Авторизация

ИгIжаз

  • 18.01.2017 20:01
  • Дин
  • 1 825
  • 0

 Динцоял


ИгIжаз

 

Стамбулалда - Къуръаналъул ва суннаталъул хIикмалъаби


 2011 соналъул 11-14 марталда Стамбулалда тIобитIана Къуръаналъул хIикмалъабазул бицунеб тIолгодунялалъул X-абилеб конференция. «Къуръаналъул ва суннаталъул хIикмалъаби» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул генералияв секретарасул кумекчи ГIабдуллагь бин ЯхIъя аль-ХIанафица информациялъул алатаздасан тIибитIизабураб баяналда рекъон, гьеб мажлисалда гIахьаллъун вуго тIолабго дунялалдаса лъабнусго гIалимчи. Конференциялде хIадурлъун руго кIиго сонги бащадалъ. БитIун бачIараб 500 гIелмияб хIалтIуда гъорлъа гIуцIиялъул комитеталъ тIаса бищун буго 50.


Гьеб конференциялда гIахьаллъана магIарул ва гIурус мацIазда къватIибе биччалеб «Нур-ул ислам» басмаялъул бетIерав редактор МухIамад ХIажиевги. Жакъасеб номералда бахъулеб буго  ХIажиевас кьураб интервью.


Какил ва замзамлъел пайда


- Кинал темабазда тIасан рукIарал конференциялда гьарурал кIалъаял?


- «Къуръаналъул ва суннаталъул гIелмияб игIжазалъул хIакъалъулъ тIолгодунялалъул конференция» абун букIана марталда Турциялда тIобитIараб гьеб тадбиралда мухIканаб цIар. ИгIжаз ккола МухIаммад аварагас (с.т.гI.в.) 1432 соналъ цебе бицараб хIакъикъат гьанже дунявияб гIелмуялъ тасдикъ гьаби. Бусурбаби гурелги гIахьаллъана гьеб конференциялда. «Къуръаналъул ва суннаталъул гIелмияб игIжаз» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул генералияв секретарь ГIабдуллагь МуслихIица жиндирго рагьиялъулаб кIалъаялда абуна: «Жакъа Мусал (гI.с.) гIансаялда релълъун руго Къуръан ва МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисал гIелмуялъ тасдикъ гьари. Доб мехалъ гIансаялъ пана гьарулел рукIарал гIадин гьанже игIжазалъ пана гьарун исламалде рачIунел руго нус-нус гIадамал.


ГIемерал руго Къуръаналъул хIикматал (игIжазал). Дунявияб гIелмуялъ гьанжего гьанже космосалда рагьаралги, генетикаялъ ва цойги гIелмабаз жакъа лъазаруралги «балъголъаби» 1432 соналъ цебего Аварагас Къуръаналдаги суннаталдаги рагьун ратулел руго. Бакка-бахъи гьабун гурони, хирияв Расулас мухIкан гьарун рукIинчIо гьел баянал, доб заманаялъул гIадамазда гьел ричIчIизе рес букIинчIолъиялъ. Масала, нусго-кIинусго соналъ цебе цо магIаруласда абун букIарабани, цо гьитIинаб тIагIелалъ дуца бицарабщинаб жо хъвазе бугилан (диктофонги кодобе босулаго), гьес нилъ гIабдалзаби ругилан телаан. Гьанже дагь-дагьккун дунявияб гIелму тIаде кколеб буго дос рицарал хIикмалъабазде: космосалдаса байбихьун, гIисинал клеткабазде, эмбрионазде щвезегIан. X-абилеб игIжазалъул конференциялдаги гьединаб гIатIидаб тематикаялда гьаруна гIемерал докладал. Гьеб гIуцIиялъе квербакъун буго Стамбулалъул Исламиял цIех-рехазул централъги. Турциялъул ХIукуматалъул министрги вачIун вукIана конференция рагьизе. КIалъаял гьаруна гIараб ва ингилис мацIазда. Гьел турк мацIалде руссинарулелги рукIана.

 

- Кидаялдаса нахъе тIоритIизе байбихьарал гьел конференциял?


- 1968 соналдаса нахъе. Гьале исана анцIабилеб нухалъ гьабуна гьеб мажлис. Щуабилеб конференция букIана 1992 соналъ Москваялда. 2008 соналъ – Кувейталда (микьабилеб конференция), 2009 – Алжиралда (ичIабилеб). СагIудиязул гIарабиязул къираллъиялда (КСА) буго «Къуръаналъул ва суннаталъул хIикмалъаби» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул идара. Гьелъул гьанжесев нухмалъулев доктор ГIабдуллагь МуслихIги сагIудияв ккола.

 

- Дагъистаналдаса, Россиялдаса цониги доклад цIаланищ Стамбулалда?


- ЦIаличIо. Дагъистаналъул росдал магIишаталъул академиялъул (ДГСА) профессор Сиражудин ХIусеновасда (мунагьал чурад) цадахъ нижеца гьабун букIана болъонил ва гьойдул хIацIу хъвараб бакI анкьцIул лъадаца ва цоцIул ракьги бахун щай чуризе кколебали чIезабураб гIелмияб хIалтIи. Микробиологиялда букIине кколеб хIалалъ, микроскопалги цойги алаталги хIалтIизарун, кьучIаб куцалда тIобитIараб гIелмияб цIех-рех букIана гьеб. Болъонил ва гьойдул кIалдир рукIунел микробал ракьуца гурони инарулареллъи (я спирталъ, я цойги сунцаниги) чIезабун букIана нижеца. Санкт-Петербургалда НИФК (Научно-исследовательский институт физической культуры) машгьурав доктор К. Коротковасул лабораториялда цойги цIех-рехалги гьарун рукIана нижеца: чиясул черхалъе зам-замлъел, Къуръан цIалиялъухъ гIенеккиялъ, как баялъ исанасе бугеб пайдаялъул хIакъалъулъ. Гьел рукIана биополеги бахъун, мухIканго тIоритIарал цIех-рехал. Амма конференциялда докладал гьаризелъун гьел цереккунго ритIизе кколел рукIун, нижер докладал гьенире росичIо.


Реэди ва зодоре роржин


- ГIадамал цIакъго гIажаиблъизабураб цIирагьи (сенсация) букIанищ гьениб?

 

ХIикмалъаби гIемерал рукIана. Цересел конференциязда гьарурал докладал такрарлъизе толаро гьез. Амма гьенир цере рахъарал цIирагьиязул 80 % исламалда гьечIел цIех-рехчагIаз ралагьарал рукIана. Цо-цояз гIайиб гьабулеб букIана, дунявияб гIелмуялъул рахъалъ бусурбаби гьедигIан нахъеккун щай ругелилан абун. Цинги гьеб гIуцIиялъул секретарас абуна, БетIергьанас гьедин капурзаби тIамулел ругила нилъее цIирагьиял гьаризе, гIадамазул иман жеги цIикIкIине ва щулалъизе букIинеян. Масала, Къуръаналда киса-кибего батула гIинда рагIи бералда бихьиялдаса цебе рехсолеб. ГIадалнахалъул халгьабидал, гьелъул гьаракь рагIизабулеб бутIа сурат бихьизабулелдаса цебетIураб батун буго. ГIинкъав ва мацI лъаларев чиясдаса беццасего бигьа букIуна гIумру гьабизе. Дудаги рагIун батила «Нужеца бесдаллъимералъул бетIералда квер бахъе, гьелдалъун нужее лъимадул ботIрода бугебщинаб рас рикIкIун кири щвела», - ян абураб хIадис. Хасаб кIудияб доклад гьабуна Стамбулалда гьеб темаялда. Лъалеб букIахъе, бесдаллъимер ккола тIалаб гьабизе чи гьечIеб рижи. Гьанже чIезабун буго эбел-инсул реэди (гIарабалъ – хIазанат) щвечIел лъимал сахлъиялъул, гIакълу-лъаялъул ва цойги рахъаз загIипал рукIунеллъи, гьезда гъорлъа такъсирчагIи гIемер рахъунеблъи. Гьединлъидал, умумул гьечIого хутIарал лъимал реэдизе ккола. Гьелда тIадеги, бетIералда рукIунел руго хасал рецепторал, тIад квер бахъидал, черх лъикI лъугьинабулел. Бече гьабураб мехалъ, цо чIечIого гьеб чIикIулеб букIуна гIака. Гьединго гьабула катица ва цойги хIайваназ. Америкаялдаса гIалимзабаз чIезабуна гьединаб реэди щвечIел чагIи щвараздаса 30 проценталъ цIикIкIун унтулилан, гIакъликъал лъугьунилан. Реэдиялъ инсанасул черхалда жаниб кинабго низам рукIалиде ккезабулеб буго. Гьеб кинха лъазе рес букIараб 1400 соналъ цебе!?


Цоги Такрар гьабун, таъкид гьабун Къуръаналда хъвалеб буго кIиго соналъ лъимер хахизабейилан. Мисриялдаса (Египеталдаса) гIалимчияс гьабуна гьеб темаялда тIасан доклад. Лъимерлъуда кIиго соналъ хахизавурав чиясе прививкаби хIажалъулел гьечIо, унти гьесда аскIобе къалебго гьечIо. Диаграммаги бахъун бихьизабун букIана, лъимер дагь хахизабунагIан гьеб цIикIкIун унтулеблъи, чакаралъул диабеталдаса байбихьун, нус-нус гIузрабаз. Жакъа киназулго гIарзал руго лъималазул цере рукIинчIел гIемерал унтаби ругилан. РукIинарищха, гьарураз я хахизарулел, я хьихьулел гьечIелъул. Цинги гIемерлъула лъималазул диабетги, ракги, цогидал унтабиги. Къуръаналдайин абуни хъван буго лъимер гургинаб кIиго соналъ хахизабизе кколилан. Эбелалъул рахь гIолеб гьечIони, яги гьелъ лъимер хахизабизе инкар гьабуни (шаргIалда гьединаб ихтияр буго гьелъул), росас ялагьизе ккола гIарцухъ лъимералъе керен кьезе разияй гIадан.


ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица нужеда хадур рихьизаризе руго хIикматал нужеда гъорлъги дунялалдаги, нужее якъинлъизегIан Жив ХIакъав, ВитIарав вукIин», - илан («Фуссилат», 52-53). Масала, Къуръаналъул цойги аяталда абулеб буго, мунапикъасул ракI данде къалеб букIинила, зодове вахунев чиясул къалеб гIадин. Стратосфераги тун, космосалде гIадан вахана гIицIго 1961 соналда. Гьел космонавтаз бицунеб буго: «ГъоцIоца гIадин, данде къалел рукIана ниж», - илан. Гьединаб борхалъиялда чиясе гьава (кислород) гIоларо, ва гьесде кIудияб тIадецуй букIуна. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ 1432 соналъ цебего Къуръаналда аят рещтIун букIана. Инсанияталъул аслияб тIехьлъун кколеб Къуръаналъул гьеди-гьединал хIикмалъабазул гIемер бицана конференциялда.

 

ПиргIавнги, БагIараб ралъадги, кIкIараги…


- Исламалъулги, тавхIидалъулги кигIан бицаниги, атеистал мукIурлъулел гьечIо, жидерабго ккун, тIирун чIун руго, хIатта диналда ва иман лъуразда тIадрелъулел, гьел хIакъир гьарулел, Къуръанал рухIулел, аварагзабазул карикатураби рахъулел руго…


- Къуръаналда гIемер такрар гьабулеб буго (магIна): «Пикру гьабулел чагIазе буго гьаб…Нуж кантIуларищ, ургъуларищ, я гIакълуялъул бетIергьаби?...» - ян абун. Пикру гьабулел, гIакълу бугел чагIи гьадинал хIикматал рихьигун исламалде рачIунелги руго. Масала, дуда лъала Франциялъул кIудияв гIалимчи Морис Бюкайица ислам босараб куц. Тавраталдаги Инжилалдаги хъвалеб буго Муса аварагасда (гI.с.) данде чIун вукIарав ПиргIавн БагIараб ралъдалъ гъанкъанилан. Къуръаналдайин абуни гьев ПиргIавнил хIакъалъулъ гьадинаб аят рещтIун буго (магIна): «Жакъа нижеца дур къаркъала цIунила, хадур ругезе хIикматлъун букIине», - ян. Дол лъугьа-бахъинал ккун лъабазарго сон индал, гьанже батана гьев ПиргIавнил жаназа. Къуръаналда гьереси букIунариланги абун, Англиялъул цIех-рехчиясда гьеб жаназа балагьизе лъугьана, щибго лъугьинчIого, Къуръаналда абухъе цIунун батун буго. Мумия гьабизе ккани, ургьимес къватIибе бахъизе, жанибе фурацилин кьабизе, цойги гIеме-гIемераб хIалтIи гьабизе ккола. Цо лага тIаса камичIого, мумификация гьабичIого, цо рас бортичIого, суждаялда чIовухъе цIунун батун буго БагIараб ралъдал рагIалда Жабалайн абулеб бакIалда ПиргIавнил къаркъала. Ралъад данде къабизе лъугьиндал, суждаялдаги речIчIун, шагьадат битIизе жуван вукIана ПиргIавн. ЖабрагIил малаикас кIалдиб хIарщги речIчIун, гьесул шагьадат щвечIо. Цинги абулеб буго Аллагьас Къуръаналда ПиргIавнида, цойгидазе дарслъун букIине, Жинца дур черх цIунизе бугилан. Гьедин XIX гIасруялда пиргIавн (фараон) Маниптех ватидал ва гьесул хIакъалъулъ Къуръаналда хъван букIин лъайдал, чанги капурчи исламалде вачIана. Гьезда гьоркьосан ккола Морис Бюкайги.


Медицинаялда хурхарал докладал гIезегIан рукIана гьенир. ШаргIалда рекъон, росасдаса ятIалъун лъабго моцI ун (лъабцIул яцIцIалъун) гурони (гIидда лъугIичIого), чIужугIадан цIидасан ригьнаде ине бегьуларо. Гьеб темаялдаги букIана конференциялда доклад. Бихьинчиясул хьон (спермотазоид) чIужугIаданалъул тIинчIирукъалда хъвараб мехалъ, компьютералда жаниб гIадин, гьениб цIунун хутIулеб буго гьелъул информация. ЧIужугIадан лъабцIул яцIцIалъун гурони, гьеб информация нахъе унеб гьечIо. Бихьулеб букIахъе, гьеб шаргIияб хIукмуялъ букIинесеб лъимадул эмен щивали лъазавулев вуго. Масала, росасдаса ятIалъарай гIадан лъабго моцI инегIан чIечIого цIидасанги ригьнаде ани, гьелъ гьабураб рижи цевесев росасул букIине рес буго. Гьединлъидал кидаго ва сундулъго шаргI кквезе ккола.


ГIатIидаб, кIудияб доклад букIана зайтуналъул (оливка) нахалъул хIакъалъулъ. Хирияб Къуръаналда Аллагь гьедулев вуго гьелдалъун. Нилъер МухIаммад аварагасги абун буго гьелдаса пайда босеян. Средиземное ралъдал рагIалда гIумру гьабун ругел капурзабазул (гьекъолдулел, болъонил гьан кваналел, бокьа-бокьаразулгун жинсиял гьоркьорлъаби рукIунел) рекIелги, онкологиялги, цойгидалги унтаби дагь ратун руго, гьеб зайтун хIалтIизабиялъ.


Халикъас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дун нечоларо нужее кIкIараялъулги гьелда тIад рукIунел жалазулги бицине», - ян. ЖакъалъизегIан лъалеб букIинчIо Аллагьас кIкIара щай рехсолеб бугеб ва щиб гьелда тIад бугебали. Хасаб докладалда Стамбулалда бицана, кIкIараялда тIад гIисинал хIутIал, чорхолъин абуни - бактериязул 17 батIияб тайпа ратанилан! Жибго кIкIараги буго Аллагьас хIикматго гIуцIараб рухIчIаголъи. Чанго километралъ рикIкIад вукIаго лъалев вуго гьелда инсан экология бацIцIадалъуса – росулъа вачIаравищ, яги гьава чорокаб шагьаралдаго яшав гьавун вугевищали. МагIарухъа гьобол вачIарав мехалъ, кIкIурби, шагьаралда гIуразде тIаделъичIого, гьесде рала, щайгурелъул гьесул би бацIцIадаб букIунелъул. Инфракраснияб куцалда бихьула кIкIараялда дуниял. Нилъер гIадамаз абула, кIкIара бачIинчIого букIине, чирахъ свинабеян. БецIаб бакIалда цIакъго санагIалъи букIуна гьелъие чан гьабизе. Хинлъиялдалъун вихьула гьелда чи (тепловидение). КIкIараялъул бугеб гьеб гьунаралдаса инсанас пайда босизе ккани, азарго долларги кьун, сардилъги канлъи бихьизабулеб алат босизе ккола. КIкIараялъейин абуни Аллагьас кьун буго гьеб. Рорженалъул рахъалъ кIкIараялде бахараб рухIчIаголъи дунялалда гьечIо: цебе, нахъе, гъоркье, тIаде – бокьараб рахъалде, бокьухъе боржуна гьеб. Гьелъул буго би цIцIулаго хIалтIизабулеб чанго батIияб хъухъадиро. Би цIцIвизе байбихьилелде, гьелъ цин тIомолъе «наркоз» биччалеб буго, жибго «кванан» бахъинегIан асар гьабулеб. Букаризе лъугьиндал, нилъеда кIкIара нахъе боржунеб бихьула, жиндиего «рикъзиги» бахъун лъугIун. Гьеб гIажаибаб рижиялъул хIикматазул рагIа-ракьанде щвараб доклад букIана дунялалдаго цIар рагIарав Мисриялдаса биолог, «Аль-Азгьар» университеталъул профессор, Америкаялъул ва Европаялъул биологазул ассоциациялъул член Мустафа Ибрагьим ХIасаница.


КIудияб кIалъай букIана болъонил гьан хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ. Инсанасе гьабураб кIудияб заралалъ Европарламенталда суал лъун букIана болъонил гьан бичизе гьукъиялъул. Амма гьеб нажасалдалъун бечелъулел фирмабазул къуват (лобби) бергьине кIвечIо гьелда. Хехго ва гIемер тIанчIи гьарулеб хIайван букIиналъ, гIарац хириял даранчагIазе бокьулеб гьечIо болъонидаса инкар гьабизе. Гьеб гуребги болъонал хьихьи цогидаб боцIи хьихьиялдаса 4-5 нухалъ учузго чIолеб буго. Амма гьелъул гьаналъ гIемерал унтаби ккезарула, гьездаго гъорлъ – ракги. Гьелъин инсанасе гьеб хIарам гьабураб.


КигIан дагьаб гьекъон таниги, гIаркъица ва Къуръаналъ гьукъарал цойги лъамалъабаз инсанасул черхалъе гьабулеб кIудияб заралалъул бицаралги рукIана гьенир кIалъаял. «Сахлъиялъе» коньяк гьекъеян унтаразе «рецепт» хъвалел тохтурзаби мекъи руго. Даруялъе чагъир хIалтIизабизе бегьилищан гьикъизе вачIарасда Аварагас (с.т.гI.в.) «Гьеб дару гуро, унти буго» - ян абураб хIадис буго.

Исана буго инсан космосалде аралдаса 50 сон, амма Къуръаналда 1400 соналъ цебе абулеб буго (магIна): «Нужеда зоб-ракьалъул рагIаллъабазде ине кIолеб батани, а..» - йилан («РахIман», 33). Доб мехалъ бищун хебаб жо чу букIана ва гьаваялде роржиналъул биценго букIинчIо. Гьанже гьеб ва цоги космосалда хурхарал аятал нилъее игIжазлъун буго. Космосалда хурхарал рукIана гIемерал докладал. Жакъа игIжазалъул хIасилалда батIияб диналъул гIадамаз ислам босулеб бугеб мехалъ, анкьумумузго гьеб хIакъаб нух ккурал бусурбаби гьелдаса тIей бичIчIизе захIматаб хIужа буго. МухIаммад авараг (с.т.гI.в.) вуго жиндаго хъвай-цIали лъаларев, амма дунялалъего тарбия-лъай кьурав бесдалав. Гьебги буго кIудияб мугIжизат.


Расуласдасан умматалда лъараб Аллагьасул каламалъул хIалкIолъиялъ ракIал сагьвил гьарулеб данделъи букIана гьеб.

 

ХадурагIи

 

Исана къого сон тIубала МухIамад ХIажиевас исламияб газета биччазе байбихьаралдаса. 1991 соналда кьучI лъуна гьес магIарул мацIалда биччалеб «Исламияб ахIи» басмаялъе. Гьеб букIана жеги СССР биххичIеб заман. «Нур-ул ислам» абун цIарги хисун, 1997 соналдаса микьго мацIалда бахъулеб букIана гьеб газета. ГьабсагIат басма бахъула магIарул ва гIурус мацIазда, гIаммаб тираж бахуна анцIила кIиазарго экземпляралде. Дагъистаналъул нухмалъулел какунилан, республикаялъул типографиязе «Нур-ул ислам» къватIибе биччазе гьукъарабги букIана гьеб басмаялъул тарихалда жаниб заман. Гьелда рахъарал макъалаби гьоркьор лъураб данделъи тIобитIун букIана Халкъияб Собраниялъги. Амма редакторасда кIвана исламияб газетаги, гьелъул хаслъиги цIалдолезе цIунизе. Газета гуребги «Нур-ул Исламалъ» рахъула магIарулаз гъираялда къабул гьарулел исламиял календаралги. Аллагьас хадубккунги тавпикъ кьеги «Нур-ул Исламалъе» гIадамазе исламалъул нур бикьизе. Амин.


2011 сон




Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +67
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook