуларо гьезие. Заман бараб хIанилъ хIапаро гIадин, гIадалнахулъ женкIолел гьел хIиллабаздаса рорчIизе гIамалго гьабуларо чангияз. Гьанжесеб гIелмуялъ гьединал «хIупрузда» фобиялилан абула, ай жидеда бичIчIулареб, лъалареб хIакъикъаталдасаа хIинкъи, гьеб рихин. Ахирал соназда цо-цо къавмаз дунялалда тIибитIизабулеб буго исламофобия. Гьеб унти кутаклъизаби мурадалда бакътIерхьул улкабазул информациялъул алатаз ургъулел руго таманал маргьаби. Гьеб гьерсил къецалда цебехъанлъи бихьизабулеб буго ГIизраилалъ ва гьелъул торгIо кколел чагIаз.


ЦIакъго гIажаиблъизавуна бесдалаздехун фобия бугел, гьел рихарал чагIиги ратиялъ. Рагъазги унтабазги кIвекIулеб бугеб дунялалда бесдалал камилищ? Кьурулъа гъоркье ран, тIагIинейищха гьелги гьарилел? Гьеди-гьединал «хIупрузда» цо экономистас «хъарцинаб философия» абун цIар лъун букIана.


Гьанир рехсезе бегьилаан инсанияталъул тарихалда жидер цIар рагIарал гIемерал бесдалал. Гьел хIужаби лъазе бокьараз жидецаго тIалаб гьабила гьезул. ЗахIмалъабазулъ лъадарарал, къо хIехьолел, квешлъабазе къуркьуларел гIадамаллъун куцала гIумруялъ бесдалал. Гьезул гуро жамгIияталъе кIудияб хIинкъи бугеб, эбел-инсуца гогьдаризарурал тIанчIазулин. Гьел «папенькины сынки» абулел чагIаз бикъа-хъамун, гражданияб рагъ багъариялде ккезабун буго Дагъистан. Бесдалав Данияловасин абуни хвасар гьабун букIана нилъер МугIрузул улка.

Бесдалал какулезда кIочене бегьуларо инсаният жинца хвасар гьабурав МухIаммад аварагги жидеца какулев вукIин. «Напсилан» ахIичIого, «умматилан» ахIана Аллагьасул Расулас. Амма бусурбабазда гьоркьор жакъаги гIемер дандчIвала «напсилан» ахIдолел. Аллагьас тавпикъ кьеги нилъее исламалъул дарсал росизе. Амин.


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +79
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1ажаибаб дуниял киналго т1ахьазда ,ай инджил,таурат,ва къуръаналда хъван буго бесталазул,гъаримзабазул,ятимзабазул,т1алаб гьабизе кколин,г1аксалда гьабулел нилъ кинал?..(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook