Авторизация

Кверда рекIун хIурги хIалтIулъ къан чиги хутIуларо

РагIад битIуларебин

ТIил гьетIараб бугони

ТIад толел хIакимзаби

ХIалкIун лъикIал ралагье.


ХIалихьатав гIел ккани

ГIадлу бажаруларин,

ЖамагIаталъе бутIрул,

ТIад квер чIван чIагоял те.


(ЦI. ХIамзат «Советазде щал рищилел» I921 сон.)

ХIакимзабигун бегавулзаби хисана, хIукуматалъул гIуцIи хисана, амма ХIамзатил гьал рагIабазул кIарчамлъи лъугIичIо, магIна биличIо.

БетIер хIалтIуларев хIакимлъун тогеян аби буго нилъер умумузул. Гьединго умумуз абулаан анцIго чиясдагIан гIакълу гьечIев чи анцIил бетIерлъунги, росдадагIан гIакълу гьечIев чи росдал бетIерлъунги тезе бегьуларилан.  

Инсанасул бичIчIиго хIабургъинабураб гьаб заманаялъ бетIер гьечIев хIакимги, хIалтIиго лъаларев залимги сабаблъун халкъалъе кколеб зарал борцун хIалкIвеларо.

Росулъ тартиб бугони улка бечедго букIунин ахIиялда гъоркь росдалмагIишаталъул ахIвал-хIал рагьулеб хъвай-хъвагIаял гьаруна араб соналъул ахиралда.  Кинха бугеб росу? Ихдал хасалихъе росдал магъилъе, цере тIорщалил хурзал гьелчелел рукIарал гIатIилъабахъе рахъани рагьула сурат. ТIорщалил тIорни киса гунин, гьенире хьвадулел сухъмахъ нухалцин гIуруялъ рацун рилун руго. Щибаб рокъобцин рукIарал рекьарулел оцал район хъирщани лъабго-ункъго рукьги щвеларо кодор. ТIубанго лъугIичIого гьеб къадар батиги талихI!  Хъвезе хьихьулел оцални камуларо магIарухъ, гьелги рукIинарищха кьариял, кIухIалал, пуруц-рукь лъаларел. Хъвезе хьихьулел кIухIалал оцалго гIадин хIалтIуларев чанги лоти кваназавулев вуго хIукуматалъ. Чохьолги чорхолги гурони ургъелги гьабичIого хIалхьиялда буго гIемераб халкъ, жавабчилъи гьечIо жиндирго наслуялъул букIиниселда, намусалда, росу-ракьалда цебе. Щибаб моцIие камичIого гIарац бачIунел гьереси документал гьариялда кутакалда хадурги гъун руго гIадатиял росдал гIадамалцин. Нужеца цеве чIезаве: лъималазе, чIужуялъе, жиндиего пенсия гьабизе кредит босулев саламатав чи, хурзалги руго гьесул рекьичIел, инсуца гIезабураб ахги буго херлъул, ирсалъе щвараб кулиги буго чIунтун. Лъимал-цIализе кIухIалал, щибго захIматалде ругьунлъичIел; чIужу- цебе бугеб бахчиниб чурпаялъе гIурчинлъи бекьуларей. Кинаб мисал, щиб бичIчIи щвелеб гьел эбел-инсудаса лъималазе, щиб пайда бугеб росдае, районалъе? Кверда рекIун хIурги хIалтIулъ къан чиги хутIуларо. Жинцаго лъикIаб мисал бихьизавулев къапIарав бегавул камун вуго чанги росдае. Переписал гьариялъ росдал мегъал цIилъиларо.

ЖамагIаталъул талихI буго гIакълу-лъай камилав, росу-ракь бокьулев, росдал магIишаталъул къимат лъалев чи росдал бегавуллъун ккей. Росдалго эмен гIадав чи гьечIищха бегавул. Жив бетIерлъуда вугеб жамагIаталъул гIузрабиги, гIунгутIабиги, тIокIлъабиги гьес цоцалъа рахъун тартибалда тIуразаричIони гьесда гIадамазулги божилъи гIелищха.

Жакъа, гIумру-яшав гьабизе гIемерал лъикIал шартIал ругеб заман бугониги гIемериселго мугIрул росабалъ гIадатиялгицин шартIал масъалабазде сверун хутIулел руго. Гьел масъалаби тIуразариялъе бахъун хIал кIолареб сангар бегизабулеб буго цебе загIипав бегавулас. Залимаб мугъчIвай бугез кигIан бажари гьечIевги жидерго чи тункун тахида лъедал лъикIлъилищ росдал гIумру?

Росдал бегавуласул хIалтIулъ гIунгутIаби тIатинаризе гуребги гьесие ва жамагIаталъе квербакъиялъе рищун рукIуна росдал советалъул депутатал. Росулъ бугеб тохаб-лъикIаб батIа бахъизе лъаларев, лъан гьеб масъала тIубаялъе пикру гьабуларев депутат вищунгогIаги щай вукIунев?

ГIунгутIабазул бицани тIубан казият гIеларо, къокъго лъикIалъулги гьабизин рехсей. Ихдал, хасалихъе Шамил мухъалъул Къелере щвани нилъеда рихьула оцазда пуруц бан хIалтIулел гIолохъаби, чIарадулел, тIорщалил хурзал лъилъулел ясал, бакъ щвараб хасалил къоялъ гьоцIиб тIамулеб лал, жидерго гьабихъ хенараб ролъул чед бежизе роркьарал росдал корал. Жидерго  хуриса тIощалил бачIиналъул тIагIамаб чед-хинкI буго къелдерил 68 хъизаналда. Гьезул баракат цогидазеги камилищха.

Живгоги хIалтIулев, хIалтIизе гъира бугесе шартIалги чIезарулев къелдерил бегавуласулги бицина хадусеб нухалъ.


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Хурзал-Мегъал ,ахал ва г1и-боц1и къвариг1ун гьеч1о жакъасел маг1арулалин керен бухулел чаг1азе,бича -хиси гьале жого жо)Г1адада хъван бук1инч1о араб г1асруялъул 90 абилелел соназда,Бакьайч1иса Дацица "Дагъистан"Базаристан"абураб кеч1) worried 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook